Жиндирго мугӏалималъе, Бике Гъазимухӏамаевалъе, Руслан Салимгереевас сайгъат гьабураб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:

Мукъадасаб буго, Бикеша,

дур цӏар,

Тӏокӏцӏар батилилан

ккун букӏаниги.

Гьелъулъ цо хӏикматаб

хӏеренлъи буго,

Къвакӏи-кьвариялъул кьер

бугониги.

– Кӏикъогоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе лъугӏизабуна Русланица нижер школа, — ян бицана физикаялъул ва математикаялъул мугӏалим Бике Измутовна Гъазимухӏамаевалъ жиндирго цӏалдохъанасул хӏа- къалъулъ.

Хӏакъикъаталдаги гьелъ тарбия- лъай кьуралдаса гӏемерал сонал аниги, гьелъие баркала кьурал кагътал рачӏуна улкаялъул батӏи-батӏиял бакӏаздаса. Масала, Валера Янибеговас школалда цӏалулеб мехалдаго ургъун букӏана жиндирго класса- лъул нухмалъулелда цӏалул сон байбихьулеб къо лъилниги пикру хадуб гӏунтӏулареб къагӏидаялъ баркизе. Цӏулакьодул гъотӏол тӏанхида хъван рукӏана баркиялъул рагӏаби. Кӏикъоялда щуго соналъ цӏунун буго Бике Измутовнаялъ гьеб тӏамах.

Гьадин бицана жиндирго гӏум- руялъулги хӏаракатчилъиялъулги хӏакъалъулъ Бике Измутовнаялъ:

– Дун гьаюна 1936 соналъул 1 январалда Индиралдаса гочараб хъизамалда. Дир кьолбол кӏудиял рукӏун руго некӏсияб Чӏикӏаб росу гӏуцӏаразда гьоркьор. Дир кӏудияв эмен Чӏикӏаса Гъазимухӏама гӏемерал соназ Индиралда мажгиталъул имамлъун вукӏун вуго. Гьесул лъади Аминат, кӏиго лъимерги нахъе тун, гӏолохъанго хун йиго. Индиралъул жамагӏаталъ гьесда гьарун буго, мун гӏадинав лъикӏав имамги нижер мажгиталъе щвезе гьечӏин, цоги лъадиги ячун, гьанив чӏайилан. Гьез малъухъе, гьес гьений лъади ячун йиго. Гьей дир кӏодода цӏар букӏана Анав. Эмен Измудин, жиндирго щуябго лъимергун, 1929 соналъ Хасавюрталде гочана. Гьений гьаюна дун. Педагогасул захӏматаб хӏалтӏуде дир рекӏелъ рокьи бижана кӏудияв вац Насрудинидаса мисал босун. Гьес Махӏачхъалаялда рабфак лъугӏизабуна ва шагьаралъул № 4 гьоркьохъеб школалда тарихалъул мугӏалимлъун хӏалтӏана. Гьеб школалда цӏалана дунги 7 класс лъугӏизегӏан. Гьелдаса хадуй цӏализе лъугьун йикӏана Ведено школалде, вацас кьуна дун гьение магӏарул ясазул интернаталде. Гьев вукӏана къвакӏараб гӏамал-хасияталъул чи. 1938 соналъ ана Багӏараб Армиялда хъулухъ гьабизе. Рагъ лъугӏизегӏан вагъана Ватӏаналъул эркенлъи цӏунун. Политрук вукӏана гьев. Гӏемерал соназ хӏалтӏана школалъул директорлъун, районалъул лъай кьеялъул отделалъул заведующийлъун. Гьесул мисал босун, 1955 соналда гьоркьохъеб лъай щведал, дун цӏализе лъугьана Дагъистаналъул руччабазул педагогияб институталъул физикаялъул ва математикаялъул факультеталде. Гьале кӏикъоялда анцӏила щугоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ хиси гьечӏого хӏалтӏулей йиго цин тӏоцебесеб школалда, цинги — гӏемеррахъазулаб лицеялда. Цӏалун яхъиндал дица мугӏалимлъи гьабуна дирго эбел-инсул гӏагараб росулъ Индиралдаги.

Гьедин халатбахъараб гара- чӏвариялдаса хадуб Бике Измутовнаялъ дида цере столалда тӏад тӏиритӏана жиндирго рукӏарал цӏалдохъабаз батӏи-батӏиял соназ ва батӏи-батӏиял бакӏаздаса рачӏарал баркиялъулал кагътал, телеграммаби, жиндир хӏакъалъулъ газетазда рахъарал макъалаби.

Шагьаралъул «Гьудуллъи» газеталъул 1968 соналъул 16 маялда къватӏибе биччараб номералда бугеб «Нижер гьудул ва насихӏатчӏужу» абураб макъалаялда 8 «а» классалъул цӏалдохъаби Д. Ахӏмаджановалъ ва Т. Мичулаялъ хъвалеб буго: «Бике Измутовна Гъазимухӏамаева йиго нижер классалъул нухмалъулей. Рогьаралдаса рукӏкӏинегӏан гьей школалда йикӏуна, дарсаздаса хадурги нижее тӏадеги занятиял гьарула, классалъулал сагӏтал тӏоритӏула, яги цо цӏалдохъанасулгун тарбия кьеялъулаб гара-чӏвари гьабула. Цо сундениги машгъуллъичӏеб лахӏзат гьелъул букӏунаро. Ина сонал, нижецаги гали лъела гӏумруялъул нухде. Амма гьаб школалда цӏаларал сонал киданиги кӏочене гьечӏо. Щиб лъалеб, ниж гьанир чанго соналдасан нахъеги данде- лъизе бегьула. Гьеб мехалъ аваданго ина нижер халатаб жанахӏалъусан, бигьагьабун рагьила нижее хирияб кабинеталъул нуцӏа. Гьений доскаялда цее яхъун чӏун нижеда йихьила Бике Измутовна, цогидал лъималазда математикаялъул къанунал ричӏчӏизарулей».

– Дина Ахӏмаджанова гьанже нижер шагьаралъул больницаялда невропатологлъун хӏалтӏулей йиго, — ян бицана Бикеца, гьеб макъала цӏалун хадуб.

Гьелъ бихьизабуна РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, КПРФялъул фракциялъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Сергей Решульскияс Москваялдаса битӏун бачӏараб телеграмма: «Кидаго рекӏелъ хинлъигун ва баркалагун ракӏалде щола дида дирго цӏалул сонал. Дурго рекӏел хинлъигун, лъикӏлъигун ва кӏвар кьун, Дуца хӏаракат бахъана нижер щивасулъ лъугьинабизе лъикӏлъиялъул ва жавабчилъиялъул, жиндирго ишалъе, жиндирго халкъалъе ва улкаялъе ритӏухълъиялъул асар. Гьелъухъ нижер щивасул рахъалдасан баркала буго Дуе тӏолабго гӏумруялъ. Ракӏ-ракӏалъ гьарула Дуе щулияб сахлъи, халатаб гӏумру, талихӏ ва лъикӏабщинаб дур гӏагарлъиялъе».

«Ракӏ-ракӏалъ баркула лъабкъоялда анцӏго сон тӏубаялъул юбилей машгьурай, хӏаракатай педагог, божарай гьудул ва тӏалаб бугей эбел Бике Измутовнаялда», — ян хъвалеб буго РФялъул мустахӏикъай мугӏалим, Экологиялъул академиялъул академик, Москваялъул хӏукуматалъул премиялъул лауреат Инна Дмитриевна Евграфовалъ. «Кӏудияб хӏарпалдасан хъвазе мустахӏикъай Мугӏалим», — абун къимат кьолеб буго гьелъие жидерго телеграммабазда Москваялдаса Хӏусен Мухтаровас ва Краснодар краялъул Гулькевичи шагьаралдаса Катя Бурьяновалъ.

Цо открыткаги дихъе бегьун, Бике Измутовнаялъ абуна:

– Гьаб буго дие хирияй цӏалдохъан Анисатица, гьелъул эбелалъ ва яцалъ баркун бачӏараб. Гьелъ дун йохизаюна, лъилниги кумек гьечӏого, гъоркьиса гьей Москваялъул медицинаялъулаб академиялде цӏализе лъугьиналъ, — ян кӏалъана Бике.

Гьаб макъала ахиралде щвезабизе бокьун буго лицеялъул директор, ДРялъул мустахӏикъай мугӏалим, РФялъул лъай кьеялъул отличник Татьяна Голощаповалъул рагӏабаздалъун: «Бике Измутовна йиго Хасавюрт шагьаралъул гуребги, тӏолабго республикаялъулго мугӏалимзабазда гьоркьой машгьурлъиялъул ва къадруялъул къуватаб кунчӏилъун».