Махӏачхъалаялдагун Каспийскиялда бугеб кьищни-къулалъул суал гьоркьоб лъураб данделъи тӏобитӏана гьал къоязда, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Хизри Шихсагӏидовас. Нилъер гьанир шагьаралъул бутӏрул хисула, кьищнийин абуни бугелъубго хутӏулин абун гӏайиб гьабун кӏалъана спикер.
Шихсагӏидовас кӏвар буссинабун бугин гьеб суалалдеян абураб хӏужаялда хурхинабун кьолеб гьечӏо нижеца гьаб баян газеталдасан. Кьищни-къулалъул гъуназул цӏун ругел Махӏачхъалаялъулги Каспийскиялъулги къватӏал нижер щивасдаги рихьула.
Цебеккун киданиги гьединаб хӏалкъай букӏинчӏеб Каспийск шагьаралда магъакь-кӏачаралъул гъунал рихьидал, караххун лъугьана гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамал.
Гьанжелъагӏан нилъерго гьаниб бугеб кьищни-къул бакӏарулеб компаниялъ гьабулеб букӏараб хӏалтӏи, Махӏачхъалаялда бугеб «Лидер» компаниялъухъе кьезе щиб гӏиллайин букӏарабилан хъуй букӏана гӏадамазул.
Гьеб компаниялъул вакиласухъе кӏалъайдал, гьес абуна цохӏо нужер азбаралъуб гуребги кибго бугин нахъе бакӏаричӏого кьищни.
— Гьеб хъулухъ тӏубалел хӏал-тӏухъабаз жакъа инкар гьабуна хӏалтӏуде рахъине. Харж дагьаб бугин чӏун руго гьел. Амма ургъел ккоге, метералде нужер гьениса кинабго кьищни бакӏаризе буго, — ян бицана гьес.
Абизе ккола, хӏакъикъаталдаги нахъисеб къоялъ кинабго гӏала-гъважаялъул гъуни нахъе бакӏарана гьез. Гьеб букӏана гьаб анкьалъул байбихьуда, сентябралъул 13-14 къоял.
Парламенталъул спикерасул рагӏабазда рекъон, Каспийскиялда цо-цо бакӏазда нахъе жеги бакӏаричӏого буго рищни-къул. Жив ралъдал рагӏалда ругел къватӏазде щун вукӏанин, бихьизе нечараб хӏал бугоанин гьениб.