«Гьадинал гӏакъилал гӏадамал гӏелмуялдаги нижер вузалдаги гӏемерал рукӏаралани, нилъ рукӏинаан тӏолабго дунялалъул улкабазда гьоркьор тӏоцебесеб кьерда». Гьадинаб пикру загьир гьабун буго Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университеталъул (ДГТУ) сайталда Гелани Муртазагӏалиевасул хӏакъалъулъ гьесул студентаз.
-Жакъа вузалде цӏализе вачӏунев гӏолиласул лъай мукъсанаб бугин бицуна преподавательзабаз. Гьеб битӏараб бугищ?
— Кӏудияб улка биххиялда цадахъго биххана лъай кьеялъул гӏуцӏиги. Нилъее чияраб бакалавриат, магистратура, ЕГЭ… Гьединал хиса-басиязул хӏасилалда нижехъе рачӏуна физикаялъулги математикаялъулги загӏипаб лъай бугел абитуриентал. Кӏиго лъагӏелалъниги ниж хӏалтӏизе ккола гьезул лъай камил гьабиялда тӏад. Кин вахъинавилев ралел бакӏазул махщелчи математикаги физикаги лъаларев чиясул?
Бокьилаан школазда лъаялде кӏвар кьуни. Бицунеб рагӏула, пуланаб бакӏалда цӏияб школа банин, къачӏанин абун. Школалъе мина банилан цӏалдохъабазул лъай камиллъуларо. Больница цӏияб бугин абун, унтаравги сахлъуларо. Рукӏине ккола хӏалтӏизе гъирагун бажари ва лъай камилал махщелчагӏи.
Гӏодизе ккараб хӏалалда буго гьабсагӏат нижер махщалие цӏализариялъул рахъ. Студентасе чара гьечӏого хӏажат буго математикаялъулги, физикаялъулги, геометриялъулги, химиялъулги кьучӏаб лъай. Лъазе ккола математикаялъул формулаби, физикаялъул законал; геометрия лъаларев инженер кинав вукӏунев?! Захӏматаб хӏал буго… Лекциялда яги семинаралда дица бицунеб жо бичӏчӏуларел студентал гӏемер руго жакъа. Гьезда лъаларо мацӏ, лъаларо батӏа бахъизе цӏулал тайпа. Цебе гӏолилаз абулаан, жидеца рокъоб цӏул бичӏулин, къед базе кумек гьабулин. Жакъа гьебги гьечӏо.
Бокьараб заманалда дун хӏадур вуго студентасул суалалъе жаваб кьезе. Амма, телефоналдасаги, электронияб почалдасаги, видео-бухьеналдалъунги дихъе кӏалъазе рес бугониги, дагьлъун руго суалал кьолел студентал.
-Кинаб къимат дуца кьолеб Махӏачхъала шагьаралъул архитектураялъе?
— Советияб улкаялда букӏана «Госстрой СССР» абураб хасаб комитет. Гьелъул идарабазул, ай регионазда ругел филиалазул ихтияр гьечӏого, цониги бакӏ балароан. Дагъистаналдаги букӏана «Госстрой Дагестана» абураб идара. Гьениб мухӏканго хал гьабулаан киналго документазухъ. Жакъа проект хӏадуризеги гьелъул экспертиза гьабизеги цӏакъ захӏмалъула. Гьединлъидал щивас жиндиего бокьухъе балеб буго мина. Бищунго квеш ккараб жо — лъицаниги жаваб кьоларо гьеб гӏала-гъважаялъул. Архитекторас абула жинца жаваб кьолин гӏицӏго пачалихъалъул бюджеталъухъ ралел бакӏазул. Полициялъ абула гьеб жидер иш гурин. Гьединлъидал эхетухъего хутӏун руго риххизаризе кколин абураб хӏукму гьабурал минабиги. Риххизаризе гьечӏо гьел — гӏиси-бикъинал бакӏал гурони. Гӏадамазухъа гӏарацги бакӏарун, гӏадлу гьечӏого мина барав чи къватӏисел улкабазда хӏухьбахъулев вуго, гьес бараб минаялда рукъзал росарал гӏадамал гӏазабакь хутӏун руго… Гьедин букӏине буго жамгӏияталъул бичӏчӏи хисизегӏан.
-Ниж студенталлъун ругеб заманалда абулаан, сопроматалъул экзамен кьурав студент рукъалде вуссине бегьулин абун. Гӏелмуялъул бищунго захӏматаблъун рикӏкӏунеб махщел кин дуца тӏаса бищараб?
— Дица школа лъугӏизабураб заманалда дидаса цӏикӏкӏарав кӏиявго вацасги яцалъги тӏаса бищун букӏана учителасул махщел. Нижер хъизамалда гьабуна гьадинаб хӏукму: дицаги гьитӏинав вац Халидицаги тӏаса бищизе ккола батӏияб пиша. Гьедин дица тӏаса бищана инженерлъиялъул факультет. Вац цӏализе ана мединституталде, хӏалтӏулев вуго Москваялда тохтурлъун.
Университеталъул инженериябгун ралел бакӏазул факультеталда цӏализе гъира бугел абитуриентазул читӏир халатаб букӏана. Бугониги, дун ворчӏана къецалъул хӏасилалда. Захӏматаб масъала, хӏалтӏи, тӏадкъай тӏубазе бокьулаан дие. Гьелъго бищана физикияб гӏелмуялъул рехсараб бутӏа. Багӏараб дипломгун лъугӏизабуна гьанжего гьанже рагьараб политехникияб институт. Ректорлъун вукӏарав Камил Мухӏамадовасул тӏадкъаялда рекъон, гьенир хӏалтӏизе тана инженериябгун ралел бакӏазул факультеталъул лъикӏаздаса лъикӏал выпускникал. Гьенир хӏалтӏулел рукӏарал гӏолохъанал преподавателаз малъана аспирантураялда цӏализе кколеблъи.
Аспирантураялда цӏалулаго, дир гӏелмияв нухмалъулев Райзерил хӏаракаталдалъун, дун гӏахьаллъана 1980 соналъул Москваялъул олимпиадаялде хӏадурлъулаго рарал объектазул проектал хӏадуриялъулъ. Техникиял гӏелмабазул кандидатлъун вахъарав дун витӏана Махӏачхъалаялда цӏирагьараб Ракь багъариялде дандечӏолел бакӏал раялъул рахъалъ гӏелмиял цӏех-рехал гьарулеб лабораториялда хӏалтӏизе.
—Гӏелмуги динги —кин кӏиябго бессун бугеб атеизм тӏегьалеб заманалда куцарав чиясулъ?
— Аспирантураялда цӏализе лъугьунев дида цо преподавателас гьикъана Аллагь вугищин абун. Вугин абун дица жаваб кьедал, хехго бухъизабе гьанисаян абуна гьес. Динги гӏелмуги дица рикӏкӏуна лъай кьолел, гӏакълу цӏубазабулел иццаллъун.
Щибаб гӏелмуялъул кьучӏлъун ккола Аллагьасул законал. Машгьурав гӏалимчи Эйлерица абун буго дунялалда кинабго лъугьунин максимумалъул яги минимумалъул законалда рекъонилан абун. Физикаялъул яги цогидаб гӏелмуялъул законалъул гъварилъуде ваккидал бичӏчӏула гьелъул кьучӏ Тӏадегӏанасул хӏалкӏолъиялъулъ букӏин. Аллагьас бижараб ва киналго рахъаз камилаб дунялалда дагьа-макъабго хиса-баси гьабуни, кинабго биххизе рес буго. Масала, цохӏо градусалъ хинлъи цӏикӏкӏани яги дунялалъул аслияб хӏуби дагьабго гьетӏани, тӏасан борчӏараб балагь рещтӏине буго — гьеб гӏалимзабазги тасдикъ гьабулеб пикру буго. Аллагьасул хӏалкӏолъиялда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо дир. Нилъеца цӏалулел гӏелмиял законаз гӏицӏго баян кьола Аллагьас бижараб дунялалъе. Камуларо динги гӏелмуги батӏи-батӏиял жал ругин ракӏчӏарал студенталги. Дица гьезда абула, диналъул балъголъи бичӏчӏизе ккани, гӏелму лъазабизе кколин абун. Гӏелмуялъ рес кьола нилъее Тӏадегӏанас камилго гӏуцӏараб сверухълъи наслабазе цӏунизе. Аллагьас бижухъе дунял бичӏчӏарав ва гьеб къабул гьабурав чиясухъа бажаризе буго гӏелмуялъул гъварилъуде хехго нух бахъизе.
—
41 сон балеб буго, дуцаги хъизан Муслиматицаги цадахъ гӏумру гьабулаго. Кинаб гӏакълу кьелеб дуца гӏолохъанал хъизамазе?
— Дица хъизам гьабуна аспирантураялда цӏалун вахъиндал. Букӏинчӏо нижер я мина-рукъ, я моцӏрое лъикӏаб харж щолеб хӏалтӏи. 10 соналъ рукӏана мухьдахъ ккурал рукъзабахъ, гӏисинал лъималгун.
Гӏолохъанал хъизамазе дица гьарилаан сабру. Жакъа гьанир хӏалтӏун, метер доре кӏанцӏун, мурадалде щоларо. Жакъа эбел-инсуца рукъзалги жаниб лъезе къайиги кьола. Хъизам хьихьизе кумек гьабула. Инсанасул рекӏелъ букӏине ккола жиндасаго чӏухӏи. «Гьале гьаб диван дирго гӏарцухъ босана! Гьаб хъулухъалде дун тӏамуна, дир бажари-гьунар бихьун», — гьеле гьединал пикрабазул цӏураб ракӏ гьечӏони, сайгъаталъе щвараб къайиялъул къимат гьабуларо.
Цоги абилаан: эбел-инсуца тӏаса йищарай яс ячарав бихьинчи мекъи кколаро. Гӏемер хинкӏ кванарасда гӏемер жо лъалин абулаан нилъер умумуз. Щулияб хъизам букӏине бокьарав чияс эбел-инсул гӏакълу хӏисабалде босила. Диеги лъади ялагьана эбелалъ — дир ракӏги бухӏичӏо. Нижер буго батӏи-батӏияб хасият, камулароан, хасго гӏолохъанаб заманалда, дандеккунгутӏиялги. Амма сабру гьабуна долъги дицаги. Хӏасил — жакъа лъималазги гьезул лъималазги реэдулел руго ниж.
-Рокъоб кинаб мацӏалда нуж кӏалъалел?
— Дие бокьуларо жуба-гъубараб мацӏ бицунеб мехалда, хасго телевизоралдаса рагӏизе. Нилъер буго бечедаб ва берцинаб мацӏ. Гьеб наслабазе цӏунизе тӏадаб буго нилъеда. Цӏунизе ккола миллияб маданиятги.
Хъизамалдаса дица тӏалаб гьабулеб жо буго рахьдал мацӏалда кӏалъай — рокъоб, гӏагарлъиялда гьоркьоб, миллатцоязул сверулъ. Рахьдал мацӏ буго хъизамалда бицунеб аслияб мацӏ. Лъималазул лъималаздаги лъала мацӏ, Москваялда гӏумру гьабулезе захӏмалъулеб буго гьеб лъазабизе.
Аспирантураялда цӏалулеб заманалда дица гӏумру гьабулеб минаялда рукӏана тӏолабго союзалдаса гӏадамал. Цонигияс хӏакъир гьавулароан батӏияб миллаталъул чи. Рекӏелъ букӏунаан дир гьитӏинабго ватӏаналдаса кӏудияб чӏухӏи. Гьанже доб къадруяб республикаялъул цӏар чорок гьабулеб буго нилъер халкъазул цо-цо вакилзабаз. Доб заманалдаго гӏадин, «дун вуго дагъистанияв» абун чӏухӏун кӏалъазе рес толеб гьечӏо. Доб заманалда нижер выпускникал унаан батӏи- батӏиял регионазде хӏалтӏизе. Гьанжеги бокьилаан, амма бажаруларо: пуланав махщелчи витӏизе бокьун бугин абун ниж кӏалъараб мехалда, дагъистаниял росизе гьечӏин гьабула жаваб. Тӏагӏунеб буго гӏаданлъи, чилъи, къадру. Интернеталъги бакътӏерхьул улкабаздаса нилъехъе щвараб гьересияб «культураялъги» гъоркье рехулел руго гӏолилал.