Магӏарулаз гъастӏа бицани, чӏаголъила рахьдал мацӏ

Росдал хасаб, болмацӏалдаса батӏияб лугъат бугезе захӏмалъула магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьединлъидалги батила, ахирал соназда гӏемерлъулел руго рахьдал мацӏалъул дарс хӏажат гьечӏин абураб пикру загьир гьабулел дагъистаниял.

Бежтӏа участокалъул Качалай росдал школалда февраль моцӏалда тӏобитӏана магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул анкь. Гьелъул хӏасил гьабуна магӏарул мацӏалъул учительзаби Къалиянова Зулпиятицаги Будунова Патӏиматицаги гӏуцӏараб дандеруссиналда.

Цӏалдохъабаз бихьизабуна магӏарул мацӏалъул гуч, пасихӏлъи, камиллъи. Гьез рикӏкӏана Р. Хӏамзатовасул «Авар мацӏ» абураб кечӏги. 5-8 классазда гьоркьоб тӏобитӏана «Бищун берцинаб хатӏ» абураб къец. Гьелда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Гӏалиева Заираца (8 кл.). Къадал газеталъул къецалда бергьана анлъабилеб класс. Микьабилеб классалъ бихьизабуна халкъияб кӏалзул гьунаралдаса «Къайицадахъал» абураб маргьаялда рекъон гӏуцӏараб сценка.

Дарсазда учительзабаз хӏаракат бахъана, нилъер лъималазе магӏарул мацӏ лъазабизе кигӏан захӏмалъулеб бугониги, кӏвараб хӏалалда гьеб бичӏчӏизабизе. Магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул декадаялъул ахирисеб къоялъ тӏобитӏана музыкалияб майдан: щибаб классалъул цӏалдохъабаз берцинго, пасихӏго рикӏкӏана ва ахӏана Дагъистаналде ва рахьдал мацӏалде гьарурал кучӏдул.

Жамалудин Къалиянов,

Качалай росдал школалъул гӏуцӏарухъан