Чӏарада районалъул Цемериве щведал, дун дандчӏвана Гьилиб росдал бегавул Абакар Жамалодиновгун. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.

— Абакар, мун ккола ДРялъул халкъияв артист, машгьурав кочӏохъан, гӏемерал соназ районалъул культураялъул отделалъе нухмалъи гьабурав чи. Кин ккарав росдал бегавуллъун?

— Росдаеги росдал жамагӏаталъеги дагьабниги пайдаяб хӏалтӏи гьабизе бокьиялъ. Кидаллъизегӏанха сценаялдасан кечӏ ахӏулевги вукӏинев, соналги унел ругелъул. Дица нухмалъи гьабулеб администрациялде гьоркьобе уна Гьилиб, Цемер, Рилъаб, Гьогӏаб, Кӏутӏихъ, Доронуб, Къарануб, Лъарабазулъ росаби. Гьенир гӏумру гьабун руго 1900 чи, 680 цӏараки. Гьаниб буго гьоркьохъеб школа, 4 байбихьул школа, 8 койка бугеб участкаялъулаб больница, 5 ФАП, 1 СПК, 1 КДЦ, 2 клуб, 4 ясли- ах, бухьеналъул отделение, чанго тукен.

— Мун бегавуллъун вугелдаса унеб буго щуабилеб сон. Планалда букӏараб щиб хӏалтӏиха гьабун рагӏалде бахъараб?

— Гьаризе ракӏалда рукӏарал гӏемерисел хӏалтӏаби гьаруна. Амма цо-цо дида бачӏелги рукӏунаха. Гьогӏаб росдал клуб букӏана чӏунтун, гьениб капиталияб ремонт гьабуна. Цемериб клубалъеги ремонт гьабуна. Гьилиб КДЦялъул директорасулги кружоказулги кабинетаздаги ремонт гьабуна. Цемерибе лъим бачана. Гьелъие кумек гьабуна Хӏабибулаев Расулица. Кӏутӏихъ басрияб росулъе машинадул нух гьабуна. Доронубе, гӏадамазул кулабахъеги хурзабахъеги гьединабго нух гьабуна. Лъарабазулъ росу рагӏалда майдан гьабуна.

— Кинабха бугеб администрациялъул бюджет?

— Администрациялъул бюджет буго 3 млн 700 азарго гъурущ. Гьелдаса 1 млн 300 азарго гъурущ ккола культураялъе биччараб, 2 млн — управлениялъул аппараталъе, 67 азарго — муниципалияв хӏалтӏухъан пенсиялде индал, гьесие щибаб моцӏалъ тӏаде кьезе бихьизабураб гӏарац. Гьанже мунго балагьеха, цогидал хӏалтӏаби гьаризе хутӏаралъухъ.

— Кин бугеб налогал ракӏа- риялъул иш?

— Гъоркьиса налогал ракӏари 140 проценталъ тӏубан букӏана (224 азарго гъурущ), амма исана, коронавирусалъул хӏасилги букӏинарищха, 80 проценталъ гурони тӏубан гьечӏо. Захӏмат буго буголъиялъул налог бакӏари. Гӏемерисез жидерго минаби инвалидазда, пенсионеразда тӏад хъван руго.

— Рагъда хваразе рарал памятникал ругищ?

— Киналго росабалъ руго, Цемери букӏараб памятник, росу рагӏалда цӏияб мажгит балаго, хвезабуна. Ракӏалда буго ункъо росулъе нух бикьулеб бакӏалда («Руккалда») мемориалияб комплекс базе. Гьелъие бахъараб проектги буго.

— Кин бугеб гӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏи? Цӏиял хъизанал гьарурал гӏолилал росулъ чӏолел ругищ? Гьезие хӏалтӏи бугищ?

— Росабалъ хӏалтӏи щибха букӏинеб, рес буго гӏи-боцӏи хьихьизе. Амма гьеб хӏалтӏи гӏолилазе бокьулеб гьечӏо. Цӏи гьарурал хъизаназе мина базе бакӏ нижеца кьола ракь бугел росабалъ (Рилъаб, Къараноб, Гьогӏаб), Гьилиб гьеб рахъалъ къанагӏалъи буго. Гӏадамазул рукӏа- рахъин квеш гьечӏо. Аслияб куцалда гӏи-боцӏи хьихьула, гӏемерисел хурзал рехун тана, амма бекьула картошка, хъапустан, гьоло, ражи. Нижер гьаниб буго газа-бел, харицелал гьарулеб къебелъиги, Дагъистаналда кибго гьечӏеб гӏадаб лъел гьобоги.

— Ругищ росдае кумек гьабулел рес бугел гӏадамал?

— Гӏемер рес бугел чагӏиги нижехъ гьечӏо, амма рехсечӏого гӏоларо республикаялъул парламенталъул депутат М. Мухтаров. Росдал администрация, колхозалъул букӏараб контораялде бахъинабидал, нижер букӏараб мина кьун букӏана ясли-ахалъе. Гьелъие ремонт гьабизе гӏарац битӏун бачӏана Мухтарил Мухӏамадица. Стомотологияб кабинеталъе хӏажатабги бачӏана гьесго.

— «Хӏакъикъат» цӏалулищ, хъвалищ? Щиб абизе бокьилеб газета цӏалулезда?

— Магӏарулаз магӏарулазул газета хъвачӏого бегьилищ? «Хӏакъи- къатги», «Чӏарадаги», «Ас-саламги» хъвала. Рес гьечӏезе букӏине 10 газета тӏадеги хъван букӏана. Магӏарулазда абизе бокьила магӏаруллъи чорхолъа лъугӏизе тогеян, умумузул букӏараб гӏадатги яхӏ-намусги цӏунеян.