Каспийскиялдаса микьго сон барай ясалда зулму гьабурав чи ватана Лаваша районалдаса
18 октябралда цӏех-рехалъул идарабаз ккуна 2018 соналда Каспийскиялдаса Калимат Гӏумарова чӏварав чи. Гьев ватана Лаваша районалдаса, 1984 соналда гьавурав Мирзагӏалибахӏандов Мухӏамад. Жинцаго гьабураб такъсиралъе гьев мукӏурлъанин бицана республикаялъул цӏех-рехалъул идарабаз.
Сурав босулелъул, Мирзагӏалибахӏандовас кьурал баяназда рекъон, микьго сон барай Калимат Гӏумарова гьес йикъун йиго эбел-инсухъа гӏарац бахъизе къасдалда. Гьеб мурад тӏубачӏеб мехалда, хӏалги гьабун, чӏван буго гьес квергӏанасеб лъимер. Лага-лага батӏа гьабураб Калиматил жаназа батана 2018 соналъул сентябралда цо рахънибе жанибе рехун. Гьей тӏагӏаралдаса бан букӏана кӏиго моцӏ.
Чед босизе тукаде эбелалъ йитӏарай Калимат нахъ юссине кватӏидал, телефоналдасан ясалъ жаваб кьоларо. Рахӏат хварай эбел йортула къватӏие, ясалъул хӏакъикъат цӏехезе. Амма гьелъул хӏасил ккечӏо. Яс тӏагӏана. Гъаримай эбелалъул рахӏатги макьуги сверана гӏазаб-гӏакъубаялде («Кие арай дир, Калимат? Дир чохьол лъимер, дир гьитӏинай яс!»).
Пикрабаз, ургъелаз ракӏ ссуссун балей, тату хун эбелги гӏагарлъиги бугеб мехалъ, яс йикӏуна аскӏобго бугеб минаялъул подвалалъуй, ягъзинав хӏалихьатица жаний тӏамун. Сундуе? Эбел-инсуца яс чӏаго нахъе кьуралъухъ гӏарац кьезе гӏоло. Цебеги чанго нухалъ нилъеда рагӏараб, амма ракьалдаса тӏагӏинабизе кӏвечӏеб инжитаб, вахӏшияб къасд. Гӏарац щолареблъи бичӏчӏарав гьес, йикъун ункъо къоялдасан чӏвала микьго сон барай Калимат Гӏумарова.
Гьединаб буго нижехъеги информалатаздасан щвараб баян. Социалиял сетазда лъун бугеб, жинцаго гьабураб вахӏшияб такъсиралъе гьев мукӏурлъулеб видеоялъухъ балагьун хадур, цо-цоял гьелда божана, цогидал божичӏо. Цӏакъго бигьаго мукӏурлъулев вугин жиндирго такъсиралъе, хӏал гьабун тӏаде босизабун букӏин бихьулеб бугилан, щакдараби рижана цо-цо чагӏазул гьеб хӏужаялда хурхун. Лъаларо, букӏарабищ гьедин хӏакъикъаталдаяли, амма гьабсагӏат гьев жанив лъун вуго. Унеб буго цӏех-рех, бакӏарулеб буго материал, лъазарулел руго хӏужаби, нугӏзал.
Калимат Гӏумаровалъул эбел-инсуца гӏумру гьабулеб минаялда цебе 20 октябралда Каспийскиялда букӏана гьитӏинабго данделъи. 50-гӏанасев чи вачӏун вукӏана къварилъиялда ругел ясалъул гӏага-бажаразе ракӏ-макӏ гьабизе, зигара базе яги сихӏкъотӏун аскӏор эхетизе. Калиматил кӏудияв эмен Мухӏамадзагьир Гӏумаровас гьениб абуна ахир гьединаб ккеялъе гӏайиб низам цӏунулел хӏалтӏухъабаздаги бугилан.
«Калимат тӏагӏараб тӏоцебесеб къоялъго тӏаса-масаго гьабунин абизе бегьула гьез жидедаго тӏадаб иш. Дица гьезда абулеб букӏана щибаб рукъалъул подъезд, квартира, подвалазухъ киса-кибго чӏухь байилан. Амма гьез дир гьари гӏадахъ босичӏо», — ян бицана чӏварай ясалъул кӏудияв инсуца.
Калиматил гӏагарлъигун дандчӏвазе рачӏун рукӏарал жамгӏиял хӏаракатчагӏазги загьир гьабуна гьебго пикру. Низам цӏунулел хӏалтӏухъабазул тӏаса-масагояб хӏалтӏи гуребани, яс чӏаго кодое щвезеги рес букӏанин абуна гьезги.
Гьединго ясалъул гӏагарлъи тӏад рекъечӏо Калимат чӏварав хӏакъикъаталдаги гьанже низам цӏунулез ккурав чи вугодайилан щаклъигун гаргазе лъугьарал чагӏазда. Такъсирчи гьев вукӏиналда жидер кинабгӏаги щаклъи гьечӏилан гӏаммаб пикру загьир гьабуна гьез. Жамгӏиял церехъабаз, гьединго абуна Калиматил гӏагарлъиялъе, узухъда, бокьун бугин гьев иман къосарав чӏвадарухъанасе тамихӏ жидецаго гьабизе. Гьезухъе кодове кьунани, жамгӏияб судги гьабун, тӏубалаанин гьез гьесул къваригӏел.
Гьебго тӏалаб гьабулеб буго гӏадатияб халкъалъги. Киназго ракӏалде щвезабуна 1997 соналда Буйнакскиялда ккараб лъугьа-бахъин. Къватӏисел пачалихъазде хирияб багьаялде лугбал ричизе гӏисинлъимал рикъулел рукӏарал бихьинчиги чӏужугӏаданги, шагьаралъул аслияб майданалдеги рачун, тӏаде нартги тӏун рухӏана 1997 соналъул 4 марталда.
Калимат Гӏумарова чӏварав Мирзагӏалибахӏандовасеги гьединабго тамихӏ гьабизе кколин тӏалаб гьабуна соцсетаздасан халкъалъ. Гьеб пикруялда тӏад рекъана хутӏарал магӏарулалги. Амма гьесие пачалихъалъул къануналъ гьабила тамихӏ. Жеги Аллагьасул диванги цебе бугелъул…