Хӏамзатил Расулил хьолбохъ Патӏимат гӏадайги, Гӏабасиласул хьолбохъ Савдат гӏадайги гӏадан Мухӏамад Сулимановасда хьолбохъги йикӏарайани, гьесул асаразулги цӏаралъулги къиса батӏияб букӏинаанилан хъвана Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъ.

Гьеб битӏарабги буго. Араб анкьалда гьел рагӏабазул магӏна дагьабги загьирлъана.

Гӏедегӏулел рукӏана Савдат-эбелалъухъе. Гьеле гьей хӏикматай хӏурулгӏиналъ Гӏабасил Махӏамадил цӏар лъуна цӏвабзазда аскӏоб. Жакъаги гьелъухъе рачӏунел руго, шагӏирасда цадахъ гьелъ гӏумруялъго бараб ва киданиги жинхъе унеб нухда чӏахӏ бижизе гьечӏеб гӏаданлъиялъул сиялъухъе. Гьеб сидул щибаб ганчӏилги буго жиндирго къиса. Гӏадамазде бугеб хӏалхьолареб рокьул къиса.

Ракьалда бугеб алжанилан абун Гӏабасилас тараб гьесул Лъагӏилухъ росулъе гӏедегӏун рачӏунел рукӏана магӏарулалги цогидаб миллаталъул вакилзаби-шагӏирзабиги. Гьесул цӏар кьураб росдал школалда рагьулеб букӏана Россиялъул мустахӏикъав художник Гӏали Мухӏамадовас шагӏирасе гьабураб памятник-бюст.

Мугӏрузда тӏибитӏун бугеб магӏарулллъиялъул гьуинаб махӏги цӏулаго, кӏичӏ-кӏичӏарал нухалги нахъа толаго, щвана Лъагӏилухъе. Гьенире гӏагарлъанагӏан, дандего бачӏунеб бугин кколеб букӏана шагӏирасул рухӏ, рагӏулеб букӏана гьесул гьаракь.

Гьалеха, макъратӏисалъ кинигин, жиндехунго гӏадамал цӏалеб авар поэзиялъул гучаб рукъ, Гӏабасиласул мина:

— Дир рукъ бечелъула,

баче кверилан,

Кисаниги гьобол рагьде вахани.

Бугӏун бакъул цӏола,

духъе щванил

Щибулев вугеван

гьудул вачӏани…

Гьале жакъаги Гӏабасиласул гъасда бакараб цӏадухъе вачӏанщинав чи – унго-унгоги букӏараб берцинаб горсвери шагӏирасул гъанситохъ. Гьале гьадинаб гӏумруялъул берцинаб ахирги ракьалда тун арав шагӏирасухъ урхъараз цӏуна азбар- къоно. Гьадале гьадал тӏаде ралагьарал рорхатал мугӏрузги согӏал кьураби-парсазги цадахъ лъугьун гъолеб букӏун батила шагӏирасул асаразда рухӏги. Гьале росдал сухъмахъалги. Гьанисан, лъимерлъиялъул чангиталъ хадувги цӏан, чанги хьвадун ватила халкъияв шагӏир. Гьадале гьадаб, рукъалде тӏаде балагьараб гӏажаибаб берцинлъиялъул гогьаралъул мегӏералъул тӏогьисан, тӏолабго Аваристаналда рагӏиледухъ, гӏадамазде бугеб гьалдолеб рокьул цӏураб керенги рагьун ахӏараб шагӏирас:

— Халкъги Ватӏанги кколев,

Ккани, ахӏуд вахъунев,

Бачӏани, кечӏ ахӏулев –

Дун росулъа вас вуго… — ян

Гӏабасилав абадиялъе хутӏана росулъа васлъун.

Гьале тӏаде щвана шагӏир чӏаго гьавулеб лахӏзат. Шагӏирасул хӏурулгӏин Савдатица рагьана памятник. Гьениб букӏана Савдатил магӏуги, гӏадамазул рохелги, шагӏирзабазул шагӏирасде бугеб рокьиги. Кодоб пандурги ккун, хъахӏабросулъевги щвана тӏаде. Заманалдасан Камилил Баширги гӏунтӏана. Гӏакаро магӏарда гӏунарай Сабацаги бицана жиндирго рокьул къиса.

Гӏабасиласул асаразул багьадурзаби гьоболлъухъ ахӏун рукӏана росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз ва Авар театралъул актераз. Гьез рихьизаруна шагӏирасул пьесабаздаса бутӏаби. Хадур данделъана росдал клубалде. Берцинаб байрамалде сверана шагӏир ракӏалде щвезавиялъул къо.

Гӏабасиласул шигӏрабазул улкаялъул даимал гьалбаллъун ругел магӏарул шагӏирзабаз рикӏкӏана гьесие сайгъат гьарурал кучӏдул, бицана гьесул гӏумруялъул ва творчестовоялъул хӏакъалъулъ.

Рагьана памятник. Цӏидасанги цӏилъана шагӏирасде бугеб рокьи. Дагьабги гьелегьана гьесул гъанситохъ бакараб гьудуллъиялъулги адабияталъулги цӏа.

Ва кечӏ рикӏкӏунев вугев шигӏи- расул гьаракьалъ нуха регӏана гьалбал:

— Зобал тӏаса лъугьа

дир гӏанчӏлъиялда —

Гӏумруялъ къуличӏеб

дир бетӏералда,

Азарго как бугеб дуниялалда

Дицаго ургъараб

рокьул диналда.

Тӏадруссунел руго Лъагӏилухъа. Нахъехун толел руго шагӏирасул шигӏраби тӏегьарал, тӏирщарал расалъабиги, мугӏрул-щобалги, даимлъиялде араб шагӏирасул тӏадегӏанаб цӏар дандерижилъун гаргадарал росдал къватӏалги, гьенире гӏадамал къабул гьарулел сухъмахъалги:

— Дун гӏоле-гӏолезул

гӏолилав вуго,

Гӏолохъанлъи гӏадаб

гӏумру лъаларо;

Гӏанчӏал хиялазул

нухлулав вуго,

Нухтӏа вукӏин гӏадаб

рохел лъаларо…

Жакъаги нухда сапаралъ вуго шагӏир. Гӏадамазул ракӏазулъе лъураб рокьул кьолъун ругел гьесул асарал жакъаги гара-чӏварулел руго нилъгун.

Лъугӏана халкъияв шагӏирасулгун букӏараб иргадулаб дандчӏвай. Гьеб букӏана Гӏабасиласулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб иргадулаб лахӏзатги. Гӏумруги хвелги. Авалги ахирги. Къисматги къисаги. Рохелги магӏуги. Дандчӏвайги ратӏалъиги. Гьеб кинабгоги цолъун лъугьараб шагӏирасул гъасда бакӏараб цӏаялъ цӏидасанги нухарегӏана гьалбал.