Магӏарул жергъенги, Америкаги, бадибчӏвай гьабизе гӏедегӏарал гӏадамалги
Магӏарулазул йигин Хиринду-Сафи Султӏанова абурай кочӏохъанилан гьабсагӏат дица хъвани, гьас бицунеб щибилан ццим бахъун лъугьинеги бегьула нуж. Тӏоцебе рагӏулеб бугин гьединаб цӏар, магӏарулазулги гьединаб цӏар бугел руччабийищин рукӏунелин абун. Амма цӏар магӏарул руччабазул гӏадаб гьечӏониги, йиго гьединай гӏаданги кочӏохъанги.
Гӏемерисезда гьелъул цӏар тӏоцебе рагӏулеб батулеблъиги хӏисабалде босун, нижер пикру ккана гьелъулгун гара-чӏвари гьабизе.
Хиринду-Сафи гьаюна ва гӏуна Махӏачхъалаялда. Гьенибго лъугӏизабуна музыкалияб школаги, хадуб училищеги. Гьединго Москваялда лъугӏизабуна маданияталъул институт. Цо заманалдасан, бугелъуб бугебги тун, Америкаялдецин гочун йикӏана гьей, кочӏохъабазул цо конкурсалда гӏахьаллъизе. Рекӏее гӏечӏеб къагӏида океан бахун добехун бугеб гӏумруги гӏадамалги. Хехго ячӏана нахъ юссун.
Чанго соналдасан Москваги рихараб гӏадин лъугьун, гьей нахъ юссана умумузул ватӏаналде. Гьабсагӏат гӏумру гьабун йиго Каспийскиялда, хӏалтӏулей йиго республикаялъул филармониялда. Гьелда цадахъго гӏисинал лъималги данде ракӏарун, гьезие кечӏ-бакъаналъул дарсалги кьола гьелъ.
Хиринду абураб цӏарги гьелъие кьун буго инсуца. Персазул мацӏалдаса буссинабуни, гьелъул магӏна ккола гвангъарай, кенчӏолей абураб.
Кучӏдул ахӏула магӏарул, гӏурус ва ингилис мацӏазда. Гьал ахирисел рагӏаби цӏалун хадур цӏекӏаб пихъ квараб гӏадин, кӏалги кӏичӏизабун, лъугьинеги бегьила нуж. Магӏарул кучӏдузда цадахъ ингилисазул кечӏ- бакъанги алъие щайин. Амма нужеца бицухъе гьечӏо иш. Цохӏо кечӏ ахӏизе гуребги, ахӏараб кочӏол магӏна гьабизеги, искусствоялъул хаслъи ва даража лъазабизеги гӏураб гьунар буго Хириндул.
Рокъоб букӏун бугеб лъикӏ
— Цогидал гӏадамал лъикӏаб гӏумруялда хадур, гьарураб бакӏалда батичӏеб талихӏ балагьизе гӏадин, гъирагун къватӏире лъутулеб мехалъ, мун Москваги рехун тун тӏад юссун йиго. Кочӏохъан хӏисабалда, цеетӏезе гьенир ресал цӏикӏкӏун рукӏинчӏищ?
— Дидагоги гьедин кколаан ракӏалде. Москваялда гӏумру гьабун йикӏарал соназда дун Дагъистаналде тӏад юссинилан киданиги ракӏалде ккун букӏинчӏо. Амма заманаялъ кинабго хисизабуна. Кигӏанго къуватай гӏадан дунго йигилан кканиги, Москваялъул гьалагаб гӏумруялда жаний дунго цӏунун дихъа бажаричӏо. Гьенивги вукӏун гӏумруялда жаниб дурго хасаб бакӏ кквезе, щулаго, чӏолелъуб хӏетӏе чӏезе ккани, къваригӏуна щулияб, мурадалде щвечӏого гӏодобе биччалареб хасият. Кьуру бихханиги, биххулареб гӏадаб щулияб ният къваригӏунеб батана гьениб. Гьединаб нияталда чӏезе дихъа бажаричӏо, дие гьеб захӏмалъана. Кӏиго бутӏаялъ дие гьеб захӏмат гьабуна Москваялъул гьалагаб гӏор гӏадин чвахун унеб гӏумруялъ. Гьеб кинабго бичӏчӏарай дун Дагъистаналде тӏад юссана.
— Америкаялдеги щун йиго мун…
— Щвана, анцӏго-анцӏила кӏигониги сон ана долдаса нахъе. Амма дие гьеб заман ракӏалде щвезабизе бокьуларо. Бечедаб ва сундулго рахъалъ щвалде щвараб ракь буго гьеб, амма цо жидерго хасал тӏалабал, бокьарав чиясе къабуллъуларел низамал руго гьезул. Гьелъ дие цӏакъго бакӏлъана ва къабуллъичӏо чияр ракь. Гьелде тӏадеги, дир цадахъ букӏараб къайи-цӏа бикъун ун батараб мехалъги квешго ракӏ хвана дир гьезда. Москваялдасаго хирияб тукадаса босараб косметика бикъун ун батана дун рещтӏун йикӏараб гостиницаялда.
— Муи Хӏасановалъул репертуаралдаса кечӏ букӏана дуца цо конкурсалда ахӏизе хӏадур гьабун. Хас гьабун гьеб щай дуца тӏаса бищараб?
— Дида гьей гӏумруялда гӏемер йихьун лъалей йикӏиналъ. Нижеда мадугьалихъ йикӏун, гьелъухъе гӏемер щолаан дун. Халкъияб кечӏ ахӏизе бокьун бугин бициндал, жиндирго кучӏдул риччана гьелъ дие. Гьениб гьоркьоса бищараб кечӏ ахӏана дица хадуб Москваялдаги. Муицаго гӏадин, жергъада килщалги кӏутӏун ахӏулейиланги йикӏана, амма лъугьинчӏо дихъа гьеб. Дунго дидасагоги нечана, цееяхъинги ккана цӏакъ намусаб.
Жакъа ахӏулеб кочӏол…
— Хадубккунги магӏарулалъ кучӏдул ахӏизе ракӏалда гьечӏищ?
— Гьелъие дица цин лъикӏго мацӏ лъазабизе ккола. Эбел Болъихъ районалъул Гъагъалъа, эмен Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏаса кколел рукӏаниги, букӏине кколедухъ магӏарул мацӏ лъазабизе дие рес рекъечӏо. Эбел-эменги ратӏалъун, кӏвекӏен ккана гьелъие.
Амма дида ракӏалда буго гьеб щвалде щун лъазабизе. Берцинаб бугилан кканиги, магӏарул мацӏ жибго захӏматаб мацӏ буго лъазабизеги, бицинеги, гьединго кечӏ ахӏизеги. Цӏалдохъанас рокъобе лъазабизе кьураб кечӏ гӏадин, лъазеги гьабун, кечӏ ахӏи гуро дир мурад. Дие кӏвар бугеб жолъун ккола дица ахӏулел рагӏабазул магӏна дидагоги гъваридго бичӏчӏи, гьел рагӏабаз диего гьабулеб асар гӏенеккаразухъеги кьей. Жинцаго жиндирго къимат гьабулев бокьарав кочӏохъанасул рукӏине кколел принципал руго гьел.
— Инсан кантӏизавиялде, лъикӏлъиялде ахӏулел, гьесие битӏараб тарбия кьун бажарулел тайпаялъул кучӏдулги дагьал гьечӏо. Мисалалъе, Алла Пугачевалъул буго «Некӏсияб сагӏат» абураб кечӏ. Гьениб гьелъ цӏакъ асар гьабуледухъ бичӏчӏизабулеб буго гӏумру хехго унеб букӏин. Жиндие херлъизе бокьун гьечӏин, заман лъалхъулареб щайилан ахӏи балеб гӏадин йиго гьей. Гьединаб рахъалде кӏвар кьолищ дуца кечӏ ахӏулаго?
— Валлагь цӏакъ кутакалда кьолин, гьелде кинабго пикруги кӏварги буссинабулин дицайилан, гьабсагӏат жаваб кьуни, гьереси букӏинин хӏинкъунги йиго дун. Дицагоги гӏемер хӏисаб гьабулеб суал кьуна дуца гьабсагӏат. Кочӏол бакъаналде гъоркь кӏалги гьакӏкӏан, тӏокӏаб сундулниги агъаз гьечӏей гӏаданлъун дунго йикӏине дие, узухъда, бокьиларо. Амма жалго кучӏдулги гьединал магӏна бугел, гъваридал рукӏине ккелаха. Гьаб заманалъ гьединал, кутакаб асаралъул кучӏдул хъвалел шагӏирзаби дида лъаларо. Ратизеги бегьула, амма дун жеги гьединалгун дандчӏвачӏо.
— Батани, цере рукӏарал шагӏирзабазул лъил творчество дуе бищун бокьулеб?
— Расул Хӏамзатов дунялалдаго лъалев, кутакалда пасихӏал, гъваридал кучӏул хъварав шагӏир вуго. Амма дие гьесдасаги, бахчиларо, бокьула гьесул эмен Цӏадаса Хӏамзатил творчество. Гьесул сатириял асараз цӏакъ асир гьаюна дун.
— Дуего критика гьабидал цӏакъго рекӏекълъулищ?
— Гьереси щай, рекӏекълъула. Гьеб рахъалъ цӏакъ загӏипай гӏадан йиго дун, щаяли. Амма нилъер гӏадамаздаги критика гьабизе щвани, кинабго кӏочон толеб буго. Мисалалъе, бокьарав чӏагояв чиясул гӏадин, дирги рукӏуна гъалатӏалги, чанги рукӏана кечӏ лъикӏго ккечӏого дунго намуслъизе ккарал лахӏзаталги. Амма гъоркьгоги ничалъги сабру хвеялъги гьорозаюн, ракӏги къварилъун йигей гӏадан, гьез тӏуянго йижичӏей анищан ккезе гьаюла. Цоялдаса цоял рекӏелъ хӏунсулел, унтулел рагӏабаз чӏван лъола. Цо дагьаб рекъараб рагӏиги бицун, ракӏ-макӏго гьабизейищ бегьулареб? Гьез абичӏониги лъаларогойищ бугеб дида дирго цееяхъин лъикӏаб ккечӏеблъи. Рагӏуца лъукъулелго гӏадин, иман бугеб рагӏуца чӏаголъизеги гьавула чи. Кочӏохъанасейин абуни хинал рагӏаби лъиеялдасаго цӏакъ хӏажат рукӏуна.
Хадурагӏи
Гьеб гуребги, гӏемер интересаб хабар бицана Хириндуца. Къойица гаргадизе йиччаниги, кечӏ ахӏизего гӏадин, кӏалъазеги буго гьелъул махщел. Гӏумруялъулги сверухъ лъугьунебщиналъулги пикру гьабизеги лъалеб буго. Лъицаниги гьукъунилан кечӏ ахӏиги теларилан абуна гьелъ. Гьеб бугила гӏумруялда жаниб жинда батараб бакӏ. Жиндихъа гьеб бахъизе лъилниги ихтиярги гьечӏин тӏадеги жубана кочӏохъаналъ.