Тохтурасда хьолбохъ кидаго букӏуна гӏумруги хвелги. Гьезул даимаб къеркьеялъул нугӏлъун вугев Мухӏамад Имангӏалиевас къойил салам кьола гьезие. Операциялъулаб столалда чанги гӏумру хваликьа бахъун бугониги, Махӏачхъалаялъул №2 больницаялъул бетӏерав тохтурасул рекӏелъ абадияб бакӏ ккун батила коронавирусалде данде гьабулеб къеркьеялъ.
Дунялалъего хӏалуцарал гьел къояз Мухӏамадги гьесул коллективги, цогидал киналгоги тохтурзабиго гӏадин, макьу тун, рахӏат тун, больницаялдаго рукӏана гӏумру гьабун. Гьезда цебе чӏараб масъала букӏана цӏакъго кӏудияб кӏваралъул. Хвалил харицелалъ бецун балеб бугеб гӏумруялъухъги балагьун, угьдулеб тӏабигӏатги тӏабигӏаталъул талихӏкъарал кьеразухъ гӏодулеб гӏумруги, сверухълъиялдаго кӏалгьикъулеб хвелги – гьеб кинабго хӏехьезе Тӏадегӏанас сабру кьурал тохтурзабиги.
Республикаялъе хӏалуцарал дол къояз гӏадамал хвасарлъиялъе гьабураб хӏалтӏухъ Мухӏамад Расуловичги мустахӏикълъана тӏадегӏанаб шапакъаталъе.
Мухӏамадие рахӏат толеб букӏинчӏо Дагъистаналда йигей эбелалъухъ урхъиялъ. Гьесул ракӏ гӏедегӏунеб букӏана ватӏаналде. Цӏакъ бокьун букӏана эбелалъухъе тӏад руссинаризе гӏумруялъ гьелъ жиндиего кьураб гьалдолеб хинлъиялъул гьитӏиналгӏаги къатӏраби. Мухӏамадил пикраби роржунел рукӏана лъимерлъиялъул лъалкӏалги гӏолиллъиялъул расеналги жанир хутӏараб, цӏумазул улкайилан жинда абулеб Цӏумада районалде. Гьале гьаниб, рорхатал мугӏрузул тӏогьазда, чанги кьурдана Мухӏамадил анищал. Гьале гьанисан гьел роржана улкаялъул ракӏлъун кколеб Москва шагьаралде.
Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал…
1981 соналда Тӏинди росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, Мухӏамад цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, мединституталде. Тӏубана гӏолиласул анищ. 1987 соналда гьев вахъана тохтур-хирурглъун. Гӏолохъанав тохтур хӏалтӏизе ана Калуга шагьаралде. Гьенив ункъо соналъги хӏалтӏун, Мухӏамад ана Москваялде. Лъугьана ординатураялде, лъугӏизабуна аспирантура. Живго хӏалтӏулев вукӏараб Н. Пироговасул цӏаралда бугеб мединституталдаго лъугӏизабуна докторантураги. Гьенибго цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъиялде ва докторлъиялде диссертацияби. Гьев гӏуралго соназ хӏалтӏана Н. Пироговасул цӏаралда бугеб мединституталъул госпиталалъулаб хирургиялъул отделениялъул нухмалъулевлъун.
2011 соналда гьесие кьуна профессорасул цӏар. Гьединго хӏалтӏана Москваялъул 500 унтарасе бакӏ бугеб больницаялъул (МСЧ) бетӏерав тохтурлъун. Лъикӏав тохтур ва унго-унгояв инсан хӏисабалда, гьесул тӏадегӏанаб къадру-къимат букӏана больницаялъул коллективалдаги гьудул-гьалмагълъиялдаги гьоркьоб. Букӏана кинабго…
Лъимерлъиялъул лъалкӏал
Амма гьитӏинаб ватӏаналдасан гьесда рагӏулеб букӏана гӏазизаб гьаракь. Гьелъ бикъулеб букӏана гьесул макьу. Макьилъ цее ячӏуней йикӏана хӏасратай эбел. Гьел лахӏзатаз гьев цӏидасанги щолаан росдал сухъмахъазухъе. Гьале гьал къватӏахъ чанги васандана гьев, гьале гьал кьурабалъан чанги харана, мугӏрузул тӏогьазде воржинеги воржана, жиндирго анищазул чуги кьолон. Гьале гьаб ракьалъухъ ккараб рокьи бергьана гьаб нухалдаги Мухӏамадил каранлъ. Гьасие бокьун букӏана цӏидасанги гьитӏинлъизе, лъимерлъиялъул лъалкӏазда рухӏ гъезе.
Гьале цӏидасанги – хъизамалъул горсверуда – релъиги, рохелги, къварилъи-пашманлъиги гӏахьалаб гъанситохъ. Гъасда беролеб цӏадул хинлъиялъул махӏ гьанжеги чӏвалеб букӏана Мухӏамадида. Макьилъ гьимулевги вукӏана гьев. Гьелъие гӏиллаги букӏана – гьесул ботӏрол расалги лъухьулаго, хӏасратаб рахьдал мацӏалда хӏайранаб кечӏ ахӏулеб букӏана эбелалъ. Гьале доб нилъер гӏумруялъул аслияб кечӏ. Гьеб кечӏ лъел цӏураб гӏеретӏлъун букӏана Мухӏамадил гӏумруялъул сухъма- хъазда ва шагьрабазда.
Лъимерлъиялъул лъалкӏазда талихӏалъул нурги бекьулаго, сордойил бачӏунаан Мухӏамадихъе хӏайранаб макьу. Гьеб макьил аслияй багьадурлъун йикӏана эбел. Мухӏамадида бичӏчӏана эбел жинда макьилъ гӏададаго йихьулей гьечӏеблъи.
— Эбел. Гьей ккола нилъер щивасул гӏумруялъул сиги, ссиги, кьибилги. Лъимерлъиялдаги гӏолохъанлъиялдаги бичӏчӏуларо эбелалъул кочӏол магӏна. Цо-цоязда гьеб гӏумруялъго бичӏчӏуларо. Эбелалъул адаб, гьей чӏаго йигеб мехалда, гьабизе ккола. Гьел пикраби ригьда рорчӏана дилъ. Ва ракӏалде ккана эбелалъе дирго бугеб талихӏалъул дагьалгӏаги кескал гӏахьал гьаризе. Дир кӏудияб талихӏалъе байбихьи гьелъул сариназлъидалха лъураб. Урхъун вукӏана дун гьезухъ. Гьайгьай, дида кӏвезе гьечӏо гьелъ дие кьура- лъул бащдабгицин тӏад буссинабизе. Бугониги, бокьун букӏана цохӏо вугев васасул сипат къойилго гьелда бихьизе, — ян бицана Мухӏамадица.
Цӏидасанги – гӏагараб Дагъистаналда
2014 соналда Мухӏамад Иман- гӏалиев тӏад вуссана Дагъистаналде. Гьелдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго Махӏачхъалаялъул №2 больницаялъе. Коронавирусалде данде къеркьолаго, коллективалъги, гьеб нухда бачунелъул, жинцагоги рихьизарурал хӏасилазухъ Мухӏамад мустахӏикълъана «За доблестный труд» абураб медалалъе. Тохтурасда шапакъат баркизе, дун щвана гьев хӏалтӏулеб больницаялде.
Хӏалтӏул къо ахиралде щолеб букӏаниги, гьесухъе иргаялда чӏарал гӏемер рукӏана. Унтаразе бокьун букӏана гьес жал сах гьаризеги, цохӏо гьеб больницаялда гурони региларин абун чӏаралги рукӏана гьенир.
Ва гьале дандего вахъун вачӏана Мухӏамад. Гьабуна лъай-хъвай, бицана дирго мурад.
— Цӏияб вирус Китаялда тӏатун бугин рагӏабго, бичӏчӏана дидаги ва цогидал тохтурзабаздаги гьеб Да- гъистаналдеги щвезе букӏин. Щайгурелъул, цӏиябин нилъеца абуниги, гьеб цӏияб букӏинчӏелъул. Ниж, гьеб тӏаде щвезегӏан чӏечӏого, дагь- дагьккун хӏадурлъулел рукӏана. Киса-кибего гьедин букӏана. Гьанже гӏайиб гьабулелги камулел гьечӏо, хӏадурлъи букӏинчӏиланги абун. Гьеб битӏараб гьечӏо. Россиялдаго букӏана гьединаб хӏал. Рукӏана гӏурал дарабиги, хасаб ретӏелги, цогидаб къаригӏараб-тарабги. Гӏураб къадаралда гьеб букӏиналъе кумек гьабуна кидаго миллаталъе кумекалъе ватулев, гьелда нахъа хвалченлъун чӏарав Сайгидпаша Гӏумахановас. Гьес кьуна 300 форма. Гьединго кумек гьабуна Хӏабиб Нурмухӏамадовас. Гьединал лъикӏал гӏадамал жеги рукӏана. Кӏалъан рачӏун рукӏана «Инсан» фондалдасанги. Амма дица гьезда абуна гьабсагӏаталда къваригӏараб жо гьечӏин, къваригӏаразе кумек гьабейилан. Баркала буго гьезие. Гьез киназего гьабулеб букӏараб кумекалъулги рагӏана дида. Лъикӏал гӏадамазул лъикӏал ишаз ккун буго жакъа нилъер Дагъистан. Гьеб буго нилъеца цӏунизе кколеб умумузул ирс, — илан бицана Мухӏамадица.
Карантиналъул заманалда больницаялда букӏараб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги бицана гьес:
— Байбихьудаго щвана гьеб нижехъе. Гьеб босун бачӏана жалго унтаразги. Масала, гьанире регизе рачӏаразда лъан батулароан жалго унтун ругеблъи. Цинги гьезул унтиги, гьелде тӏаде коронавирусги сах гьабизе кколеб букӏана. Ва рагьана хасаб отделение. Нижерго унтарал къабул гьариги гьоркьоб къотӏизе тун, гьаб цояб унти сах гьабизе журана ниж.
Захӏматго букӏинчӏилан абиларо. Ракӏ унтулаан, жал хвасар гьарейилан абулеб балагьиялъ гьел нижехъе рачӏиндал. Гӏумруги хвелги дандчӏвараб къваридаб лахӏзат цебеса инабизего кӏолеб гьечӏо. Тӏолабго къуват кьолеб букӏана унти бача- хъизе. Жидерго хъизамазде регӏичӏого хӏалтӏана тохтурзаби. Моцӏаз ро- къоре щвечӏелги рукӏана. Дунги къойил чанго нухалда щолаан унтаразухъе. Вохулаан, гьезул разиял гьурмал рихьидал. Гьединго дир гьумерги хьухьалаан, гьезул гьурмал кьерхун рихьараб мехалда. Хӏикматаб жо буго гьаб гӏумру. Метералде, сезеялде, тӏаде-хариялде планал рахъулел, ургъулел рукӏуна нилъ. Гӏумруялде хвелалъ рехулеб рагӏад бихьидал, букӏкӏун уна ракӏ. Гӏедегӏулел гьечӏо нилъ цоцазе хинлъи кьезе. Рихьулел гьечӏо нилъер кумекалде ккарал. Бичӏчӏулеб гьечӏо загӏипазул рекӏел хӏал. Гӏаммаб къагӏидаялда босани, лъикӏал чагӏи руго дагъистаниял. Гьезул лъикӏлъиялъги квербакъана унти гӏодоцине. Амма гьанжеги рахӏат холеб буго, гьеб унтул хабар цӏилъидал…
Щвана нижер больницаялде Москваялдаса гьалбалги. Гьезда гьоркьов вукӏана унтул заманалда машгьурлъараб Коммунаркаялъул бетӏерав тохтур Проценкоги. Тохтурзабазул гьеб къокъаялъ тӏадегӏанаб къимат кьуна нижер больницаялъул хӏалтӏуеги.
Лъугӏана Мухӏамад Расуловичасулгун гьабураб гара-чӏвари. Гьесул кабинеталъуса унаго, дида рагӏулеб бугин кколеб букӏана гьесул эбелалъул кочӏол гьаракь. Гьеб цӏакъ релълъараб букӏана дирго эбелалъул кечӏалда. Киналго улбузул саринал цоцазда релълъаралги рукӏунелъулха. Гӏагараб ватӏаналъухъги эбелалъул сариналъухъги урхъи буссунарев, рорхатал мугӏрузул согӏаб тарбия щварав магӏарулас къокъабго заманалда дие кьуна гӏумруялъул дарсал. Эбелалъул кечӏалъеги мугӏрузул тарбиялъеги хилиплъичӏев магӏаруласда гӏагараб ватӏаналда батун буго унго- унгояб талихӏ. Гьеле гьединал гвангъарал руго Мухӏамадица жиндирго къисматалъул гӏидраялда толел ругел лъикӏлъиялъул лъалкӏал.