Гьадин хъвана Хӏамзатил Расулица руччабазул хӏакъалъулъ. Щибха гьезул релълъараб бугеб – талихӏги талихӏкъосинги, магӏуги релъиги, рохелги къварилъги. Гӏумруялъул сариналги релълъарал руго гьезул. Тӏолабго дунялалъего захӏматал гьел моцӏаз, Патӏиматил угьдулеб саринги цолъана киналго руччабазул сарингун, лъалъалеб букӏана гьеб гӏаммаб магӏуялъ. Амма хӏал лъазе тезе рес букӏинчӏо Патӏиматил. Гьелъ хвасар гьабизе кколаан анцӏ-анцӏ лъимадул гӏумру. Къваридаб сариналъ къуват кьуна гьелъие. Гьелъул кумекалдалъун чанги эбелалъухъе тӏад руссана гьимиги гӏумруялде бугеб рокьиги. Гьаб заманалда бахӏарчилъилъун рикӏкӏине бегьулеб Патӏиматил гьеб иш бихьана больницаялъулги республикаялъулги нухмалъиялда. Гьелъиещвана «Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур» абураб цӏар. Газета-лъул коллективалъги баркула Патӏимат Гӏалиевалда тӏадегӏанаб цӏар.
Мугӏрул чӏужугӏаданалъул къвакӏиялъулги кьвариялъулги бицун, хъван дун свакаларо. Дие кидаго мисаллъун рукӏана, намусалда хӏур хъвазегӏан, хвел тӏаса бищарал Ахӏулгохӏалъул руччаби. Гьединал хӏикматал руччабазул ирсилаллъун ругел жакъасел магӏарул руччабаздасаги чӏухӏула дун. Ралагьея сверухъе – гьел руго киса-кирего. Хъизамалъул гъасда бакараб цӏа свине толарей гьелъул хӏакъалъулъ хъван свакачӏо шагӏирзабиги. Жидецаго жидеего бараб намусалъул сиялда жидерго къисматги бекӏкӏулаго, гьез гӏумруялда рахъулел руго гӏажаибго берцинал суратал. Гьединазул цояйги ккола Махӏачхъала шагьаралъул №1 лъималазул больницаялъул отделениялъул нухмалъулей Патӏимат Гӏалиева.
Гӏодана Патӏиматилги сарин
— Щибаб къойил гӏедегӏун щолаан хӏалтӏуде. Дида лъалаан гьенир дихъ ралагьун чӏун рукӏин диде кӏудияб хьулгун гьитӏичазул улбул (Патӏиматица нухмалъи гьабулеб буго цӏакъго гӏисинал лъимал сах гьарулеб отделениялъе (грудное отделение). Диргоги цӏикӏкӏунаан гӏумруялде бугеб рокьи, гьелегьун бачӏунаан гьеб дихъе, сахлъарал гьитӏичазул гьими бихьараб мехалъ. Бабал карандаги хурхун, бакъул гьумер цӏураб лъимер бихьидал, киналго захӏмалъаби кӏочон тола дида. Гьедин букӏана гьеб къоялъги. Гьеб къоялъ лъималазулги улбузулги гьурмазда белъанхъулеб букӏараб талихӏалъул хьолбохъ рещтӏана жеги лъиданиги жиндир гӏамал-хасият лъалареб, гьитӏинал-кӏудиязда, херал- бахӏаразда жинца рахӏму гьабизе гьечӏеб вахӏшияб унти. Гьеб аскӏобе гӏагарлъизегӏан, ракӏ-ракӏалъ божулелги рукӏинчӏо. Амма хасалица тӏабигӏаталъулгун къо-мех лъикӏги гьабун, ихтияр ихалъухъе кьолеб, гӏадамазул ракӏазда ихдалил махӏ рекӏараб лахӏзаталда, кӏетӏана гьеб гӏумруялъул нуцӏида, — янги бицунаго, къварилъахъдана Патӏимат…
Гьел къояз гӏодана Патӏиматил саринги. Талихӏалъул гъасда хъаравуллъун букӏараб гьелъул угьдиялъухъ угьдана тӏолабго тӏабигӏатги.
Москваялдасан рачӏунел ругьелазги тӏадкъаязги бичӏчӏизабулеб букӏана унтиялда нахъе къазе ракӏалда гьечӏеблъи. Байбихьуда лъалеб букӏинчӏо унтарал лъималазул больницаялде рачӏине рукӏинги. Абулеб букӏана унтарал лъималазе гӏемеррахъазулаб больница хӏадурулеб бугилан. Ва цо къоялъ больницаялъул нухмалъиялда лъазабула унтарал лъимал къабул гьаризе хӏадуризе кколилан.
1 апрель — 8 июнь. Гьелда гьоркьоб заман цӏакъго захӏматаб ва хӏалуцараб букӏана. Цогидал больницабаздаго гӏадин, гӏолел рукӏинчӏо тохтурзабазе хасаб партал, дараби, рагӏа-ракьанде щун лъалеб букӏинчӏо къобахъанагӏан «ццидахунеб» бугеб унтуда кинаб дандчӏвай гьабизе кколебали. Щайгурелъул гьелъ жиндирго гӏамалал къойил хисулел рукӏиндал.
Патӏиматица рихьизарурал суратазул кумекалдалъун дида цебе чӏолеб букӏана доб вахӏшияб сипат. Ралагье цо параялъ нужги, хӏурматиял цӏалдолел, гьаб сураталъухъ. Гьалда берчӏварабго, цебе паркъезе лъугьуна Тӏадегӏанасул кумекалдалъун тохтурзабазул хъатикь жиндир хадусеб къисмат бугеб, тӏуркӏараб, гӏунун хутӏараб гӏумру.
Амма тохтурзабазда ракӏалдецин ккечӏо нахъе къазе. Хъизан-лъималазде регӏичӏого, гьел тӏаделъана унтарал лъималазул гӏумруялда цӏияб рухӏ лъезе. Гьалеха унтарал лъимал. Гьездаго цадахъ унтана гьезул улбузул кечӏги. Хехаб къагӏидаялда хвасар гьабизе кколаан согӏаб унтуца согӏал ругънал лъураб эбелалъул кечӏ. Кӏиго лъимадул эбел, гьезулги лъималазул йокьулей дахӏабаба Патӏиматида лъалаан гьеб кечӏ цӏидасанги бохизе ккани, унтуда «зарал» рихьизе кколеблъи.
— Огь, букӏараб бакӏлъиха каранлъги, рекӏеде тӏаде бегун бугеб бакӏаб гамачӏлъун букӏана нижее, больницаялъул хӏалтӏухъабазе, хвелалъ жиндихъа лъимер бахъун арай эбелалъул ахӏи. Аслияб къагӏидаялда унтулел, холел рукӏана чакрил унти (сахарный диабет) бугел лъимал. Хъизамалда ругелщинал унтарал хӏужабиги рукӏана. Масала, гьитӏинаб лъимерги унтун гьелда цадахъ ячӏарай эбел жийгоги унтана, лъимералъухъ хал гьабизе вачӏине ккана эмен. Цинги гьевги унтана гьенивго.
Гьанибго рехсечӏого гӏоларо больницаялъул бетӏерав тохтур Супиян Абакаровасул цӏарги. Гьесул жигарчилъиялъул ва кӏудияб жавабчилъиялъул хӏасиллъун ккола унти къезабиги, — ян бицана Патӏиматица.
Цӏидасан гьимана Патӏиматил кечӏ
Патӏиматихъе иналде, цин дун телефоналъ кӏалъана гьелъухъе. Гьелъул гьаракь рагӏидал, дихъе цо гӏажаибаб рохелги бачӏана. Роцӏараб, бацӏцӏадаб, берцинаб гьаракьалъ гьелъ данде жаваб гьабидал, дир ракӏ рагьун ана. Йихьилалдего, цӏакъ рекӏее гӏурай Патӏиматил сипатги цебе чӏезабулеб букӏана дица. Гьаракьалда рекъон, гьей ятизе кколаан берцинай чӏужугӏадан. Дун мекъи ккечӏо — цее чӏезаюлей йикӏаралдасаги гьайбатай йигоан гьей хӏурулгӏин. Берцинаб гьурмада гьелчелеб бугеб гьайбатаб гьимигун гьелъ дандчӏвай гьабидал, бигьалъана дие гьелъулгун гара- чӏвари гьабизе.
Унтул букӏараб ахӏвал-хӏалги цӏехон хадуб, гьелъ дие бицана жиндирго тохтурлъиялъул нухазул ва гьениб тараб щибаб хӏокӏалъул хӏакъалъулъ.
Патӏимат Гӏалиева гьаюна ва гӏуна Советск районалъул Хӏебда росулъ. Гьей ккола Гьандихъ росулъа. 1981 соналда Хӏебда росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. 1988 соналда Патӏиматица тӏокӏлъигун лъугӏизабуна институталъул педиатриялъулаб факультет. Гьенибго лъугӏизабуна интернатураги.
Хӏалтӏана республикаялъул лъималазул клиникияб больницаялда (многопрофильная больница).
1990 соналъул февралалда хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул медобъединениялъул кӏиабилеб отделениялде тохтурлъун. Гьебго соналъул сентябралда хӏалтӏизе лъугьана гьабсагӏаталда хӏалтӏулей йигеб больницаялде гьебго отделениялде. 2011 соналъул апрелалдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго 60 унтарасе бакӏ бугеб отделениялъе.
Лъугӏана Патӏиматилгун букӏараб гара-чӏвари. Биччанте гьелъул гьурмада кидаго къираллъун гьими букӏине. Гьелъул талихӏалъул сариназухъе кьурдулел гьитӏичазул улбузул бакъулаб кечӏгун цадахъ нахъа толел ругел гӏумруялъул шагьрабазда ва сухъмахъазда къалъаги даимаб нур.
«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги баркула Патӏимат Гӏалиевалда, коронавирусалде данде къеркьолаго, рихьизарурал хӏасилазухъ ва лъималазухъе тӏадбуссинабураб гӏумруялъул бакъалъухъ гьелъие щвараб шапакъат. Гьей яхъана Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтурлъун. Жегиги чӏахӏиял бергьенлъаби дуе, магӏарулай!