Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталъул (ДИРО) гӏаммаб ва хасаб педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул заведующая, психологиял гӏелмабазул кандидат Гулжан Тажудиновалъ «Хӏакъикъаталъе» бицана аслиял масъалабазулги гьел тӏуразариялъе гьарулел тадбиразулги хӏакъалъулъ.

Нижер баян:

Гулжан Тажудиновалъ лъугӏизабуна ДГПУялъул биологиялъулгун химиялъул факультет. 1997-2001 соназда цӏалана Москваялъул пачалихъияб педагогияб университеталъул аспирантураялда. Цӏунана психологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. 1994 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго ДГПУялда, 2006 соналдаса нахъе – ДИРОялда доцентлъун. 2018 соналда йикӏана профессионалиябгун тӏадеги лъай кьей цебетӏезабиялъул кафедраялъул нухмалъулейлъун ва 2020 соналъул июналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго гӏаммаб ва хасаб педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул нухмалъулейлъун.

– Гулжан, дуца нухмалъи гьабулеб кафедраялъул аслияб хӏалтӏи щиб кколеб?

– Кафедраялъе нухмалъи гьабун гӏемер заман инчӏониги, гьелъул хӏалтӏи дие цӏияб кколаро. Аслияб иш ккола проектал гӏумруялде рахъинари, программаби хӏадур гьари, лъай кьеялъул идарабазе гӏелмиябгун методикияб кумек гьаби.

Учительзабазе кумек гьабула лъай камил гьабиялъул курсазда. Гьел гӏуцӏула очно ва заочно. Учительзаби рачуна хӏалбихьи цӏикӏкӏарал психологазул дарсазде. Кафедраялъ тӏоритӏула мастер-классалгун тренингал. Курсазда рес щола ишцоязул хӏалбихьиялъулгун лъай-хъвай гьабизеги.

Кафедраялда буго социалиялгун психологиял цӏех-рехал гьарулеб лаборатория. Гьелъие нухмалъи гьабула психологиял гӏелмабазул доктор Анжела Дамадановалъ. Лабораториялъ цӏех-рехал гӏуцӏула федералиял проектазда рекъон. Гьезул кьучӏалда чӏезабула цӏалдохъабазул психикаялъул ахӏвал-хӏал ва хал гьабула наркотиказде бугеб бербалагьиялъул.

Кафедра гӏахьаллъула федералиялгун регионалиял проектал гӏумруялде рахъинариялъулъ. Гье-лъул буго учительзабазул, ай педагогал-психологазул лъай камил гьабиялъул 30 батӏияб программа. Буго цӏияб махщалие педагогал куцазе рес кьолеб щуго программаги (логопед, педагог-психолог, социалияв педагог, дефектолог, библиотекарь). Программаби цӏи гьарула, камуларо тӏадежураялги. Календарияб планалда рекъон гӏумруялде бахъинабула 13 программа.

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул тӏадкъаялда рекъон, кафедраялда тӏоритӏула батӏи-батӏиял курсал: медитациялъул, скулшутингалъул (къватӏиса чияс яги пуланав цӏалдохъанас классалда яги школалда ругел цӏалдохъабазде кодоб ярагъгун гьужум гьабуни, щиб гьабизе кколебали малъулеб курс), суицидалъукьа цӏуниялъул, рагъулал лъугьа-бахъинал ккарал бакӏаздаса тӏад руссарал лъималазул реабилитация гьабиялъул. Масала, хӏадурун ва цӏалулгун методикияб советалда цебелъезе къачӏан буго «Школа приемных родителей» абураб программа. Гьелъул кьучӏалда кумек гьабизе буго бесдалал яги лъимерлъудасаго сакъатал лъимал хьихьизе рачарал хъизамазе.

Хӏалтӏул чара гьечӏеб бутӏа ккола лъай кьеялъул идарабазе хӏажатаб литература басмаялде бахъиги психологиялъулгун педагогикаялъул конкурсал гӏуцӏиги.

– Масала?

– Масала, «Дагъистаналъул бищун лъикӏав педагог-психолог», «Дагъистаналъул бищун лъикӏав социалияв педагог», «Бищун лъикӏав педагог-библиотекарь» ва «Бищун лъикӏаб библиотека». Ракӏалда буго дефектологазда гьоркьобги къец тӏобитӏизе. Хӏадурун буго гьелъул проект.

– ДГПУялдаги ДИРОялдаги хӏалтӏула мун. Кинаб батӏалъи бугеб гьезда гьоркьоб?

– 2006 соналдаса нахъе хӏалтӏула дун гьаний. ДИРО дида бихьула «гьалдолеб росдал хьаглъун». Гьаниб кидаго гьабулеб букӏуна цо щибниги жо: конкурсал, командировкаби, планалда ругел ва планалда гьечӏел курсал, «Багӏараб зонаялде» яги «Точка роста» абураб тарихазулаб централде сапарал, дандчӏваял… Карантин сабаблъун хӏалтӏи гӏуцӏизе ккана рикӏкӏадасан, амма планалда букӏахъе – онлайн-дарсал, малъа-хъваял, ай бухьен тӏезе течӏо.

ДИРОялъул нухмалъиялъ гӏуцӏула киналго хӏажатал шартӏал. Дир пикруялда, Хӏамзат Жамалудинов ректорасул хъулухъалде ккеялъул пайда гӏемерлъана – педагогияб хӏалтӏул кӏудияб хӏалбихьи букӏин гуребги, гьанжезаманалъул тӏалабазда ре-

къон хӏалтӏизеги бажари буго гье-сул. Жиндаго сверухъ ишцоязул гъункараб къокъа цолъизабизе бажариялъги хӏалтӏи цебе туркӏизабула.

– Кафедраялъул «къуват» гӏолищ цӏиял тӏалабазда рекъон хӏалтӏизе?

– Нижер хӏалтӏухъаби руго гӏемерал соназул хӏалбихьи бугел, гӏелмабазул кандидаталги докто-ралги. Цо-цо курсазе махщелчагӏи ахӏула цогидал бакӏаздаса. Масала, нижер гьечӏо дефектолог, логопед, медитациялъул рахъалъ махщелчи, лагералъул вожатый.

– Гӏумруялда хӏалтӏизабизе кканищ психологияб лъай, масала, дурго мурад тӏубазабизе?

– Киданиги, хасго цебеккунго гьелда тӏадги ургъун, я гӏадамазул хӏукмуялде, я гьезул рекӏел асаралде психологияб тӏадецуй гьабичӏо дица. Гьеб буго цӏакъ бегьулареб, хӏатта хӏинкъи цӏикӏкӏараб иш.

– Гӏемер чияс кумек гьарулеб батила…

– Камуларо гьединал. Кумекги гьабула. Амма захӏмалъула дирго рекӏее асар гьабулел гӏадамазе кумек гьаби. Масала, дир лъималазе, дие хириял чагӏазе. Психологасул хӏалтӏи букӏине ккола рекӏел асараздаса эркенаблъун. Лъималазул яги яц-вацасул масъала дирго рекӏелъе биччангутӏизе бажаруларо. Гьединлъидал гӏагарал чагӏазе кумекалъе яхъине рес букӏунаро.

Психологияб кумек гьабиялъухъ гӏарацги босуларо дица. Гьединаб буго дир принцип.

– Кинаб гӏакълу кьелеб цӏалдолезе?

– Психологас киданиги кьоларо гӏакълу. Гьес гӏицӏго кумек гьабула цебечӏараб масъалаялъухъ батӏияб рахъалдасан балагьизе ва бугеб ахӏвал-хӏал хисизабиялъе ресал ратизе.