Инсул талихӏалда расен угьарай

Гьел рукӏана гьанжего гьанже, доб вахӏшияб унти гӏодобциндал, къватӏире рахъине гӏадамазе рес щварал къоял. «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул хӏукму ккана гӏумруялъе кӏиабилеб хӏухьел кьурал тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъвазе. «Баркала, тохтур» абураб проект хӏалтӏизе лъугьана газеталда. Ва тӏоцее дун щвана Махӏачхъала шагьаралъул лъималазул больницаялъул бетӏерав тохтур Абусупян Абакаровасухъе. Гьенийго дида ятана бадиса бакъ баккарай гӏадай берцинай яс. Гьабуна лъай-хъвай — Заира йикӏун йиго Абусупянил яс. Гьесие захӏматаб доб заманалда Заира къойил щолаан больницаялде.

— Дун йихьидал, дадае бигьалъулаан хӏалтӏи. Дица бащдал ургъелал гьесда тӏаса росулаан. Гьеб унти сах гьабулел тохтурзабазул кьеразулъ йикӏинчӏониги, дица ралагьулаан инсул гьурмаде гьими тӏад буссинабулел рагӏаби. Дихъ гӏенеккидал, гьесул рекӏее гӏажаибго бигьалъиги лъугьунаан, — илан абуна Заираца.

Бахиллъизе бачӏана инсулги ясалъулги талихӏалда ва гьезул букӏараб гьуинаб гьоркьоблъиялда.

Гьелдаса нахъего бокьун букӏана дие Заирал хӏакъалъулъ хъвазе.

Бищунго къиматаб сайгъат —

лъимералъул гьими

Гьадин малъана Заирада инсуца. Хасго гьелъул магӏна гьелда бичӏчӏана хвелалъ гӏумруялда тӏад бергьенлъи босулел къояз. Унтараб лъимадул нахъ буссинабураб гӏумруги каранде къан, хӏасратлъун вукӏунаан Абусупян гьелъул гьимиялъухъ. Заирада гьеб, гьайгьай, цӏакъ гъваридго бичӏчӏула. Гьейги хӏалтӏана 18 соналъ республикаялъул гӏемеррахъазулаб лъималазул больницаялда. Рукӏана макьу тарал чанги сардал. Гӏумруялдаги хвалдаги гьоркьор ругел лъималги, гьезухъ гӏащикъго, тохтурзабазде божилъигун ралагьун чӏарал улбулги — гьел лахӏзатал рукӏана цӏакъго къваридал. Кинаб рохелха букӏинареб тохтурасе, хвалдаса борчӏараб гӏумруялъ лъимералъул гьурмада рахъулел расенал рихьараб мехалда. Гьединал лахӏзатал гӏемерал рукӏана Заира Абакаровалъул гӏумруялъулъги.

Цин — лъикӏай инсанлъун, цинги — лъикӏай тохтурлъун

Гьабсагӏаталда Заира Абакарова, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур, хӏалтӏулей йиго «Целитель» клиникаялда эндоскопиялъул ва функционалияб диагностикаялъул отделениялъул заведующаялъун. Гьей хӏалтӏизе кколей йиго лъабго тӏубазегӏан. Амма УЗИ-аппарталда лъезе гьелъухъе рачӏунезул ирга халатаб букӏунеб буго. Гьеб гьедин букӏин бихьана дидаги. Хӏалтӏул къо ахиралде щолеб заманалда гьение щваниги, гӏурабго заманалъ чӏезе ккана, гьелъухъе рачӏунел лъугӏизегӏан. Киназего гьимизеги къуват гӏолеб бугоан гьелъул. Гьадинги къваридал унтаразул, тохтурги гьимичӏони, щиб хӏалха букӏинеб. Лъарагӏлъиялда гьаюниги, гӏуниги, гьурмадаса магӏарул сси лъугӏичӏей, гӏаданлъи биларазул рагӏдукье ккечӏей, йихьарайго рекӏелъе йортун арай, гӏадатлъиялъул тӏагӏам черхалдаса лъугӏизе гьечӏей, гьурмада бакъ рещтӏарай, гьеб бакъул чӏораз унтаразул гӏумру каранде къалей — гьеле гьединайлъун йихьана дир беразда Заира Абакарова.

— Дир яс, цин лъикӏай инсанлъун, цинги лъикӏай тохтурлъун йикӏа мун — гьеле гьеб букӏана дие инсуца гьабураб тӏоцебесеб малъи. Гьелъ дие гьабунщинаб кумек, гьелъ дун хвасар гьаюнщинай, — илан абуна Заираца.

Хӏакъикъаталдаги Заира йиго гӏажаибго хӏикматай тохтур.

— Лъималазул больницаялдаса «Целителалде» ячӏиналде, дица лъугӏизабуна хирургиялъул рахъалъ интернатура. Дида лъалеб букӏиндал дица лъураб диагнозалда бараб жо унтаразул гӏемер букӏунеблъи. Гьеб буго гьезул къисматалъул суал. Гьединлъидал ургьимесалъул УЗИ гьабилалде, дида лъазе кколаан хирургияги, — йилан бицана Заираца.

Гьенибго дие бокьун буго бицине хӏикматай тохтуралъул хӏикматаб гъутухъалъулги. Гьелъул кабинеталъуе лъугьиндал, дида бихьана бокӏнида лъураб столги столалда тӏад кӏудияб гъутухъги. Сандукӏиланцин абизе бегьилаан гьелда. Дир пикру буссана гьелде. Лъалеб букӏинчӏо гьеб сундуе къваригӏунеб жояли ва щиб гьелда жаниб бугебали.

Амма сандукӏалъ жинцаго рагьана дие жиндирго балъголъи — гьеб параялъ Заирахъе рачӏана гӏолохъанай эбелги гьитӏинай ясги. Гьей хех гьабун сандукӏалде аскӏое ана ва гьелда квалквадизе лъугьана — рагьана гьебги ва гьениса росана жиндиего рокьулел гьуинал нигӏматал. Цинги бичӏчӏана дида кинабго — гӏисинал унтарал аппараталдаса хӏинкъичӏого рукӏине, гьел реэдизе ва гӏодичӏого рукӏиналъе гӏоло Заираца ургъараб сихӏру букӏун буго гьеб. Гьей гьитӏинай ясги кӏиабилеб нухалда ячӏуней йикӏун йиго Заирахъе.

Гьеле Абусупян Абакаровас жиндирго ясалъе-тохтуралъе кьурал гӏумруялъул дарсазул хӏасил.

Заирал гӏумруялъул дарсал

Дидаса чанго соналъ гьитӏинай йигониги, Заираца дие кьуна гӏумруялъул дарсал.

Республикаялъул лъималазул больницаялда хӏалтӏулеб заман гьелъ ракӏалде щвезабулелъул, дица гьелда гьикъана инсул цӏаралъ кумек гьабулеб букӏарабищилан цебеги гьабсагӏаталдагийилан. Гьей цин елъана, цинги бицана:

— Больницаялда хӏалтӏулел гӏемерал соназ дица дирго инсул цӏар (отчество) бахчана, хъвалаан гӏадатго Заира-врачилан абун. Бокьун букӏана кинабго дирго махщалидалъун гьабизе. Гьесул яс йигилан чӏухӏдаризе дун лъугьун йикӏарайани, жакъа дир тохтур лъугьинароан. Кинабго дицаго, инсул кумекги гьечӏого — гьеле гьединаб букӏана дица дидаго цебе лъураб мурадги. Гьелдаго аскӏоб гӏолохъанлъиялъул гӏамал кӏодолъиги букӏун батиларищха. Абиларо дица инсул кумек щвечӏилан. Щвана. Гьес дида малъана тохтурлъиялъул балъголъаби, амма киданиги малъичӏо жиндирго цӏаралдаса пайда босизе. Инсуца дие зама-заманалдасан кьолаан гӏумруялъул дарсал. Гьел гьанжеги гьоркьоса къотӏуларо. Щибаб дарс — цӏияб гӏакълу. Гьанжеги дица хъвала Заира — узист, — илан бицана Заираца.

Инсул хӏурматияб цӏаралда тӏад хӏур хъвазе течӏей, гьесул дарсазе мукӏурай, мугӏрузул законазе мутӏигӏай, хъахӏаб халгӏаталъул къадру цӏунизе бараб гьаялъе ритӏухъайлъун хутӏарай.

— Гьедигӏан гьайбатай, тӏасабищараб хӏалтӏуе сардазул макьу кьолей, гӏумруялдаса рахӏат тӏалаб гьабуларей, къисматалъ кьуралда разияй унго-унгояй магӏарулай, махщел камилай тохтур Заира Абакаровалда сверухъ женжедулеб жахӏда букӏунарищилан абураб букӏана дица Заирае кьураб кӏиабилеб суал.

— Жахӏда кибго камулеб батиларо. Амма дида ккола гьел дида сверухъ гьечӏилан. Ратаниги, дица гьездеги гӏайиб гьабуларо. Гьенибгицин дица хӏаракат бахъула гьел ритӏухъ гьаризе. Цо жо бичӏчӏизе ккола нилъеда — бигьаяб хъулухъ батиларо жахӏдачилъи. Дида ккола гьезие цӏакъго захӏмат букӏунеб батилилан, гьезул жахӏдаялъул къорикье ккараздасагицин. Гьезда гурхӏизе ккола нилъ. Ва гьелдаго цадахъ Тӏадегӏанасе реццги гьабизе ккола нилъго гьединал рижун ратичӏолъиялъухъ — гьале гьадинаб букӏана дир суалалъе Заираца кьураб жаваб.

Гьеле гьединай гӏадатияй, гӏаданлъи цӏикӏкӏарай магӏарулай, Чӏарада районалъул Мугурухъ росулъа Заира Абакаровалъулгун лъай-хъвай ккеялдаса йохана дун.