Гьал къоязда Гъизилюрталда цӏи гьабун къачӏана гӏадамал тира-сверизе рахъунеб бакӏалда бугеб хӏор. Гӏемераб заманалъ рехунги тун, чӏунтун унеб букӏараб гьелде кӏвар буссинабуна шагьаралъул нухмалъулев Малик Патахӏовас. «Комфортная городская среда» абураб программаялде гъорлъеги бачун, жаниса бацӏцӏадги гьабун берцин гьабун къачӏана хӏор.
Гьеб рагьулеб къоялъ, рохалилаб данделъи тӏобитӏана шагьаралъул хӏакимзабиги гӏахьаллъун. Малик Патахӏовасул цӏаралдаса хӏор къачӏазе кӏудияб хӏалтӏи гьабурал «Шарм» ОООялъул гӏуцӏиялъул нухмалъулесе ва гьесул ишцоязе баркала кьуна, шагьаралъул мэрасул заместитель Алмаз Бековас.
Хӏор къачӏалаго гӏемераб къо бихьун буго гьенир хӏалтӏулезда. Бищун багӏарарал къояз хӏалтӏизе ккун, гьезул цо-цоял багӏариялъ тамах гьарунцин руго. Гьанже кинабго захӏматабщинаб нахъа хутӏана. Кватӏичӏого сверун гӏурччинал гъутӏбиги чӏун, гӏурччинлъиги бекьун берцин гьабизеги буго хӏор.