Цо чанго соналъ цебе №35 гимназиялда тӏобитӏун букӏана республикаялъул «Рахьдал мацӏалъул лъагӏалил учитель» конкурс. Гьелда гӏахьаллъарай мугӏалималъ дарсил цо бутӏа сайгъат гьабун букӏана Гӏабасил Махӏамадил творчествоялъе. Видеобухьеналъул кумекалдалъун бухьен гьабун букӏана шагӏирасулгунги. Гьеб къоялдаса нахъе нижер анищ букӏана Лъагӏилухъе щвезе. Кинго санагӏалъи рекъечӏо ва гьедин ана заман.

Исана нижер гьеб анищ тӏубана. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулездагун композиторал Каримула Гӏабдулаевасда ва Ахӏмад Гӏамирхановасда цадахъ щвана Лъагӏилухъе.

Хӏеренаб каламгун дандчӏвай гьабуна Гӏабасил Махӏамадил лъади Савдатицаги. Щвана Гӏабасил Махӏамадил хабадеги, бихьана гьес наслабазе тараб музейги библиотекаги.

Цӏулакьодул гъутӏбуз сверун ккураб минаялда аскӏоб бугоан «Чӏобого кьолеб къайи-цӏа» абун хъвараб тукен. Гьебги бугин бицана Гӏабасиласул хӏаракат.

Къалъудаса хадуб киналго данделъана шагӏирасул цӏар кьураб школалда. Гьенибги бицана Гӏабасил Махӏамадил творчествоялъул хӏакъалъулъ, цӏалана кучӏдул. Цӏакъго бакъ багӏарараб къо букӏиналъ, хадусеб данделъи тӏобитӏана росдал клубалда. Кӏудияб асар гьабуна Авар театралъул артистазул церерахъиналъги. Гьез бихьизабураб Гӏабасил Махӏамадил «Махӏмуд» абураб сценкаялъ киналго хӏайран гьаруна.

Гьеб киналдасанго нижеда бичӏчӏана халкъияв шагӏирас хвел гьечӏеб лъалкӏ ракьалда тун бугеблъи.