Цӏалуда, хӏалтӏуда, рокъоб, къватӏиб ва цогидалги бакӏазда, бокьарав чияс, гӏилла букӏа-букӏунге, рекӏелъ рекъолареб рагӏиги абун къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тӏехьалъул автор ал-Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракӏ бекизе биччагейила ва дуда лъа- йила гьес абураб рагӏиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабулеблъи. Гьеб тӏехьалдаса босун, гьединго, рагӏаралъуса, цӏаларалъуса тӏадежураялги гьарун, цо-цо бутӏаби рахъулел руго гьанир.
Инсан
Ратӏлица чийин, чоца багьадурин абухъего батила, цо-цо чагӏаз инсанасе къимат кьола гьесул ратӏлихъ ва чвантихъ балагьун. Гьебин абуни буго бокьараб къоялъ тӏаса ине рес бугеб жо. Чӏухӏарав, пахруяв, гӏадамазде бер-ракӏго щоларев, мискинасе кумек гурев, загӏипасда гурхӏел гурев, хъачӏав чиясдаса щиб пайда бугеб жамгӏияталъе? Лъие хӏажат бугеб гьединасул берцинлъи, узданлъи, бечелъи?
Мискинлъиялъ къвал барал ругониги, рукӏуна гӏадамал аскӏор ругезул ургъелги гьабулел, язихъасда кверги чӏвалел, вакъарасе квенги, къечарасе лъимги кьолел, хӏажат ккедал жамагӏаталда цадахъ къватӏиреги рахъунел. Гьанже пикру гьабеха, кинал гьезул талихӏаллъун ругелали?
Инсанасул талихӏ гӏуцӏун буго лъабго жоялдасан: Аллагьасе рецц гьабулеб ракӏалдаса, Аллагь рехсолеб мацӏалдаса ва сабуралда бугеб черхалдаса. Талихӏалъул хӏакъалъулъ кигӏан гӏемерал тӏахьал цӏаланиги щиб, гьеб батизе гьечӏелъул гьаб лъабабго гӏамалалда тӏадчӏей гьабичӏони. Гьаб лъабабго гӏамал нилъелъ камиллъани нилъ лъугьуна ракьалда лъикӏлъи бекьулезул мухъилъе, лъикӏал ишал гьарулезул кьеразулъе.
Аллагьасул Каламалдаги буге- лъулха: «Бетӏергьанасда жалги божулел, жидеца лъикӏал ишалги гьарулел бихьиналги руччабиги лъугьуна алжаналде…», — ян.
***
«Цо сордоялъ дунги цадахъ рукӏарал медсестрабиги захӏматаб дежурствоялде ккана. Лъимер гьабулаго, кигӏан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кӏвечӏо гӏолохъанай чӏужугӏадан. Гьелъ нахъе тана заман щвечӏого гьабураб, загӏипаб лъимер ва кӏиго сон барай яс», — ян хъвалеб буго Африкаялъул цо улкаялда хӏалтӏулей йикӏарай тохтуралъ. «Ниж ургъалилъе ккана, киндай хвасар гьабила загӏипаб лъимерин абун? Больницаялда рукӏинчӏо шартӏал, хӏатта гьединал лъимал лъолеб инкубатор бакизе токгицин букӏинчӏо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьениса квасквасги босун ячӏана, гьитӏич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячӏана магӏил бералги цӏун:
— Хинаб лъим жанибе тӏурабго, грелка бихъун ана. Гьабин абуни букӏана нилъер гьаниб хутӏараб ахирисеб грелка.
«Гӏодобе тӏураб рахьалда хадур гӏодиялъул магӏна гьечӏин» бакътӏерхьул улкабазда абулеб гӏадин, Африкаялдаги пайда букӏинчӏо грелкаялда хадур гӏодун. Гьеб босизе я аптека, ялъуни тукен букӏинчӏо.
— Щибха гьабилеб? — ян абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цӏадуда аскӏоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачӏунеб гӏадаб бакӏалда. Щайгурелъул, хинлъи щвечӏони, гьитӏич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскӏор регила, гьелда гьури чӏваларедухъ. Нилъер аслияб масъала буго лъимер квачалдаса цӏуни.
Нахъисеб къоялъ дун ана аскӏобго букӏараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъкъаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитӏинаб лъимадуе дугӏа гьабейилан.
— Бищун квеш ккараб жо буго нижер, — ян абуна дица гьезда, — цого-цо букӏараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъизабизе рес букӏана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хвезе бегьула.
Дица гьединго гьезие бицана кӏиго сон барай ясги йигин гьей хварай чӏужугӏаданалъул, жийго бесдаллъарайлъи лъачӏониги, эбелалъухъ гӏодулей.
Лъимал кутакалда гӏенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугӏа гьабуна. Дир пикру жиндехунго буссинабуна анцӏго сон барай гӏадай ясалъ. Гьей ракӏ-ракӏалъ Аллагьасде гьардолей йикӏана, жиндирго гьитӏинал квералги цере ккун:
— Я, нижер Бетӏергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватӏун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго, — ян гьарулеб букӏана гьелъ.
Гьедин гьарана гьелъ гӏезегӏан мехалъ, бацӏцӏунаго магӏугун ва ахиралда тӏадеги жубана:
— Цо ясикӏоги кье, Аллагь, гьей кӏиго сон барай ясалъе, гьелда лъазе, жий Дуе йокьулеблъи ва гьелъул ракӏги гъун букӏине…
Гьелъул гьари рагӏун гьакӏкӏан хутӏарай дица, «Аминилан» абурабищалиго лъаларо. Тӏубалареб гьари бугилан пикруги букӏана, гьитӏинай ясалъул анищ бихьулищин ракӏалдеги ккана.
Гьединал пикрабазда дун хӏалтӏуде тӏад юссана. Дица гьенир медицинаялъул дарсалги кьолаан. Рукъги букӏана больницаялда дандбитӏухъ. Дарсида йикӏаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чӏун. Дун гьение екерана, амма гьеб дун тӏаде щвелалде ана. Гьеб машинаялда рукӏараз дир рагъида лъун бугоан къоло кӏиго килограмм бугеб кӏудияб посылка.
Дир берал магӏил цӏуна. Дие жеги лъицаниги посылка битӏун бачӏун букӏинчӏо, лъабго соналъ гьаний хӏалтӏулей йигониги. Дида гьеб рагьизе бажаричӏого, добго лъималазул рокъобе ахӏи бана. Гьебсагӏатго тӏаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикӏана дой дугӏа гьабурай ясги. Киналго тӏаделъун, нижеца цо-цоккун гарацӏ бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотӏана, жаниб бугеб жо хвеларедухъ. Лъебергогӏанасеб бер букӏана дир кверазухъ балагьун, щибдай жаниб батилаян.
Бищун тӏад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчӏелел рукӏана. Хадур рахъун рачӏана медицинаялъул къваригӏунел алатал, чанго кишмишалъул къвачӏа, конфетал… ва грелка! У, хӏакъикъаталдаги букӏана цӏияб грелка!
Лъималазул, гӏажаиблъун, гьаркьал рорчӏана, дирин абуни берал магӏил цӏуна. Дица гьарун букӏинчӏо Аллагьасда грелка кьейилан, гьарулей ясалдацин гӏажаиблъун йикӏана. Дунго кинай гӏабдалха, дугӏаялъул къуваталда божуларей?
— Грелка кьурав Аллагьас ясикӏоги кьун батизе бегьула! — янги ахӏделаго кӏанцӏезе лъугьана дугӏа гьабурай яс.
Хӏакъикъаталдаги посылкаялъул тӏиналда батана берцинаб ясикӏо. Ясалъул берал цӏваби гӏадин кенчӏана, гьей божун йикӏана Аллагьас гьарараб жо кьолеблъиялда.
— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитӏинай ясалъе гьаб ясикӏо кьезе? — ян абуна гьелъ дида.
— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъидал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магӏугун.
Гьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцӏ. Гьеб битӏун букӏун буго дир рукӏарал цӏалдохъабаз, дунго гӏадай тохтуралъ ракӏалдеги щвезабун. Гьелъул ракӏалде гьеб реххаравги Аллагь гурищ, битӏун хӏажатаб къоялъ грелка тӏаде щвезе! Посылка цӏечӏого хутӏараб бакӏалда цоялъ ясикӏоги лъун буго, лъималазул рукъалъе букӏинейилан. Гьеле Африкаялъул гьитӏинай ясалъул дугӏаялъе Аллагьасул жаваб».
Хвел
Гьаб дунялалде вачӏанщинав инсанас чӏамизе буго хвалил кьогӏлъи. Гьеб буго нилъеда я цебе ккезабизе ялъуни нахъ бахъинабизе кӏолареб хӏакъикъат. Тӏадегӏанав Аллагьасул Каламалдаги буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогӏлъи чӏамизе ккезе букӏиналъул хъван. Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахӏмат. Щайгурелъул рукӏунелъулха гӏадамал, гӏемер хӏинкъиялъ хӏакъикъаталдаги хвезегӏан чӏечӏого, нусцӏул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тӏаде щвечӏого хвезе гьечӏеблъиги, болжал щведал, кигӏан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.
Аллагьги кӏочон тун гӏумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щивго хвасар гьавизе гьечӏеблъиги хӏакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъиялъ, дунялалъул магӏишаталъ инсан талихӏавлъунги гьавуларо. Гьеб буго цӏараб болжал лъугӏидал расги лъачӏого тӏаса унеб, тӏагӏун унеб жо. Ракӏбацӏцӏадал, лъикӏал гӏадамазул хӏакъалъулъ тӏахьал цӏалидал, якъинго бичӏчӏула гьадинаб кӏиго хӏужа:
Аллагьасде руссиналъул бакӏалда бечелъиялде, лъималазде, хъулухъ-ишалде ва гьединабго куцалда дунялалъул пишабазде машгъуллъун рукӏарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гӏиллалъунги чӏола гьединазул талихӏкъиналъе.
Аллагь ккурал, Аллагьасе мукӏурал, Аллагьасул рахӏмат-цӏоб щвеялъул мурадалда гӏумру тӏамулел Аллагьасги ккола ва кӏодоги гьарула. Гьединал кӏиябго рокъоб (дунялалдаги ахираталдаги) талихӏаллъунги рукӏуна.
Пиргӏан вукӏана кверщел кодосев, гӏемераб бечелъиялъул бетӏергьан. Салманул Фарисийин абуни вукӏана мискинчи. Амма гьел кӏияздаго гьоркьоб хӏакъикъаталдаги бугеб кӏудияб батӏалъиялъухъги балагьеха. «Аллагьасда божуларесул калам Бетӏергьанас цӏакъго гӏодобегӏан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тӏадегӏан бугеб мехалда. Аллагь вуго сундаго Хӏалкӏолев, Гӏакъилав» (9:40). Гьадин бугелъулха хирияб Каламалда.
Талихӏавги гӏакъилавги чи ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда гьарулев ва кинаб букӏаниги балагь-къварилъи тӏаде бачӏиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде хӏели балев. Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужер хӏалбихьизе буго, тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцӏи нахъе босиялдалъун, нужеде тӏаде батӏи-батӏиял унтаби, хвелал риччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магӏишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кӏудияб рохел буго Аллагьасда аскӏоб», — ан.