Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа Къурбангӏалил хъизамалда гьавурав Мухӏамад Патахӏов гьитӏинго машгъуллъана кучӏдул хъваялде. Школалда цӏалулел соназдаго гьесул асарал рахъана «Росдал

захӏматчи», «Багӏараб байрахъ» («Хӏакъикъат») газетазда, «Гьудуллъи», «Магӏарулай» журналазда. Гьединлъидал Гӏарани росдал школаги республикаялъул культураялъул училищеги лъугӏарав гӏолиласе,

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул квербакъиялдалъун рес щвана Москваялъул М. Горькил цӏаралда бугеб Литературияб институталда цӏализе лъугьине.

1986 соналдаса байбихьун Мухӏамадица къватӏире риччана «Тӏогьол гьими», «Горсвери», «Щубил гарал», «Сабру», «Рагӏи лъугӏаралъуб магӏу баккила», «Гӏакълуялъул дандерижи» абурал тӏахьал.

Мухӏамад вукӏана сабурав, адаб бугев, цӏакъ намусав чи. Амма кучӏдул цӏалулелъул, бихьула сверухъ лъугьа-бахъунелъ гьесул рахӏат хвезабулеб букӏин, битӏаралда битӏарабин, тӏекъалда тӏекъабин абизе гьесулъ кидаго тавакал ва бахӏарчилъи букӏин. Гьедин, Мухӏамадица мустахӏикъаб рагӏи абуна нилъер республикаялде «цӏиял низамал» гӏуцӏизе, нилъер халкъалда «хьвада-чӏвадизе», «дин гьабизе кколеб куц» малъизеян къватӏисел улкабаздаса рачӏаразда.

Мухӏамад вукӏана жиндирго халкъалъул сониселъги, жакъаселъги, метериселъги рахӏат хвезабурав чи. «Чадил кесекалъухъ кьезе шагьаби, Шагьаралда гурел насиблъичӏев дун», — илан абулеб буго гьес жиндаго.

Гӏумруялъул цӏикӏкӏарасеб заман шагьаралда аниги, поэтасул рекӏел хьулал, анищал рухьарал руго магӏарухълъиялда, доба бихьула гьесда гӏадамазда гьоркьоб рекӏел хинлъиги, инсанасе тӏабигӏияллъун кколел гурхӏел-рахӏмуялъул асаралги, даран-базаралъ ригъизаричӏел гьоркьорлъабиги. Гьединлъидал гӏагараб росдадаса рикӏкӏад вукӏине ккей гьесие букӏана кидагосеб тамихӏлъун, сахлъулареб ругъунлъун.

Амма Мухӏамад вукӏинчӏо ххвалиего магӏарухълъиги беццун, щиб хӏилла ургъунги магӏишат данде гьабиялде машгъуллъун ва гьеб мурадалда шагьаралда чӏарав чи – тӏолабго гӏумру гьес кьуна рахьдал мацӏалда хъвадариялъе, гьеб цебетӏезабиялъе, цӏиял сипатаздалъун, рагӏабазул магӏна гъварид гьабиялдалъун рахьдал мацӏ бечед гьабиялъе. Гьесул ракӏ унтизабун букӏана ургъел гьечӏолъиялъулги, умумузул къадруял гӏадатал басра гьариялъулги «унти» магӏарухълъиялдеги бахунеб букӏиналъ.

Мухӏамадил шигӏрияб ирс къадаралъул рахъалъ гӏемер цӏикӏкӏараб гьечӏо, амма гьеб буго пикрабазул гъварилъиялъулги сипатазул хаслъиялъулги рахъалъ унго-унгояб хазиналъун. Критикаялъ кӏвар буссинабуна Мухӏамадил творчествоялъул цо-цо кӏвар бугел рахъазде, амма гьесул пагьмуги гьунарги мустахӏикъаб буго щвалде щвараб, гъваридаб гӏелмияб цӏех-рех гьабиялъе.

Мухӏамад вукӏана махщел камилав журналист гуревги, унго-унгояв гӏуцӏарухъанги. Гьев вукӏана «Хӏакъикъат» газеталъ гьебго цӏаралда гъоркь биччалеб букӏараб журналалъул редакторлъунги. Къокъаб заманалда жаниб журнал лъугьана киназего къабулаб, гъираялда цӏалулеб ва жиндир хӏакъалъулъ гӏадамаз бицен гьабулеб басмалъун. Гьеб бичӏчӏулеб жоги буго: журналалда рахъана магӏарулазул тарихалъул, маданиятаялъул, рукӏа-рахъиналъул, машгьурал гӏадамазул хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ жеги бер щвечӏого хутӏарал суалазда тӏасан макъалаби, документал, фотоматериалал.

Бичӏчӏулеб жо, гьединаб хӏалтӏи цохӏо чиясухъа гьабун бажаруларо, гьеб буго редакциялъул тӏолабго коллективалъул хӏалтӏул хӏасил.

Амма гьебго заманалда абичӏого гӏоларо, гьениб гӏемераб жо бараб букӏана живго Мухӏамадида, гьесул бажариялда, гӏамал-хасияталда. Щайгурелъул магӏарулазул тарихги маданиятги, адабиятгун искусствоги гъваридго лъай гуребги, гьев вукӏана кинавго чиясулгун хӏал рекъезабизе лъалев, гьабулеб ишалъе мухӏканав ва дурусав чи, гьесул вукӏинчӏо цониги тушманлъи бугев яги рагӏи данде кколарев чи.

Гьединабго тавакал ва бажари бихьизабуна Мухӏамадица «Гьудуллъи» журналалъул коллективалъе бетӏерлъи гьабулагоги. Журналалда рахъана миллаталъул тарихалъул, рукӏа-рахъиналъул, гӏадат-гӏамалалъул хӏакъалъулъ хъварал магӏна бугел макъалаби. Дагь-дагьккун «Гьудуллъи» лъугьана кьер бугел, лъикӏал суратаздалъун къачӏараб, кодоб кквезе бокьилеб басмалъун. Мухӏамад вачӏаралдаса хасаб кӏвар кьуна жамгӏиябгун политикияб гӏумруялда хурхун рахъарал макъалабазде.

Щибаб журналалда рахъана мунагьал чураяс махщалида хъварал макъалаби.

Мухӏамадица цебе бачана гӏолохъанал авторал тӏатинариялде ва гьезул асарал журналалда рахъиялъе гьабулеб хӏаракат, цӏикӏкӏана магӏарулазул тарихалъул ва культураялъулгун искусствоялъул жидеде кӏвар буссинабичӏого хутӏарал хӏаракатчагӏазул, росабазул тарихалъул бицунел макъалаби.

Журналалъул тематика гӏатӏилъиялъе нугӏлъи гьабула гьелда махсаро-хочӏалъул, цӏалдолел релъизарулел макъалаби рахъиялъги.

Ахирал соназдайин абуни журналалда рахъана магӏарул маданиятаялъул тарихалда хурхарал макъалаби, хасал хъвадарухъабазул асаразе лъикӏаланго щвалде щвараб къимат кьурал, чӏванкъотӏарал хӏужабазул кьучӏалда хъвадарухъабазе ва шагӏирзабазе къимат кьурал очеркал, тӏахьазе ва асаразе кьучӏаб къимат кьурал рецензиял.

Мухӏамад вукӏана ракӏ лъикӏав, чиясе кумекалъе вачӏине кидаго хӏадурав инсан.

Магӏарулазул аби буго чиясе къимат кьезе ккани, гьевгун цадахъ сапаралъ вахъине кколин. Мухӏамадгун цадахъ нижеца гӏемерал сапарал рухьана Дагъистаналъул батӏи-батӏиял росабалъе. Хасаб асар гьесие гьабулаан магӏарул росабалъе щвараб мехалъ. Мухӏамадие цӏакъ хирияб букӏана нилъер миллат. Гьев живгоги вукӏана миллаталъул чӏухӏилъун.

Мухӏамад Патахӏов вукӏана дир бищун божарал гьудулзабазул цояв. Гьевгун цадахъ тӏамурал къоял чӏаго вугевгӏан мехалъ хирияб хазина гӏадин рекӏелъ цӏунила дица. Ниж гӏемер щолаан цоцахъе, рохелги пашманлъиги гӏахьал гьабулаан. Нижеца цоцае рикьулаан ургъелал, къасдал, пикраби.

Нилъер миллаталъе камуна гьунар бугев шагӏир, лъикӏав инсан, унго-унгояв яхӏ-намус бугев магӏарулав.

Алжан насибаб батаги дуе, Мухӏамад!