Лъикӏаб букӏинаан лъималазул ахаздаги факультатив хӏисабалданиги рахьдал мацӏ малъулебани
Араб анкьалъ «Хӏакъикъат» газеталде рачӏун рукӏана ДИРОялда лъай камил гьабиялъул курсазда цӏалулел рукӏарал магӏарул мацӏалъул учительзаби. Гьезие бокьун букӏана жидерго школазда рахьдал мацӏ малъиялъул бугеб хӏалалъулги гьелде школазул администрациязул бугеб бербалагьиялъулги хӏакъалъулъ бицине. Хасаб баркала кьолеб букӏана гьез ДИРОялъул педагогазеги пайдаял курсал гӏуцӏаралъухъ. Гьезулгун гара-чӏвари гьабулеб заманалда, дида ракӏалде бачӏана школазул кӏиго директорасда гьоркьоб ккараб гьадинаб хабар: пуланав директорас цогидав директорасда гьикъанила, дуца учительзабазул харжал дагь гьарунищан. Гьарунин жаваб кьунила дос. Гьезухъа сагӏтал нахъе росанищан гьикъанила цоги нухалда. Росанин, жаваб кьунила. Гьедин батани, школалде рачӏунел рукӏиналъухъ гьезухъа мухьищха босилеб, дарсал кьезе рачӏунищали бихьизеян абунила дов директорас. Гьединги чӏезаризе кӏоларо хӏалтӏиги цӏалдохъабиги рокьулел учительзаби. Кьолеб мухьдахъ, гьелъул мукъсанлъиялъухъ балагьичӏого, хӏалтӏулел руго магӏарул росабазул школазул рахьдал мацӏазул учительзаби, хасго нижехъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏарал.
Марин Ризванова, Гъизилюрт шагьаралъул №7 гимназия: «Февраль моцӏалда шагьаралъул библиотекаялдаги школаздаги тӏоритӏана гӏемерал тадбирал, рахьдал мацӏ цӏуниялъулги цебетӏезабиялъулги мурадалда. Гьелдаса хадуй дун гӏахьаллъана Магӏарул миллияб театралда тӏобитӏараб рахьдал мацӏалъул фестивалалда. Гьабсагӏаталда йиго ДИРОялда дирго лъай камил гьабулей. Шагьаралъул школазда хӏалтӏизе захӏмалъула. Классалъул нухмалъулейги ккола дун, гьеб классгун дун кӏалъазе ккола гӏурус мацӏалда. Гьеб мацӏалде ругьунлъун руго лъималги гьезул умумулги.
Щиб дие кьолеб рахьдал мацӏалъ? 50 сонил ригьалде яхун йиго дун. Гьелда гьоркьоса 30 сон ана школалда дарсал кьолаго. Кигӏан лъикӏ гӏурус мацӏ бицине бажараниги, дихъа жеги бажаричӏо, рахьдал мацӏалда гӏадин, гьеб мацӏалда пикру гьабунги, гьеб къватӏибе загьир гьабунги. Телевизоралдасан бихьизабулеб жоялъул хӏисаб гьабулеб мехалдаги, базаралдаса къайи босулагоги, пуланав чияс кьураб суалалъе жаваб балагьулагоги, дица киналъулго пикру гьабула дирго рахьдал мацӏалда. Бокьилаан, лъималазда магӏарул мацӏ лъалеб букӏарабани. Рукӏуна хӏалтӏуде улбул хьвадуларел, рокъосанго школалде рачӏарал лъимал. Гьезда лъикӏ лъала магӏарул мацӏ. Амма лъималазул ахикье хьвадарал лъималазда цӏакъ хехго кӏочонеб буго рахьдал мацӏ. Дир пикруялда, лъикӏаб букӏинаан, лъималазул ахаздаги факультатив хӏисабалданиги рахьдал мацӏ малъани.
Анкьида жаниб лъабцӏул дарсги кьун, гьезда мацӏ малъизе цӏакъ захӏмалъулеб буго. Гьезухъа бажарила ункъилазда-щуйилазда диктантал хъвазеги рекӏехъе кучӏдул лъазаризеги, амма цоцазулгун хабар бицинеги магӏнаяб текст гӏуцӏизеги захӏмалъила. Школа лъугӏарай дирго ясалъ дида гьадин абуна: «Баба, малъе дуца лъималазда мацӏ. Дуца кьурал дарсал гьанжего-гьанже руго дидаги ракӏалде рачӏунел. Дур ракӏ къварилъуге, цӏалдохъабазда дуца бицараб жо лъаларин абун. Гӏураб мехалда, жидеего хӏажалъараб заманалда, гьезда батизе буго гьеб дарсил хӏасил», — ан.
Эбелалъ рокъоб малъичӏони, школалда мацӏ лъазабизе бигьалъуларо».
Аминат Тӏайгибова, Унсоколо районалъул Гьаракӏуни росдал школа: «Гьитӏинго гьуинлъана дие рахьдал мацӏ – эбелалъ кьолаан гьелъул дарсалги гьелъул нухдасан ана дунгоги. Дир бищунго ракӏунтизабулеб буго рокъоб эбел-инсуца лъималазда гӏурус мацӏ бициналъ. Жидедаго лъалареб, гъура-чункараб гӏурус мацӏалда кӏалъала жакъасел цӏалдохъабазул эбел-эмен. Гьелдасаги ракӏунтула, школалде щвараб мехалда, директорасдаса байбихьун, учительзаби-предметниказде гӏунтӏун абула, дур магӏарул мацӏалъул дарс сундуе хӏажатаб жойилан, ЕГЭги ОГЭги кьолареб дарс бачине цӏакъ бигьаяб бугилан.
Дие цӏакъ бокьула магӏарул мацӏ. Хъвадаризеги бицинеги санагӏатаб, бечедаб мацӏ буго нилъер. Ахирал соназда, Учительзабазул ассоциацияги гӏуцӏун, рахьдал мацӏалъул байрамалги тӏоритӏун, магӏарул мацӏ чӏагояб букӏин лъазабулеб мехалда, жеги цӏикӏкӏана гьелде рокьи.
Лъималазеги гьезул эбел-инсуеги рахьдал мацӏ гьуинлъизе ккани, учитель цӏикӏкӏун хӏалтӏизе ккола, дарсида рекӏелгъеялъул къагӏидаби хӏалтӏизаризе ккола. гьединал дарсазда цӏалдохъаби лъикӏ хӏадурлъула. Гьезие бокьула сценкаби хӏадурулеб, байрамазде тадбирал гӏуцӏулеб мехалдаги гьенир гӏахьаллъизе. Гьелъие хӏажатаб материал батула дида «Хӏакъикъаталда».
Цоги абизе бокьун буго. «Хӏакъикъат» газета хъвайилан абураб мехалда, цониги учителас, живго лъикӏав лъугьун, гьеб хъвачӏо. Гьеб рахъалъ бокьун буго кӏудияб баркала кьезе почалъул начальник Гӏайшат Мухӏамадовалъе. Гьелъ газетал хъвана киналго учительзабазеги пенсионеразеги. Щивасухъе рокъобеги щвезабула «Хӏакъикът» газета».
Асият Абакарова, Лаваша районалъул Урма росдал школа: «Сиядат Насруллаевалъ, нижер школалъул директоралъ, кӏудияб кӏвар кьола магӏарул мацӏалде. Школаздаса тӏахьал ракӏарулел ругин хабар баккараб мехалдаги, гьелъ абуна, ругел тӏахьазда рекъон хӏалтӏеян нуж, гьелъул жаваб жинца кьелин. Нижер гьитӏинабго школа буго, техникаги гьечӏо. Учителасухъ буго мелги хъарщиги.
Магӏарул мацӏ лъаларев чи махӏрумлъула халкъалъул гӏаммаб бечелъиялдаса – маданияталдаса, адабияталдаса, тарихалдаса. Гьеб лъазе тӏадаб буго щивасда. Магӏарул мацӏалъул дарсаз щибха дуе кьолебан гьикъарав чиясдаги абизе бокьилаан, гӏурус адабияталъул дарсида малъун лъарав Пушкиница щибха дуе кьурабан, Расул Хӏамзатовасул асарал малъунилан щибха духъа бахъарабан.
17 соналъ хӏалтӏулей йиго дун школалда. Цӏалдохъабазул мацӏ цӏакъ мукъсанлъун, мискинлъун унеб буго. Школалъул азбаралдаги росдал къватӏахъги бицунеб буго гӏурусгун магӏарул жубараб».
Патӏимат Мухӏамадова, Чӏарада районалъул Кьорош росдал школа-интернат: «Памятник базе мустахӏикъавлъун рикӏкӏуна дица нижер росдал школалъул директор Хӏасан Хизрибегов. Щибаб педсоветалдаги, пуланаб масъалаги цебелъун тӏобитӏулеб данделъиялдаги гьес аслияблъун гьабула магӏарул мацӏ малъиялъул суал. Нижер, ай рахьдал мацӏалъул дарсал кьолел учительзабазул рахъги ккола кидаго. Цӏалдохъабазе мацӏ бокьизабизелъун, нижецаги гӏуцӏула батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, гъоркьиса Рахьдал мацӏалъул къоялде классазда гьоркьоб къец лъазабуна къадал газетазул. Цӏалдохъабаз хӏадурарал газетазда рукӏана рагъул гӏахьалчагӏаз хъварал кучӏдулги кагъталги, байрам тӏобитӏиялъул тарихги, жидецаго хъварал макъалабиги. Гьединал ишазде машгъуллъараб заманалда лъималазулъ куцала ватӏаналде рокьи, бахӏарзаздаса гьезул чӏухӏи, гьезда лъала миллияб тарих ва маданият.
Рахьдал мацӏалъул тӏахьал школалдаса нахъе ракӏареян хабар бачӏараб мехалдаги, Хӏасан Хизрибеговас дида абуна: «Ругел тӏахьазда рекъон хӏалтӏе. Гӏолел гьечӏони, рокъор тарал басриялги росеян абе лъималазда. Чӏарадисел руго гьалбал хириял магӏарулал, амма, рахьдал мацӏалъул тӏахьал нахъе ракӏареян, хабаргун нилъехъе вачӏарав гьобол нахъе витӏила нилъеца», — ян.
Школалда кружоказеян рукӏарал сагӏталги гьес кьуна рахьдал мацӏалъул учительзабазухъе. ЕГЭ, ОГЭ бугин, жидехъе кье гьел сагӏталин гьарулеб букӏана математикаялъулги гӏурус мацӏалъулги учительзабаз. Амма гьел гьезухъе кьечӏо».
Учительзабазулгун гьабураб накъиталдаса гьадинаб хӏасил гьабуна дица: 1. Рахьдал мацӏ малъиялъул иш тӏадегӏанаб даражаялда букӏуна, миллияб рухӏияб бечелъиялъул адаб гьабулев директор вугеб школалда. 2. Цӏалул тӏахьал, методикиял малъа-хъваял, берзулгун гӏинзул алатал гьечӏониги, учительзабазухъа бажарула рахьдал мацӏалдеги адабияталдеги рокьи бидулъ бессарал цӏалдохъаби куцазе. Гьелъие гӏицӏго хӏажалъула учителасул жигарчилъиги хӏалтӏудегун цӏалдохъабазде рокьиги.
Гара-чӏвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.