Гьес хъаравулзабазда абула, гъов ялгъизав чи валагьун, жинда аскӏове вачеян
Гӏемер бицуна ва хъвала магӏарул инсанасул тӏабигӏат-гӏамалалъул тӏадегӏанлъиялъул хӏакъалъулъ. Хасго гьеб батӏаго загьирлъула ватӏан тун рикӏкӏад гьавурав ва гӏурав магӏаруласулъ. Гьединазул цоявлъун ккола жиндир хӏакъалъулъ чанги нухалъ «Хӏакъикъат» газеталъул гьурмаздасан бицарав, Турциялда вугев Мелъелтӏаса мугьажирзабазул вакил Ахӏмад Чинар. Гьабсагӏаталда гьев вуго гьеб пачалихъалъул бищунго машгьурал вилаятазул цояблъун кколеб Зонгулдак вилаяталъул губернаторлъун. Дагьаб цебегӏан гьесул, пачалихъияв хӏакимасул гӏаданлъиялъул, берцинаб хасияталъул хӏакъалъулъ хъван букӏана «Темпо» газеталда. Гъоркьехун кьолеб буго гьелъул таржама.
* * *
Зонгулдак вилаяталъул губернатор Ахӏмад Чинарица, хъулухъалъул машинаялда унаго, квербакъи гьабун буго нухда вихьарав рекъав ва рукъ гьечӏев чи вихьидал. Губернатор Чинарил гӏаданлъиялъ жиндие гьабураб асаралъул, рижизарурал пикрабазул хӏакъалъулъ баян гьабурав гӏажизав Мехӏмет Ибишица гьадин абуна: «Зонгулдакалда гӏемерал губернаторал рихьана дида, гьел дида аскӏорецин къалароан. Гьанже вугев губернаторин абуни, цӏакъ лъикӏав, дурусав инсан вуго, цӏакъ гьуинав гӏадан вуго, инсанасе битӏахъего эмен гӏадин вукӏуна гьев», – ян.
Зонгулдакалъул губернатор Ахӏмад Чинарица квербакъи гьабуна рукъалъул къварилъи бугев ва хъизамалдаса ватӏалъарав 51 сон барав, лъабго лъимадул эмен рекъав Мехӏмет Ибишие.
Гӏага-шагарго кӏиго моцӏалъ цеве цо цӏадалаб къоялъ рескъотӏараб хӏалалъ нухдасан унев Мехӏмет Ибиш вихьула Зонгулдакалъул губернатор Ахӏмад Чинарида. Гьес хъаравулзабазда буюрула, гьев валагьун, жинда аскӏове вачеян. Кӏиго сагӏаталъ цӏех-рех гьабун хадув, гьезда гьев ватула ва губернаторасул резиденциялде вачун вачӏуна.
Лъугьаралъул ахир гьадин баян гьабуна Мехӏмет Ибишица: «Цо багӏарараб къоялъ хӏал гьечӏеб куцалда цо къотӏносан унев вукӏана дун. Гьеб мехалда къотӏносан унев вукӏарав нилъер губернаторасда вихьун вуго дун. Гьес жиндирго хъаравулзабазда абун буго дов нухда вихьарав чи валагьун, жинда аскӏове вачун рачӏаян. Гьез дида абуна: «Мун губернаторас ахӏулев вуго», – ян. Гьединги абун, машинаялдаги рекӏинавун, дун гьез щвезавуна губернаторасухъе.
Губернаторасул резиденциялда гӏодорчӏана, ва гьес дида гьикъана: «Гьа, щиб хӏал бугеб дур?» – илан. Дицаги дирго бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ мухӏканго бицана гьесие. Гара-чӏвариялъул ахиралда: «Дуе хӏажатаб квербакъи гьабизе буго», – янги абун, губернаторас цӏакъ хинаб ва рекӏелаб къагӏидаялда къо-лъикӏ гьабуна диргун.
Губернаторасул кабинеталдаса къватӏиве лъугьаравго, гьебсагӏат цояс дун чӏезавуна ва рукъ кквезе гӏоло хӏажатаб къадар гӏарцул кьуна. Дица гьеб гӏарцухъ рукъги ккуна. Кӏиго моцӏ буго нилъер губернаторас дир мухьдахъ ккураб рукъ бецӏулеб бугелдаса», – ян.
Лъабго лъимергун хутӏарав Ибишица гьадин бицана хадуб: «Нилъер хӏурматияв губернатор Ахӏмад Чинарица сундулъго кумек гьабуна дие. Аллагь разилъаги гьесдаса. Къватӏив хутӏарав дие рукъ балагьизеги къваригӏарабщиналъе кумек гьабизеги рагӏи кьун букӏана гьес ва гьеб кьураб рагӏиги ккуна: дица цо рукъ балагьана ва гьелъухъ кира гӏарацги нилъер губернаторас кьола. Гьесул квербакъиялдалъун гьаб квачараб заманалда къватӏив цӏорон хвеялдаса хвасарлъана дун. Гьанже хинаб цо рокъоб гӏумру гьабулев вуго дунги дир лъималги», – ян.
Жинда гӏемерал губернаторал рихьанин ва гьезул цонигияв жинда аскӏовецин къачӏин бицарав Ибишица абуна: «Гьанже вугев губернатор вуго цӏакъ лъикӏав, дурусав инсан, гьуинав гӏадан, губернатор гуро гьев, унго-унгояв кӏудияв эмен хӏисабалда тӏалаб гьабула гьес гӏадамазул. Аллагьас гьев губернатор-эмен нилъедаса ватӏа гьавугеги. Нижее, мискин-пакъиразе, гьадинав цо губернатор хӏажат вукӏана. Ва кӏудияб шукру буго, Аллагьасги нижее гьадинав цо гӏажаибав, нижерги тӏалаб гьабулев цо губернатор-эмен витӏарав. Аллагьас гьесие халатаб, сахаб гӏумру кьеги. Нижедаса ватӏа гьавугеги гьев», – ан.
Турк мацӏалдаса буссинабуна
Ахӏмад Муртазагӏалиевас.