Арал гӏодоркъояз «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз сапар гьабуна, магӏарулазул халкъияв шагӏир ва гьунар бугев драматург Гӏабасил Махӏамадил ватӏаналде. Лъагӏилухъ росдал школалъул азбаралда, гьев ракӏалде щвезавиялъул мурадалда, монумент рагьулеб тадбиралде ахӏун рукӏана ниж. Гьеб тадбиралъул хӏакъалъулъ Шамай Хъазанбиевалъ хъвараб макъала гьаб газеталъул 6-абилеб гьумералда бахъун бугелъул, дица бицина дидаго бихьа-таралъул.

Гьанжелъагӏан бицунеб рагӏун букӏаниги, исана тӏоцеве щвана дун Гӏабасил Махӏамадил росулъе. Тӏоцебесеб сапаралъ гьабулеб асарги ракӏалдаса унареб букӏунелъул, пикру ккана гьелъул хӏакъалъулъ нужееги бицине.

Лъагӏилухъе ниж ана Кьохъан. Кьахъадерил ахазде тӏаде балагьараб бакӏалде щведал, гьаб бакӏалда жинца цо кечӏ рикӏкӏине кколин кӏалъана цадахъ ийкӏарай тележурналист Хатимат Мухӏамадова.

Тӏабигӏат берцинаб бакӏалда буго Лъагӏилухъ. Хунздерил тӏалъиялдаса тӏурал гьитӏинав вацал гӏадин руго Харахьиги, гьелдаса гӏемер рикӏкӏада гьечӏого — Лъагӏилухъги. Лъарагӏлъиялда гӏадин дуз битӏараб гьечӏониги, гьава бакъ-рекъараб, гьобол-гьудуласе асар гьабулеб хьиндаллъи бугоан гьеб.

Гӏабасил Махӏамадил минаялде гӏагарлъулаго, цо тамашаяб асаралъ кверде восана. Дида гьев вихьун лъалев чиги вукӏинчӏо. Инсул, цадахъ хӏалтӏулезул биценаздасан лъалаан кутакалда гӏадан хирияв, гьобол-гьудуласул адаб бугев чи вукӏанилан. Гьанже гурони гьанже гьев дандчӏвазе ватилин абураб гӏадин букӏана ракӏ. Амма Гӏабасилас дандчӏвай гьабичӏо. Азбарин абун цӏун букӏана гьалбадерица. Рагьдухъ тӏибитӏун букӏана белъунеб гьаналги, бежулеб чадилги махӏ. Цоцалъ ран гаргадулел руччабазул хъуй, бихьиназул релъигун махсараби.

Гӏажаибго рекӏее гӏуна дие Савдат-эбелги. Вачӏа-вачӏарасда хӏеренго кӏалъалей, щиб гьезда цебе лъелеб, кир гьел гӏодор чӏезе гьарилелали лъаларого йикӏана гьей. Киназего бокьун бугоан гьелда аскӏор гӏодор чӏезе, гьелъул рекӏелъ рекъолеб хабар бицун гьей йохизайизе ва гьелда аскӏор чӏун суратал рахъизе. Амма, «херай жиндир бахъичӏого, нужерго бахъе сурат», — иланги абун, инкар гьабизе къасд гьабулебги букӏана гьелъ. Кисаха толей нилъер гӏанчӏал руччабаз, Савдат- эбелалда къвал базе щвараб лахӏзат тарихалде унеб хӏисаб букӏана гьезул.

Киназулго мурад тӏубан хадубгӏаги гьелда кӏалъазе санагӏат рекъелародайилан вукӏарав дун, кваназе ахӏана цо гӏолохъанчияс. «Гьедин чӏани дуе хадуб хӏанчӏизе хинкӏ щоларинги» абун, гӏедегӏинавуна гьес. Бертаде гӏадин къачӏана бугоан Гӏабасиласул гӏатӏидаб азабаралда кванил тепси. Гьарзаго букӏана столалда тӏибитӏараб нигӏмат.

Цогидаз гӏемер бицунеб рагӏун, цебего хиял лъун букӏараб Гӏабасил Махӏамил музеялдеги щвана. Гьединаб бечедаб музей магӏарухъниги щиб гурин, республикаялъул шагьараздацин батиларин ккана ракӏалде. Хӏайран гьавуна Гӏабасиласул библиотекалъги. Тӏубар гӏумруялъ гьес данде гьарурал тӏахьазул ункъабго къед цӏурал полкабаз кутакаб асар гьабуна. Умумузул кини-рощеналдаса бахъараб, буртинаялде щун камураб алатги, цӏа-рагӏги, къайи-цӏаги гьечӏоан гьениб. Киса-кибго бихьулеб букӏана Гӏабасил Махӏамадил лъалкӏ, гьесул кверзул рагъари.

Машгьурав шагӏирасул минаялдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого буго, гьесул цӏар кьураб росдал школаги. Кӏиго соналъ цебе, тохлъукьего цӏаги ккун, бухӏун букӏараб басрияб школалъул бакӏалда эхетун буго, гьанже заманалъул киналго цӏалул сурасатаздалъун хьезабураб кӏитӏалаяб мина. Школалде лъугьарабго буго Гӏабасиласул гӏумруялъул лахӏзатазул бицунел рикӏкӏен гӏемерал суратаз къалъизабураб стенд. Кӏиго соналда жаниб эхетанин школалъе цӏияб минайин бицана директор Бегасги. Гьевгун цадахъ щибаб классалдеги щвана. Авар мацӏалъул ва маданияталъул дарсал кьолеб рокъор «къ, кь, лъ, чӏ» хӏарпал хъварал игӏланазда цере лъалхъунги хутӏана. Ракӏалдещвеяз лъимерлъудеги рачана.

Бакъанидехун гьалбал нахъеги кванил столалде нахъе ахӏана Гӏабасиласул гӏагарлъиялъ. Гьуинаб хабарги, Гӏалихӏажи Мухӏамадовас ахӏулеб кочӏол гьаракьги, руччабазул разияб релъи-хъуялъги цӏун букӏана сверухълъи. Амма кинабго жоялъул ахир букӏунеб гӏадин, гьеб дандеруссиналъеги заман щвана биххизе. Савдат-эбелалъеги, гье- лъул гӏага-божаразеги баркалаги кьун, ниж къватӏире рахъана.

Тӏадруссутӏа нижер нух букӏана хунздерил тӏалъиги къотӏун. Херехьдерил магъилъе щваралго хер бецулел гӏадамалги ратана. Гӏарахъ гьабулел ратарал бихьиназе саламги кьун: «Цебегоялдаса нахъе лъен кодобе босун букӏинчӏо», — янги абун, гьезда аскӏове ана газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов. Ва кӏвараб кумекги гьабуна.

Маркӏачӏул как ахӏулеб гӏу- жалдехун Макьасде рахунеб габурлъухъе щвана ниж. Гӏурдада какалги ран, хунздерил тӏалъиялъе бетӏерги къулун, сардил бецӏлъиги хъвалхьунаго гьаругьинан тахшагьаралде нахъ руссана…