— Щай лъабго лъимадул эбеллъун яхъарай гӏаданалъ, гьабун бахъарабго, лъимер рехун толеб? Сунца тӏамулей гьей гьеб вахӏшияб иш гьабизе, — ян абун, палатаялда цадахъ йигей чӏужугӏаданалъухъ ялагьун, ургъалилъ йикӏана дун.
Хӏикмалъизе бачӏунеб букӏана гьелъухъ балагьун.
— Гьеб пикруялдаса рекӏекълъизеги бегьула гьей. Тӏоцебесей нухалда гурелъул эбеллъун яхъуней йигей. Кӏиго лъимер рокъобги бугин гурищ гьелъ бицун букӏараб. Лъимадуе детдомалъул цӏорорал къадал гурел, эбелалъул рокьиги недегьлъиги хӏажат букӏиналде кантӏилей ятила гьей…, — абун дирго ракӏ батизабулей йикӏана.
Гӏакълуялъ кинго къабул гьабулеб букӏинчӏо, дирго берда цебе гьединаб нахъегӏанаб лъугьа- бахъин кколеб букӏин. Росасдаги йигей, гӏакълу- лъаялъги лъидасаго нахъе ккечӏей 27 сон барай гӏолохъанчӏужуялъ лъабабилеб лъимадаса больницаялдаго инкар гьабиялъе гӏилла кинго бичӏчӏулеб букӏинчӏо.
Палатаялда регарал цогидал ясазда данде- ккун, Марина йикӏана гӏодое йиччарай ва гӏемер гаргадизе бокьуларей гӏадан. Нилъер гӏадаталги лъикӏ лъалел гьечӏоан гьелда. Эбел гӏурусай, эмен Дагъистаналдаса вукӏиналъниги батилаха.
Медсестраялъ бицун лъалаан нижеда Маринаца ясалдаса инкар гьабун букӏин, амма гьелда бичӏчӏичӏо жиндирго балъголъи нижеда тӏатун букӏин. Щай духъе лъимер бачун бачӏунаребин цӏехедалги, гьелъ жаваб кьуна яс унтарай ва загӏипай йикӏиналъ тохтурзабаз гьукъун бугин гьей ячине.
Маринал гьурмада пашманлъиялъул лъалкӏал цӏехолей йикӏана дун, амма бихьичӏо гьелъул я магӏу, я рекӏел бухӏи. Букӏана гьелъул ягъа-яшариялъулъ хӏинкъараб гӏанкӏил гӏадаб хехлъиги щакдариги. Радалго яхъун бахунеб косметикаялъул гъаталъукь бахчун бугин гьелъ жиндирго намусги яхӏгийин кколаан ракӏалде. Щибго ккечӏеб гӏадин, телефоналъусан гьудулзабазда кӏалъалаан, нижер лъимал реэдулаан.
Гьале жакъаги гӏедегӏун тумбочкаялъуса къайиги бакӏарун, палатаялъуса къватӏие ана гьей. Маринаца мугъ сверарабго, гьей какизе лъугьана палатаялда рукӏарал ясалги.
— Гьалда ракӏалде кколеб батилаха нилъеда щибго лъаларин. Гьелъул хӏакъалъулъ тӏоцебесеб къоялъго медсестраялъ бицун букӏана гурищ нилъеда. Бихьанищ гьелъ ххвелал гьарулел ругеб куц. Жиндир лъимер унтун бугила. Ункъо кило бугей, кигӏанги сахай яс йиго гьелъ гьаюн, — ян щурщудизе лъугьана ясал.
Марина кватӏичӏого ячӏана. Жиндирго къайиги босун, къватӏие ине къачӏана. Унелъулги гьелъ нижергун къо-лъикӏ гьабичӏо. Жий гьалмагъа-лъул дое уней йигин, къваригӏелги тӏубан яс ячине радалго тӏад юссинин рагӏи кьуна гьелъ. Ясал цоцазухъ ралагьана, амма Маринада щибго абичӏо.
Марина индал, палата найил тӏалаялда релълъун букӏана. Цогидаб палатаялъуса ясалги санитаркабиги рачӏана нижер палатаялде гурхӏел гьечӏей эбелалъул хӏакъалъулъ бицине. Маринада абичӏеб чӏегӏераб-хъахӏаб рагӏи течӏо гьез. Киндай гьединал гӏадамал гьаб ракьалъ хӏехьон ругелин абун ахӏи балеб букӏана гьез.
Маринаца лъимер рехун танин абураб жоялда божизе кинго бокьунги букӏинчӏо.
— Гьанже нужеца бицунелъул магӏна щиб, ясал? Марина йигеб бакӏалда щибго лъалареб ххвелги гьабун, гьанже рахъун гъибат-бугьтан щай нужеца гьабулеб? Гьелда бадибе щай кинабго абичӏеб? Щай нилъер цонигиялъ гьелда чохьол лъимер рехун теялъе гӏилла цӏехечӏеб? Щиб лъалеб, гьелъулги букӏун батила цо кинаб бугониги къварилъи, — ян абуна дица яхӏ гьабизеги кӏвечӏого.
Чияр лъимадул ургъалица гьеб сордо кин рогьарабали лъаларо дида. Чанго нухалъ щвана лъималазул палатаялдеги. Дир ясалъулалда аскӏоб букӏана Маринал ясалъул бусенги. Зобхъахӏилал чӏахӏиял беразул гургинаб гьумералъул гьитӏич нянькаялъ хъулухъги гьабун рахӏаталда кьижун ятулаан.
Марина ячӏинин абураб хьулгун радалалдасаго нуцӏихъ ялагьун берал свакан рукӏана. Къалъуда нижехъе яккизе ячӏарай палатаялъул тохтуралъ бицана Маринаца гьабун бахъарабго инкар гьабунин лъимадаса.
-Гьелъул пикру хисизабун бажаричӏо психологалдацин. Яс гьаюни, больницаялдаго гьейги тун ячӏаян лъазабун букӏанин росасилан, бицана гьелъ. Щаялиго, росасухъе ахӏизеги биччан гьечӏо гьелъ. Росасулгун ЗАГС гьечӏолъиялда бан эмен гьечӏеб лъимадаса кинниги инкар хъван буго гьелъ, — абун бицана больницаялда кколебщинаб лъидасаго лъикӏ лъалей санитаркаялъги.
Рехун тарай яс ячине бокьаралги рукӏана гӏолохъанал улбузда гьоркьор. Гьединаб сахаб лъимер гьитӏичазул рокъоб хутӏуларин, гьанжего гьеб бачине иргаялда чӏарал лъикӏал хъизамал ругин нижер ракӏ гӏодобе биччалеб хабар бицунеб букӏана санитаркаялъ.
Гьелдаса нахъе ана анлъго сон.
Дидайин абуни рекӏелъ къан хутӏана – кинаб гамачӏдай букӏана Маринал каранлъ абураб пикру. Гӏалхул хӏайваназгицин жидерго тӏинчӏ гьедин рехун толаро. Сунцадай гьей тӏамурай жиндирго гьанал бутӏа черхалдаса тӏун рехизе