Тохтур Сахрудин Сапаровасе
Сахрудин, бице, вац, гьечӏищ даруго
Дагъистан унтараб квешаб унтуе?
Кидаха, Сапаров, сахлъизе бугеб
Балагьаз бизараб узденазул ракь?
Кьолеб буго халкъалъ къойил гьеб суал
Улкадул бутӏрузе ва тӏадчагӏазе.
Гӏинкълъунги беццлъунги гьел ратичӏони,
Щай гьез гӏадлу-низам хвезабулезда.
Закон чӏаго букӏин лъазабулареб,
Гьезда тамихӏалъул цӏал кьабулареб?
Бихьулищ доб мина, хъала гӏадинаб,
Хъурмица бикъараб гӏарац кьун бараб?
Щай тӏадал чагӏаца гьикъулеб гьечӏеб,
Гьеб киса бикъараб, лъил бикъарабан?
Рагӏулищ гӏарз-зигар захӏматчагӏазул,
Чилъи-яхӏ биларал хӏакимзабаца,
Хӏалихьатал, пучал чиновникаца
Жал гуккулел ругин, хӏулулел ругин?
Хӏакъикъат, Сахрудин сахлъидул гӏалим,
Гьаб жакъа къоялъул гьединаб гьечӏищ?
Гьечӏебани дица, авлахъалъул вас,
Сарин гьелъул бицун хъвазе букӏинчӏо.
Сахрудин, бице, вац, гьечӏищ даруго
Дагъистан унтараб гьаб унтиялъе.
Нахъегӏанлъи чода…
Нахъегӏанлъи – чода, чилъи-яхӏ – лъелго,
Лъугьараб щиб дуе, Шамилил улка?
Узденлъи – хъощазухъ, хъурмал – хъулбузухъ,
Хъулухъ цӏикӏкӏаразул цӏар бахъун буго.
Ракъуца холезул къокъаби рачӏун,
Къойил рощнол гохӏал хъирщулел руго.
Хъаталги цере ккун, унтарал руго,
Аллагь рехсолаго, кумек гьарулел.
Гьел ракъизарурал, унтизарурал,
Расги нечечӏого, чухӏун хьвадула.
Гьел хьуцӏил къуркъбузул къохьол гьурмазда
Гьечӏо намусалъул лъалкӏцин бихьулеб.
Бахьикъосараб къавм, къабихӏаб уммат,
Къадарабщиналъул рахъккураб агьлу,
Къиямасеб къоялъ махӏшаралдани
Рорчӏизе гьечӏо нуж дивананлдаса.
***
Ракӏ бацӏцӏад гьечӏони,
Щвеладай кири:
Ккураб кӏалалъулги,
Бараб какилги?
Ракӏ бацӏцӏад гьечӏони,
Къабуллъиладай,
Къойилго аниги,
Унго, дуе хӏеж?
Хӏежги, какги, кӏалги,
Гурищ чиясе
Чамгӏаллъи гьечӏеб ракӏ,
Рекӏкӏ гьечӏеб гӏамал.
Гӏадамал, гӏадамал
Гӏумрудул цӏваби,
Цӏуне, воре, ракӏал,
Рекӏкӏ рикӏкӏада тун.
Гӏарацхан
Гьеб дур рокъоб бечелъи
Хӏарамаб букӏиналъул.
Хӏарамаб тӏансаялда
Тӏад бараб какил кири,
Кигӏан гӏемер баниги,
Дуе щунгутӏиялъул.
Дуца дида абила
Гьеб Аллагьасда лъалин.
Гьелда дир дагӏба гьечӏо
Гьесда лъала кинабго.
Аммаха, ле Гӏарацхан,
Халкъалъул берал, гӏундул
Беццал, гӏинкъал гьечӏеллъи
Кӏочон тоге дудаги.
***
Мекълъиялъул защитник,
Тӏекълъиялъул адвокат,
Кинан мун нечоларев
Ритӏухълъидул бицине?
Беццал-гӏинкъал ругелъуб
Бице дуца, бахьикъос,
Ияхӏгун намусалъул,
Чилъи-гӏаданлъиялъул.
Лъала, дуего мунго
Лъикӏав, цӏакъав чи вукӏин.
Цӏакълъи, лъикӏлъи чиясул
Чамгӏаллъиялъ борцани,
Дуде щвараб багьадур
Гьаб ракьалда вугодай!
***
Ияхӏ щайзе, Хӏабиб, гӏарац бугони,
Намус сундуе, вац, хъулухъ щванани?
Шабаш-ришват щолеб хӏалтӏуе гӏоло,
Гӏаламго урхъараб магӏарул чилъи.
Ччамгӏалаб агьлуялъ лъола молода.
Йирчи Хъазахъица хъвачӏо, дир гьудул,
Хъурмазе рецц гьабун, цохӏониги кечӏ.
Рес къотӏун, къо бухӏун хутӏананиги,
Мискинлъиялъ къвал бан рукӏананиги,
Этим Эминица, Батирайица
Бечедал реццарал ахӏичӏо кучӏдул.
Элдарилас яги Хъахӏабросулъе
Хъванищ цониги кечӏ. Кепкал щвезелъун.
Хвел гьечӏел къеркьеял, къохӏехьей, гьунар
Жидее даимго чӏухӏилъун бугез.
Амма, Мугӏрул улка, мун бикъун кванан,
Кепалда ругезда гьеб рагӏуларо.
Рагӏаниги, божа, женаб агьлудуй
Гьезул тӏалаб-агъаз букӏине гьечӏо.
Хъублъи бетӏералда, тӏекълъи ханлъуда,
Хварабищ, Дагъистан, дур намусгун яхӏ?
Хӏелхӏел, цӏогь – гьундузухъ, мацӏ, хӏилла – тӏохда,
Тӏадмагӏарул чилъи, лъугӏарабищ мун?
***
Рухӏалъул бахӏарзазе,
Яхӏалъул узденазе
Бетӏер къуле къойилго,
Къадру гьабе даимго.
Къадаразда, тохазда,
Инжитазда, женазда
Абе битӏараб рагӏи,
Тӏулил вац вукӏаниги.
***
Дуца битӏаралда
Битӏараб абе,
Бетӏер къотӏаниги,
Къуркьуге тӏекълъуй!
Тӏолабго гӏумруялъ
Гӏазаб къулчӏун чӏа,
Къабихӏлъиялъул мун
Лагълъун вукӏунге.
Кӏочонге мун гӏурал
Мугӏрузул къанун.
Къарнабаз хвел гьечӏев
Шамилил чилъи.
Чорокаб хьуцӏил чи
Рикӏкӏадегӏан те,
Рекӏелъ бакъ бугезул
Горсверуда чӏа.
Гьеб мехалъ гӏумрудул
Лахӏзатгун хӏикмат
Хӏарамлъиларо дуй
Дуниялалда.
Дуца битӏаралда
Битӏараб абе,
Бетӏер къотӏаниги,
Къулуге тӏекълъуй.
Гӏунхрузул парламент
Бичарабищ, Гӏали, гӏинбекий гьаракь,
Кьурабищ, бетӏерчӏахъ, гьелъухъ дуй гӏарац?
Гӏажаибаб заман, хӏикматаб улка,
Хӏукуматги халкъги къойил гуккулеб.
Махӏги нечечӏого ахӏтӏолел руго,
Жал депутаталлъун рищизе кколин.
Кинаб закон, гӏадлу букӏине бугеб
Гӏунхрузул парламент бугеб мехалда?
Гьеб бицинчӏониги, лъалеб жо буго,
Лъаниги пайда щиб, улкадул бутӏрул
Бутӏрул гьечӏел рукӏун, гьедин бугелъул.
Бичарабищ, Гӏали, гӏунхрузе гьаракь,
Кьурабищ, бетӏерчӏахъ, гьелъухъ дуе мухь?
Вабабай, вададай демократия,
Дуца гуккулеб куц, огь, гьаб мискин халкъ!
***
Дицаги гьикъана Хъумурбегида
Хъулби гӏадал рукъзал, хирияб мебель,
Мерседесал, дача, чанго магазин
Кинаб гӏарцухъ дуца росаралилан.
Расги нечечӏого, гучав цӏогьорас,
Аллагьас кьунилан, кьварун абуна.
Аллагьас бикьизе дуй кьун батани,
Ракъун къойил холез щибха гьабилеб?
Гьединаб буго кечӏ гьаб заманалъул –
Законги гӏадлуги кагътида буго,
Гурхӏел гьечӏел хъурмаз, хъубал тӏадчагӏаз
Бикъулеб, бикьулеб буго бокьухъе.
Хъвала поэтазги гьел реццун кучӏдул,
Кинабгӏаги къадру жидерго гьечӏел,
Кинабгӏаги къимат рагӏулги гьечӏел.