Нухазул магӏишаталъул хӏалтӏухъанасул къо (октябрь моцӏалъул лъабабилеб гӏодобкъо) Россиялда кӏодо гьабизе байбихьана 1996 соналдаса нахъе. Дагьал церегӏан къоязда Дагъистаналдаги кӏодо гьабуна
гьеб байрам ва гьелда бан нижеца гара-чӏвари гьабуна Шамил районалъул «Шамильское ДЭП-43» АОялъул генералияв директор Амин Хӏажиевасулгун.
— Амин, бокьилаан коллективалъул хӏакъалъулъ бицани…
— Предприятиялда хӏалтӏулев вуго 90-гӏанасев хӏалтӏухъан. 25-яв ккола нухазул ремонтерлъун. Коллективалда вуго «ДРялъул мустахӏикъав бакӏал ралев» абураб цӏар щварав щуго чи, цояв мустахӏикълъана РФялъул Транспорталъул министерствоялъул Хӏурматияб грамотаялъе, кӏигояв ккола «Россиялъул Хӏурматияв дорожник».
Нухазда гӏунгутӏи яги квалквал бугони, сундухъго балагьичӏого, хӏалтӏухъаби гьел къачӏазе рахъуна. Нижеца хъулухъ гьабула Чӏалдаса бахъараб Лъаратӏа районалъул гӏорхъоде щвезегӏан хъил тӏураб 67 километр манзилалда бугеб нухлуе, росабалъе унел нухазе (187 километр) ва кьоязе.
— Ахирал соназда щиб гьабун бажарараб?
— Кӏиго километралъул манзилалда Гьолокьа Тӏелекье унеб нух къачӏана, хъил тӏуна ва гьениб бугеб басрияб кьо цӏи гьабун къачӏана. Къородесезул Кьодухъан унеб нухлул кӏиго километр къачӏана, Хӏебда-Гьидерил кьо участкаялъул кӏиго километрги къачӏан рагӏалде бахъинабуна. Нитӏаб ва Къваниб росабалъе унеб нухлул лъабгогун бащдаб километр, гьединго Могьохъ росулъе унеб нухлул лъабгогун бащдаб километр къачӏана. Щуго километралъул манзилалда цӏияб нух бахъана Занатӏа росулъе, цӏияб кьо лъуна ва лъабго километргун 700 метралъул манзилалда нух цӏидасан къачӏана Тӏасияб Колоб росулъе. Гӏурада-Тӏидиб-Накӏикь нухлул лъабгогун бащдаб километр къачӏана. Дагъбаш росулъе унеб нух бугеб лъарада тӏасан лъуна 15 метр халалъуда бугеб кьо. Тӏадран унел руго Чӏалда-Къорода шагьранухда гьарулел хӏалтӏаби. Гьелъул хӏасилалда нухде бачӏараб кинабго ганчӏил 35 азарго куб, хӏорил рагӏал щула гьабиялъе хӏалтӏизабуна. Хучада-Цӏекӏоб-Лъануб росабалъе унеб нухда щуго километралъул манзилалда кьуру кьвагьиялъул хӏалтӏаби гьаруна.
— Хъил тӏолелъул гьелъул бицалъи кинаб букӏине кколеб?
— Гьеб кинабго бихьизабун букӏуна проекталда. Аслияб куцалда, хъилил гъоркьияб гъаталъул бицалъи букӏуна анлъго, тӏасияб гъаталъул — щуго сантиметр. Амма гьел роценал, проекталда рекъон, щибаб нухалъе батӏи-батӏиял рукӏуна. Гьел хӏалтӏабазул хӏалбихьи гьабула лабораториязул ва Автодоралъул инженераз. Цӏех-рехги гьабун, нух къабул гьабичӏого, заказчиказ изну кьоларо хадусел хӏалтӏаби гьаризе.
— «Безопасные и качественные дороги» ва «Мой Дагестан — мои дороги» абулел программаздасан нужее кумекго щванищ?
— Гӏезегӏан щвана, масала, гъоркьиса кӏигогун бащдаб миллион гӏарацги харж гьабун, Хӏебда росдал аслияб нухде тӏуна хъил, гьединго, цогун бащдаб миллион гӏарацги харж гьабун, исана Басрияб Гьоориб росдал сиязде унеб туристазул маршруталъул нух къачӏана ва майдан гьабуна.
— Исана районалъул нухал къачӏаялъе хӏукуматалъ кигӏанасеб гӏарац биччан букӏараб?
— Районалъул нухазде биччана 60 миллион гъурущ. 40 миллион харж гьабуна Чӏалда-Къорода нух къачӏаялъе, 20 миллион — Хучада-Цӏекӏоб-Лъануб росабалъе унеб нух къачӏаялъе.
— Шамил районалъул кинал росабалъ ругел бищунго хварал, ай машинаби хьвадиялъе хӏинкъи бугел нухал?
— Мугӏрузул районазда гьоркьоб, нижер районалда руго бищунго лъикӏал нухал. Гӏатӏидал, квегӏенал, машинаби хьвадиялъе щибго хӏинкъи гьечӏел нухал чӏезарун руго районалъул киналго росабалъе. Бищунго рикӏкӏад бугеб Дагъбаш росулъе буго чӏедераб нух, ракӏалда буго гьеб гӏатӏид гьабизе.
— Цо-цо районазул ДЭПазул нухмалъулезул гӏарз букӏуна жидер техника басралъун бугин, цӏияб босизе рес гьечӏин. Гьеб рахъалъ щиб хӏал бугеб?
— Нижер буго гӏураб техника: 12 КамАЗ, кӏиго автогрейдер, кӏиго экскаватор, цо погрузчик, ункъо бульдозер, ункъо каток, цо хъил лъолеб машина…
Республикаялда гӏемер буго хӏалтӏи гьечӏого хутӏараб нухазул техника, къваригӏани, нижеца гьеб ижараялъе босула.
— Нухазул хӏалтӏуе квалквалал гьарулел кинал масъалаби дандчӏвалел?
— Аслияб масъала ккола тӏадеялъул гьаризе ругел хӏалтӏаби нижеда лъангутӏи. Цебе, гьаризе ругел хӏалтӏабазул планал рахъулаан районалъул нухмалъулелги гӏахьаллъун. Тендеразда гӏахьаллъичӏони, жакъа нижеда лъаларо я гьаризе ругел хӏалтӏаби, я гьезул гьитӏинлъи-кӏодолъи. Хӏисаб гьабе, гьаб соналъ гьаризе кколел хӏалтӏабазул тендер лъазабула май-июль моцӏазда, республикаялъул бюджет къабул гьабула декабралда. Гӏажаибаб жо, январь-февраль моцӏал гӏоларищ нухазда гьаризе ругел хӏалтӏабазул объемазул хъвай-хъвагӏаял гьаризе ва тендер лъазабизе?! Дагъистаналда март моцӏалъго байбихьизе бегьула хӏалтӏаби гьаризе. Кӏиабизе, бигьаго гӏарац «тӏезабиялъул» мурадалда тендеразда гӏахьаллъула цо мугьру гурони жидер щибго чӏаголъи гьечӏел подрядчикал. Тендералда бергьиналъул мурадалда, гьез квалквал гьабула хӏалтӏул хӏалбихьиги, специалисталги, техникаги бугел предприятиязе хайир щолеб къагӏидаялда хӏалтӏизе. Цебего заман щун буго гьеб суал роцӏинабизе.
Дир хӏисабалда, нухазда гьаризе кколел хӏалтӏаби лъала районалъул ва росабазул администрациязда, ДЭПазул нухмалъулезда. Гьединлъидал, тендеразул квалквал гьабичӏого, гьел риччазе ккола нухал гьариялъул ва гьел къачӏаялъул масъалаби тӏуразе.
А. Хӏажиевас лъугӏизабуна политехникияб институталъул «Автомобильные дороги» факультет. Хӏалтӏана Дагъавтодоралда. Гьезул хъизамго рикӏкӏуна нухазул специалисталлъун. Масала, кӏудияв эмен Хӏасан хӏалтӏулев вукӏана районалъул нухазул участкаялъул начальниклъун. 49 соналъ эменги хӏалтӏана гьебго хъулухъалда ва жакъаги хӏал тӏулев вуго кӏудияв специалистлъун.