Тарихалда рекъон, Дагъистаналъул ракьалда гӏадамаз гӏумру гьабизе байбихьун буго 150 азарго соналъ цебе. Гьелдаса нахъе батӏи-батӏиял къавмаздаса гӏуцӏараб халкъалъ нахъа тана цӏар араб, бахӏарчияб нух. Экономикияб, культурияб цебетӏеялъулъ ккана кӏуди-кӏудиял хиса-басиял. Берцинаб тӏабигӏаталъги, ракӏ рагьарал гӏадамазул хасияталъги батила, Жебал Каф (Кафалъул мугӏрул) абулеб ракьалде магърибалдасаги машрикъалдасаги гӏалимзабазулги гӏадатиял гӏадамазулги пикру цӏалеб букӏана. Гьединаб гьитӏинаб, амма гӏемерал миллатазул гӏадамаз гӏумру гьабулеб ралъдал рагӏалда бугеб нилъер ватӏан киназего бокьулаан жидераблъунго букӏине. Расул Хӏамзатовас гьелъул бицунаго, «Дир Дагъистан» тӏехьалда хъвана: «Дагъистаналъул доб заманалъул тарих цӏалун хадуб дир инсуца абуна гьеб бугила гьекъолдухъабаз столалда нахъа цоцахъе кьолеб лълъарилан».
Гьединаб кверщел гьабиялъул мурад букӏана 1741 соналъул 12 сентябралда Дагъистаналде 100 азарго чиясдаса гӏуцӏараб аскаргун тӏаде кӏанцӏарав Ираналъул Надир-шагьасулги. Кинаб хӏасил гьеб рагъул ккарабали лъаларев чи Дагъистаналда ватиларо. Шагь, гъурараб аскарги тун, тӏурун ворчӏана. Гьелдаса нахъе кӏигогун бащдаб гӏасру ун хадуб Хицӏиб абулеб бакӏалда гӏуцӏун буго гьеб рагъул хӏакъикъат бицунеб, Россиялдаго цохӏо бугеб музейги. Жакъаги магӏарухъ абулеб рагӏула «Надир-шагь гӏадаллъун ватани, дагъистаниялгун рагъде виччай» — илан абураб кици. Гьеб рагъулъ якъинго бихьана нилъер халкъал тушманасде данде, миллат батӏа гьабичӏого, рухӏалда барахщичӏого, къеркьолел рукӏараб куц.
Дагъистаналъул халкъазул III съезд – цолъи щула гьабиялъе аслу
Гьеб лъугьа-бахъин ккана 2010 соналъул 15 декабралда тӏобитӏараб Дагъистаналъул халкъазул III съездалда республикаялъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун 15 сентябрь чӏезабиялъе гӏиллалъунги. Гьеб букӏана XХӀ гӏасруялъул байбихьуда нилъер халкъал цоцалъ разаризе бокьарал цо-цо мунапикъзаби раккараб заман. Хӏажат букӏана миллатазда гьоркьоб цолъи щула гьабизе. Гьеб пикруги загьир гьабун кагътал рачӏунел рукӏана республикаялъул нухмалъулезухъеги. Ракӏалда буго, гьединаб хитӏаб букӏана Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялъул, Миллияб политикаялъул министерствоялъул ва гьединго Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул нухмалъулезул. Гьелдаса хадуб, тӏадехун рехсохъе, съездалъул халгьабиялде босараб гьеб суалалда тӏасан хӏукму къотӏана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун чӏезабизе 15 сентябрь.
2011 соналдаса байбихьун, щибаб соналда гьеб къо кӏодоги гьабула республикаялъул росабалъ ва шагьаразда.
Гьеб къоялъул магӏна буго Дагъистаналъул халкъазул цоцадехун бугеб божилъи щула гьаби, гьел цолъизари, гӏицӏго гьелъул кьучӏалда гурони республикаялъул экономикияб ва социалияб цебетӏей букӏунарилан абураб.
Дагъистаналъул халкъазул миллияб цолъи цебе тӏуна батӏи-батӏиял геополитикиял ва экономикиял шартӏазда, гьез цогояб, гӏемер кӏудияб гуреб ракьалда цадахъаб гӏумру гьабулаго. Гьединлъидал жакъа нилъер рес буго нилъер халкъазул тӏолгодагъистаналъулаб цоцазда релълъен ва бичӏчӏи буголъи загьир гьабизе. Гьелъул кьучӏалда бижула тӏолгороссиялъулаб цогогӏадаб гъорлъ роси, мацӏал, адабият ва маданият цӏуни. Гьелда жаниб кумекалъе батулеб аслияб жо ккола нилъер гӏумрудулал ва миллиял мурадал данде ккей.
Гьединлъидал республикаялда нухмалъулезги хӏаракат бахъула цо миллаталъул хасал мурадал, масъалаби цогидал миллатазе заралги ккезабун гӏумруялде рахъинарунгутӏизе. Гьелде тӏадеги, цадахъаб цебетӏеялъулъ киналго республикаялъул миллатал цолъана цогояб, жидер хадусеб журарал ригьнал гьари тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб букӏиналъ ва гьединго цогоял экономикаялъул ва политикаялъул шартӏал ругеб гӏумру гьабиялъ.
Бичӏчӏи буголъи
Гьединаб политикаялъ халкъал рачуна цоцазе кумек гьабиялде. Масала, Новолак районалъул росаби цо пуланаб гӏиллаялдалъун цогидаб ракьалде гочинаризе ккараб мехалъ, лъарагӏаз, Дагъистаналъул халкъиял депутутазул III съездалъул хӏукмуялдалъун 1991 соналда гьезие гьанжесеб Хъумторхъала районалъул ракьазул рахъалдасан кумек гьабуна. Гьеб ккола халкъазда гьоркьоб цоцада ричӏчӏи букӏиналъул хӏасил. Гьединал мисалалги рукӏаго, жакъа республикаялъул районазул цо-цо росабазда гьоркьоб гьитӏинаб ракьул кесек, лъел ицц сабаблъун кколел дагӏба-рагӏиял къотӏизаризе Махӏачхъалаялдаса хӏакимзабиги ахӏун, тушманлъиялде иш ккезабизе бегьиладай нилъеца?
Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул суалалде гӏелмияб кӏвар бусинабурав машгьурав гӏалимчи, профессор, мунагьал чураяв Р.М. Мухӏамадовас хъвана: «Дагъистаналъул халкъазул тарих цоцалъ жубан буго бокьараб цо миллат букӏиналъе шартӏлъун киналниги цогидал миллатал чара гьечӏого рукӏине ккеялъул даражаялде щвезегӏан», — ян.
Цо чанго соналъ цебе гӏуцӏараб Россиялъул президентасул «Россиялъул миллатазул цолъи щула гьабиялъе гӏоло» премия нилъер ракьцояв М. Мухӏамадовасе кьейги буго нилъер халкъазул цолъиялъул мисал.
Палхӏасил, нилъер республикаялда халкъазул цолъиялъе сунца кумек гьабулебилан абураб суалалъе жаваблъун гьабизе бегьула:
Цониги миллаталда битӏахъегояб бухьен гьечӏеб, киналго халкъал цолъизарулеб Дагъистан абураб цӏар букӏиналъ.
Киналниги халкъазул вакилзабаз Дагъистан цогояб, жубараб гӏуцӏи хӏисабалда къабул гьабулеб букӏиналъ.
Республикаялда ругел батӏи- батӏиял диназда гьоркьоб гъваридаб цоцазда ричӏчӏи лъугьиналъ.
Халкъазда гьоркьоб хӏалтӏулеб, киназулго мурадал тӏубалеб цо мацӏ букӏиналъ.
Россиялъул Федерациялде гъорлъ киналго журан ратиялъ.
Киналниги халкъазул лъай, тарбия кьеялъул иш цогояб букӏиналъ.
Халкъазул гӏадатал, хьвада- чӏвади релълъараб букӏиналъ.
Миллатазда гьоркьор журарал ригьнал рукӏиналъ.