Дир лъимерлъи
Дир лъимерлъиялъул тӏоцереселго ракӏалдещвеял пашманал руго. Анлъго сон бараб мехалда, лъана дида дун дирго эбелалда гурев, бесдал эбелалда аскӏов вукӏин. Гьеб заманалде дир рукӏана гьитӏинал вацал, хадурго яцалгиха. Гьел дагьал кӏудиял гӏезегӏан кинабго лъикӏ букӏана. Киналго хъизамаздаго гӏадин, кӏудияв вац хӏисабалда, дица гьезул тӏалаб-агъаз гьабулаан, ккаралъур гьел цӏунулаан, хьихьулаан, къватӏире-рокъоре рачун гьезул ракӏгъезабулаан, гьелгун васандулаан, гьезие батӏи-батӏиял хӏаял тӏоритӏулаан. Эбелин абуни гьеб заманалда рукъалъул хӏалтӏи-пиша гьабулей йикӏунаан. Вацазулго гӏадин, яцазулги гьабулаан дица тӏалаб, гьезул кини кӏибикӏулаан, кьижизарулаан. Дие гьеб хӏалтӏи киданиги захӏмалъулароан, чӏалгӏунароан. Гьелъул гӏаксалда, дун чӏухӏулаан гӏисинал вацал-яцал дир бербалагьиялда гъоркь гӏолел рукӏиналдаса.
Вацал дагьал кӏудиял гӏедал, ниж цадахъ къватӏ-къоноялда батӏи-батӏиял хӏаял гьарулел, расандулел рукӏунаан. Киналго нижерго гӏелалъул лъимал гӏадин квен-тӏех, рукъ-бакӏги кӏочон, эркенго нижерго рекӏелгъеялде руссун хутӏулаан нижги. Гьединаб мехалъ эбел гьитӏинал васазде семулаан, гьезие гӏадлу гьабулаан, дунин абуни, гьезего гьечӏев гӏадин, ургъелго гьабичӏого толаан гьелъ. Дида гӏемераб мехалъ бичӏчӏичӏо щай гьелъ дун гьедин ургъел гьабичӏого толев вукӏаравали. Ракӏалде кколаан, дун гьездаса кӏудияв вугелъул, бокьараб мехалъ рокъове вачӏинеги, бокьараб мехалъ кваназеги бегьулев ватилин.
Цо-цо мехалда, гӏелцоялгун васандулаго, кватӏун, амма вакъун щолаан рокъове, ва вохун вукӏунаан, гьитӏинаб лъимералде гӏадин диде эбел семулей гьечӏолъиялдаса. Хӏисаб гьабулаан, кин букӏаниги, дун кӏудияв гӏурав бихьинчи вугелъулхаян.
Цо къоялъ, гьединго, къадеквенги кӏочон, дун кватӏизегӏан хутӏана дунго гӏадал васалгун. Вацалин абуни, церего кваназеги кванан, нахъеги къватӏире рачӏун расандулел рукӏана. Маркӏачӏул гӏужалда дун рокъове векерана, бацӏ гӏадин вакъун вукӏиндал, бачӏинахъего чедги хӏанги босун, хъантӏун гьеб квине лъугьана. Циндаго, йортун ячӏун, кьабун биччан тана эбелалъ дир квералда.
Чедги хӏанги чӏарбиде бортана.
— Эбел! – ан ахӏана дица щибго бичӏчӏуларого. – Дуца дир кверал рухизегӏан бегьулареб жо щиб дица гьабураб?
Гьелъул жаваб букӏана цоги бокьараб жоялдасаги цӏакъ дун гӏажаиблъизавураб, кигӏан кӏудияб квешлъиялдасаги дир рекӏелъ хӏунсараб.
— Дун дур эбел гуро. Мун гьавурай эбелалъ мун рехун тана, гьелъ дудаса инкар гьабуна.
Дун, гӏакълуялдаса арав гӏадин, абизе рагӏи бачӏунарого хутӏана «Мун гьавурай эбелалъ мун рехун тана… рехун тана.. рехун тана».
Гьел рагӏаби рукӏана дир гӏаданир лъулъулел.
— Дудаса щибниги лъикӏлъи бихьиларо. Духъа бажарулеб жо буго къватӏал свериги кванайги. Тӏокӏаб мунпагӏат дур гьечӏо.
Гӏашилтӏа манташ гӏадин вуго мун. Я къалъул гӏуж гуреб, я къаси мех гуреб, гьаб заманалда кваналев чиго щив вукӏунев?
Бесдал эбелалъ дун рокъоса къватӏиве гъуна ва абуна:
— Лъугӏана. Гӏела. Гьанжеялдаса нахъе мун кваназе вуго кванда нахъе дица ахӏараб мехалъ.
— Дир вацал церего квананагури, — илан дунго ритӏухъ гьавизе хӏалбихьана дица.
Амма гьелъ абуна, дагьавги дун гӏажаиблъизавурал, дир ракӏбекизабурал, кьогӏал рагӏаби:
— Гьел руго дуе, кӏартиде дандеккун, тагьи гӏадал вацал.
Дида бичӏчӏичӏо, щибго гӏиллаги бицинчӏого, гьелъ дун квешавлъун щай рикӏкӏуневали.
Гьелдаса цӏакъ дие захӏмалъана, гьадигӏан цӏакъ дие хириял гьитӏинал вацал щай гьелъ дидаса рикӏкӏад гьарулелали, щай дун гьелъ гӏабдаллъун рикӏкӏуневали.
Ккараб жогӏаги щиб? Щай гьеб хӏалалъ гьелда дун рихарав?
Гьеб мехалда дида ракӏалде щвана цебеккун дица хӏисаб гьабичӏого, кӏвар кьечӏого тун рукӏарал цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьелъул лъималазул диралде дандеккун, ретӏел-хьит букӏана бацӏцӏадаб, цӏияб. Дирин абуни – басрияб, тӏутӏу-хъухъураб, гъиза-гӏитараб. Эбелалъ гьезда бицинегӏанасеб хӏалтӏи-пиша малъулароан. Дицайин абуни, боцӏи-панзги хьихьизе кколаан, хасало печь бакизеги рак бакӏаризеги дун тӏамулаан. Дие кьолеб квенги букӏунаан гъорлъ цӏецӏ гьанал гуреб, тӏагӏмикъаб, бакъва-кӏасараб.
Дир эбел гьей гурейлъи лъараб къоялдаса, жужахӏалъул цӏаялде сверана дир гӏумру. Эмен рокъов гьечӏеб заманалда, щибаб къоялда гӏазаб чӏамизабулаан гьелъ дида.
Эменин абуни гӏемерисеб мехалда рокъов вукӏунароан. Гьев мадугьалихъ бугеб районалда учительлъун хӏалтӏулев вукӏана. Эмен вачӏараб мехалъ, бесдал эбелалъ гьесие кидаго дун какулаан. Кванайги кьижиги гурони кинабгӏаги пайда гьечӏев, кӏухӏалав, малъараб гьабуларев бахьикъос вугилан абулаан. Бищунго дир рекӏее захӏмалъулеб жо букӏунаан, дица гьитӏинал вацал-яцазе гӏакъуба кьолин, гьезие чӏезе бакӏ тӏагӏинабун букӏунин дир квешлъиялъилан гьелъ рицунел маргьаби.
Эменги гьелъ бицаралда божулаан. Гьелъ каканщинахъе инсуца дун квешго кьабулаан.
Цебе дун сундулго ургъел гьечӏого гьудулзабигун васандилев вукӏунаан, гьелгун мегӏер-гӏалахалде, хӏорихъе чвердезе унаан. Хадуб, гьеб киналъулго дие щибниги кеп букӏинчӏо. Ботӏролъе рачӏунаан батӏи-батӏиял пикраби. Ракӏалде кколаан кигӏан лъикӏдай дие букӏинаан эбел аскӏой йикӏарайаниян.
«Хӏакъикъаталдаги, уяб жойищха, эбел, дуца дун рехун тей?»
Гьел къваридал пикрабаз рахӏат толареб заманалда дие цоги сундулниги кӏвар букӏунароан. Гьудулзабазухъеги, хӏортӏеги, цоги кивениги дун унароан.
«Хӏалица ратӏа гьарун ратила нилъ цоцаздаса, — илан пикру гьабулаан дица гьединал лахӏзатаз. Дирго гӏадин эбелалъулги диде ракӏщун батила. Дунго гӏадин гьейги гӏащикъго ятила дунгун дандчӏвазе, дун вихьизе. Цодагьавги кӏудияв гӏуравго, гӏага-божаразда, яги мадугьалзабазда цӏехон, лъазабила дица дир эбел – дир хирияй эбел йигеб бакӏ. Гьеб мехалда ина дун гьелъухъе».
Рокъоб ахӏвал-хӏал къобахъанагӏан хӏалуцунеб букӏана. Диргун киназулго гьоркьоблъи дагь-дагьккун цӏоролеб букӏана. Цо къоялъ бесдал эбел тӏуянго гӏорхъолъа ана.
Доб мехалда дун ункъабилеб классалда цӏалулев вукӏанин ккола. Школалдаса рокъове дун щвараб гӏужалъ, къаде кваназе гӏодор чӏолел ругоан дир гьитӏинал вацалги, яцалги, гьезул эбелги. Эмен, кидаго гӏадин, рокъов вукӏинчӏо. Дунги гьезда цадахъ столалда нахъа гӏодов чӏана. Киназго цо кӏудияб гъадароялда жаниса кунел рукӏана хинкӏал. Цебеккунго дандебараб кинигин, вацаз цереса росулел рукӏана хинкӏал. Гьеб мехалда, яхӏго гьабизе кӏвечӏого, дица абуна:
— Щивас жинда цебе бугеб квине ккола. Гӏадамал ругеб яги гьоболлъухъ ккараб бакӏалда нужеца гьединал жал гьаруни, нужеда гӏайиб гьабула, гӏадлу гьечӏел лъимал ругин абула.
— Вай, вай, вай. Балагьун бихье цо гьав хунчӏрукасухъ, дир лъималазда кин кваназе кколебали малъулев, — ян абуна бесдал эбелалъ. – Дур иш гуреб бакӏалде бетӏер бегьуге, гьвелтӏинчӏ. Дир лъимал жидее бокьухъе кваназе руго. Мун гьезда кӏалъаге, къватӏул таращ гӏадин дица вачахъизе бокьун батичӏони.
Дие гьелъул рагӏаби цӏакъ захӏмалъана. Захӏмалъиларелги кин, щибго гуреб бакӏалдаса гьеб хӏалалъ дун хӏакъир гьавураб мехалъ. Амма щиб дица гьибилеб? Магӏил горо щокъроб къан, хинкӏал эхебего унел рукӏинчӏо. Дун вуцӏцӏухӏун чӏун кваналев вукӏана, гӏодичӏого чӏезе хӏаракатги бахъулаго. Иргадулаб нухалда, дица хинкӏ кӏалдибе бегьулаго, речӏчӏун вачӏун, чӏван гӏучӏгун, дир гьитӏинал вацазул цояв Мирзаца гьеб бахъун ана. Ва жинцаго гьабураб жоялдаса вохун, велъанхъулаго къулчӏун балагьизабуна. Бесдал эбелин абуни, гьеб бихьичӏеб ххвелги гьабун, цо рахъалдехун юссана.
Амма бихьулеб букӏана Мирзаца гьабуралда гьей рази йикӏин.
Бесдал эбел дихъ ялагьун гьечӏолъиялдаса пайдаги босун, дица Мирзада лъикӏаб хӏалалъ зинкӏкӏана.
— Эбел! – ан чӏчӏичӏидана Мирза.
Бесдал эбел диде йортун ячӏана:
— Дуца гьабулеб жо щиб, хӏама? Дуца гьабулеб щиб?
— Дида гьас зинкӏкӏана. Вай, вай, вай, — илан гӏодана Мирза.
Гьелъ, гъасдаса гъецӏги босун, дида речӏчӏана:
— Капурго хвараб гьой, дица зинкӏкӏила дуда, тӏокӏалъ вагъаризе кӏолареб хӏалалъ.
Дун, кӏанцӏун тӏадеги вахъун, къватӏиве тӏурана. Гьей дида хадуй гъуна ва, батӏалъи гьечӏого, щвара-щваралъуб кьабулеб букӏана. Рухулел рукӏана гъуждул, кверал, мугъ. Дица, бажарухъе, дунго цӏунулев вукӏана. Хьул букӏана гьей гӏодое юссинилан. Бесдал эбелин абуни, тӏадеялдаса тӏаде ццидахуней, гӏасилъулей йикӏана. Кӏалдибе бачӏанщинабги ахӏулаго, кьабулеб букӏана дида гьелъ гъецӏ, кинабгӏаги гурхӏел-рахӏму кӏочон. Бихьулеб букӏана, дун чӏвазецин гьей нахъе къазе гьечӏейлъи. Гьелъ кьабун бачӏараб гъецӏ дир гӏиналда щвана, чвахун бачӏана би. Дун, бетӏерги сверун, гӏодов ккана. Би бихьарабго, дир гӏакълу босана. Дицаго гьабулеб жо лъалареб хӏалалъ ццидахарав дица, цебе батараб бакӏ речӏчӏун балагьизабуна гьелда. Бесдал эбел, къотӏун рехараб гъветӏ гӏадин тӏирщун гӏодой ккана.
— Вай, вай, вай. Чӏвалей йиго! Чӏвалей йиго! — йилан чӏичӏидана гьей, квераз чӏабарги хачалаго.
Дир вацал-яцал, хӏинкъиялъ къадал ракьанда тӏепун рукӏана, кколе-толелъул тӏубан магӏнаги бичӏчӏуларого. Гьезие, эбелалъе кумек гьабизе бокьун букӏун батизеги бегьула, амма дир бугеб хӏалуцараб хӏалалъухъ балагьун, гьезда щуризе кӏолеб букӏинчӏо. Гьеб ахӏвал-хӏалалъ дие къуват кьолеб букӏана. Бесдал эбел гӏодой ккаралъуса тӏаде яхъунелъул, дир беразулъ букӏана гьелда тӏад речӏчӏизе хӏадур вугеб гӏадаб гӏасияб ццин.
— Нагӏана батад! Тушман! Дун гурей дир лъималги чӏвазе нахъе къаларо мун!
— Тӏокӏалъ дида квер хъвани – чӏвала! – ян ахӏана дица. Гурдида, кверазда, киса-кибего бахараб бица дир хӏал хисизабун букӏана.
Амма я унти, яги хӏинкъи дида лъалеб букӏинчӏо. Дун дицаго гьабуралдаса чӏухӏунцин вукӏанин ккола. Гьелъ батила, дун гӏодулев вукӏинчӏо. Дида кколеб букӏана, гьадинай къуватай, къвакӏарай чӏужугӏаданцин дидаса хӏинкъун, кумек гьарун ахӏдолей йигилан.
Нижер ахӏи-хӏуралъухъе гьенире рачӏана мадугьалзабиги цоги-цоги гӏадамалги. Ячӏана инсул эбел – дир дахӏабабаги. Гьеб мина кӏийиде бикьараб букӏана: цояб рахъалда рукӏана ниж, цогияб рахъалда – дахӏададаги дахӏабабаги. Дахӏабаба йихьарайго, бесдал эбел жеги цӏакъ ахӏдезе, чӏичӏидизе лъугьана:
— Балагье гьав тушманасухъ! Дагьаб жо хутӏана дунги дир лъималги гьас чӏвазе. Дица кваназеги ретӏинеги кьун хьихьараб гьвел тӏанчӏица, къватӏул тарщица дирги дир лъималазулги бадибе тулеб буго!
Бесдал эбелалъе бокьун букӏана дихъа бакӏ бахъизе. Дахӏабабаца нахъе аян дун довегӏан тункана. Гӏодобе бакӏги рехун, дун, гьеб дие чиярлъараб рокъоса къватӏиве ана. Лъаларо гьабсагӏатги дида, щай гьеб кинабго гьедин ккарабали.
Йигелъул бесдал эбелги тун, дахӏабаба дида хадуй ячӏана. Ботӏрода кверги бахъун, дун жидерго рокъове вачана. Рокъове щведал, гьелъ абуна:
— Гӏела. Кинабго бичӏчӏана. Гьанжеялдаса мун нижеда цадахъ вукӏине вуго.
— Кидагойищ?
— У, кидаго, дир бурутӏ.
Дахӏабабаца бигьагьабун дир бетӏералда квер хъвана. Балагьана бидул цӏураб гӏиналъухъ.
— Щибгӏаги дуда кьабураб гьадай нагӏанабатадица?
— Гъасда букӏунеб гъецӏ.
— Кверал къотӏаги гьелъул. Бидухъ виччан васгун, жий чӏвалей-хъолей йигей гӏадин ахӏдолей йиго. Дой йигеб бакӏалде хӏетӏе чӏелареб дуца тӏокӏалъ.
Вачӏана рокъове дахӏададаги. Гьев ун вукӏана дагьав цевегӏан хварав чиясул рухӏалъе къулгьу гьабизе. Дун хӏинкъун вукӏана гьев диде семилилан. Амма дахӏададаца, бетӏер кӏибикӏун гурони, щибго абичӏо. Бихьулеб букӏана гьеб лъугьа-бахъиналъ гьесулги рахӏатхвезабураблъи.
Къаси дун дахӏабабадасаги дахӏадададасаги балъго гӏемерав гӏодана…Эбел, хирияй эбел, гӏагарай эбел, аскӏой мун йикӏарайани бида вецӏцӏиледухъ дун вухизе лъиданиги кӏвелароан.