19 сентябралда Махӏачхъалаялда Гьудуллъиялъул Минаялъуб тӏобитӏана Россиялъул Бахӏарзазулгун гӏолохъанал дагъистаниязул дандчӏвай.

Цереккун гьединал тадбирал Избербашалдаги, Дербенталдаги, гьединго ДГУялдаги гьаруна.

Улкаялъул 67 шагьаралда тӏоритӏана Совет Союзалъулги Россиялъулги Бахӏарзазулгун студентазул, волонтёразул, школлъималазул дандчӏваял.

«Бахӏарзазул Вахта» абураб гьеб тадбиралда нилъер республикаялда гӏахьаллъана 12 Бахӏарчи – нилъерго гьаниса, Ингушетиялдаса, Северияб Осетиялдаса, Адыгеялдаса, Калмыкиялдаса, Алтаялдаса, Ростовалдаса ва Калининград областалдаса.

Тӏаде балагьун цӏакъго гӏадатал чагӏиян кканиги, гьезул щивас гӏезегӏан гьунарал гьарун ругоан 20 соналъ цебе нилъер гьанирги Чачаналдаги ккарал рагъазулъ.

Масала, Адыгеялдаса Эдуард Цеев 1999 соналда «Хӏамилгӏин» борхалъиялда вагъулев вукӏун вуго. Гьесда кӏун буго цониги рагъухъанасе къварилъи кколареб куцалда гьениса жидерго къокъа нахъе бачине. Гьединго жинцаго кодобги ккун, цадахъ босун бачӏун буго чӏварав командир Костинил жаназаги.

Жидер къокъабазда квешаб кьаби щвезабиялъ доб мехалда боевиказ чӏвазе къотӏун вукӏана Болъихъ районалъул Гъодобериса милициялъул прапорщик Дибирхӏажи Мухӏамадовги. Гьев ккурав чиясе 25 азарго доллар кьолеб бугиланги лъазабун букӏана. Масала, цо нухалда Дибирхӏажица кьвагьизабула Гъодобери росулъе бачӏунеб букӏараб боевиказул колонна. Цогидаб нухалда гьев тӏаде ккола нохъода хӏухьбахъулел рукӏарал боевиказде, цинги — гьезул лагералде. Кӏиябго нухалдаги Дибирхӏажица кьвагьулел жалниги, берал чваххизабулеб газ биччанниги пасалъи рещтӏинабула боевиказде.

Амма кьвагьун бачӏараб жоялъул кескал щун, лъукъун гурони, Дибирхӏажи цониги нухалда гьезухъе кодове щоларо.

«Бахӏарзазул Вахтаялде» Дагъистаналде рачӏарал гьалбадерида гъорлъ вукӏана Ингушетиялдаса Абубакар Костоевги. Гӏадамал гӏемераб бакӏалда террористас живго жинцаго кьвагьизавизехъин вугилан хабарги щун, гьесги гьалмагъзабазги нух къан буго цо росулъе бачӏунеб букӏараб машинаялъе. Гьенив жанив вукӏун вуго дов террорист. Гьеб мехалда гьес бахъинабураб кьвагьиялъ гьаваялде щущан ун машинагун полициялъул ункъо хӏалтӏухъан (гьездаго цадахъ Костоевги) захӏматго лъукъун руго. Доб росулъа цо чи хунги вуго.

Гӏолилазулгун дандчӏваялда гӏахьаллъарал Бахӏарзазда гьоркьор рукӏана нилъер ракьцоялги – Росгвардиялъул нухмалъулев Мухӏамад Багӏачилов (Чӏарада районалъул Мугурухъ росу), Загьид Загьидов (Гъуниб районалъул Кӏогьори росу), Зулкъаид Зулкъаидов (Агул районалъул Буршаг росу), Мухӏамад Гьиматов (Хьаргаби росу).

Улкаялда «Бахӏарзазул Вахта» тӏобитӏизе байбихьана 2012 соналда. Тӏоцебе тӏобитӏана Рязаналъул гьаваялъулгун десанталъул аскаразул училищеялда.

1992 соналдаса 2014 соналде щвезегӏан Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар кьуна 1013 чиясе.

Бищун гӏемер Бахӏарзал рахъун руго Чачаналда, кӏиабилеб рагъ лъугӏидал (гьединго 1999 соналда Дагъистаналда букӏараб рагъдаса хадур) – 304 чи.

Кӏиабилеб бакӏалда руго Чачаналъул тӏоцебесеб рагъул гӏахьалчагӏи — 175 чи.

Гьединго Бахӏарзазул цӏаразе мустахӏикълъарал россиялъулазда гьоркьор руго рагъухъаби гурелги, цӏи-цӏияб ярагъ ургъарал гӏалимзабиги, космонавталги, Чернобылалъул АЭСалда ккараб авариялъул хӏасил рукӏалиде бачаралги, 1992 соналда Россиялъул вакиллъи Кабулалдаса гочинабизе кумек гьабуралги, 1996 соналда Афгъанистаналда тӏалибазул асирлъиялдаса рорчӏизе кӏварал летчикалги, росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабиги, спортсменалги, сапарчагӏиги ва цогидалги.