Россиялъул церетӏурал шагьаразецин мисалияб куцалда къачӏалел руго магӏарухъе унел нухал

Лъикӏаб тайпаялъул къачӏарал нухал хӏисабалда нилъер республикаялда ругел шагьранухал росун руго Россиялдаго бищунго лъикӏал нухазул сияхӏалде. Киналго тӏалабазде дандекколел ва хъулухъ гьабун къачӏарал нухазул 56 процент хӏисабалде босун буго статистикаялъулаб цӏех—рех гьабураз. Россиялда бищун лъикӏал нухал ратун руго Москваялдаги, Ханты—Мансийскиялъул автономияб округалдаги. Нилъер республика буго сияхӏалъул 16—абилеб бакӏалда.

Гьечӏеб жо тӏаде жубан кьураб баян гьеб гурин бицана «Дагъавтодор» идараялъул пресс-хъулухъалъул вакилас.

— Нухал къачӏаялде цӏакъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго республикаялда ахираб заманалда. 2019 соналда нижеца къачӏана 500 километр нухлул. Гьединго реконструкциялъулал хӏалтӏаби гьаруна 150 км. шагьранухазе. Гьелъул магӏна кколаро нижеца киса-кибего хъилги тӏун нухал къачӏанин абураб. Хъил тӏуралги руго, тӏечӏел нухал ритӏизарун, гӏемераб хӏалтӏи гьабуна.

Гьединго гъоркьисаги исанаги нижеца кӏвар кьуна цереккун къачӏалаго рагӏалде рахъинчӏого хутӏун рукӏарал нухал лъугӏизариялдеги. Нухал къачӏаялда жаниб багьабазул оптимизация гьабиялъги, гӏарцул сурсатазул суалги чӏара-хьараб низамалде бачӏиналъги рес кьуна гьел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе, — ян бицана «Дагъавтодоралъул» пресс-хъулухъалъул вакил Мухӏамад Лабазановас.

Шоферзабазул рагӏабазда рекъонги, цогидал регионазда данде ккуни, гӏемерго узданал ва хъулухъ гьабурал нухал руго нилъер республикаялда. Мисалалъе, Россиялъул централда ругел шагьараздацин гӏемер руго, цӏадал хӏалакиндал, сордо-къоялъ жаниса хьвадизе бегьуларедухъ лъугьунел нухал.

Нухазда хвезабулеб гӏарцуда барахщугеги, хӏукумат. Цӏакъ кири кӏудияб иш бугелъул.