Дагьаб цебе дихъе щвана республикаялъул телевидениялдасан бихьизабураб документалияб фильм тӏад бугеб диск. Гьеб дие сайигъат гьабурас абуна гьелда бицунеб бугин дунялалдаго машгьурлъарав нилъер ракьцоясул хӏакъалъулъ. «Гьел кӏочонгутӏизе…» абураб цӏар лъураб фильм батана бицун чи божуларебгӏанги кӏудияб гьунар Бетӏергьанасдасан насиблъарав, цӏар—рецц тӏибитӏиялъул тӏогьиве вахинелдего, хъизангун цадахъ авариялде ккун гӏумруялдаса ватӏалъарав чиясул хӏакъалъулъ. Гьеб ккун буго СШАялда, гьев 36 соналъул гӏумруялде вахараб мехалъ. Фильм бахъиялде авторал кантӏун руго «Дагъистан» журналалъул 2007 соналъ къватӏибе биччараб цо номералда гьесул хӏакъалъулъ бетӏерав редактор Тӏалхӏат Ахӏмадхановасул макъала кинодокументалист Хъайтмаз Гӏабдулхаликъовас цӏаларалдаса хадуб. Фильмалда тӏад хӏалтӏизе гьес рачун руго предприниматель Гъазимухӏамад Мухӏамадов ва сценарист Гулера Камалова.

Буйнакск шагьаралда минаби ралев чи Гӏабдурахӏимил ва республикаялъул хӏурматияй учителалъул цӏаралъе мустахӏикълъарай Саидал хъизамалда 1970 соналъул 31 марталда гьавурав васасда цӏар лъуна Наби. Гьанибго баян гьабила, гьесул кӏудияв эмен вукӏана Хунзахъ районалъул Гӏобода росулъа.

Школалда цӏалулеб мехалъго загьирлъун буго химия лъазабиялде рокьиги. Гӏемерал соназ хӏалтӏарай учительницаялъ абун буго, гьев цӏалдохъанасда малъизе жо жиндир хутӏун гьечӏин, химия гьесда жиндасаги лъикӏ лъалеб бугилан. Хӏакъикъаталдаги, анцӏабилеб классалъул цӏалдохъан Набица химия лъазабулеб букӏун буго МГУялъул химиялъулаб факультеталъул программаялда рекъон.

Школа лъугӏун хадуб Наби цӏализе лъугьана Ленинградалъул университеталде. Гьенир преподавателазда бихьичӏого хутӏичӏо кинаб пагьму-гьунаралъул студент гьев вугевали. Профессор Анна Кольцовалъ гьесул хӏакъалъулъ абун буго: «Гьев вукӏана творчествоялъулабги гӏаданлъиялъулабги кӏудияб нахърател жиндилъ хутӏарав чи», — ян.

Университет лъугӏизабидал, Наби хӏалтӏулев вукӏана диссертациялда тӏад, амма гӏелмияб цӏех-рехги тун, гьев СШАялде ана Огайо штаталъул цӏех-рехалъулаб университеталда цӏализе.

Гӏенеккилин профессор Дэвид Хардил рагӏабазухъги: «Лъикӏал студентал дир гӏезегӏан рукӏана, амма дида цохӏо нухалъ гурони дандчӏвачӏо гьесулалда релълъараб бажари-гьунар. Гьелъ дун битӏахъе хагазавун вукӏана», — ян.

Диссертация цӏунун хадуб гӏелмияв нухмалъулес гьев витӏана Гарвардалъул университеталъул профессор Дэвид Эвансихъе. Гьес Наби восана жиндирго гӏелмияб группаялдеги.

Набица СШАялде ячана лъади Наталья Щербинина. Гьейги йикӏана гӏалимчӏужу, химиялъул факультет лъугӏун хадуб гьелъиеги щвана Гарвардалъул диплом.

Кӏиго соналдасан Наби, профессор Роберт Бекманица гьарун, Рочерстералъул университеталде ана хӏалтӏизе.

Гьанир дагьал халалъаниги, хисизаричӏого кьолел руго гьев профессорас нилъер ракьцоясул хӏакъалъулъ абурал рагӏаби: «2002 соналда вачӏана гьев Рочестералде органикияб химиялъул дарсал кьезе. Гьесул букӏана энциклопедиялъулабин рикӏкӏине бегьулеб, океангӏанги гъваридаб лъай. Гьев гӏолохъанав гӏалимчи цогидаздаса ватӏа гьавулеб тӏокӏлъилъун лъугьун букӏана тӏадчӏун ва свак тун хӏалтӏизе бажари. Гьев вукӏана гӏемераб жоялъул пикру рекӏелъан биччалев, кутакалда гӏакъилав гӏалимчи. Университеталда дарсал кьезеги махщел букӏана. Гьесул нухмалъиялда гъоркь цо студент гӏелмабазул докторлъунги вахъана», — ян.

Гьаниб рехсезе мустахӏикъаблъун бихьула Рочестералъул университет лъугӏарав 8 чи Нобелил премиялъул лауреатлъун вахъанилан. Наби Мухӏамадовасеги щвезе бегьулаан Нобелил премия…

Набил гӏумруялъул хӏакъалъулъ гуребги, фильмалда кӏудияб бакӏ кколеб буго американаз гьесулги хъизамалъулги гьабураб хӏурматалъ.

Хӏакъикъаталдаги гьеб хӏурмат лъугьана бицун бажаруларебгӏан кӏудияблъунги, фильмалъухъ балагьарал хӏайранлъизарулеблъунги. 2006 соналъул 4 марталда Гарвардалъул университеталда цебе бугеб Химиялъул ва химиялъулгун биологиялъул департаменталъул ва «Бош ва Ломб» компаниялъул хӏаракатчилъиялдалъун тӏобитӏана гӏумруялдаса ратӏалъарал ракӏалде щвезариялъул пашманаб тадбир.

Гьениб Дэвид Эвансица абуна: «Гьев в ачӏиналъ ц ӏияб г ьури б агъаризабуна дир лабораториялда. Гьев вукӏана дида дандчӏварал, жидер гӏелмияб бутӏаялда бищунго хӏикматал гӏадамазул цояв. Гьев дирго васлъун лъугьун вукӏана дие», — ян.

Гьенир гьарурал киналго кӏалъаял ингилис ва гӏурус мацӏазда гъорлъе рачараб ракӏалдещвеялъулаб тӏехь къватӏибе биччана, Наби Мухӏамадовасул хъизамалъул гӏемерал сураталги лъун.

Гьеб дандеруссиналда гьабураб хӏукмуялда рекъон гӏуцӏана Мухӏамадовасул ва Щербининал фонд. Гьеб фондалде 1500 доллар битӏана Махӏачхъалаялъул «Жилище» ГКУялъул генералияв директор, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Гъазимухӏамад Мухӏамадовасги.

Фондалъул гӏарцудасан чӏезабуна Мухӏамадовасул ва Щербининал цӏаралда бугеб премия. Щибаб соналъ гьеб кьола химиялъул гӏелмуялъулъ лъикӏал хӏасилал рихьизарурав студентасе. Гӏарцуда цадахъ кьезе гьабун буго Набилги, Натальялги, Гӏамирилги сурат тӏад бугеб гӏаламат. Университеталъул азбаралъуб буго гьел цӏар рагӏарал гӏалимзаби – гӏолохъанал химикал ракӏалде щвезарулеб скамейкаги. Наталья ракӏалде щвеялъе чӏун буго гъветӏ, хъван буго гьелъул хӏакъалъулъ поэма.

Лъималазул ахалъул хӏалтӏухъабазда кӏочон гьечӏо гьитӏинав Гӏамирги. Гьес гьенир кагътил къунцӏунги ва цогидабги къагӏидаялъ гьарун рукӏарал жалги данде ракӏарун, гьесул хӏакъалъулъ жидерго ракӏалдещвеялги тӏаде журан, гьитӏинаб тӏехь хӏадурун буго.

Фильмалъухъ балагьарал рухӏдаллъизарула американазул гӏаданлъиялъ, хӏеренлъиялъ. Гӏенеккилин гьезул мадугьал Лауренс Джонсил рагӏабазухъ: «Авариялъул хабар рагӏидал дун божизе кӏоларого вукӏана. Кутакалда ракӏ къварилъана. Цогидал мадугьалзабазда цадахъ гӏодана», — ян.

Цӏар рагӏарав ракьцоясул гьунарал кӏодо гьариялъе ва гьев ракӏалде щвеялъе тӏоритӏарал тадбиразулги бицинин. Масала, Буйнакск шагьаралда Наби цӏалараб № 2 школалъул жанахӏалъуб буго гьесул гӏумруялъулги гӏелмиял бергьенлъабазулги бицунеб стенд. Химиялъул кабинеталда гьев ракӏалде щвеялъе кидаго лъола чӏагоял тӏугьдузул квацӏи. Набил букӏараб партаялда гӏодов чӏезе изну кьола цӏалулъ бергьенлъаби росулесе.

Набил кӏудияй яц Дагмараца кинофильмалда бицунеб буго жидер тӏолабго тухумалъего кӏудияб ками кканин Набиги, нусги, васги ракӏалдаго гьечӏого гӏумруялдаса ратӏалъиялдалъун. Кигӏанго цӏикӏкӏарал квалквалал дандчӏваниги, жидеца гьезул жаназаби Дагъистаналде росанила ва гӏагараб шагьаралъул хабалалъ рукъанила.