Кватӏун бачӏараб кантӏи
Гьаб моцӏалъул авалалда Гъизилюрт шагьаралда бугеб руччабазул колониялде гьабураб сапаралда рес щун букӏана жаний тӏамун йигей чанго магӏарулайгун дандчӏвазе. Гьезул цоялъулгун ккараб гара-чӏвари газеталда бахъунги букӏана (№9, 8 март). Жакъасеб гара-чӏвари буго, 228-абилеб статьяялда рекъон (наркотикал ричи-тӏиритӏизари) 12 соналъ туснахъ гьаюрай 55 сонил ригьалъул Мадиналгун.
Дун гьаюна лъикӏаб магӏишаталъул, ресалда бугеб хъизамалда. Школалда цӏалулаан гьоркьохъеб къагӏидаялъ. Школа лъугӏарабго, лъугьана медучилищеялде, кӏиабилеб курсалда цӏалулаго, инсуца кьуна росасе. Гьелдаса хадуб росасе бокьичӏо дун цӏализе, тана цӏали. Руго эбел- эмен, лъабго вац, гьанже диргоги буго ункъо лъимер. Цӏали таралдаса, йикӏана рос-лъималгун рокъой, гӏумру унеб букӏана щибго къварилъи гьечӏого, берцинаб хӏалалда. Хъизан-рукъалъул тӏалабалда цадахъго контейнерал-будкабиги лъун йичарулаан базаралда. Цо нухалда нижер хӏалтӏулъ баккана макалъул хьон. Лъабго лъагӏелгӏанасеб заманалда дица босулаан, бичулаан гьеб. Гьелдаса хадуй дун ккуна, амма тамихӏ гьабичӏого, шагьар тун къватӏие ине гьукъараб низамги чӏезабун (подписка о невыезде), тана эркенлъуда. Амма гьелдаса хадуй дун ургъичӏо, гӏодое юссинчӏо. Лъикӏаб гӏарац щолеб иш бугин цо гьалмагълъиги абун «лъай- хъвай» ккана героиналъулгун (цӏакъго къуватаб, захӏматаб наркотик). Гьелъ дун лъикӏалде ячинчӏо — хеккого ккуна, букӏана суд ва гьале дун гьаний, туснахъалда.
— «Туснахъалъул 12 сон» абун судияс лъазабидал, щиб хӏалдай дуе лъугьана?
— Гьел дагьал секундазда жаниб дир пикраби щвечӏеб бакӏ хутӏичӏо, дида бичӏчӏана цо параялда жаниб дир гӏумру тӏубанго хисараблъи. Дун битӏахъе хаган хутӏана, цӏакъго захӏмалъана, битӏун бицани, гьелдаса хадуб гӏумру гьабизецин бокьиларин ккана.
— Дуца гьаниб бан буго 8 лъагӏел. Чӏужугӏадан, эбел туснахъалда йигин абизецин захӏматаб, нечараб жо гьечӏищ?
— Бигьалъаниги захӏмалъаниги, гьеб хӏужа кьучӏаб бугелъул, къабул гьабичӏого рес щиб? Амма дица лъилниги бикъун гьечӏо, щивниги чи чӏван гьечӏо, кинабго ккана хъизан-лъималазе гӏарац гьабулаго. Гьелда цадахъго, туснахъалда йикӏанин абураб цӏар щвезе, гьединаб тӏанкӏ тӏад букӏине лъиеха бокьилеб…
— Хӏакъикъаталдаги дуца чи чӏван гьечӏо, амма дуца бичараб героиналъ лъилниги рокъобе гьеб яги гьелда релълъараб балагь щвезабичӏин абизе кӏоларелъул дуда …
— Гьеле гьеб суалалъха гьаний йигеб микьабго соналъ дие рахӏат- парахалъи толеб гьечӏеб.
— Хъизан-лъималазе гӏарац балагьизе ресги, наркотикал ричун гуреб, тӏокӏаб букӏинчӏищ?
— Ралагьани, ресал камун киданиги букӏунаро. Дидаго лъалареб куцалда, кӏудияб гӏарац берцин бихьун, гьелъ махсараде ккун, бецц гьаюн, бетӏер сверизабун ккана мекъи.
— Суал гӏажаибабин кканиги-кинха унеб бугеб колониялда гӏумру?
— Кин унги унеб буго, кир нилъ ругониги, чӏаго ругебгӏан заманалда чӏун букӏунарелъул гьеб. Туснахъалда рокъоб гӏадин букӏинищха, лъикӏ бугин абизеги рес гьечӏо, амма бугеб хӏакъикъаталда рекъон квешги гьечӏо- алхӏамдулиллагь гьаб нилъерго ракьалданиги йиго дун. Абун йиго дир яс, ригьнаде кьезе чӏун руго, дихъ балагьун, дун къватӏие йиччазегӏан… Кутакалда бокьун буго рокъое, лъималазда аскӏое…
— Гьаниб дуе гӏолареб жо щиб бугеб?
— Колониялъул хӏалтӏухъабазул бербалагьиги буго лъикӏаб, гӏаданлъиялъулаб, егизе бакӏ буго, квине квен буго, бокьараб-хӏажатаб ккани, лъималаз гьебги бачӏуна, — гьабин абизе дие гӏолареб жо гьаниб гьечӏо.
— Эркенлъи?
— Гьеле гьеб гьечӏого букӏиналъха, цоги киналъулго тӏагӏамго гьечӏеб.
— Кинаб бугин абилеб дуца эркенлъиялъул роцен ?
— Гьеб сунцаниги борцунаро, гьелде щвараб щибго гьечӏо. Бугеб заманалда, гьелъул къимат гьабуларо, гьанире ккун хадуб байбихьула гьелъул магӏна бичӏчӏизе.
— Нилъ гьанир гара-чӏвариялда руго доба, 50 метралдасан буго эркенлъи, амма гьелде щвезе дуе буго жеги халатаб ункъо лъагӏел…
— Дун гьание ккеялъул гӏайиб дида тун цоги лъиданиги гьечӏо, дие гьанибе нух бахъана дицаго. Дие кьуна 12 сон, 20 кьун букӏарабаниги, лъиданиги гӏайиб чӏвазе бакӏ дир гьечӏо. Наркотиказда гӏагарде къазе бегьулароан дун, къалелде, кколаан ургъизе — цоги лъималазулги йиго дунго гӏадинай эбел, цоги эбелалъулги руго дирго гӏадинал лъимал. Гьаний дун цӏакъ гӏемер ургъана, гӏемералъул гьабуна хӏисаб — цо рахъалъан балагьани, дир кӏудияб талихӏ буго жание ккей. Гьание ккун йикӏинчӏейани, ккезе букӏарабги дида лъаларо, амма мухӏканго лъала цо жо — наркотиказ дун лъикӏаб ахиралде ячине йикӏинчӏо.
— Дур буго ункъо лъимер. Аллагьас цӏунаги, амма дуда рагӏани гьезул лъилниги бухьен ккун бугин наркотиказулгун абун…
— Гьеб рагӏизегӏан дунго хвезе бокьила дие. Гьел захӏматал рагӏаби дица абулел руго наркотикалги рихьарай, гьезул хӏасилалда туснахъги бихьарай чӏужугӏадан, эбел хӏисабалда.
— Гьание ккедал, гӏагарлъиялда кӏочон танищ мун, бугищ нужеда гьоркьоб бухьен?
— Кӏочонги течӏо, рехунги течӏо. Таксофоналдасан (бихьизабураб заманалда рекъон) кӏалъала лъималазухъе. Битӏун бицани, гьезие гӏемерго захӏмат буго дидаса, батӏияса букӏине ресги гьечӏелъул — эбел аскӏой гьечӏого ун буго 8 лъагӏел… Кӏиго моцӏида жаниб цо нухалъ букӏуна халатаб дандчӏвай — гьелъие бугеб хасаб рокъоб рос-лъималгун тӏамизе бегьула лъабго сордо-къо. Гьебго заманалда жаниб букӏуна цо къокъабго дандчӏвай — цадахъ рукӏине кьола 2-3 сагӏат. Ритӏулел передачабазул (хӏакъаб жо, туснахъалде риччалел нигӏматазул бихьизабураб къадар), щибаб къоялъ ритӏаниги къварилъи гьечӏо.
— Гьанире ккеялдаса цӏуни мурадалда щиб абилеб дуца эркенлъиялда ругезда?
— Наркотиказухъ щвараб гӏарац, кигӏан гӏемераб гьеб батаниги, буго киса бачӏунебали кибе унебали лъалареб, баракат гьечӏеб, ахир-къадги балагьалде рачунеб гӏарац. Цӏамги чедги кун, хъизан-лъималгун эркенлъуда лъикӏ, наркотиказдаги гьездасан щвараб бечелъиялдаги хъантӏун, цо къо дун йигеб бакӏалда базегӏан. Те наркотикал, къаге гьезда аскӏоре, балагьуге нужеего балагь.
Гӏабаш Гӏабашилов