21 марталда Махӏачхъалаялдаги кӏодо гьабуна шигӏрабазул байрам
Гьеб байбихьана шагӏирзаби Расул Хӏамзатовасе, Сулейман Стальскиясе, Эфенди Капиевасе рарал памятниказда цере тӏугьдул лъеялдалъун. Хадуб хъвадарухъаби, шагӏирзаби ва Дагъистаналъул поэзия бокьулел данделъана Поэзиялъул театралда. Дандеруссин нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас. Гьес баркана шигӏрабазул байрам ва цӏалана Дагъистаналъул шагӏирзабазулги жиндиргоги кучӏдул. Цинги Дагъистаналъул батӏи-батӏиял миллатазул шагӏирзабазги цӏалана жидерго кучӏдул. Байрамалда гӏахьаллъана гӏолохъанал авторалги. Аслияб къагӏидаялда гьез цӏалана жидеца жидерго учительзабилъун, насихӏатчагӏилъун рикӏкӏунел чӏахӏияб гӏелалъул, нилъгун гьечӏел шагӏирзабазул кучӏдул. Гьединго байрамалда гӏахьаллъана Махӏачхъала шагьаралъул школазул цӏалдохъабиги.
Аллагьас кьуна поэзиялде рокьи
Буйнакскалда 27 соналъ хӏалтӏулеб буго Литературияб рукъ
Буйнакскалъул централияб библиотекаялъул нухмалъулей Нурян Темирбековалъ гӏемер тӏоритӏула шагӏирзабазулгун дандчӏваял. Гьей ккола Литературияб рукъалъул нухмалъулейги. 21 марталда, ай тӏолгодунялъул поэзиялъул къоялъул хӏурматалда, библиотекаялда гӏуцӏун букӏана Наби Гӏисаевасулгун дандчӏвай. Гьелда гӏахьаллъана Буйнакск шагьаралъул №2, 6, 9 школазул цӏалдохъабигун учительзабиги, библиотекабазул хӏалтӏухъабиги, шагӏирзаби Махӏмуд-Апанди Мухӏамадовги Мухӏамад Гӏабдулгӏазизовги.
Данделъиялда Наби Гӏисаевас бицана жиндирго гӏумруялъулги, адабияталде, хасго поэзиялде рокьи бижиялъе кьучӏ лъурал хӏужабазулги, сверухъ бугеб дунялалде бербалагьиялъулги хӏакъалъулъ. «Магӏарул мацӏалде рокьи бижизабуна дир учитель, Шамил районалдаса Асадула Мансуровас. Дица гӏажаиблъи гьабулаан: гучаблъун, берцинаблъун рикӏкӏунеб гӏурус мацӏалдасаги гӏемерал хӏарпалги гьаркьалги магӏарул мацӏалда ратиялъ. Поэзиялде рокьи кьуна дие Аллагьас ва гьеб куцана дир эбелалъ – гьей йикӏана росдал библиотекарь, дунги вукӏунаан гьелда аскӏов тӏахьал цӏалулев», — ан бицана Набица.
Кӏудияб баркала загьир гьабуна Гӏисаевас чачаназул руччабазеги. «Чачанал Казахстаналдаса тӏадруссараб мехалда, нижедехун хъачӏлъи загьир гьабичӏо гьез. Гьез нижее кьолаан квен, батӏи-батӏиял нигӏматал. Абулеб букӏана жидеда аскӏорго рукӏаян, амма умумузул ракьалде тӏадруссана нижер гӏадамал», — ан ракӏалдещвезабуна гьес.
Наби Гӏисаевасе баркала кьуна шагьаралъул библиотекарал Патӏимат Хӏажиевалъги, Хӏузайнат Мухӏамадовалъги, Патӏимат Нуцалхановалъги, Мухӏамад Гӏабдулгӏазизовасги лъарагӏазул шагӏир Фатима Дадаевалъги. «Рахьдал мацӏалда кучӏдул хъвалев дуе баркала буго, Наби. Дур асаразулъ бессун буго ватӏаналде, эбелалде, чӏужугӏаданалде рокьиги, квешал пишабазде ццинги, вахӏшилъиялда разилъунгутӏиги», — ян абуна Ф. Дадаевалъ.
Кавсарат Сулейманова