Кин йигей, магӏарулай?
Гӏадамазе йокьулей хӏикматай магӏарулай. Гьурмадаса гьимиги лъугӏуларей, рекӏедаса рокьиги тӏагӏунарей, гӏанчӏлъиги гогьлъиги жубан лъугьараб гӏажаибаб релъи рокьул дандерижилъун тӏолалаго магӏарулазе кьолей, недегьлъи, хӏеренлъи жиделъ бессарал шигӏрабигун гӏагараб миллаталъул тӏалабазда, ургъелазда, гьелъул букӏинеселъул пикрабазда машгъуллъун йигей шагӏир.
Тубхӏат лъалалдего, рокьулаан дие гьелъул шигӏраби. Чанго нухалъ тӏатӏала юссун цӏалулаан гьел. Хасго магӏида рецӏцӏулел гьелъул сариназ асир гьаюлаан дун. Кинха божилей йикӏарай рохелалъ гьурмада талихӏалъул накъишал рахъарай шагӏиралъул рекӏелъ цо хасаб бакӏ магӏуялъ кколин абураб жоялда.
Эбел хварай дол къваридал къояз, цӏидасанги къвалакье ячана Тубхӏатил шигӏрабаз, ва жакъаги гьез дир рекӏел гъварилъуда хутӏараб пашманлъиялъухъ зама-заманалдаса гьоболлъи бала:
— Эбел гьечӏел ясал, сордо рещтӏиндал,
Дунги гъорлъе яче, чара холелъул.
Хъизан гьечӏел яцал, цохӏо хутӏидал,
Дунги ракӏалдещва, магӏу тӏолелъул…
* * *
-Чӏегӏераб кӏазалъул бакӏлъи борцунеб
Роцен эбел гьечӏел ясазулъ буго.
Бабалин баулел кӏутӏбузул бухӏи
Бухӏун, магӏу тӏолел тӏанчӏазулъ буго…
Жакъа къоялъги гӏинда багъулеб букӏуна шагӏиралъул гьаракь. Гьелъ щурулеб бугин кколеб буго:
— Эбел ана, дун хутӏана.
Гьеб букӏун буго гӏумру…
Эбелалъул зонода къвалги бан, гӏодулей дир хьолбохъ чӏун батула къваридаб шигӏру:
— Лъаларо, жакъагӏан къварид йикӏинчӏо,
Кӏвезе кколеб буго магӏу бацӏцӏине…
Бакъги, дунги, цохӏо салул авлахъги,-
Эбелалъул зани, къай дун каранде!
(Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз)
Тӏолабго дуниял тӏаде бегараб гӏадаб асар лъугьуна ва дагь-дагьккун цо гӏажаибаб бигьалъиги рещтӏуна рекӏелъе. Ва киса-кибего — эбелалъул махӏ. Цӏидасанги тӏадюссуна лъимерлъиялъулъе, гьоболлъи бала гӏолиллъиялъухъ ва чӏвала эбелалъул махӏ. Дунялалдаго бищунго гьуинаб, тӏагӏамаб, лазатаб:
-Эбел гьечӏеб гьаб рокъоб бугебщинаб бесдаллъи
Долъул квер кваланщинаб щапун магӏил цӏолеб куц!
Каранде дунги ячун, угьдулеб дир лъимерлъи…
Долъул рокьул кинида дунялго кӏикӏараб куц…
(Дир ургъалил гъансито)
Газетазда рахъулел дир макъалаби, харбал, кучӏдул цӏаларазда бичӏчӏулеб батила щай жакъаги дир магӏу шагӏиралъул магӏугун цолъарабили. Гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечӏищха, магӏуги кумекалъе лъугьун, хъварал кучӏдул цӏалидал, дихъе рачӏуна сабруги, пашманлъиялъул кьер чӏвараб рохелги, рохалида нур базабулеб шагӏиралъул пикрабиги… Ва цо кинабалиго къуваталъ цӏидасанги цӏала шагӏиралъул магӏица лъалъарал шигӏрабахъе.
Дир гӏумруялъухъги гӏодана шагӏиралъул саринал. Ва дир магӏил гаралгун цолъулеб буго шагӏиралъул магӏу:
— Бице, магӏарулай, кинаб хӏасратгун
Дур кӏутӏбуз дир асар ахӏулеб бугеб?
Берцинай кочӏохъан, кинаб асаргун
Дур каранда дир ракӏ кӏетӏолеб бугеб?
Дир кочӏолай гьудул, рекӏкӏалъ лъукъидал,
Дургийищ тӏинкӏараб тӏогьоде магӏу?
Гӏумрудул бакъаналъ къабул гьабичӏеб
Чӏаголъараб кинха дир рекӏел гӏишкъу?
(Дир рагӏабазда кечӏ ахӏулеб буго)
Цинги дир рекӏел чӏвабзазги рачуна билараб талихӏалъухъ угьдулел къваридал бакънал. Талихӏалъул цӏурал гӏумруялъул бакъназ асир гьайичӏей дие бадибчӏвай гьабизеги хӏалбихьана Тубхӏатил шигӏрабаз:
— Ракӏалъ мун йокьулев цо магӏарулас
Бераз бицунаан дуе гӏишкъудул.
Досул гӏадатлъиян, мун елъанхъидал,
Лъукъараб рокьигун ана вас нахъе.
Жакъа магӏил гарал дур бераздаса
Рацӏцӏуней йиго дун дурго квербацӏцӏалъ…
(Цо гьудулалде)
Дир къисматалдаги кӏетӏана шагӏиралъул саринал:
— … Лъалищ, мунгоха телев дун ракӏалдещвеялъе
Дир гӏумруялъул нугӏлъун, дир къоязул къираллъун;
Лъимер гуреб, рукъ гуреб къисматалъе гӏиллалъун,
Лъилго лъади йикӏинчӏей дир гӏишкъул ишаралъун.
(Щиб дуе телеб?)
Яги:
— Гьеб кинаб даранин, елъулаан дун,
Диеги гӏаздада тӏегь баккидалги.
Бертабалъ ясалгун кӏусулаан дун,
Кӏодол рагӏабазде гӏинбачӏониги.
Бичӏчӏана гьеб дида, амма доб релъи
Долго гӏанабазда гӏодула сардилъ.
Сородулел руго гӏазда дир тӏугьдул-
Доб кӏудияб даран хутӏана макьилъ.
(Кӏудияб даран)
Вац хварал дол захӏматал къоязги, къвалги бан, дунгун рукӏана Тубхӏатил шигӏраби. Гьез дие щурулеб букӏана вацал хварал яцазул къисматалъул къваридаб къиса:
— Гӏажаибал руго мугӏрул руччаби,
(Чан нухалъ гьарулел гьедин пикраби),
Жал холеб мехалъги, вац ваккичӏони,
Вугониги гӏелин гӏодула берал.
Гӏодоса рахъине рухӏ гьечӏониги,
Гьел тӏаде рачӏиндал, рортула кванде.
Квераз мугь ххенонги батула тӏагӏам,
Магӏу бакӏарунги, балагьула лъим.
Дицаги цо къоялъ тела дуниял,
Нужго нужан араб лъугӏила гӏумру.
Амма дир хъатинир ратила мугьал,
Магӏарул гӏертӏиниб батила магӏу…
(Яцалъул сарин)
Цӏидасанги бегулеб буго шагӏиралъул тӏехь. Цоялда хадуб цояб гьабун, магӏилъан кенчӏолел ругел шигӏрабаз пашманаб кьер чӏвазабун буго сариназул гӏидраялда. Гьез ракӏалдещвезарулел руго Дагъистаналда чӏегӏераб тӏанкӏ лъурал цо-цо хӏужабиги. Масала, Сагӏид-апанди чӏварал вахӏшиял дол къояз къварилъиялда букӏана мугӏрузул улка. Устар хириязул магӏица лъалъалеб букӏана сверухълъи. Гьеб ками унтана шагӏиралдаги. Чӏвалел ругел диниял церехъабазул читӏир халалъидал, шигӏрабаз бицана шагӏиралъ жиндирго рекӏел къварилъиялъул хӏакъалъулъ:
— Къурамухӏамадгун Макъсуд-хӏажиги,
Мухӏамадвакилгун Яхӏя-хӏажиги…-
Дида лъалелщинал шагьидзабазда
Речӏчӏарал гулбуца лъукъана дунги.
Дуде унелщинал тӏухьидул гулбуз
Тӏутӏун рана чурхдул дур муридазул.
Жидерго динги тун, духъе рачӏараз
Дагьабги гьарзаго тӏуна духъ магӏу…
(Мун рехсезе кӏолеб къаламни гьечӏо. Сагӏид-апандиясде)
Гӏемер щола дун Лъималазул рокъоеги, бокьула рехун тарал лъималазул хӏакъалъулъ хъвазеги. Гьезул къисматалъул маргьаялъ къварид гьаюрай дун тӏадюссуна Тубхӏатил шигӏрабахъе. Сихӏкъотӏун гӏенеккула божизе захӏматаб хӏакъикъаталъухъ. Шагӏиралъул шигӏрабазул чӏвабзаз рачунел талихӏкъосарал бакъназ сири базабула тӏолабго черхалда:
— Цо гьезул берцинлъи!- Бухӏулеб магӏу!
Цо гьезул пуланлъи!- Огь-гьай, дуниял!
Чӏахӏияз кьун гуреб лъимцин щоларел,
Кьеян абизецин жеги гӏун гьечӏел!
…Цинги сонал индал, кьерилазда гъорлъ
Умумул ругезда гьезул бахиллъи:
« Гьардарал, бабаги дадаги ругел,
Дун… Дир гьечӏо…»- гирун бортулеб магӏу.
Гьеб магӏил бухӏиялъ бухӏулареб ракь!
Гьеб магӏие даим баккулареб бакъ!
Гьеб магӏида гурхӏун гӏодулел зобал:
Аман, гьеб магӏие цо рагӏи- «Бабал!»
(Кьоге, Аллагь, лъимал иман гьечӏезе)
Дунял хӏайранлъарав Хӏамзатил Расул хведалги, Тубхӏатил сариназул гӏидраялда саву рещтӏана, гьей ракӏ-ракӏалъ гӏодана кӏудияв шагӏирасда хадуй.
«Рохалил министерствойилан» гьес цӏар кьурай магӏарулалъул ракӏ дол къояз гъаримго судулеб букӏана:
— Унеб буго босун Расулил мали,
Махӏачхъалаялъул аслияб къватӏ чӏван
Аслу унеб буго магӏарулазул-
Гӏоде дунгун цадахъ гьеб бичӏчӏанщинал!
«Ясалъе, яцалъе Тубхӏатие»,- йин
Дур цо автографалъ ракӏ хӏайранлъарай
Жакъа, инсухъ гӏадин, магӏу тӏолей дун,
Дур сурат бихьидал, пикрабаз цӏуна…
(Расулил сурат)
Гьаб кочӏоцаги, тохлъукьего дир пикрабахъеги бачӏун, тӏуркӏизаюна. Ракӏалдещвеяз цӏалтун биччараб рекӏелъан магӏил ицц бецӏцӏулеб гӏадаб асар гьабуна:
— Рицӏцӏигъветӏ бихьула рохьил рагӏалда,
Ракӏгурхӏула гьелъул магӏил гаразда.
Гӏодобеги къулун, гӏодулеб гъветӏалъ
Гъаримлъи бахчулеб халлъараб лъида?
Рицӏцӏигъветӏ бихьула рохьил рагӏалда,
Дида жиб лъагеяб пашманаб дарслъун,-
Лъимадулаб рокьухъ даим урхъарай
Эбеллъун яхъинчӏей чӏужугӏаданлъун….
(Рицӏцӏигъветӏ).
Дида дирго къисмат релълъун бихьана чиякъаб, ялгъузаб ва гъаримаб рицӏцӏигъотӏолалда. Ва дир магӏил гарал цолъана шагӏиралъул магӏугун…
Цо лахӏзаталъ берал къанщидал, цебе бачӏунеб буго, чанахъанасул гуллаги щун, тӏанчӏазулгун, тӏадегӏанлъи — борхалъиялъулгун, зобалазулгун, мугӏрул-щобазулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб пахруяб мугӏрул цӏум:
— … Амма цӏум гьезда цебе, цебе гӏадин рещтӏинчӏо,
Инсанасул гуллица ракӏги борлъун, рещтӏана.
Амма чанахъанасда чучи бихьизе течӏеб,
Гьелъ ахираб хӏухьелцин тӏанчӏазе дарслъун тана.
«Воре, хириял тӏанчӏи, берал — цӏумазул чӏухӏи
Ракӏ гуреб гӏодуларел цӏумал — мугӏрузул чӏухӏи…»
Чӏухӏараб цӏудул рекӏел магӏулъун тӏинкӏана би.
Цудунго букӏаниги, кӏудиял гӏуна тӏанчӏи.
(Цӏудул хвел)
Магӏу. Магӏу. Магӏу… Бакӏабги тӏадагьабги, бохарабги пашманабги, роцӏарабги бацӏцӏадабги, къваридабги гӏатӏидабги…
— Гӏазизаб дир жергъен, пашманалщинал
Мугӏрул руччабазул кьерда йиго дун.
Ургъелаз чӏунтидал, рокьуца тедал,
Таманаб гӏодана дунгун цадахъ мун…
(Жергъен)
Шамай Хъазанбиева