Ганчӏиде сверараб, гӏанси лъугьараб
Эбелалъул ракӏ. Бугебдай дунялалда дур багьа борцунеб роцен!? Гӏазул хӏулабигӏан хӏеренабги, махх-чарангӏан къвакӏарабги, кьурабигӏан согӏабги, сариналгӏан недегьабги. Жиндир къвакӏиялъеги, къуваталъеги дунялго мукӏурлъараб, бищунго бахӏарчиял бихьиназги жиндие бутӏрул къулараб, даим намусалъул асирлъуда ругел руччабазе мугъчӏвалеб дарманлъунги кидаго батулеб. Лъимадул ургъелаз дунялго цӏолеб, гьелъул къварилъабаз гьитӏин гьабулеб. Абадиялъего херлъизе рес гьечӏел дунялалъулго улбузул ракӏал.
Амма жакъа къоялъ рагӏулел вахӏшиял, ракӏгъанцӏизабулел цо- цо харбаз сири базабула тӏолабго черхалда. Лъимадул къисматалда талихӏалъул накъишал угьулеб эбелалъул гьимигицин ургъел гьечӏолъиялъул рагӏдукье кколеб буго.
Эбелги лъимерги — бугебдай дунялалда, кинидеги къулун, эбелалъ ахӏулалдаса хӏайранаб кечӏ дунялалда. Бакъул гвангъигицин жиндие къулулеб эбелалъул недегьлъи — гьелъ гурищ нухарегӏулеб лъимер кӏудияб дунялалде!?
Эбелин абураб дунялалдаго бищун тӏадегӏанаблъун кколеб цӏаралъе мустахӏикъаллъун гьечӏел цо-цо руччабазул сариназухъ гӏенеккидал, гӏодизе бачӏуна.
Ахӏмадил кӏудияб талихӏ
Рехун тарал лъимал. Огь! Гьединал лъималазул магӏуялъул бакӏлъи! Жакъа къоялдаги чан талихӏкъосараб лъимер бугеб, эбелалъул гьаркьихъги гьимиялъухъги урхъун. Гьезие бакъ гьимулеб буго батӏияй чӏужугӏаданалъул бадисан. Гьеле гьединаб бакъул бетӏергьанлъун вахъун вуго Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей дир курсцояй гьалмагъ Майсаратица хьихьун кӏудияв гӏолев вугев Ахӏмадги.
Майсаратил буго жийго бетӏергьанаб тукен. Цо къоялъ радал тукаде щварай гьей чӏаралъуйго хутӏана, клеенкаялда гъорлъ жемараб гӏомогоро гӏадаб жо багъаризе лъугьиндал. Заманалдасан гьей тӏуркӏизаюна лъимадул гӏодиялъ.
Огь, эбелалъул ракӏ… Зобалги ракьалги цоцалъ кьабичӏодай, гьеб лъимерги къватӏибе рехун, лъутун уней чӏужугӏадан йихьидал! Ахӏмадие камураб щибго гьечӏо хъизамалда вугевщинав чи тӏаделъун гогьдаризавуниги, гьев гӏолев вуго чорхолъ иман-яхӏ цӏикӏкӏарав васлъун. Унго-унгоги Майсаратицаги гьесие бицунеб недегьаб мацӏ, веэдун толев куц гьев. Жидергоги лъабго лъимер бугониги, ункъабилев Ахӏмад ккола киназулго хазина, гьев лъугьана бищунго бокьулеб лъимерлъун. Майсаратица абула цо-цо мехалда хӏинкъизецин бачӏунила, нагагь Ахӏмад гьавурай эбелалъ, хадуб халги ккун, гьев викъилин ва гьесда кинабго бицинилан. Гьеб букӏина Майсаратие къисматалъул кутакаб кьабилъун. Анцӏила щуго сон барав вас, авариялде ккун, хвана Майсаратил. Руго гьелъул жеги кӏиго васги цо ясги. Амма Ахӏмадица хасаб бакӏ ккола гьелъул гӏумруялъулъ. Тӏадегӏанавги жинда Ахӏмадил баракаталъ гурхӏулев ватулилан абула анцӏгониги сон унтун балеб бугей Майсаратица.
Дица гӏемер пикраби гьарула, Ахӏмад вихьидалги. Кида-къадги лъала гьесда жиндирго къисматалъул къиса. Ялагьиладай гьес жив гьавурай эбел!…
Шигӏруялде бикьараб ургъел
Гьайги ккола дир гьудул-гьалмагъ. Гӏолохъанай магӏарул шагӏир. Дида гьей жийго лъалароан. Амма цӏалулаан рекӏелъан би чвахулел гьелъул шигӏраби. Гьейги ккола лъималазул рокъоса хьихьизе ячарай яс. Рашидатица (гьединаб цӏар кьолеб буго дица гьелъие) кучӏдузулъ нагӏана кьуниги жий рехун тарай эбелалъе, бихьулеб буго гьей гьанжеги эбелалъухъ урхъун йигеб куц. Гьелъ абула жиндир йигин цохӏо жий хьихьарай эбелин. Абуниги, пикрабазулъ гьей цо кидаялиго жий рехун тарай эбелалда цадахъ йиго. Ахир-къадги ятана гьелда дунялалдаго бищунго хирияйлъун хутӏизе кколей йикӏарай гӏадан. Гьелда йихьулей гьечӏо гьанжеги жиндаса лъутизе къваригӏарай чӏужугӏадан, гьелда йихьулей йиго гӏицӏго эбел.
Огь, эбелалъул ракӏ… Жинца гьаюрай ясалъе дагьабгӏаги бакӏ жиндир рекӏелъ батичӏей вахӏшияй чӏужугӏадан. Гьале жийиланги абун, яс цее чӏедалги, унго, хӏинкъичӏодай гьей? Кинаб асардай гьабуна гӏансиялде сверараб гьелъул рекӏее? Батизего батиларо гьелда ракӏ. Букӏарабани, рес букӏинчӏо, лъимералъ къвал бараб мехалъгӏаги, гьеб хӏеккинчӏого букӏине.
Шагӏирзабаз жидерго асаразулъ борхалъуде яхинаюрай, жидер къвакӏиялъеги кьвариялъеги мугӏрузгицин бутӏрул къулулел, захӏмалъаби къезарулел, къварилъаби хӏехьолел руччабазул цо-цо ишаз чӏегӏераб тӏанкӏ лъолеб буго чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанлъиялда.
Цояз инкар гьабурал, цогидаз гӏезерурал рехун тарал лъимал…
Эбелалъул рахь кӏутӏбузда бакъвачӏеб, гьеб рахьдал тӏагӏам щибали лъачӏеб, хӏасратай бабул кинидахъ кочӏоца пана гьабичӏеб, кӏодоэбелалъул маргьа рагӏичӏеб, гьелъул цӏурачадазул хӏалбихьичӏеб, эбелалъул кверазул хӏеренлъи лъачӏеб, гьез беэдичӏеб, кьабичӏеб, бабайиланги ахӏун, гьелъул горбода хурхине рес щвечӏеб, согӏаб къисматалъул квачӏикье ккараб талихӏ билараб лъимер. Лъималазул рокъобгицин жиб кӏваричӏин ахӏдарай эбелалъухъ урхъараб. Даим пашманал беразул хӏикматаб жавгьар. Эбелалъул бадисан талихӏалъул бакъ жиндие гьимичӏеб.
Берцинлъиялъул къуват
Гьаб хадусеб лъай-хъваялъги дие рагьана инсанасул хӏикмалъиги берцинлъиги. Гьале гьадинаб рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабулин дуниялилан абулеб букӏун батила гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан Ф. М. Достоевскиясги.
Больницаялда тохтуралъухъе иргаялда чӏаразул читӏир цӏакъго халатаб букӏана. Къватӏиб квачанги букӏана, балеб гӏазуги букӏана. Гьоркьохъеб ригьалъул бихьинчиги гьединайго чӏужугӏаданги рачӏана тӏаде. Ирга щвеялдаса хьулги къотӏун, дун къватӏие ана, рокъоедай инаян ургъулей йикӏана. Дир пикраби цӏаларал кинигин, гьев бихьинчияс дида абуна машинаялъуй гӏодой чӏезе ячӏайила, ирга щвезегӏанилан. Дида гьений дой чӏужугӏаданги ятана. Гьел ратана Гъуниб районалдаса магӏарулал. Гара-чӏварун, гӏурабго заман ана. Цо заманалдасан Гӏумар сагӏтихъ валагьана, ва жив школалде Рамазан щвезавизе ине кколинги абун, машинаги бачун, ана. Цинги Салихӏатица дие бицана Рамазанил хӏакъалъулъ.
— Щибаб рогьалида, гӏодилаго, вахъинавулаан Субаца жеги макьидаса вигьинчӏев гьитӏинав Рамазан. Гӏемерисеб мехалда, вухулаго, вачунаан гьелъ вас ясли-ахалде. Жийгоги кидаго гӏедегӏун йикӏунаан хӏалтӏуде. Эбелалъулги васасулги гьеб гизма бихьулаан ва рагӏулаан мадугьалихъ вугев Гӏумарида. Гьесда хӏехьезе кӏолеб букӏинчӏо васасул гӏодиги эбелалъул ахӏиги. Цо къоялъ васги вачун, гӏедегӏун уней Субаде данде ана Гӏумар ва вас жиндир дова тейилан абуна. Суба цин йихха-хочана ва хадуй разилъана. Гьей, васги рокъов тун, унаан хӏалтӏизе. Гьитӏинав Рамазан макьид гӏорцӏидал, гьев вачине Гӏумар, яги гьесул лъади Булул, яги гьезул лъимал унаан. Бакъанида Субаги ячӏунаан васасда хадуй. Гьедин ана гӏуралго моцӏал. Тӏолабго хъизан ругьунлъана гьитӏинав Рамазаниде. Гьев гьечӏеб мехалда, ракӏгъоларого букӏунаан Гӏумарил хъизан. Гьале цо къоялъ кватӏана эбел васасда хадуй ячӏине… Ва ячӏинчӏо тӏокӏалъ…
Долдаса нахъе ун буго анлъго-анкьго сон. Цӏияб хъизамалда цӏияб талихӏ гьимана гьесие. Школалде-нахъеги Гӏумарица машинаялда щвезавула Рамазан. Гӏумарица гьеб жиндирго гьунарлъун гуребха рикӏкӏунебги бугеб. «Дир Булул лъикӏай, хӏеренай, хӏалимай, рокьул цӏураб ракӏалъул гӏадан йикӏинчӏейани, кӏвезе букӏинчӏо дида вас нижеего тезе. Гьеб буго гӏицӏго гьелъул баракат — аслияб къагӏидаялда гьейлъидалха лъимералъе хъулухъ гьабизе кколей гӏадан. Жакъа цебечӏезабизе кӏоларо Рамазан гьечӏеб дирго гӏумру. Вокьула гьев дир васазеги,- ян абула Гӏумарица.
Бухӏараб магӏуги
бечӏараб тӏегьги
Гьал дица тӏадехун рехсанщинал лъималазе талихӏалъул бакъ гьимана батӏиял хъизамазда. Чиякълъиялъул рагӏдукьан баккун бачӏараб бакъалъ хинлъизаруна гьезул ракӏал. Улбул гурезда кӏвана гьел лъимал цӏияб гӏумруялъул каранда кенчӏезаризе.
Лъимал рехун тарал улбул. Бугебдай цогиги чӏужугӏадан инжитлъулеб рогьояб цӏар!? Огь, эбелалъул ракӏ, эбелалъул ракӏ, ганчӏиде сверараб эбелалъул ракӏ. Киндай гьелда макьу щолеб, щвараб гӏоралъ айилан лъимерги тун. Лъимадул бухӏараб магӏуялъги жиндихъ гӏащикъал беразул балагьиялъги хӏеккинабулареб эбелалъул ракӏ. Унго, дур бакӏлъиги, цӏоройги, цӏамхӏаллъиги.
Тӏадегӏанас цоцазе бижараб хӏасраталъул кӏиго тӏегь- эбелги лъимерги. Цоцаздаса тӏезаризе лъида кӏолеб. Гьеб кӏиябго тӏегь цӏубазе, тӏегьазе ккани, къваригӏуна хӏасратаб рокьи, эбелалъулги лъимадулги цоцазде бугеб. Цояб камунигицин, цоялъул гӏумру талихӏаб букӏунареб. Бечӏараб буго гьаб дир макъалаялъул багьадурзабазул талихӏалъул цояб тӏегь, гӏицӏго гьаюрай эбелалда гурони, жиндие гӏумру кьезе кӏолареб…
Шамай Хъазанбиева