Дагъистаналъул халкъ кидаго машгьураблъун букӏана ба-хӏарчилъиялдалъун, цоцазде бугеб божилъиялдалъун, гӏагараб ракь хиралъиялдалъун, эркенлъиялъе гӏоло гӏумру кьезе хӏадурал рукӏиналдалъун. Гьеб кинабго якъинго бихьана 1999 соналъул лъугьа-бахъиназдасанги.

Доб мехалда РФялъул президент Владимир Путиница абун букӏана гьадин:

«Хӏажалъи ккедал, гӏагараб республикаялъул гуребги, тӏолабго улкаялъулго къисмат жидерго биялдалъун цӏунана дагъистанияз. Гьеб буго тӏолабго Россияго гьезие ракӏ-ракӏалъ бокьулеб букӏиналъул мисал. Нужеца бихьизабуна унго-унгояб гӏамал-хасият: бихьинчилъи, сабруялда ракӏчӏей, къвакӏи, къуркьи гьечӏеб къуват. Россиялда киданиги кӏоченаро нужеца гьабураб иш. Дагъистаналъ Россия хвасар гьабуна», — ян.

Гьадинаб къимат кьуна дол лъугьа-бахъиназе Северияб Кавказалъул рагъулаб округалъул бетӏерав командующийлъун вукӏарав генерал-полковник Виктор Казанцевас:

«Сундулъго загьирлъулеб букӏана Дагъистаналъул халкъалъ бихьизабураб бихьинчилъи. Армиялъ, милициялъ, цогидалги къуваталъулал гӏуцӏабаз цолъун тӏубазабулеб букӏана цо масъала. Амма ниж киданиги бергьинароан Дагъистаналъул халкъалъул кумек букӏинчӏебани. Лъиданиги ва киданиги кӏвезе гьечӏо дагъистаниял накалде ккезаризе».

Гьал тӏадехун рехсаразул рагӏа-би хӏакъикъаталдаги ритӏухъаллъун рукӏин чӏезабуна дол лъугьа-ба-хъиназулъ гӏахьаллъарал нилъер бахӏарзаз.

Рехселин цо мисал. Яргъид гӏуцӏарал хъачагъазул цӏураб ГАЗ-66 машина, Эчеда майданалъул рахъалдасанги бачӏун, «Дача» абулеб бакӏалда чӏана. Цӏумада районалъул Агъвалибе гьениса лъабго километралъул гурони манзил букӏинчӏо. Гьениб къуваталъул рахъалъ ращалъи гьечӏеб рагъулъ чӏвана милиционерал Закаря Хӏусенов, Сулейман Сапиюлаев ва Буйнакск шагьаралда чӏей букӏараб 102-абилеб бригадаялъул рагъухъан Мухӏамад Берцинаев. Гранатометалдасан кьвагьдон, гьес щущазабуна ва бухӏана ахӏичӏого рачӏунел рукӏарал «гьалбадерил» цӏураб гьеб машина.

Агъвалире рорчӏизе бажарунгу-тӏиялда ракӏчӏарал гьезул цогидал къокъаби тӏад руссун Эчеда росдал рахъалде ана.

Гьелдаса хадубги Цӏумада районалда ахӏвал-хӏал хӏалуцунеб букӏана. Экстремистазул къокъаялде гьоркьове лъугьун, гьезие бетӏерлъи гьабулев вукӏарав Багьавудин Мухӏамадовас хӏукму гьабуна Да-гъистаналъул ракьалде жанирегӏан, Гьигьалъ росулъехун ине. Гьес гьеб росдал жамагӏаталда гьарана жал, квалквал гьабичӏого, церехун риччайилан.

Гьелдаса хадуб ккаралъул хӏакъалъулъ гьадин ракӏалде щвезабуна гьанже Гьигьалъ росдал администрациялъул бетӏерлъун вугев Рамазан Гъазимухӏамадовас:

– Доб мехалда дун хӏалтӏулев вукӏана жанисел ишазул райотделалъул госавтоинспекциялъул начальниклъун. Анцӏго хӏалтӏухъанги вачун, дун витӏун вукӏана Чачана-лъулги Дагъистаналъулги гӏорхъода бугеб Чиндих габурлъухъе. Районалъул централдаса ниж гьенире щвана сордо бащалъулеб заманалда. Чиндих габурлъухъан байбихьун, гӏорхъуда щибаб 50-70 метралдасан рухъана хандакъал. Цо-цоял рахчун чӏана чӏахӏиял ганчӏазда нахъа. Радалалде ниж хӏадурлъун рукӏана гьезул гьужум нахъчӏвазе. Нижер щулалъи щущахъ биххизабизе, тӏоцебесеб нухалда хъачагъаз хӏалбихьана радал сагӏат щуго тӏубараб заманалда. Гьеб гӏадада ккезехъин букӏин гьебсагӏатго бичӏчӏун, гьел нахъе къана чачаназул Кенхи росулъехун.

Районалъул централде иргадулаб гьужум нахъчӏваралдаса хадуб, Гьигьалъ росдал рахъалдехун рагъулаб тунка-гӏуси ккун бугилан хехаб кагъат щун, гьениве ана доб мехалда росдал бегавуллъун вукӏарав Гӏумарасхӏаб Гъазимухӏамадов.

– Штабалъул данделъиялда дица гьеб кагъат кьуна полковник Мухӏамад Гӏабдуразакъовичасухъе. Гьигьалъ рахъалдехун нижер ишазе нухмалъиялъе хехго тӏаде щвана полковник Мухӏамад Гӏумаров. Гьигьалъ рахъалдехун ккараб цо рагъулъ чӏвана ОМОНалъулав Закир Султӏанов. Гьев бахӏарчияв ра-гъухъан росуцояв абадиялъ рекӏелъ хутӏиялъе памятникги лъун буго.

Гьигьалъезулгун рагӏи данде ккечӏолъиялъ, гьел кьуркьизаризе кӏвечӏолъиялъ, гьенисан гьужум гьабизе рес ккечӏолъиялъ ццин гьалаглъизабуна Хаттабил. Бицунеб букӏана гьездаса къисас босичӏого теларин жинцайилан гьедун вугин гьев.

Гьигьалъ рахъалдехун лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал лъазабизе гьенибе битӏун бачӏана ДРялъул хӏукуматалъул жавабиял хъулухъазул нухмалъулезул къокъа: ДРялъул Хӏинкъи гьечӏолъиялъул советалъул секретарь А. Магьдихӏажиев, ДРялъул жанисел ишазул министр Гӏ. Мухӏамадтӏагьиров, рагъулав комиссар М. Тӏи-намухӏамадов, гражданлъиялъулаб оборонаялъул ва ракӏалдаго гьечӏел ишазул рахъалъ министр

М. Хӏажиев.

1999 соналъул 1 августалда вачӏана Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул заместитель Мухӏамад Гӏумаров. Гьесда цадахъ букӏана милициялъулазул къокъа. Дагъистаналъул жанисел ишазул министр Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасул буюрухъалда рекъон, Гьигьалъ росулъе Загьид Загьидовасул бетӏерлъиялда вачӏана хасаб тӏадкъай тӏубазабулев нусго милиционерги, — ян бицана Гӏ. Гъазимухӏамадовас.

Бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бициналдасан макъала байбихьун букӏиндал, гьаниб цӏарал рехсарал Мухӏамад Гӏумаров ва Загьид Загьидов, Россиялъул Федерациялъул президентасул указалда рекъон, Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏаралъе мустахӏикълъана.

Амма милициялъул полковник Мухӏамад Гӏабдуразакъовас инкар гьабуна Бихьинчилъиялъул орденалдаса.

Ахиралдаги чанго рагӏи абила, цӏумадисезда киданиги кӏочене гьечӏин, 1999 соналъул август-сентябралъул лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъун, гӏумруялдаса ратӏалъарал Дагъистаналъул бахӏар-чиял васал, ракьцоял М. Берцинаев, З. Султӏанов, С. Сапиюлаев ва З. Хӏусенов. Гьел бахӏарзазул гьунар мисаллъун букӏина гӏун бачӏунеб гӏелалъе.