Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралъул бетӏерлъун бакӏалъулал депутатаз вищана Коргъоли Коргъолиев.

Гьесде щвезегӏан (2015 соналдаса нахъе) гьеб хъулухъалда вукӏана Буртунаялдаса Зайнудин Охъмазов.

Коргъолиевги гьенисаго ккола.

Хасавюрт шагьаралъул сайталда хъвавухъе, мэрасул хъу- лухъалде кандидатураби лъун рукӏана 13 чияс. Гьезул анлъгоясе инкар гьабуна комиссиялъ, хадуб лъабго кандидатасги нахъе росана жидерго документал.

Коргъолиев гьавуна 1976 соналда. 2015 соналда гьев тӏамуна халкъазда гьоркьосеб политикаялъулгун жамгӏияталъул бухьеназул рахъалъ Хасавюрт шагьаралъул администрациялда цебе рагьараб отделалъул нухмалъулевлъун.

Нахъисеб соналда гьев тӏамуна ДРялъул Транспорталъулгун энергетикаялъул ва бухьеналъул министерствоялъул управлениялъул начальникасул заместительлъун.

2017 соналъул ихдал гьесда тӏадкъана Хасавюрт шагьаралъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместителасул хъулухъ.

«Хӏакъикъат» газеталъ ракӏ- ракӏалъ баркула Коргъоли Коргъолиевасда цӏияб хъулухъ ва гьарула халкъалъе пайдаяб, баракатаб бата- гийин гьебилан.