Тетрадалъул тӏанчал

Кквезе рукъ кьезехъин йигей чӏужугӏадан йихьарайго рекӏее гӏечӏо дие. Гьей йикӏана йиццатай, михъалги рижарай, бихьинчиясул гьаракьги бугей, хъитӏизе гьарун махӏабигун, бокьараб бакӏалда гӏодойги чӏолей, дида цӏализе лъачӏеб хъвай-хъвагӏайги гъажалда бугей, жиндаго сверухъе чагъиралъул махӏ тӏибитӏизабизе йижарай, цӏакъ сурукъай гӏадан.

Дихъе гьелъ кьураб рукъ букӏана, мокърукь тункулеб гьечӏониги, жаниве лъугьаравго бетӏер гӏодобе къулизабизе тӏамулеб. Къадал рукӏана чӏегӏерал, цо бугеб горду букӏана гьитӏинаб. Гьеб рукъалда цебехун хурхинабун букӏана, жаниб газалъул печги лъураб, хъаравуласул рукъалда релълъараб жо. Бищунго дие рекӏее гӏечӏеб жо ккана – гьитӏинаб гьеб рокъобе жанибе кӏиго нуцӏа букӏин. Цо нуцӏа букӏана, гьадаб цо хъаравуласе гьабураб гӏадаб жоялъусан лъураб, щибаб къоялъ жаниве къватӏиве дун хьвадизе кколеб нуцӏа, цогидаб, бокьичӏеб букӏана, дун вукӏине кколеб рокъосан хважаиналъул рокъобе лъураб.

— Мун гӏемерав гьаб нуцӏихъ валагьуге, — ян абуна гьелъ, дие бокьичӏеб нуцӏиде килищги битӏун. – Гьанисан къаси-къаси духъе хьвадизе цӏуял жал гьечӏо… Гьале гьаб рукъ.. Гьадаб цебехун газги буго, кӏалтӏа лъимги бихьун батилаха.. Гьале столги, тахги, бакӏги буго гьадаба къватӏибехун, нуцӏида нахъехун рехун, рекъечӏони босун вачӏа… Ясалги рачунге, рокъосан квешаб махӏ бахъуна. Кӏущизе бокьани, гьадаб цолода нахъа хӏажатханаги буго… Рукъалъухъ кӏикъоялда анцӏго гъурущ.

Гьей гаргадулеб мехалъ кколаан гьелъ дун вухулев вугилан.

Дир гьеб рукъалда разилъичӏого рес букӏинчӏо, батӏияб рукъ щолеб букӏинчӏо. Гьеб рокъоб гӏемераб мехалъ вукӏине ракӏалдаги букӏинчӏо, рукъ балагьичӏого тӏубалареблъи лъалаан дида. Гьеб хважаиналдаги лъалеб букӏун батилин ккола. Гьелъие сундулниги ургъел букӏинчӏо, дихъа щвезе бугеб гӏарцул гуронани. Гьеб кьураб кӏикъоялда анцӏабго гъурушги босун тӏагӏарай, тӏокӏалъ йихьичӏо. Гьелъ дир цӏарцин цӏехечӏо.

Гьеб къоялъ дица гьенибе баччана дирго бусен-къайиги, тӏахьалги. Дагьа-макъаб рукъги бакӏарун, гордазда газеталги седон кьижизехъин вукӏарав дида ракӏалде ккана, хважаиналъ кровать лъикӏаб бакӏалда лъун гьечӏилан ва вахъун тӏадегун, гьеб бехъерхъана горда гъоркье.

Дир гӏумруялда жаниб ккараб гьаб лъугьа-бахъиналда дунго божуларо. Гӏадамасда бихьулеб гӏадаб яги гӏадамасул лъугьунеб гӏадаб лъугьа-бахъинги гуро гьеб.

Гьеб рокъов кьижарав тӏоцебесеб сордо бащалъулеб мехалъ, дун ворчӏизе гьавуна, амма сунцаяли лъаларо. Дие рекӏее гӏун букӏинчӏеб, хважаиналъул рокъобе лъураб нуцӏида нахъа чӏун вукӏана тӏад хъахӏаб жоги хурав чи. Дун тахида тӏад гьункъун, щиб ккананиги тӏаде вахъине къачӏан чӏана. Амма нуцӏида нахъа чӏарав чи вагъарулев вукӏинчӏо. Гьев чи лъикӏ вихьизе гордухъан бачӏунеб загӏипаб, къотӏнор лъурал чирахъазул букӏанилан ккола, канлъи гӏолеб букӏинчӏо. Гьеб канлъи гуребги, дун тӏаде гьункьулеб мехалъ, тахида бахъараб къир-къириги жегиги лъугӏун букӏинчӏилан кколеб букӏана дида. Нуцӏида нахъа чӏарав чияс цебехун гали тӏамуна.

— Гъазимухӏамад…

Гьедин абулеб, нуцӏида нахъа чӏарав чиясул гьаракь букӏана чӏужугӏаданалъул берцинаб гьаракь. Дир цӏар лъазе гьанир ругел чагӏазул рес букӏинчӏо, дица гьеб лъиданиги бицун букӏинчӏо. Дун хӏинкъана.

Гьев чи, гьей чӏужугӏадан, цере квералги ритӏун, ана цебе тах лъун букӏараб бакӏалде. Къеда тункизе тахил манзил хутӏараб мехалъ, гьей лъалхъана ва накабаз кровать балагьизе лъугьана. Дица гӏажаиблъи гьабуна гьелда жиндаго цебе щибго жо бихьулеб гьечӏолъиялда, щайгурелъул дун вугеб бакӏалдасацин бихьулеб букӏана гьелда цебе щибго гьечӏолъи ва гьелъул гьумер бихьулеб букӏинчӏо. Рихьулел рукӏана кидаго гӏебеде ритӏарал кверал. Гьелда тӏад букӏараб хъахӏаб жоги бусалъ ретӏунеб руччабазул горде букӏин бичӏчӏана.

Тах балагьулаго (тӏокӏаб гьеб къадал ракьанда щибго жо букӏинчӏо), гьелъул кверал къеда хъвана, ва гьей дагьайги къеда аскӏоегӏан къана. Жиндирго черх къадада хъварабго, гьелъул гьаракь кӏанцӏана ва кьурун юссун, къеда мугъги чӏван чӏана.

Дун гьанжесалаги вуцӏцӏун чӏана. Дие гьелда кинаб букӏаниги гьаракь рагӏизецин бокьун букӏинчӏо, гьелъ дун вагъаризеги толев вукӏинчӏо.

Кисаниги жаваб бачӏун гьечӏеблъи бихьигун, тӏурун ана жийго ячӏараб нуцӏида аскӏое. Амма гьей битӏун нуцӏида тӏаде ккечӏо, дагьайго кваранидехун ккана. Гьелъ, квер квалун, нуцӏа балагьана, ва гьаракь бахъинаредухъ, бигьагьабун гьебги рагьун гьение тӏерхьун ана. Дагьаб мехалъ гӏенеккунги чӏун, дица тахил бетӏералде рехун букӏараб полотенцаялъ черхалдаса гӏетӏ бацӏцӏана.

Дун щибго жоги бичӏчӏуларого, кьижизеги кӏоларого гӏабдал гӏадин хутӏана. Сундул пикрабазда дунго вугевалицин бичӏчӏулеб букӏинчӏо дида. Зама-заманалдасан кколеб букӏана гьабсагӏат дойго чӏужугӏадан жание ячӏинилан. Дица гьей тана дир хважаиналъул яс ятилилан. Жийго гьей гурейлъи дида йихьарабго бичӏчӏана, гьаракь рагӏараб мехалъ, гьеб дагьабги якъинлъана.

Макьихарав дица гьеб лъугьа-бахъин цебего ккараб жо бугеб гӏадин тана ва ахиралда, гӏемерав тахида кьуркьудун, дун кьижун ккана. Ворчӏана нахъисеб къоялъ радакь, гьеб иш дида нолъ макьилъ бихьараб жо букӏиналда ракӏги чӏун. Гьеб къоялъ радал лъицаниги гьадинаб жо кканин дур нолъилан абун букӏарабани, дида гьедизе кӏвелаан, гьерсал ругилан. Гӏумруялъ ракӏалдещвечӏогоги хутӏизе бегьилаан, хӏалтӏуде унеб мехалъ, гьадинаб иш ккечӏебани.

Рокъоса къватӏиве лъугьунаго, кӏалтӏа гӏодой чӏун ятарай хважаиналъ дида гьикъана:

— Дуда цӏар Гъазимухӏамад гуребищ? – илан.

— У.

— Гьа-а-а…

Дида гьанжеги бичӏчӏуларо гьелда дир цӏар кисан лъазе кколеб букӏарабали. Цӏидасан нолъ ккараб жо ракӏалдещвана ва тӏубараб къоялъ кӏочон тезе кӏолеб букӏинчӏо. Гьеб къоялъ дир хӏалтӏудаса лъугӏун, рокъове щвезеги гъира букӏана. Нолъ ккараб жо макьу гуреблъи, хӏакъикъаталдаги ккараб жо букӏин дие тӏадеялдаса-тӏаде якъинлъулеб букӏана. Дидаго ццинцин бахъине лъугьана нолъ хӏинкъиялдаса. Къасиги дойго яс ячӏани ракӏалда букӏана гьей кӏалъазе гьайизе. Гьей къасиги ячӏиналда, щаяли лъаларо, дир ракӏцин чӏолеб букӏана.

Гьей ячӏинеги ячӏана. Дун ургъунго кьижун вукӏинчӏо. Тӏаса ретӏелги бахъун, бусалъеги лъугьун, мокърукьеги валагьун вегун вукӏана. Кигӏан данде къеркьаниги макьуялъги толев вукӏинчӏо. Цин кьижун кколаан, цингиги тӏуркӏун ворчӏулаан. Кьижун ккаравщинахъе макьилъ тӏугьдулги рихьулаан ганчӏазукьан раккун. Ахиралда, ворчӏараб мехалъ, гьадабго нуцӏида нахъа чӏун ятана гьадайго чӏужугӏадан, гьададинго тӏад хъахӏаб жоги ретӏун.

Гьей нолъ гӏадин гӏебеде квералги ритӏун, ана цебе тах букӏараб бакӏалде, къеда тункизегӏан.

— Гъазимухӏамад, — илан абуна гьелъ ва къеда мугъги чӏван, данде жаваб кьезегӏан.

Дун кӏалъачӏо. Дида щай кӏалъачӏевалиги лъаларо. Дица абухъего, дир къадго гьабураб нигат букӏана гьей гаргадизе гьайизе, хӏадурун рукӏана гьелъие кьезе суалал, амма кӏалъазе кӏолеб букӏинчӏо. Дида гьей чӏужугӏаданилан кколей йикӏинчӏо. Батӏияв чиясдаги ккелароан гьадаб рокъой жаний гьединан ячӏуней чӏужугӏадан йигилан. Гордухъан бачӏунеб хъахӏилаб ва загӏипаб канлъиялъ гьелда тӏад хураб хъахӏаб жо гурони бихьизе толеб букӏинчӏо. Рокъоб жаниб сундулниги гьаракьги букӏинчӏо. Рекӏее гӏолеб букӏинчӏо гьелъул гӏажаибаб рилълъинги. Гӏебеде квералги ритӏун, цӏодорго, гӏедегӏичӏого, хъуштӏун ячӏуней йикӏана гьей. Гьаракь сурукъаб букӏинчӏониги цо батӏияб, гӏажаибаб букӏана. Гьей кӏалъарайщинахъе кколаан дидаго нахъа чӏун вугев чияс абулеб бугилан. Бецӏлъиялъул гуреб, гьеб гьаркьил цӏун бугин рукъилан кколеб букӏана.

Чӏужугӏаданалъ дидехун кӏиго гали тӏамуна. Дун, тахил бетӏерги ккун, гьункьун, вагъаричӏого чӏана.

— Гъазимухӏамад, дида дур махӏ чӏвалеб буго, — янги абун, гьей рукъ бакьулъ чӏана. Гьелъул, бетӏерги, керенги, гордухъан бачӏунеб канлъухъаги борчӏун, рагӏдукье ккана. Гьанже канлъи речӏчӏулеб букӏана гӏодобе биччараб цояб квералъул тӏеренал, хварав чиясул гӏадал килщаздаги, халатаб гордикьан раккарал гӏицӏал хӏатӏаздеги. Щаяли лъаларо, дида гьел хӏатӏал риччун ругилан кколел рукӏана.

– Дида дур махӏ чӏвалеб буго, амма дуца дие жаваб кьолеб гьечӏо… Щай? Мун гьединав вукӏине рес гьечӏо. Кив мун вугев? Махӏ аскӏоб буго, жаваб щай кьолареб? Гьале, гьале хӏохьел цӏалеб гьаракь… Дида ккараб гӏайиб щиб? Дие мун вокьула… Дица дуе киданиги квешаб жо гьабиларо… Нолъ дие дур хӏатӏида къочӏизе бокьун букӏана. Жаваб кье, гьарула дуда… Дие дур махӏ бокьун буго… (Гьей дагьайги дида аскӏоегӏан ячӏана). Мун кив вугев? Кӏалъай Гъазимухӏамад, гьарула дуда, хирияв… Дун гӏадан йиго, киналго гӏадай гӏадан… Мун аскӏов вукӏин лъала дида, Гъазимухӏамад…

Гьелъул цо рагӏиялда тӏад цун бачӏунеб букӏана цогидаб рагӏи. Кколеб букӏана, гьелъ хӏохьелгицин цӏалеб гьечӏилан. Гьей дагьайги аскӏоегӏан къана.

— Гьале гьанже дида дур хинлъигицин чӏвалеб буго. Чӏаго, чӏаго вуго. Кив вугев? Бихье, кье гьанжеги дур хӏетӏе… Бокьараб гьабила, кӏалъай. Бусада гӏодой чӏезе те, дица квалквал гьабиларо. Дур хӏатӏазда кверги лъун, ягъаричӏого гӏодой чӏун йикӏина. Бокьани, тӏаса ретӏелги бахъулаго ячӏина.

Гьей аскӏоегӏан къарайго, гьелъул гьумер ккана канлъуде гъоркье. Гьелда бер чӏварабго, дир черхалда гъар-гъар бана, тахилцин къир-къири бахъанин ккола. Дида киданиги бихьичӏо гьелдаса берцинабги сурукъабги гьумер. Загӏипаб канлъукь гуребги къад канлъукьги хӏинкъилаан гьелъул берал рихьарав чи. Гьел рукӏана гӏажаибго чӏахӏиял, чӏваркьарал ва къапуларел. Гӏажаибго сурукъ рихьулел рукӏана гьел берцинаб гьурмада. Гьумер берцинаб букӏана. Дида гьабсагӏат кӏолеб буго кинаб гьумер букӏарабали бицине, амма доб мехалъ, доб мехалъ дица гьабуна дица лъиданиги бицинчӏеб жо.

Гьей тӏаде къулулаго, хӏинкъарав дица гьелда чохьолъ мал бана. Амма чохьолъ щвечӏо. Гьелъ гӏодоеги къулун, щаяли бичӏчӏичӏо, дир хӏетӏе кквезе гӏамал гьабулеб букӏун, гьелъул каранзулъ щвана. Гьабсагӏатги кколеб буго гъоркьа хӏатӏида тамахаб жо тункун чӏун бугилан.

Гьей гӏодой ккана. Тӏокӏай тӏадеги яхъинчӏо. Накабаздаги хъурщун, битӏун дун вегараб, тахиде тӏаде ячӏуней йикӏана. Дун цойги нухалъ мал базе хӏадурун чӏун вукӏана. Хъурщун ячӏунаго гьелъ цо рикӏкӏунеб жоги букӏана. Щиб гьеб букӏарабали аскӏоегӏан щвараб мехалъ бичӏчӏана.

— Баркала, баркала, барк… Хӏатӏида къочизегӏан щайха мун чӏечӏев? Баркала, баркала, дие къочизе бокьун букӏана, мун гӏедегӏизе бегьулароан…

Гьей, дида цеесан додинго накабаздаги хъурщун, ун жийго жание ячӏараб нуцӏида нахъа чӏана. Циндаго тириго тӏадеги яхъун, кьурун юссун ялагьараб мехалъ, дида гьей хважаиналда релълъун йихьана.

— Баркала, хирияв, — иланги абун, гьей къватӏие ана. Гьелда хадуб нуцӏа къалеб гьаракьги бахъинчӏо.

Дица тӏадеги вахъун, чирахъ рекӏине гьабуна ва тӏокӏаб свине гьабичӏого тезе къотӏи ккана. Кьижизе ракӏалдецин ккечӏо, гьеб рокъов вукӏине бокьун букӏинчӏо. Дица бусен бакӏарана, гьединго ракӏарун тӏахьалги, гьезул гохӏги гьабун, гьезда тӏад гӏодов чӏун сундулали лъаларел пикрабазда вукӏана рогьинегӏан.

Рогьарабго, дун батӏияб рукъ балагьизе къватӏиве вахъана. Дида хӏалтӏизе ине кколиланцин кколеб букӏинчӏо. Дун гьеб къоялъ вигьунарого, риччалъ гӏадин вукӏана, Амма, кигӏан шагьаралда женжеданиги, дида рукъ батулеб букӏинчӏо, гьеб къоялъ батизеги батичӏо. Дун вилълъана дидаго цадахъ цӏалулел рукӏарал лъималазда аскӏове общежитиялде ва гьарана гьезда кквезе рукъ щвезегӏан, цо-кӏиго къоялъ гьаниб бакӏ гьабеян.

Дун, бакъанигӏужалъ дирго ретӏел-кунги, тӏахьалги нахъе росизе дицаго ккун букӏараб рокъове тӏадвуссана. Хважаин егун ятана. Гьелъул рокъобе нуцӏа рагьун батаниги, вачӏун вукӏин рагӏизе, дун кӏетӏана. Гьелъ жаваб кьечӏо, ягъаризецин ягъаричӏо. Цин дица пикру гьабуна, гьелда щибго жоги абичӏого, босун къайи-къоногун нахъе ине, хадубги ракӏалде ккана рекъон гьечӏилан. Лъаларо, дида ракӏалда букӏун батизе бегьула гьелъ гӏарац нахъе кьелилан. Доб мехалъ гӏарцул иш лъикӏ букӏинчӏо. Амма кигӏан дие бокьун букӏаниги, кигӏан цӏакъ нуцӏида кӏетӏаниги, гьей йорчӏулей йикӏинчӏо. Гьелъул рокъоб жаниб тӏадеялдаса тӏаде бецӏлъулебги букӏана. Дица гьениб чирахъ рекӏинабуна. Йорчӏичӏо. Гьалъул жо кколарилан къватӏивехун унаго, гьей егун йикӏараб тахил къиркъири бахъана. Дун кьурун нахъвуссана. Гьелъул гьумер батана дидехун буссун ва кваранаб хетӏе батана, бащадаб бусалъа къватӏибеги баккизабун, гӏебеде битӏахъего ккун.

— Дуе щиб, Гъазимухӏамад? – илан гьикъана гьелъ. Гьаракь букӏана загӏипаб, хӏалуцун цӏалеб букӏана хӏохьелги.

— Дун… Дие батӏияб рукъ щун буго… Дун инехъин вуго…

Хважаиналъ кваранаб хӏетӏе дагьабги бусалъа къватӏибе бегьана.

— Щай? Унге… Дир хьул букӏана дида цадахъ чи вугин… нагагьлъун дун хванани, юкъизегӏаги…

Дида гӏемер рагӏун букӏана херал чагӏаз гьедин абулеб, амма хважаиналъул кӏалдисан рагӏизе гьеб гӏажаибго букӏана. Гьелъул «щаялъе» кьезе дир жавабги букӏинчӏо.

— Гьедин рехун тезе бегьилищ дуца дун… Нолъалдаса нахъе дир керенги буго унтулеб… Гьарула дуда, Гъазимухӏамад, унге… — янги абун, гьелъ бусалъа къватӏибе баккараб хӏетӏе багъарахъдизе гьабуна.

— Дур яс кие арай? – йилан гьикъана дица, гьелъ кереналъул цӏар бахъарабго, нолъ ккараб жоги ракӏалде щун.

— Кинай яс? – илан гьелъ гӏажаиблъи гьабуна ва гьункьун яхъун ячӏана.

Хӏакъикъаталдаги кинай яс? Гьелъие щиб жаваб кьелеб? Жакъа кьечӏогоги кинан телеб? Гьелъие гуреблъидал жаваб къваригӏун бугеб, диеголъидал… Дой щий? Киса гьей ячӏун йикӏарай ва хважаиналда щай лъаларей?

— Нолъ цо яс ячӏун йикӏана дида аскӏое…

Хважаин, цо хъубаб рагӏиги абун, елъанхъана ва, елъун яхъарайго, тахида гӏодойги чӏун, дир бадие ялагьана.

— Гӏабдал, дур бетӏер сверун буго…

Дир тӏомолъан, кинабгӏаги чорхолъ бугеб би, хӏатӏаздаса бахъараб, гьурмалъе буссана. Гьеб къоялъ гӏадинан киданиги ццин бахъун букӏун батиларо.

— Дица бихьизабила дуда киназул бетӏер сверун бугебали!- янги ахӏун, дун гьеб рокъоса къватӏиве кӏанцӏана.

Дида ракӏалде ккана къасиги гьаниб сордо базе ва, ячӏарайго, дой яс къан ккун хважаиналъухъе щвезайизе. Гьанже бичӏчӏулеб буго гьеб пикруялъул гӏадаллъи, амма доб мехалъ гьедин гьабизе ккеялда дир кинаб бугониги щаклъи букӏинчӏо. Гьеб гьабизе ракӏалде ккун букӏана хважаиналда бахъараб цциналъ. Дида гьей дагьайги цӏакъ рихана.

Сордо бащалъизегӏан яхӏ гьабизе кӏоларого вукӏана дун. Нолъ кьижун вукӏинчӏониги, тӏубараб къоялъ шагьар сверулев вукӏаниги, макьуги щолеб букӏинчӏо. Цӏакъ бокьун букӏана дой яс ячӏине. Дида кколеб букӏана, гьей ячӏинчӏони, хадувцин инилан. Дилъ кинаб бугониги хӏинкъиги букӏинчӏо.

Гьей ячӏана. Додинго гӏебеде квералги ритӏун, добго ратӏлилъ, додинабго хъущтӏулеб рилълъиналда. Амма къаси гьей къеде аскӏое инчӏо.

— Гъазимухӏамад, гьале дун… Дида лъала мун дун ячӏинегӏан чӏун вугеблъи… Дида лъала. Гьанжеги дида дур хинлъиги чӏвалеб буго…

Гьей, гӏебеде квералги ритӏун, тахида вагъаричӏого гӏодов чӏун вугев дида тӏаде щолей йикӏана. Дун битӏахъе цӏорона. Дир ботӏрол расуда гьелъул кверал хъваралго, гьей чӏана, туркӏун кверал нахъе росана ва накабазде йортун ана. Гьелъул гьумер ккана канлъукье. Гьурмал берцинлъи букӏана додинабго, гӏадан хӏинкъизабулеб гӏадаб. Гьей дир накабазда хурхана.

— Гъазимухӏамад, дуца тӏаса ретӏел щай бахъулареб? Дуда хьитал щай ругел? Дида мал базе бокьун бугеб батани, цин тӏаса хьитги бахъун, къочизе те. Дие мун вокьулевлъидал… хадуб малги бай… Каранлъ багеха… дида жегиги унтулеб буго… Гурищ?

Дида лъазецин лъачӏо гьелъ дир кваранаб хӏатӏидаса хьит бахъараблъи. Дун риччалъе ккун вукӏана. Риччалъ дицаго бараб заман лъаларо – вигьана, гьелъул кӏутӏби гӏицӏаб хӏатӏида хъварабго. Вигьананиги, дандечӏей гьабизе кӏолеб букӏинчӏо. Дихъ черхалда кверщел букӏинчӏо. Черхалъул цониги лага дир букӏинчӏо. Дида кколеб букӏана дун цо цӏорораб бакӏалдасаги восун, хинаб лъелъе виччалев вугилан. Лъалеб букӏана, дирго би хинлъулеб букӏин. Заманалдасан лъана гьелъул кӏутӏби квегӏаб хӏатӏидаги хъвараллъи. Дун вегана. Сверухълъи букӏинчӏо. Гьеб тӏагӏана. Букӏана цо тӏугьдузул махӏги батӏи-батӏиял кьералги. Кьерал рукӏана мохъаххун рачӏун рукъ свери гьабулел. Хӏанчӏазул гьаркьалги рукӏана. Дида гьелдаса нахъе, гьабсагӏатги, лъикӏ мехалъ гӏенеккун чӏани, рагӏула гьел хӏанчӏазул гьаркьал. Бакъан букӏинчӏо.

Вигьана, хинаб лъелъа къватӏиве вахъана дун рогьалилъ. Рокъоб жаниб рогьалил канлъиги, рогьалил квачги гурони щибниги букӏинчӏо. Хадуб бихьана столги, дирго тахги, гьелда тӏад вегун дунги. Дир черхалда букӏана, батӏияб, гӏечулалда релълъараб махӏ. Гьеб махӏ черхалдаса киданиги нахъе инчӏо. Дун цӏидасан кьижун ккана. Ворчӏана къалъудаса араб заманалда. Тӏокӏав кьижичӏо.

Дун кьижизе толев вукӏинчӏо дой яс ячӏине бугеб гъираялъ. Гъираялдаго цадахъ дилъ букӏана гӏемер кватӏичӏого хвезе кколилан бичӏчӏизабулеб асарги. Амма дие гьелъул ургъел букӏинчӏо. Пикраби рукӏана дой ясалда. Дирго каранда унтулеб букӏана дица доб сордоялъ долда бараб мал. Кколеб букӏана долъ дида банин гьебилан.

Лъаларо, кин дица хӏехьараб гьеб хутӏараб бащадаб къояли. Кваназецин рокъоса къватӏиве вахъинчӏо. Хӏажатханалде ине гурони, бусадаса тӏадецин вахъинчӏо. Гьей яс ячӏинегӏан вегахъего чӏун вукӏана. Амма гьей кватӏулей йикӏана. Дир яхӏ хвана. Дун вукӏана гьеб нуцӏихъан яс гурин, дирго хутӏараб гӏумру бачӏине кколилан.

Яхӏго гьабизе кӏвечӏого, дун турусикалда гъорлъго хважаиналъул рокъове ваккизе ана. Дида кӏвечӏо дой яс ячӏунеб нуцӏихъан ине. Бокьичӏо. Дида ракӏалде ккана къватӏисахун, гордухъан валагьизе. Бецӏлъиялъ квалквал гьабичӏони гьенисан, гордухъан валагьун лъазе ккола дида кисан ячӏуней яс дояли.

Дун гордухъан къватӏиве лъугьана. Талихӏалъ горда нахъа къватӏ букӏинчӏо, мадугьаласул азбар букӏана. Гьениб бекьараб жоги букӏанин ккола. Гьеб мадугьаласул азбар гуреб, бищунго гӏемер гӏадамал хьвадулеб къватӏ букӏарабаниги, хважаиналъул гордухъан валагьизе инчӏого дун чӏолароан.

Хважаиналъул тахги букӏана битӏун горда гъоркь. Гордухъан валагьарав дицаго тӏаде рагӏад ккезабулеб букӏаниги, тахида егун йигей хважаин дида йихьана. Амма, гьелда вихьичӏого вукӏине, гьей тӏаде яхъине лъугьарайго, дун нахъегӏан кӏанцӏана. Кӏиабизе, заманалдасан валагьараб мехалъ, бусада гьей ятичӏо. Горда нодоги цун лъикӏ валагьун вукӏарав дун, хважаин тахида аскӏое къалей йихьун, нахъе кӏанцӏизе ккана. Гӏодовеги къулун, гордал добцояб рахъалдехунги ун, дун цӏидасан гьениве жаниве валагьана. Гьанжесала хважаин дида жиндирго бусен битӏизабулей йихьана. Амма гьелъ гьеб тӏаса-масаго гьабун тана. Заманалдасан тахида аскӏоса гьей тӏагӏана. Мадугьаласул къадада тӏасан бачӏунеб къотӏноб лъураб чирахъалъул канлъи бадиб бачӏого букӏине, гьурмада кверги цузабун, халгьабураб мехалъ, бихьана, тӏад хъахӏаб, бусалъ ретӏунеб гордеги ретӏун, йицатай, гӏебай хважаин дир рокъобехун лъураб нуцӏиде аскӏое уней. Жибго нуцӏа бихьулеб букӏинчӏо, амма хважаин нуцӏида аскӏое уней йикӏиналда дир кинаб бугониги щаклъи букӏинчӏо. Жиндирго рокъоса хважаин тӏагӏарайго дун, дирго горда гъоркье векерана. Дир рокъое добго нуцӏихъан ячӏуней йикӏана гӏолохъанай яс.

— Гъазимухӏамад, хирияв… Мун кин вугев? Дида махӏ чӏвалеб гьечӏо… хинлъи гьечӏо… — ян рагӏулеб букӏана, къватӏиве кӏанцӏулаго, рагьухъего хутӏараб гордухъан жание ячӏарай ясалъул гьаракь.

Гьелъ дир чӏобогояб бусада кверал рахъулеб мехалъ, дие бокьун букӏана жаниве, гьелда аскӏове кӏанцӏизе. Дица гьедин гьабизеги гьабилаан, яс тӏурун инчӏейани. Гьей тӏурун ана добго нуцӏида аскӏое. Дун векерана хважаиналъул горда аскӏое ва гордухъа жаниве нуцӏа бугеб рахъалдехун валагьана. Гьенисан, бецӏлъулъан яккун ячӏана йиццатай, гӏебай хважаин. Гьелъ рукъ свери гьабуна. Цин тахида гӏодой чӏана, хадуй тӏаде яхъана. Гьелъие цо жоялъ рахӏат толеб букӏинчӏо. Гьей цӏидасан добго нуцӏида аскӏое ана ва дир рокъоехун тӏерхьана. Дун гьанжеги дирго горда аскӏове векерана. Гьенисан дида йихьана добго нуцӏихъан жание ячӏуней дойго берцинай яс. Рагӏана гьелъул дун ахӏулеб гьаракьги. Гьанжесала дида яхӏ гьабизе кӏвечӏо, ва дун, гордухъа жанивеги кӏанцӏун, гьей гӏадан хӏинкъиларедухъ, гьелда хурхун чӏана. Гьелъ дун цин нахъегӏан тункана, хадуб, накабаздаги чӏун, дир хӏатӏазда къочизе лъугьана.

Дида бихьулеб букӏана дунго холев вукӏин. Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса дун кваналевго гьечӏо. Дир хадусеб гӏумру байбихьулеб букӏана сордо бащалъараб мехалъ. Дунялалда щибниги букӏинчӏо гьей яс гурони. Дун хӏалакълъана, тӏом бакъвалеб букӏана. Амма, гьей яс ячӏинегӏан чӏун, кидаго яхӏ гьабизе кӏоларого вукӏана.

Гьей сордойил ячӏунароан. Гьей ячӏине ккани, тӏубараб къоялъ, хважаиналда аскӏове ине кколаан, гьелъул хӏатӏада къочаризе, къаси дой яс дихъе ячӏунейлъи лъани. Амма гьей ячӏине ккани, гьабизе кколаан хважаиналъ абу-абураб. Гьеб букӏана жужахӏ.

Дида ракӏалде ккана хважаин чӏвазе. Тӏокӏаб рес букӏинчӏо. Дида кӏолароан дой ясалдаса инкар гьабизе. Дихъе яс щолей йикӏинчӏо, хважаиналъул мурад тӏубазабуни гурони. Цин цӏадулъ, цин лъелъ хвеялдаса дие хважаин чӏвазе бигьаяб букӏана. Дица пикру гьабулеб букӏинчӏо гьел цого чагӏи рукӏиналъул.

Цо сордоялъ, дой яс ячӏине заман щвейгун, дица къадго хӏадурун букӏана гӏащтӏиги…

Тӏокӏаб жо букӏинчӏо. Букӏун батизеги бегьула, амма тетрадалдаса тӏанчал тӏун ругоан.

Дихъе щвараб гьеб тетрадь ккола живго жиндицаго чӏварав чиясул тетрадь. Гӏемер ралагьана дица гьел гьоркьоса тӏун тарал тӏанчал, ратичӏо. Гӏагарлъиялдаги лъалеб батичӏо.

Гӏагарлъиялъе бокьуларо гьесул цӏар бахъизе. Гьев гӏадаллъарав чи вукӏиналъ, гӏадамазукьа нечон рукӏуна гьел. Хӏакъикъаталдаги рагьун абизе кӏолеб букӏинчӏониги, росуго гьев чи хвезегӏан чӏун рукӏана, киназго гьесие хвелго лъикӏилан абулеб букӏана. Ахиралдаги, бичӏчӏун батаниги батичӏониги, гьев живго жиндицаго чӏвана.

Гӏадамазул киназулго бугеб жо батилаха гьеб, жидедаго бихьулареб жо бихьулев чиясда гӏадаллъун вугин аби… щибха гӏадамазда гьабилеб?

Гьев, дир хӏисабалда, нилъеда кӏигогӏан гъваридгоги, лъикӏги дунял бихьулев чиясул гӏагарлъиялдехун адабги цӏунун, гьезие гьев чиясул цӏар бахъизе бокьунгутӏиги хӏисабалде босун, гьабураб букӏана дирго цӏар рехсей.

Гьебго тетрадалда букӏана тӏадехун рехсарабщинаб жоялъул магӏна жаниб бугеб ахирисеб мухъги. Гьоркьоса тӏанчалги тӏун ругелъул, дица гьеб мухъ рехсечӏого тезехъин букӏана, хадубги пикру гьабуна…

Гьале гьеб:

… амма дир черхалдаса бугеб гӏечул махӏ лъиданиги чӏвалеб букӏинчӏо.