Малъараб гурони лъазе гьечӏо
Бице дурго кӏудадал — рагъул гӏахьалчиясул хӏакъалъулъ
2016 соналъул 16 сентябралда къватӏибе биччараб (№37) «Хӏакъикъаталъул» 15 гьумералда букӏана «Щивго кӏочене теларо, щибго кӏочене биччаларо» абулеб цӏаралда гъоркь бахъараб дир макъала. Гьеб букӏана газеталъул редакциялъ школазул цӏалдохъабазде гьабулеб хитӏаб. Гьелда хъван букӏана: «Рагъда чӏваралги, гьениса тӏадруссун хадур хваралги, тылалда хӏалтӏулаго, бергьенлъи гӏагар гьабуралги чагӏи нилъее ккола рагъул бахӏарзал. Жакъа гьел цереса индал, цӏигьабизе ккола «Щивго кӏочон гьечӏо, щибго кӏочон гьечӏо» абураб ахӏи. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи -нужерго кӏудадабазул хӏакъалъулъ бицине нужеде-гьезул ирсилазде ирга щвана. Лъикӏаб тадбир ккола «Хвел гьечӏеб полк» абун, рагъда хварал бахӏарзазул сураталги росун, шагьаразда, районазда ва росабалъ тӏоритӏулел тадбирал. Амма гьеб ккола лъагӏалида жаниб цо нухалда — Бергьенлъиялъул къоялда тӏобитӏулеб тадбир. Хадуб щибха гьабизе бугеб, кинха нилъеца ракӏалдещвезаризе ругел гьезул цӏарал, кин загьир гьабизе бугеб гьездехун бугеб адаб-хӏурмат?! Гьеб жавабияб хӏалтӏулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе ккола рагъул гӏахьалчагӏазул наслабаз».
Гьеб тадбиралъул аслияб магӏна букӏана «Хӏакъикъаталъул» гьурмаздаса цӏалдохъаби жидерго кӏудадабазул хӏакъалъулъ бицине ахӏи. Лъазабун букӏана гӏисинал мухбирзабазда гьоркьоб къецги. Кигӏан бокьичӏониги, абизе кколеб буго, ватӏан бокьиялде лъимал куцалеб гьеб тадбиралде кӏвар кьечӏо я районазул лъайкьеялъул управлениязул начальниказ, я школазул директорзабаз, я школлъималазе тарбиякьеялъул иш тӏубалел гьезул заместителаз. Гьединлъидал цӏалдохъабаз нижехъе битӏунго бачӏинего бачӏана анцӏго макъала. Гьезие къимат кьуна редакциялда гӏуцӏараб хасаб жюриялъги. Палхӏасил, гьаб нухалда хӏукму гьабуна киналго макъалабазул авторазе мустахӏикъал бакӏалги сайгъаталги кьезе ва гьезул цӏаралги газеталдасан рехсезе. Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Гӏумарова Патӏимат ва Шамил районалъул Гьандихъ росулъа Ибрагьимов Мухӏамад, кӏиабилеб бакӏалъе — Махӏачхъала шагьаралъул «Возрождение» школалдаса Мухӏамадова Хадижат, Хасавюрт районалъул Сагьада росулъа
Якъупов Исрапил, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Нурмухӏамадов Сайгидмухӏамад, Болъихъ районалъул Кьохъ росулъа Шамсудинова Машидат ва Лаваша районалъул Чуни росулъа Дибиров Рамазан, лъабабилеб бакӏ щвана Хасавюрт районалъул Къарланюрт росулъа Гӏумаров Шамилие, Лаваша районалъул Чуни росулъа Мусаева Машидатие ва Хасавюрт районалъул Советское росулъа Мухӏамадгӏалиева Патӏиматие. Гьезул цо-цоязе, редакциялде ахӏун, Хӏурматалъул грамотаби кьуна. Гьенире рачӏине щвечӏел бокьараб мехалъ гьезда хадур редакциялде рачӏинеги бегьула.
Хириял цӏалдохъаби, тӏаде щолеб буго 9 май — Бергьенлъиялъул къоялъул байрам. Заман щун буго «Хӏакъикъаталъул» гьурмаздасан рагъда гӏахьаллъарал ва захӏматалъул фронталда хӏалтӏарал нужерго кӏудадабазул ва кӏудиял улбузул хӏакъалъулъ бицине. Гьеб мурадалда «Хӏакъикъаталъул» щибаб номералда цӏалдохъабаз жидерго умумузул, рагъул бахӏарзазул хӏакъалъулъ, бицине рес буго. Гьеб ккола цӏакъ жавабияб хӏалтӏи. Гьединлъидал макъала хъваялъе кумекалъе хӏалтӏизаре гьал малъа-хъваял:
Мухӏкан гьабе макъалаялъул бахӏарчиясул цӏар, фамилия, гьавураб росу, район;
Данде гьаре рагъда гьесул рахъанал суратал;
Ралагье гьесул шапакъатал ва гьезда цадахъ кьурал удостоверениял;
Нахъе цӏунун ратани, къиматал документаллъун рукӏина гьес рокъореги рокъосаги гьесухъеги хъварал кагътал;
Библиотекаялда яги рокъоб цӏунун букӏине бегьула гьесул хӏакъалъулъ газет-журналазда бахъараб макъала, гьелдасаги пайда босе;
Гьесул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабе нужерго гӏагарлъиялъул чагӏазда ва росдал харабазда, лъазабе гьев щиб гӏамал-хасияталъул, гьунар-махщалил, магӏишат-гӏумруялъул чи вукӏаравали;
Нужерго эбел-инсуда цӏехон, лъазабе гьесул рагъулаб нухлул, рихьизарурал бахӏарчиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ баянал;
Рагъдаса вуссун хадуб щиб хӏалтӏи гьес гьабураб, жамагӏаталъе ва гӏадамазе щиб пайдаяб иш гьабун бажарараб;
Макъалаялда къокъабго баян кье гьесул хъизан-кулпаталъул хӏакъалъулъги;
Материал данде гьабиялъул ва макъала хъваялъул иш дандбай рахьдал мацӏалъул учителасдагун тарбиякьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏулев директорасул заместителасда ва нужерго класс бачунесда;
Макъала битӏе гьаб электроннияб адресалде: [email protected], «Хӏакъикъаталъул» электроннияб адресалде битӏулеб бугони, «Нури Нуриевасухъе» абун тӏадги хъван, ялъуни почалдасан. Гьелда мухӏканго бихьизабе авторасул цӏарги, фамилияги, цӏалулеб классги, адресги, телефоналъул номерги.
Суалал ругони, ахӏе гьаб номералде: 8-988-465-90-34.
Нури Нуриев