Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель
Махӏачхъалаялъул №11 абилеб гимназиялда тӏобитӏана республикаялъул рахьдал мацӏазул учительзабазда гьоркьор къецал
Гьенив гӏахьаллъана 39 учитель. Гьезда
гьоркьоса — магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул 11 учитель. Гьел ккола Болъихъ районалъул
Кьохъ росдал школалъул учитель Гьадигат Хӏасанова, Хасавюрт районалъул Советское росдал школалъул учитель Алипат Гӏабдулхӏамидова, Хунзахъ районалъул Гӏобода школалъул учитель Патӏимат Мухӏамадова, Каспийск шагьаралъул №3 школалдаса Хамиз Хӏажиева, Гумбет районалъул Мелъелтӏа росдал школалдаса Хӏабизат Амагаева, Буйнакск шагьаралъул №7 школалдаса Гӏайшат Гьитӏинамухӏамадова, Гъизляр районалъул Новомонастырское росдал школалъул учитель Тахмина Гъазимухӏамадова, Чӏарада районалъул Кьорош росдал школалдаса Патӏимат Мухӏамадгӏалиева, Гъуниб районалъул Хӏутниб росдал школалдаса Рамазан Гъазимухӏамадов, Казбек районалъул Буртунай росдал школалъул учитель Загьра Гӏалиева ва Цӏумада районалъул Къеди росдал школалъул учитель Загьрабика Исрапилова.
Къецал байбихьана №11 гимназиялъул цӏалдохъабазул музыкалияб саламалдалъун. Гьединго учительзабазе гьара-рахьи гьабуна республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Лариса Абрамовалъ.
Кӏиго къоялъ кьуна гьез дарсал. Учительзабаз бихьизабуна дарсал кьезе жидерго бугеб махщел. Магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул щивав учитель мустахӏикъав вуго жиндир хӏакъалъулъ лъикӏаб рагӏи абизе. Гьез хӏаракат бахъулеб букӏана, цӏиял технологиязул кумекалдалъун, гӏадатиял гурел дарсал кьезе. Кӏигояз кьуна магӏарул мацӏалъул дарсал, хутӏараз — адабияталъул.
Амма дарсазда рукӏаразе кӏудияб, кӏочонареб асар гьабуна Р. Гъазимухӏамадовас,
З. Гӏалиевалъ ва П. Мухӏамадгӏалиевалъ. Гьел лъабалго мустахӏикъал рукӏана къецазул кӏиабилеб бутӏаялда гӏахьаллъизе. Амма цоясе гурони гьединаб рес кьоларо. Хӏисаб гьабуни, масала, дида гьеб тӏубан битӏараблъунги бихьуларо. Санайил цӏикӏкӏараб къадар букӏуна магӏарул мацӏалъул учительзабазул. Цогидазде дандеккун, гьел лъабго-ункъо нухалда цӏикӏкӏунги рукӏуна. Гьезулги цо-цо чи, нилъерги цо — битӏун гьечӏо гьеб къагӏида. Лъайкьеялъул министерствоялъ щай гьеб суалалде кӏвар кьоларого бугебали бичӏчӏуларо.
Хӏасилал гьарун хадуб «Магӏарул мацӏ» номинациялда бергьенлъи щвана З. Гӏалиевалъе, кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Р. Гъазимухӏамадов ва П. Мухӏамадгӏалиева, лъабабилеб бакӏ гьоркьоб бикьана З. Исрапиловалъ, Гь. Хӏасановалъ ва А. Гӏабдулхӏамидовалъ.
Лъабабилеб къоялъ къецазул кӏиабилеб бутӏаялде рорчӏарал учительзабаз кьуна классалъул сагӏтал. Финалалде рорчӏараз бицине кколаан жидерго хӏалтӏул проекталъул хӏакъалъулъ.
Магӏарул учительзабазда гьоркьоса финалалде ккана ва кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Казбек районалъул Буртунай росдал гьоркьохъеб школалдаса Загьра Гӏалиева. Къецазда исана тӏоцебесеб бакӏ босана Сергохъалаялдаса рахьдал мацӏалъул учитель Насибат Хӏажиевалъ. Лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Сулейман-Стальск районалдаса Анжелика Шихрагимова.