Пушкин ва Кавказ

Нилъ ругьунлъун руго «Пушкин щварал бакӏал, Пушкинил къокъаялъул шагӏирзаби, Пушкинил заман» абурал калимабазде. Нилъее гӏадатияллъун лъугьун руго гьел рагӏаби. Пушкин щварал бакӏазул рехсей гьабулаго, дида цебечӏола тӏолабго дунял.

Кавказалда Пушкин щварал бакӏазул бицунаго, «бакӏ» абураб рагӏи рекъон кколаро. Кавказ – гьеб буго кӏудияб ракь, поэзиялъул пачалихъ. Гӏадада гурелъулха Белинскияс абураб гӏурус поэзиялъул кинилъун лъугьанин Кавказ. Гӏурусазул унго-унгояб поэзиялъе Кавказалъул «кавабазул кӏул» кодобе щвана гӏурусазул тӏоцевесев шагӏир Александр Сергеевич Пушкинихъе. Лъикӏав устарас гӏадин, гьес гӏодове виччан ричӏана гьеб поэзиялъул балъгоял кӏулал.

Кӏиго нухалда щвана Пушкин Кавказалде – шагӏирасул гӏумру къокъаб букӏун буго. Тӏоцебесеб нухалда гьев щвана 1820 соналда. Къого сон барав шагӏирасул рекӏее кӏудияб асар гьабуна Кавказалъул кьер-кьераб тӏабигӏаталъ. Гьев хӏайранлъизавуна мугӏрузул халкъазул бахӏарчиял ишаз, гьунараз, гьезул гӏамал-хасияталъ, гьес байбихьана магӏарулазул гӏадатал, гьезул маргьаби-къисаби, бакънал, кучӏдул лъазаризе. Кавказ лъугьана гьесул шигӏрияб хӏаракатчилъиялъул темалъун.

«Кавказалъул гьалдолел къоязул» бицунаго, А.С. Пушкиница веццана А.П. Ермолов – 1812 соналъул Ватӏанияб рагъул бахӏарчи, доб заманалда гӏурус пачаяс Кавказалда тарав сардар. Ермоловас тӏасабищана Кавказалъул халкъал тӏуранго тӏагӏинариялъул политика: гьесул буюрухъалда рекъон, рухӏулел рукӏана тӏурарал росаби, чӏунтизарулел рукӏана хурзал, къотӏулел рукӏана рохьал ва ахал, гӏасияб балагь бачӏинабулеб букӏана Кавказалъул гӏадамазде: «Мутӏигӏлъе, Кавказ, Ермолов вачӏунев вугин!»

Амма Кавказ Ермоловасе мутӏигӏлъичӏо. Гьеб «мутӏигӏлъана» гӏелму-лъай цебетӏураб Россиялъе – А.С. Пушкинил ва Л.Н. Толстоясул Россиялъе. Цинги, ичӏго соналдасан, 1829 соналда, цӏидасан Кавказалде вачӏана Пушкин. Гьеб мехалда шагӏирас хъвана гӏемерав чи хӏайранлъизавураб «Кавказалъул асир», хъвана цӏаларасул ракӏ асир гьабулеб «Берцинай меседу, ахӏуге дий кечӏ…». Кӏиабизе Кавказалде щун хадуб гьес хъвана: «Кавказ», «Нух ччукӏараб бакӏ», «Калмыкалъе сайгъат гьабураб», «Казбекалда бугеб монастырь», «Гуржиязул гохӏазде сардил бецӏлъи рещтӏана», «Хӏапизидаса», «Делибаш», «Баракатаб буго доб къо, доб сагӏат», «Мугӏрузул кьурабазда гьоркьосан чвахулеб буго Терек», «Гьале дол пашманал кьурабазул кӏкӏал», «Хӏинкъиги чӏалгӏенги», «Арзурумалде сапар». Шагӏирас чанцӏулго рехсана Кавказ жиндирго гӏемерал кагътазулъги. Гьел цӏалидал, Достоевскияс хъвана, Пушкинида кӏолин «чияраб миллаталъулъе лъугьине», бихьизабуна «тӏолабго дуниялалъул тӏалаб-агъаз рекӏелъе босизе» бажарулин гьесухъаян.

Гьеб киналдаго разилъизе ккола. Амма, дир хӏисабалда, Кавказалъул миллатаздехун Пушкинил бербалагьи «чияраздехун» гӏадинаб букӏанилан абизе рекъараб гьечӏо. Хӏакъикъаталдаги кӏудияв шагӏирасе чияраб миллат букӏунаро.

Дида ракӏалде ккола, тӏоцеве Кавказалде щвараб мехалъ, Пушкиние гьеб букӏанин гьев хӏайранлъизе, сагьвиллъизе гьавураб бакӏлъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула вацасухъе хъвараб кагътида ругел гьадинал рагӏабаз: «Гӏайиб гурищ… мун дида цадахъ гьечӏелъул: цоцазда цун ругел гьал мугӏрузул гьайбатаб кьералъухъги цӏороца рацарал гьезул тӏогьазухъги валагьизе. Роцӏараб рогьалил гӏужалъ рикӏкӏадасан гьел рихьула батӏи-батӏияб кьералъул, амма рагъаричӏого чӏарал гӏажаибал накӏкӏал гӏадин». «Евгений Онегин» абураб романалда Пушкиница Кавказалдехун хитӏаб гьабулеб буго:

Дуца гьал рухӏиял хӏикмалъабазде,

Унго, чан нухалъ дун къабул гьавурав.

Духъ хӏасрат бергьарав, духъ рухӏдаллъарав,

Дица чанцӏул дуда дандчӏвай гьабураб.

Кӏиабилеб нухалда вачӏараб мехалда, гьесие Кавказ лъугьана жиндирго пикраби тӏаде цӏараб бакӏлъун. Гьелдаса хадуб, сундул хӏакъалъулъ хъвалеб бугониги: «Евгений Онегин» романалдаги, «Тазит» поэмаялдаги, «Цинги ниж церехун ана», «Дица цо диего памятник бана», «Къуръаналда релълъун хъвараб» абурал кучӏдузулъги шагӏирас рехсолеб буго Кавказ. Кавказалда хурхараб темаялдаса гӏемерго рикӏкӏалъарал асарал гьечӏищха гьел…

Кавказалъул рагъул пикрабазде вана Пушкин, кӏиабилеб нухалда гьаниве щведал. Гьесул пикру-гӏакълуялъулъги кӏудияб хиса-баси ккезабуна гьеб сапаралъ. Гьанже гьес хъвалеб гьечӏо: «Мутӏигӏлъе, Кавказ…» – абун. Ермоловасдехун букӏараб бербалагьи хисун буго. Кавказалде унаго, гьесухъе щведал, шагӏирас хъвалеб буго: «Гьесул гьими сурукъаб буго, – ххвалие гьабулеб гьими бугелъулха гьеб», – ан.

Нилъер рекӏелъе лъугьунеб пикру гьабизе ккараб бакӏ дандчӏвала «Арзурумалде сапаралдаги». Сапаралда вугев Пушкин, гьел цӏунун цадахъ рукӏарал рагъухъабаздаса дагьавги нахъа хутӏула, гьалагаб хъудигун чвахун унеб Терекалъухъ валагьун. Аскӏове вачӏун, цо солдатас гьесда абула:

– Нахъа хутӏизе чӏоге, дур бетӏерчӏахъаяв. Чӏвала мун гьанив.

– Щай? Сундухъ?

– Щаяли, сундухъали цӏехечӏого, чӏван рехула. Цинги лъугӏула иш. Тушбаби руго сверухъ.

– Тушбабийилая? Лъил тушбаби?

– Лъил тушбабийилая? Гьабсагӏат кьвагьдезе лъугьина. Гьеб мехалда лъала лъил тушбаби гьелали.

– Гьел дирги дурги тушбаби кколел ругоха? Уйищ?

– Бичӏчӏуларедухъ кӏалъалев вуго, бетӏерчӏахъад, мун.

Мун кисайилан гьикъана гьесда Пушкиница. Рязаналдаса вугилан кьуна жаваб.

– Гьал мугӏруздаса гьел гӏадамал дур росулъе рачӏун рукӏанищ? Гьез дур мина-рукъ бухӏанищ?..

– Вай, Бетӏергьан Аллагь, батӏаго гаргадулев вуго мун…

Цинги хӏикмалъун хутӏарав солдатас абула: «Гьадинаб бугоха, бетӏерчӏахъад, нижер хъулухъ…», – илан. Гьединал бакӏал гӏезегӏан руго Пушкинил асаразулъ.

Гьанже гӏемерисезул кӏалдир ругьунал рагӏабилъун лъугьун руго «Кавказалъул миллаталъул чиясул гьумер» абураб калима. Пушкин Кавказалдаса вукӏанилан чӏезабизе лъугьинаро дун, амма Пушкин шагӏирасул «гьумер Кавказалдаса чиясул буго». Гьениб кин абилеб: «Русалъул махӏ бугилан», яги «гьесул чорхолъ Африкаялдаса чиясул би букӏанилан».

Пушкиница Кавказалъул хӏакъалъулъ хъвана гӏезегӏанго кучӏдул, чанго поэма, ракӏалда букӏана кӏудияб роман хъвазеги. Гьес ахӏулел рукӏана Кавказалъулгун рагӏи дандеккезабейилан, рекъел гьабейилан. Гьединаб шигӏру-назмуялъулаб васият гьабуна гьес жиндаса хадур рахъине ругел шагӏирзабазеги.

Пушкинил ирс бечелъизабуна гьесдаго релълъун хъвадаризе лъугьараз ва гьесул иш цебехун бачараз. Михаил Лермонтовас жиндирго хасаб нухдасан цебехун бачана гьесул иш. Пушкиница тараб ирс прозаялда бечелъизабуна кӏудияв хъвадарухъан Лев Толстояс. Цӏакъго тӏадегӏанаб гьеб лъабабго цӏаралда тӏаде жубазе мустахӏикъаб буго Украинаялъул машгьурав вас Тарас Шевченкол цӏарги. Гьудуллъи гьезие букӏана кӏудияб поэзиялъулаб гӏаламатлъун. Гьанже гьеб биххун буго. Амма, Пушкиница абухъе, «дагӏба-рагӏи кӏочон тун, кӏудияб хъизамалда цолъила халкъал…».

Рагъул-Гуржи нухдасан сапар гьабураб соналда Пушкиница хъвана «Кавказ» абураб цӏакъго лъикӏаб кечӏ. Гьеб байбихьула: «Кавказ дида гъоркь буго, Борхалъуда цохӏо дун…» абураб мухъалдалъун. Гӏемерисез рикӏкӏуна гьелъ Россиялъул зулму-хӏал загьир гьабулеб бугин. Гьанже, гьел рагӏабиги такрар гьарун, цо-цояз хӏаракат бахъулеб буго: «Кавказ Россиялъул ракь бугилан», гьелъул магӏна хисизабизе. Дида ракӏалде кколаро гӏурус халкъалъул цогидазулалдаса тӏокӏлъи-тӏадегӏанлъи бугилан абураб магӏна Пушкиница гьел рагӏабазулъ лъун букӏун батилилан. Гьес загьир гьабулеб буго Кавказалъул тӏабигӏаталъул тӏаде ракӏцӏалеб хасият.

Гьанже дие бокьилаан гьеб пикру дагьабги дуруслъизабизе: «Кавказ нилъедасаги тӏадегӏанлъуда буго. Ва нилъер масъала ккола ишазги, шигӏрабазги, ахӏулел кучӏдузги цӏар-рецц гьабун, машгьурлъизабизе жиндир халкъаз гӏурусазулгун ва цогидал халкъазулгун гьудуллъи-вацлъиялда гӏумру гьабулеб бугеб гьеб гьайбатаб ракь».

Дагъистаналда цониги шагӏир гьечӏо Пушкиние кечӏ сайгъат гьабичӏев ва гьесул кучӏдул жиндирго рахьдал мацӏалде руссинаричӏев. Гьесул хӏакъалъулъ кучӏдул ахӏана Сулейман Стальскияс. Гьесулгун «мушавара гьабун, гӏакълу дандбана» Цӏадаса Хӏамзатица. Кидаго кӏоченаро гьесул хӏакъалъулъ Хӏамзатица хъварал мухъал:

Пушкин, мун хваравилан,

Халкъалъго рикӏкӏаниги,

Рикӏкӏен гьечӏел асараз

Эл гьереси гьарула.

Адабият чӏухӏизе

Чӏарал дур гъутӏбузул махӏ,

Гьоркьоса къотӏичӏого,

Тӏаде гъенелеб буго.

Россиялъул городал

Гвангъарал памятникал

Мун чӏаго вукӏиналъе

Кьучӏал нугӏзаллъун чӏола.

Нилъ ругьунлъун руго гӏицӏго гьесул заманалда рукӏарал шагӏирал Пушкинил къокъаялъул шагӏираллъун рикӏкӏине. Амма, цогидаб заманалъул бищунго лъикӏал шагӏирзабиги рачинаан дица гьесул къокъаялде гьоркьоре. Гьез гӏумру гьабулеб букӏараб заман гуро дица кьочӏое босулеб. Гьанже нилъее Пушкинил заман гьечӏо, буго Пушкинил адабият.

Дагьав цевегӏан дун щвана Китаялде, Шанхай шагьаралде. Гьениб нижер делегациялъ тӏугьдул лъуна Пушкинил памятникалда цере. Гоминданил заманалдаги культурияб революциялъул заманалдаги – чанго нухалда щущазабуна гьеб, амма щибаб нухалда цӏидасан къачӏана. Гьанжеги гьеб бахъун чӏун буго, гӏицӏго Россиялдехун гуребги, тӏолабго дунялалдехун гьумерги буссинабун. Пушкин вугелъулха Россиялъулги, Китаялъулги, Кавказалъулги – тӏолабго дунялалъулго шагӏир.

Дун вохарав вуго Махӏачхъалаялда, Пушкинил цӏар лъураб библиотекаялда цебе бугеб ахикь, гьесул памятник эхетун букӏиналдаса. Гьев машгьурав шагӏир ракӏалдещвеялъе лъурал бищунго лъикӏал памятниказул цояб буго гьеб. Щибаб соналъ, Пушкинил къоял тӏоритӏулаго, хъвадарухъабиги, интеллигенталги, студенталги, цӏалдохъабиги данделъула гьенир ва кучӏдул цӏалула.

Гӏемер руго Пушкиние памятникал. Гьезда берчӏвазе битӏккана дие. Москваялда дир рукъ букӏана Пушкинил памятникалда гӏагарлъухъ, Тверской бульваралда. Одессаялда Приморский бульваралда эхетараб Пушкинил памятникалда цере дица тӏугьдул лъуна, Дагъистаналъул делегациялда цадахъ гьениве щведал.

Дица магӏарул мацӏалде руссинаруна Пушкинил гӏемерал кучӏдул ва поэмаби. Гьев шагӏирасдехун кӏудияб рокьи буго дир рекӏелъ – дие ирсалъе щварабги дилъго бижарабги.

Цо нухалда ниж Махӏачхъалаялдаса Дербенталде унел рукӏана. Нижер цояс абуна, «Кавказалъул миллаталъул чиясул гьумер» бихьизабилин гьабсагӏат нужедаян. Хӏакъикъаталдаги, тӏабигӏаталъул хӏикматаб сурат цебе рехун бачӏана ниж Избербаш шагьаралде щолел рукӏараб мехалъ. Гьениб цо мугӏрул щоб тӏубанго релълъун бугоан Александр Сергеевичасул гьурмада. «Пушкин Дагъистаналдеги щун вуго! – ян рекӏелъ сири бана дир, сагьвиллъун хутӏана дун. Гьаб Мугӏрузул улкаялда Аллагьас абадиялъего цӏунун буго гьесул сипат. Гьедин Кавказ лъугьун буго Пушкинил пачалихълъун!»

«Гӏурус поэзиялъул бакъилан» абула Пушкинида. Амма гьаб ахираб заманалда гьединабго цӏар-рецц гьабулеб буго гьанже ругел цо-цо цогидал шагӏирзабазеги. Амма… бакъ цо гурони букӏунареб гӏадин, Пушкинги цо вуго! Гӏемерал жал цӏваби рукӏуна. Биччанте цогидал шагӏирзабазда цӏвабийилан абизе.

Нилъеда лъала Америка рагьараблъи Колумбица, ва гьес талавур гьабуна гьеб. Пушкиница гӏурус поэзиялъе рагьана Кавказ, ва гьес гьелъул берцинлъи-гьайбатлъиги цӏар-реццги цӏикӏкӏинабуна.

Кавказ жиндирго поэзиялъулъ рагьарав гьев гӏурус Колумбие, адабияталъул киналго ралъадазул, киналго жанразул адмираласе, дица щибаб соналъ гьадинал къоязда салам кьола шагӏир Ярослав Смеляковасул рагӏабаздалъун:

Ассаламу гӏалайкум, Пушкин!

Баркула мун гьавураб къо, хирияв шагӏир!

Сибиралде

Рикӏкӏад Сибиралъул цӏадул магӏданахъ

Цӏуне борхалъуда чӏухӏараб хӏехьей!

Чӏалгӏаде хвеларо гьабураб хӏалтӏи,

Нужер пикрабазул лебалал къасдал!

Ва къварилъиялъул тӏулбикьараб бац, –

Ракьул гундухъ ругел нужер божиялъ

Борчӏизе гьабила кьижараб талихӏ,

Бачӏине гьабила гьайбатаб заман.

Туснахъалъул бецӏаб гордухъе жаниб

Дир бацӏцӏадаб гьаракь борчӏулеб гӏадин,

Бачӏина нужехъе рокьи, гьудуллъи,

Хъулбузда рахарал рахаязулъан.

Туснахърукъ биххила, рахсал тӏун ина,

Эркенлъиялъ нужер кверал росила.

Рохелги талихӏги кӏалтӏа рещтӏина,

Ва вацаца ярагъ нужехъе кьела!

Чаадаевасде

Гьерсилаб гӏищкъуялъ, гӏисинаб реццалъ

Гӏемер мехалъ кквечӏо нилъ махсараде.

Сардил макьу гӏадин, радал накӏкӏ гӏадин,

Тӏагӏана некӏсиял рекӏел божиял.

Амма жеги нилъелъ рокьи гьалдола,

Гьалагаб зулмудул балагьалда гъоркь;

Гъираялъул цӏурал панаял ракӏал

Ватӏаналъул гьаркьихъ гӏинтӏамун руго.

Гӏишкъу бергьаралъухъ гьейгун дандчӏвазе

Рокьул гӏужда вугев гӏолохъан гӏадин,

Эркенлъи баркараб минут щвеялъухъ,

Нилъер щибав гьадин валагьун вуго.

Талихӏ рохелалъухъ хӏасрат рукӏаго,

Намусалъе ракӏал чӏаго рукӏаго,

Рекӏел гьудул инсул ракьалъе кьезин,

Рухӏалъул бищунго берцинал къасдал.

Гъалмагъ, божа: хехго баккизе буго

Улка хӏайранлъараб талихӏалъул цӏва!

Кьижараб борчӏила нилъер Россия,

Ва гьаб кверщел биххун, гьелъул чӏвадназда

Чӏахӏахатӏалъ хъвала нилъерги цӏарал!

* * *

Дие мун йокьана…

(Я Вас любил…)

Дие мун йокьана, – рокьул цӏа, бухӏи

Дир рукьбалъ гьанжеги сун батиларо.

Дие бокьун гьечӏо мун пашманлъизе,

Дуца гьелъул щибго пикру гьабуге.

Дие мун йокьана, – щибго калам тун,

Щаклъияз, хӏинкъабаз къакъалеб керен.

Дие мун йокьана, – тӏолго рокьиялъ

Йокьа цогиязе, дие гӏадин, мун.

Булбул

Сас гьечӏел ахазукь, ихдаде, сардилъ,

Ахӏула булбулалъ тӏогьое сарин;

Амма гьайбатаб тӏегь гӏенеккуларо,

Кочӏол гьаркьихъе гьеб кьижун букӏуна.

Дуцаги гьединан гурищ ахӏулеб

Хӏайранай, берцинай еццун кечӏ, поэт?

Гьей гӏенеккуларо, гьей тӏегьан уна,

Ва дур кочӏое гьелъ жаваб кьоларо.

Чаранги меседги

Кинабго дирилан

Кӏалъана месед.

Кинабго дирилан

Кӏалъана чаран.

Кинабго босилин

Кӏалъана месед.

Кинабго бахъилин

Кӏалъана чаран.

Руссинаруна Хӏамзатил Расулица.