Ранго рахъунарел объекталги хӏалтӏизе чагӏи гьечӏого хутӏараб республикаги

9 сентябралда тӏобитӏараб ДРялъул Халкъияб собраниялъул иргадулаб сессиялда аслияб кӏалъай ккана республикаялда ран рахъунел гьечӏел объектазда ва гьелъие гӏайибиязда тӏасан.

Гьелда бан цо чанго къоялъ цебе парламенталъул спикер Хизри Шихсагӏидовас инстаграмалдасан бадибчӏвай гьабун букӏана бакӏал раялъулгун рукӏа-рахъиналъул магӏишаталъул министр Малик Баглиевасе.

«10 млрд гъурущ буго хӏалтӏизабичӏого хутӏун, заказчик хӏисабалда министерство щиб гьабулеб букӏараб? Гьелъие жаваб кьезе министр Малик Баглиевасе расги бигьаго букӏинаро. Свакан ватани, цогидасе нух кьезе ккела», — ян хъван букӏана Х. Шихсагӏидовас.

Гьединлъидал киналго балагьун чӏун рукӏана министрас кинаб жавабдай спикерасе кьелаян. Амма гьес инкар гьабуна интернеталдасан баян кьезе. Шихсагӏидовасин абуни хадусеб къоялъ добго инстаграмалдасан хъвана сессиялде хӏадурлъулеб данделъиялда гьел объектазда тӏасан хабар кканин.

Гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана арбагӏ къоялъ тӏобитӏараб сессиялда. ДРялъул бетӏер Владимир Васильев гуревги, гьелда гӏахьаллъана РФялъул Федерациялъул Советалъул вице-спикер Иляс Гӏумахановги, Пачалихъияб Думаялъул депутатал Мурад Хӏажиевгун Валерий Газзаевги.

Министр Баглиевас бицана исана соналда жаниб гьабураб хӏалтӏул.

«Масала, тӏаде босун буго 24,5 миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурщиде 286 объект базе. Гьелда гьоркьоса 77-яб ккола лъай кьеялъул объект — 57 ясли-ах (9100 лъимералъе бакӏ бугеб) ва 20 школа (9550 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб). Гъоркьгоги гӏоларого рукӏарал ясли-ахалги школалги гьанже, Каспийскиялде рагъулаб флотилия гочинабун хадуб, тӏуранго къанагӏалъизехъин руго», — ян бицана министрас.

Гьелда бан республикаялъул тӏалъиялъе хӏажат буго гьел хехго ран лъугӏизаризе. Гьединлъидал цо къадаралъул хӏалтӏи Оборонаялъул министерствоялдаги тӏадкъан буго. 77 объект базе биччараб 14,8 млрд гъурщил аслияб къадар гьеб министерствоялъ харж гьабулеб буго. Амма батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан рагъулал хъулухъчагӏаз бакӏал раялъул иш хадуб бехъерхъизабулеб буго.

Гьелъие гьадинал гӏунгутӏаби рехсана Малик Баглиевас: бакӏазда хасал генпланал гӏуцӏичӏолъи ва хӏажатал документал цойиде ккун гьечӏолъи, цинтӏаго гӏемерал бакӏал цадахъ разе ккеялъ цо пуланаб объект бан бахъинабизе бюджеталъул гӏарац гӏунгутӏи, хасаб лъай бугел махщелчагӏи гьечӏолъи (архитекторал, сметаби рахъулел чагӏи, геодезистал, технологал). Моцӏрое щолеб 18-20 азарго гъурщихъ гьединал, къанагӏатаб махщалил чагӏи хӏалтӏуде росизе бажарулеб гьечӏеблъи.

Гьелде тӏадеги, иш хӏалуцинабунин ришватал росун яги бюджеталъул гӏарцуе хӏилла- макру гьабун батун, цо-цо чиновникал туснахъазда лъеялъгиян абуна Баглиевас. Гьес бадибчӏвай гьабуна Оборонаялъул министерствоялъул ункъабилеб ГВСУялъеги (Главное военно-строительное управление). Хӏалтӏухъ гӏарац кьеялъул рахъалдасанги нухмалъи гьабиялъулъги тартиб букӏинчӏила гьезул.

ГВСУялъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамадэмин Чамаевас жаваб кьуна жидеца объектал разе тӏадкъан бугила Дагъистаналдаса подрядниял гӏуцӏабазда. Амма гьезул инженериябгун техникияб лъай мукъсанаб букӏиналъ жидер гӏемераб заман унеб бугила гьезда хӏалтӏи малъулаго. Гьединго объектал разе бюджеталдаса биччалеб 11 млрд гъурщил 3 млрд гурони щун гьечӏила жеги жидехъе.

Хадуб депутатаз байбихьана Чамаевасе суалал кьезе. Масала, Мухӏамад Гӏарациловас гьикъана Тарумовка районалда базе бихьизабураб лъабго объекталъул цонигиялъе кьучӏ лъезецин лъугьун гьечӏила, гьелъие гӏилла щибилан.

Чамаевас жаваб кьуна пачалихъияб контракталда гъоркь гъулбас лъун гьечӏила, гьелдаса хадуб байбихьилила гьениб хӏалтӏи.

Мухтарпаша Гӏумахановас гьикъана республикаялда 73 объект базе тӏаде босулелъул, нужеца нужерго ресазул хал гьабунищин, гьединго, цого заманалда къогоялдаса цӏикӏкӏун объект базе тӏадкъарал субподрядчиказул анализго гьабунищин.

Хадубго тӏаде жубана муниципалиял гӏуцӏабазулгун бухьенги гьабун ралагьизе бегьулаанин гьез субподрядчикалгиян.

Чамаевас гьелъие чӏванкъотӏараб жаваб кьечӏо.

Спикерасул заместитель Камил Давдиевас кӏвар буссинабуна исана 1 сентябралде гӏицӏго анкьго гурони социалияб объект бан бахъинчӏолъиялде. Амма цебеккунго рагӏи кьун букӏун буго 22 объект базе.

Депутат Мухтар Оздеаджиевас рехсана доб цебехун рехсараб управлениялъул хӏалтӏулъ цо моцӏида жаниб тӏатинабун букӏараб 267 гӏунгутӏи.

Гьанжелъизегӏан рачӏого хутӏарал объектазул гӏайиб ункъабилеб ГВСУялде гьабуна Оздеаджиевас. Тӏадежоялъе, Бакӏал раялъул министерствоялъ гьелъухъе кьезехъин бугин жеги 11 объектги базе, амма гьеб биччазе бегьуларин лъазабуна депутатас. Гьединал бакӏазде хӏалтӏизе росилалде цебе хасаб лъай кьолел цӏалул идарабиги рагьизе кколин рикӏкӏунеб буго Оздеаджиевас.

Хадур кӏалъана Иляс Гӏумахановгун Хизри Шихсагӏидов.

Гьединаб, ай хашаб хӏалтӏудалъун нужеца республика хьуцӏилъе цӏалеб бугин кӏалъана Гӏумаханов. Рагъулал бакӏал ралезул къадру абуни улкаялда кутакалда кӏудияб бугила.

Гьес Чамаевасе малъа-хъвай гьабуна хасал терминалги тарихалги рехсей жибгоги тун, чӏванкъотӏарал ишазде байбихьизе, щайин абуни – «гӏадамазе объектал хӏажат рукӏун».

Ахиралда кӏалъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги.

Ресалги, гӏадамалги ругин, гӏарацги бугин, амма хӏасил бихьулеб гьечӏин абуна гьес.

Гьанже пандемия байбихьидал, объектал ралел рукӏарал азербайжаналъулалги, китаялъулалги, цогидалги жиде-жидер ватӏаналде тӏадруссун индал, хӏалтӏухъабиги гьечӏого хутӏун руго заказчикал. Масала, Васильевас бицухъе, Азербайжаналдаса лъабазарго чи вачине кколев вуго гьаниве гьел объектазда хӏалтӏизе.

Машинабаздалъун гурони, хъалахъги кодоб ккун гьабулеб гӏиси- бикъинаб хӏалтӏи гьабизе разилъулел гьечӏин дагъистаниял, гьединлъидал ахӏизе кколел ругин республикаялде азербайжаналъулалин бицана Васильевас.

Кин букӏаниги, республикаялъул бетӏерасда лъикӏаблъун бихьана ккара-таралъул хӏасилги гьабун, кӏвараб куцалда хӏалтӏизе.