Гӏадамаздаса живгоги, жиндидаса гӏадамалги разияв
Рукӏуна гӏадамал гӏумруялъго хъулухъ-ишаздаги хӏалтӏун пенсиялде араб мехалда ужра-мухь цӏехечӏого жамгӏиял хӏалтӏабиги тӏаде росун, хӏалхьиялда чӏоларел, рарал соназул гӏакъиллъиги, гӏумруялъул бечедаб хӏалбихьиги сахаватго цогидазе гӏахьал гьабулел. Гьединазул мурадги букӏуна жамгӏияталда, гӏаммаб ишалъулъ гӏахьаллъи гьаби, бажарараб лъикӏлъи гӏадамазе гьаби. Гьединаздасан вуго Цӏумада районалъул Гьадириса ункъойилъе сонал рахарав Мухӏамад Шамсудиновги.
Дида Мухӏамад лъалелдаса лъебергоялдаса цӏикӏкӏун сон буго. Лъала гьабулеб ишги мухӏканав, ракӏбацӏцӏадав, иман-яхӏги чорхолъ бессарав, чӏухӏа-къули рихарав, чиясе кумекалъе кидаго вахъун чӏарав инсан хӏисабалда. М. Шамсудиновасул гӏумруялъул тӏолабго захӏматалъулаб хӏаракатчилъи тӏей гьечӏого бухьараб букӏана гӏагараб районалда, гьелъул гӏадамазул гӏумруялда, къисматалда. Кинаб хъулухъалда вугониги, тӏадаб иш гьабуна гӏадамаздаса живгоги жиндидаса гӏадамалги разияб хӏалалъ.
Хӏалтӏудаса хӏалхьиялде, пенсиялде аравго, Мухӏамад вищула районалъул рагъул, захӏматалъул ва парахалъи цӏуниялъул органазул Ветераназул советалъул председательлъун. Чанго сон буго цадахъго районалъул Херазул советалъул председателасул хъулухъ тӏубазабулагоги. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.
— Мухӏамад, чан ветеран вугев районалда? Гьезулгун бухьен, гьезие гьабулеб кумек букӏунищ?
— Районалда буго 21 ветераназул гӏуцӏи, вуго 1421 ветеран – 968 захӏматалъул, 170 чи рагъул соназда тылалда хӏалтӏарав, 13 — афгъаназул рагъул гӏахьалчи, лъабгояв Венгриялъул лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъарав, 1999 соналда букӏараб рагъулъ терроралде дандечӏараб операциялда гӏахьаллъарав 283 чиги. Ветераназул тӏалаб гьаби нижер бербалагьиялда гъоркь букӏуна. Росабазул ва районалъул администрациязул, лъайкьеялъул управлениялъул, школазул, райбольницаялъул, ФАПазул, социалияб хьезариялъул ва военкоматалъул районалъул рагъулаб отделазул вакилзабиги гӏахьал гьарун, тӏоритӏула рейдал. Ниж щола ветераназухъе, гьабула бажарараб материалияб кумек. Райбольницаялъул тохтурзабиги цадахъ рачун тӏоритӏула ветераназул медицинаялъулаб халгьаби. Кумек хӏажатал регизарула районалъул централияб ва участкаялъул больницабазда, хӏажалъи бихьун ритӏула Махӏачхъалаялде, ветераназул госпиталалде. Ветераназул тӏалаб гьаби лъикӏ гӏуцӏараллъун руго Эчеда, Хуштада, Гъоркьа Гьаквари росабазул ветераназул гӏуцӏаби. Гьединго, ветераназул советалъул хасаб бербалагьиялда гъоркь руго ункъоялда анцӏгоялдаса тӏаде сонал аралги, нусго сон тӏубалел ругел къоло щуго районцоялги. «Лъикӏал кверал» абураб сахаватлъиялъул акция тӏобитӏулаго, араб соналъул хаслихъе ригь арал, ресу-
къал чагӏазул хурзабахъа, ахакьа бачӏин бакӏаризе кумек гьабуна, хасалоялде бухӏизе цӏул хӏадур гьабуна, гордал нуцӏби хинлъи кколедухъ къачӏана. Бацӏцӏад гьабуна азбар-къоно, минабазда сверухъ бакӏ. Гьеб акциялда гӏахьаллъи гьабуна социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз ва росабазул школазул цӏалдохъабаз.
— Росабалъ кидаго хӏурматалда рукӏана кӏудиял чагӏи, гьезул рагӏи. Гӏолеб гӏел умумузул тарбиялда, ватӏан бокьиялъул рухӏалда куцаялъе кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб Херазул советалъ? Цебе гӏодобе биччан, лъикӏаб цӏаралда букӏараб Цӏумада районалда парахалъи цӏуниялъул идарабаз экстремистазде данде чанго хасаб операция тӏобитӏана. Гьелда бан дур пикру?
— Тӏаде гӏолеб гӏел рухӏияб ра-хъалъ куцаялъул хӏалтӏи аслияблъун рикӏкӏуна Херазул советалъ. Нижеца кӏвар кьола гӏолилазда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабиялде, гьел умумузул лъикӏал гӏадатазда, ватӏан бокьиялъул рухӏалда куцаялъе. Херазул советалъ гьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабула школазул нухмалъулезгун, учительзабазгун цадахъ. Гӏолилазе магӏнаяб тарбия кьеялъул суалалги рорхун макъалаби рахъула районалъул «Цӏумадисезул гьаракь» газеталдаги. Районалъул гӏолилазул комитеталъулгунги буго нижер кидагосеб бухьен, тӏоритӏула цадахъал тадбирал. Мисалалъе, щибаб соналда гӏатӏидго кӏодо гьабула Бергьенлъиялъул къо – 9 май ва цойгидал байрамал. Гьелде хӏадурлъулаго гӏуцӏула хасаб комитет, гьелда гьоркьов гӏахьаллъула дунги.
Кӏиабилеб суалалъе жаваб кьолаго, дица абила экстремизмалъул пикрабиги гьезул рахъккурал чагӏиги цере нижер гьанир рукӏинчӏо. Гьеб бачӏана район тун къватӏиб гӏумру гьабун ругел, церего гьаниса араз. Районалда гӏумру гьабун ругездаса лъабго нухалъ цӏикӏкӏараб къадар цӏумадисезул гӏодоблъиялда гӏумру гьабун руго. Районалда гӏуцӏун буго терроризмалде ва экстремизмалде дандечӏараб комиссияги. Гьелъул хӏалтӏулъги жигараб гӏахьаллъи гьабула Херазул советалъ. Щибаб росулъ, школазда тӏоритӏула экстремизмалде дандечӏарал, гьелъул мекъал, нилъер гӏумруялъе, рукӏа-рахъиналъе дандекколарел, заралиял пикрабиги какун цере рахъуна мажгитазул имамзаби, администрациялъул хӏалтӏухъаби, Херазул советалъул членал. Гьал гӏагарал къоязда гьединаб данделъи тӏобитӏана экстремизмалъул пикраби гӏадахъ росарал цо-цо гӏадамал ругеб Кӏванада росулъ.
Пайзула Пайзулаев