70 флюорографияб аппараталъул цонигияб жеги щун гьечӏо
ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул ишал тӏуралев Танка Ибрагьимовасул гӏахьаллъигун тӏобитӏараб данделъиялда бицана Россиялъул сахлъицӏуниялъул министр Вероника Скворцовалъ 6 марталда республикаялде гьабураб сапаралъул хӏакъалъулъ. Гьей Дагъистаналде ячӏун йикӏана республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевас ахӏун. Гьелдаго цадахъ республикаялде рачӏун рукӏана Медбиоэкстремалъул, Росздравнадзоралъул, ФОМСалъул вакилзабиги. Гьел, тӏоцебесеб иргаялда, щвана федералияб гӏарцул кумекалдалъун рарал бакӏазде. Масала, республикаялъул перинаталияб централде. Гьединго гьалбал щвана республикаялъул клиникияб, лъималазул больницабаздеги.
Вероника Скворцовалъ абуна медицина цебетӏеялъе республикаялда гӏемераб хӏалтӏи гьабун бугила, амма Владимир Васильевасухъе кьураб справкаялда хъван букӏана кӏвар кьезе кколел бакӏазул хӏакъалъулъ.
Цӏидасан капиталияб ремонт гьабизе кколеб хӏалалда буго 49 ФАП, хасго кӏудияб кӏвар кьезе ккезе буго хъутабазда ругел медицинаялъул идарабазде. Дагъистаналъе кьезе кколаан 70 флюорографияб аппарат. Жеги цониги щун гьечӏо.
Лъималазул больницабазде ва поликлиникабазде медицинаялъулаб къайи-къоно босизе биччана буго 300 млн гъуруш. Руго жеги гӏемерал бакӏал лъикӏаб ремонт гьабизе ккараб хӏалалда ругелги.
Министралъ бицухъе, исана ран лъугӏизаризе руго республикаялъулаб туберкулезалъул поликлиникаги, онкологикияб корпусги, Каспийскалда ва Гъизилюрталда поликлиникабиги.