Салатавиялъул ракьалда сапарчагӏазул ракӏ тӏаде цӏалел, бераз лазат босулел бакӏазул цояблъун лъугьун буго Алмахъ росу. Гьеб гӏемерго некӏсияб ва кӏудияб росу буго ралъдал гьумералдаса микьнусго метралъул борхалъуда, Ахъташ гӏурул кваранаб рагӏалда.
Бицен буго гьеб гӏоралда «Хъахӏаб гамачӏ» абураб магӏнаялъул цӏар Ахъташ хутӏун бугин хазаразул заманалдасаго. Алмахъалъул югалъулаб рахъалдехун километргун бащдалъул халалъиялда руго батӏи- батӏияб тӏегь-хер гьарзаял рорхатал мугӏрул. Севералъулаб рахъалдехун ругел гӏемер рорхатал гьечӏел мугӏруздасан байбихьун чвахула Ахъташ.
Росдада сверухъ ругел мугӏрузда ва рохьазда дандчӏвала батӏи-батӏиял жанаварал, рухӏчӏаголъаби ва хӏанчӏи: циял, бацӏал, чакъалал, гъапланал, хъабанал, гӏалхул цӏцӏани, цӏиркъал, гӏондокьал, гвангваби.
Гӏалимзабаз чӏезабун буго Алмахъалъул сверухълъиялда лъагӏалида жаниб 270 роцӏараб къо букӏунин, гьоркьохъеб къадаралда гьаваялъул хинлъи бахунин гӏицӏго анцӏго градусалде. Хасалил моцӏаздайин абуни гьеб 26 градусалдаса гъоркьеги кколарилан.
Гьенир гӏемерал руго бацӏцӏадаб ва цӏорораб лъадал иццал, Ахъташ гӏурул лъадалъ рукӏуна масакӏ тайпаялъул ччугӏби.
Дун Алмахъалде щвана гьеб росулъа жамагӏатчи ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Айтемир Сатираевгун цадахъ.
Гӏагараб росдаде рокьи рекӏелъ бугев Айтемирил хӏаракаталдалъун Алмахъалда ахирал соназда ккарал лъикӏал хиса-басиязул бицунеб букӏана гьесул росуцояз. Амма гьезул хӏакъалъулъ дагьаб хадуб бицинеги тун, гьанир рехсезе бокьун буго Алмахъалъул тарихалдаса цо-цо баянал, нусго сон барав Насрула Мусаевас бицарабги кьочӏое босун.
Тамерланица Дагъистаналде чабхъен гьабураб заманалда Алмахъ букӏун буго ичӏазарго цӏараки жаниб бугеб шагьар. Гӏурус пачаясул чияр ракьал рахъулезде данде Кавказалъул рагъ халат бахъана кӏикъогогӏан соналъ. Гьеб гъазаваталъе къоло щуго соналъ бетӏерлъи гьабуна имам Шамилица. Халкъалъул эркенлъи ва чияда бараблъун гьечӏеб Имамат цӏунизе гьеб бахӏарчияб къеркьеялъулъ гучаб гӏахьаллъи гьабуна алмахъазги. Гьезул гӏемерисел рукӏана имам цӏунизе гӏуцӏараб къокъаялда гьоркьор.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ гӏахьаллъана 540 алмахъав, гьездаса 270 чи росулъе тӏад вуссинчӏо.
1917 соналъул инкъилабалдаса хадуб цӏикӏкӏараб хиса-баси ккана Алмахъалъул гӏадамазул гӏумруялъулъ. Росулъ рагьана цӏияб школа, изба- читальня, рагӏалде бахъана хъвазе- цӏализе лъангутӏи лъугӏизаби.
Цо гӏи-боцӏул фермаялъул багӏараб бокӏоналда дир бер речӏчӏана хӏикматаб документалда. Гьелда хъван буго: «Дагъистан АССРалъул Казбек районалъул «25-абилеб Октябралъул цӏаралда бугеб гӏияхъанлъиялъул фермаялъе кӏиго соналъ гьоркьохъеб къадаралда III,6 кьегӏер щвана вюртембергалъулаб метис-тайпаялъул 100 чахъдадаса ва гӏоркӏкӏеналдаса батӏа гьабураб мехалъ. 1937 соналда букӏун буго кинабниги 1569 чахъу, 1938 соналда — 2053 чахъу. Гьелъухъ гьеб ферма рикӏкӏана Тӏолгосоюзалъул росдал магӏишаталъул выставкаялда гӏахьаллъараблъун ва босун буго Хӏурматалъул Тӏехьалде».
Дагъистаналдаго цӏияб ишлъун лъугьана тӏанкӏал ругел ритӏучӏал Алмахъалда хьихьизе байбихьи. Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана «Алмахъ» совхоз» ОООялъул нухмалъулей Зинат Лугуевалъ: «Нижер предприятиялъул директорлъун доб мехалда вукӏарав Шихмирза Абуевасда рагӏун буго тӏанкӏал ругел ритӏучӏал Кабардино-Балкариялъул «Майский» совхозалда хьихьулел ругилан. Гьес, гьенивеги ун, бичун босун бачӏана 300 ритӏучӏ. Гьезие бокьалги къваригӏинчӏо, нилъер гьава- бакъги рекъон ккана, хасалил квачги гьезда хӏехьезе кӏола, херги кванала, гъутӏбузул гӏисинал гӏаркьалаби рукъизеги бокьула».
Гьебго ОООялъул кӏудияй специалист Нажабат Сиражудиновалъги тӏаде жубана: «Тӏанкӏал ругел ритӏучӏал хьихьиялъ цӏикӏкӏараб хайир кьолеб буго магӏишаталъе. Гьезул лълъурдул хӏалтӏизарула цӏакъго къиматал дараби хӏадуризе».
Гьаниб бицине ккола ритӏучӏазул рехьед хехго кӏодолъулеб бугилан. Анцӏгогӏан соналда жаниб гьезул къадар азаралда щунусгоялде бахана. Гьединлъидал «Буртунай» совхозалдаги байбихьана тӏанкӏал ругел ритӏучӏал хьихьизе. Гӏиял рехъаби цӏикӏкӏинариялъеги гьезул щибго квалквал гьечӏо.
Амма, кигӏанго бокьичӏониги, Буртунаялдаги ва цогидал магӏишатаздаги хьихьарал тӏанкӏал ругел ритӏучӏазул къадар соналдаса соналде дагьлъана, тӏубанго тӏагӏине байбихьана.
Цӏикӏкӏараб хайир кьолел, хасго лълъурдул хираго ричун унел гьел ритӏучӏал тӏуранго тӏагӏиналдаса хвасарлъиялъе квербакъана Айтемир Сатираевас. «ЧӏикӏабГЭСстрой» ОАОялъул генералияв директорасул заместительлъун вугел соназдаго гьес хӏаракат бахъана ритӏучӏал хихьизе гьарурал бакӏал жиндирго тӏалабчилъиялде росизе ва акциял тӏиритӏизаризе.
Тӏолгороссиялъул пантал тайпаялъул лълъурдул ругел ритӏучӏал гӏезариялъул гӏелмиябгун цӏех- рехалъул институталъул директор, ветеринариял гӏелмабазул доктор, профессор, РФялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчи В. Г. Луницыница хъвалеб буго: «Северияб Кавказалда «Алмахъ» совхоз» ООО ккола Казбек районалъул рорхатал мугӏрузда тӏанкӏал ругел ритӏучӏал гӏезариялъул цого-цо бугеб предприятие.
Тӏанкӏал ругел ритӏучӏал Дагъистаналда гӏезариялъул бугеб захӏматаб хӏалалде кӏвар буссинабизе, магӏишат щулалъизабиялъе гӏарацги биччазе ккола», — ян.
Дагьабго къокъ гьабун бахъараб гьеб кагъат битӏун бачӏун букӏана нилъер тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасухъе.
Гьелдаса хадуб кинаб хиса-басиха ккараб?
«Алмахъ совхоз» ОООялъул коллективалъ, Казбек районалъул нухмалъулез, ДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъ кӏудияб хьулгун къабул гьаруна ДРялъул президентлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповасул аслиял проектал, гьелдаго гьоркьоб АПКялда ритӏучӏал гӏезариялъул масъалаги. Амма, магӏарулаз абухъе, гьеб хьулги хӏорго хутӏана.
ДРялда ритӏучӏал гӏезариялъул иш тӏоцебе пайдаяблъун рикӏкӏарав ва гьелъул гӏуцӏарухъанлъун лъугьарав Гӏабдулбасировас 1974 соналдаго абун букӏана пантал тайпаялъул (ракьа гӏадин къвакӏуларел) лълъурдул ругел ритӏучӏал гӏезариялъе ресал нилъер республикаялда гӏемерал ругин, хасго мугӏрузда цересел бакӏазда. Гьес бихьизабулеб букӏана, гьелъие харж гьабураб щибаб гъурщидаса щвезе бегьулеблъи лъабго ва цӏикӏкӏун гъурущ хайиралъул. Алмахъаздаса мисал босун, тӏанкӏал ругел ритӏучӏал жидерго магӏишатазда гӏезаризе бокьаралги гӏезегӏан рукӏинилан.
Амма «Алмахъ совхоз» ОООялъул цӏар хисизабун лъугьараб зверосовхозалда жакъа цӏунун хутӏун буго 1500-ялдаса цӏикӏкӏун тӏанкӏал ругеб ритӏучӏ.
Ракӏчӏун абизе кӏола, гьеб зверосовхоз гӏуцӏаралдасаго гьелъул къисматалъул ургъел рекӏелъе биччан, росуцоязе пайдаяб ишалде кӏвар кьун, ракӏ-ракӏалъ гьабураб кӏудияб ва гьезда киданиги кӏочене гьечӏеб кумекалъул хӏасил бугин гьебилан.