Миллаталъул хазина кӏочон тарал нилъ щал кколел?

Хехаб чуялъ нух гӏадин, хехго ана нилъер маданияталъул сонги, гӏемер бицана, хъвана газетазул гьурмаздаги, амма, къвакӏараб кьуру цебе ккедал, нух бахъизе захӏмалъулеб гӏадин, гьеб цӏунизеги цебетӏезабизеги захӏмалъулеб буго.

Исана лъикӏаб даражаялда кӏодо гьаруна Цӏумада ва Гумбет районазул газетазул юбилеял, бицана магӏарул мацӏалъул кӏваралъулги хӏажалъабазулги. Бичӏчӏулареб жо буго, кигӏан бицаниги, магӏарулас чияраб мацӏалде цӏай гьабиги гьелъул тӏалаб гьабичӏого тейги. Дида бичӏчӏулеб рахъалъан, гьеб ккола республикаялъул нухмалъиялъулги гьеб иш тӏадал чагӏазулги тасамахӏлъи, бицунеб-абулеб цо, гьабулеб – батӏияб.

Хӏисаб гьабеха, цебе заманалда магӏарул газетазул букӏараб тиражалъулги гьелъул каламалъул бегӏерлъиялъулги – бокьарав хӏакимасе гӏадлу гьабизе рес щолаан, мискинчиясул хъулухъ тӏубалаан. Рукӏана росабалъ библиотекаби, гьенир – магӏарул шагӏирзабазул тӏахьал. Рукӏана миллиял кочӏохъабазул концертал, гьел ра-

зиго къабул гьарулаан халкъалъ. Гьанже, кӏвар гьечӏолъиялъул хӏасилалда, гьеб рахъ нахъе кколеб буго. Къалел руго клубал-библиотекаби, тӏагӏана концертал, къатӏана зурмилгун къолол гьаракь.

Абула, гьелъие сурсатал гьечӏилан. Республикаялде бетӏерлъун Рамазан Гӏабдулатӏипов вачӏараб заманалда, ракъдаллъиялъ чӏунтараб тӏабигӏат лъим тӏун хадуб цӏилъулебго гӏадин, чӏаголъизе байбихьун букӏана умумузул гӏадаталги культураги, цӏикӏкӏунеб букӏана культураялде кьолеб кӏварги. Районазул центраздаги цо-цо чӏахӏиял росабалъги рагьана Культураялъул рукъзал, цӏигьаруна умумузул гӏадатал. Къимат гьабуна рахьдал мацӏалъулги: лъималазги чӏахӏиязги ахӏана ва цӏалана магӏарул кучӏдул, гӏуцӏана школазда церерахъинал, бихьизабуна гьезул бугеб гъираги гьунарги.

Щайха нилъ балагьуларел хӏукуматалъул нухмалъиялъ кинаб кӏвар кьолеб бугеб Украинаялда ва цогидал пачалихъазда жидерго мацӏ цӏуниялде? Дун цӏалана магӏарухъ, магӏарул школалда. Дида ракӏалда буго, дун армиялде ине шагьаралде щвараб мехалъ, дида гӏурус мацӏалда кӏалъазе бажарулароан, бицунеб жо бичӏчӏулеб бугониги. Амма, дица гӏурус мацӏ малъиялде школалда кӏвар кьечӏин абун, магӏарул мацӏалъ квалквал гьабичӏо гьеб лъазабиялъе: дида гьебги лъана – гӏумруялъ малъун.

Газеталъул тираж дагьлъиги гьелде рокьи чучлъиги дица рикӏкӏуна нухмалъиялъул кӏвар гьечӏолъилъун. Хӏисаб гьабеха, рахьдал мацӏалда дарс цӏализеги гьеб бичӏчӏизеги магӏарул лъималазе бугеб бигьалъиялъул. Тӏоцебесеб классалдаго гӏурус мацӏалда дарс кин бичӏчӏилеб лъималазда, гьениб хъвараб текст цӏалун гурони, гьелъул магӏна лъазе захӏмалъула гьезда. Гьединлъидал дарс гьез рекӏехъе лъазабизе кколеб буго. Тексталдаса цогӏаги рагӏи кӏочани, хадуб бугеб бицине лъачӏого хутӏула гьел. Гьединаб къагӏидаялде ругьунлъарал гьезие цӏали захӏмалъула тӏасиял классазде рахъараб мехалдаги.

Щайха нилъ балагьуларел хӏукуматалъул нухмалъиялъ кинаб кӏвар кьолеб бугеб Украинаялда ва цогидал пачалихъазда жидерго мацӏ цӏуниялде? Дун цӏалана магӏарухъ, магӏарул школалда. Дида ракӏалда буго, дун армиялде ине шагьаралде щвараб мехалъ, дида гӏурус мацӏалда кӏалъазе бажарулароан, бицунеб жо бичӏчӏулеб бугониги. Амма, дица гӏурус мацӏ малъиялде школалда кӏвар кьечӏин абун, магӏарул мацӏалъ квалквал гьабичӏо гьеб лъазабиялъе: дида гьебги лъана – гӏумруялъ малъун. Ана Северияб Кавказалъул Рохьил магӏишаталъул техникумалде цӏализе.

Пикру гьабе, улкаялдаги дунялалдаги машгьурлъарал нилъер гӏалимзабазулги шагӏирзабазулги хӏакъалъулъ. Гьелги миллияб маданиятгун тарихги лъачӏони, щаллъун нилъ кколел? Росулъ школалда вуго чанго учитель. Щивас магӏарул газета хъвани, гьеб рокъоб лъималазеги хъизамалъеги цӏалулеб бугони, кигӏанха гьеб гьуинлъилеб! Гьединго батӏи-батӏиял хъулухъазда руго магӏарулал. Щивав нухмалъулес кӏвар кьолеб букӏарабани рахьдал мацӏалдеги миллияб маданият цӏуниялдеги, гьелде рокьиги бижилаан, гьелъухъ кьолел кепказдаги барахщилароан.

Хириял магӏарулал, халкъалъул бищун кӏудияб унти ккола магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏал лъугӏулел рукӏин. Гӏатӏиракъалде, шагьаразде гочун руго гӏемерал магӏарулал. Гӏолеб гӏелалда гьениб берцин бихьулеб буго шагьарулъулаб хьвада-чӏвади, кӏочон толеб буго магӏарул халкъалъул адаб-хӏурмат гьабиялъул гӏадат. Лъималазда эбел-инсуца бицунеб буго гӏурус мацӏ ва кӏочене толеб буго жидерабго. Гӏурус ва цогидал мацӏал лъазаруге, гьел хӏажат гьечӏилан абулеб жо гуро, гьелги чара гьечӏого къваригӏуна, амма бегьуларо рахьдал мацӏ кӏоченабизе магӏаруласда. Цересел соназ нилъер росабалъ байбихьул школалда киналго дарсал кьолаан рахьдал мацӏалда. Жакъа школазда кинабго малъулеб буго гӏурус мацӏалда. Мацӏ цӏуничӏони, гьебги малъулеб гьечӏони, кисаха рахъинел церетӏурал гӏалимзабиги, хъвадарухъабигун шагӏирзабиги, рахьдал мацӏ цӏунулел хӏаракатчагӏиги… Риччанте гӏисинго ругьунлъизе нилъер лъимал харбалги кучӏдулги хъвазе. Некӏого щун буго макьидаса рорчӏизе мех, хадуб толеб лъалкӏалъул халгьабизе заман, халкъалъго кьварараб хӏукмуги гьабун, гъункизе. Нилъехъа бажарула миллияб яхӏ-намусги, магӏарулазул къохӏехьейги тӏадбуссинабизе ва «здравствуй» абураб калима магӏару-лазул саламалдалъун хисизабизе. Гӏицӏго хӏажат буго умумуз нилъехъе тараб чодул чӏолорхъо кквезе.

Цӏуне рахьдал мацӏ

Мацӏалъул тӏогьиса калам арабго,

Тӏоцебе ахӏула «Баба, дада», — ян.

Дицаги ахӏула тӏолго гӏумруялъ

Рахьдал мацӏ бацӏцӏадго цӏуне, наслаби.

Гьелъул адаб тараб агьлу гӏемерлъун,

Гӏурус-авар жубан, чороклъун буго.

Дица киназдего хитӏаб гьабула:

Хвезегӏан рахьдал мацӏ цӏуне нужеца.

Миллатал гӏемераб Дагъистаналда

Мацӏ цӏунизе тӏадаб щибаб халкъалда.

Жиндир мацӏ цӏунарас Ватӏан цӏунула,

Мацӏгун Ватӏан тарас кинабго тола.

Хӏабиб Давудов