Гъуниб районалъул Гӏобохъ росулъе щведал, ниж данд чӏвана «Урусов» КФХялъул нухмалъулев Гӏабдусамад Урусовгун. Гьеб магӏишаталда бугеб 40 бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьезда гьоркьоб 4 бечӏчӏулеб гӏакаги) тӏалаб гьабула Гӏабдусамадица, гьесул хъизаналъ ва 2 васас.
— Гьабсагӏаталда хӏалтӏи захӏмат бугин абизе бегьиларо, — ян бицана Гӏ. Урусовас. – Эркенлъи буго бокьарабгӏан боцӏи хьихьизе. Гьебго заманалда захӏматаб масъалалъун лъугьун буго гӏезарурал нигӏматал ричиялъул суал. Масала, хӏан, нах бичиялъул къварилъи гьечӏо, гьан бичиялъул рахъалъ буго захӏмалъи.
— Чӏегӏербоцӏуе хӏажатаб кӏалцӏи-хер кин хӏадурулеб, лъица тӏубалеб ветеринарияб хъулухъ?
— Исаналъагӏан нижецаго хӏадурулаан харил хӏажатаб къадар. Сон ракъдалаб букӏиналъ, исана босизе ккана 300 танг къараб харилги (190-200 гъурущ цо тангихъ хӏисаб гьабун). Лъагӏалие нижее къваригӏуна отрубазул 300 хъап. Бацӏцӏадаб кӏалцӏул 10-20 хъап гурони босизе кколаро нижеца. Кинабго ветеринарияб хӏалтӏи тӏубала росулъ вугев ветеринарияв хӏалтӏухъанас
— Магӏарухъ ругел шартӏазда рекъон, гӏи хьихьийищ яги чӏегӏербоцӏи хьихьийищ пайдаябги бигьаябги бугеб?
— Боцӏи хьихьи бигьаяб буго. Гочинабун хьихьизе рес бугони (ихдал магӏарухъе хаслихъе гӏодоблъиялде), гӏи хьихьи гӏезегӏан лъикӏаб, гьабизе бегьулеб магӏишат буго. Амма цохӏо магӏарухъ гьеб хьихьизе ккани, кутакалда захӏмалъула, хасго хасало къо бихьула. Хайирияб рахъ босани, гьаб заманалда гӏиязул, хасго хухазул къимат буго, лъикӏаб багьа буго гӏиял гьаналги. Гьединлъидал гӏияхъанлъиялъул ва боцӏухъанлъиялъул пайда-хайир цого даражаялда бугин абила.
— Кигӏанасеб рахь бечӏчӏулеб ва щиб гьелда гьабулеб?
— Маялдаса бахъараб октябралде щвезегӏан, къойида жаниб, гьоркьохъеб хӏисабалда, бечӏчӏула 60 литр рахьдал (гьеб ккола 6 кило хӏанил). Кинабго рахьдал нижеца гьабула хӏан, нах ва аслияб куцалда гьеб бичула райцентралда.
— Нужеца боцӏийищ бичулеб яги гьанищ?
— Кӏиябго бичула. Чӏагояб боцӏи босизе рачӏуна даргиял. Багьа чӏезабула тӏаде балагьун, мисалалъе, лъагӏелгун бащдаб бараб баси бичула 35-40 азарго гъурщиде.
— Советияб заманалда къиматалда букӏана чӏегӏербоцӏул къехь, тӏом…
— Гьанже гьеб лъиениги къваригӏун гьечӏо. Гъоркьиса хъураб боцӏул тӏомал, гӏодоре рехизеги барахщун, гӏодор лъуралъурго руго. Цо нухалда Хьаргаби базаралдецин ун вукӏана, лъицаго росичӏо.
— Пачалихъалъул гӏезегӏан руго фермеразе кумекалъе программаби. Дуе щванищ гьединаб кумек, киданиги лъугьине кканищ къарзазда хадув ва гьебго заманалда хисулеб бугищ пачалихъалъул идарабазул халгьабиязул, хӏисаб-суалазул къадар?
— Чанго соналъ цебе щун букӏана грант, ай нахъ буссинабизе кколареб гӏарцул цо млн гъурущ. Гьел халгьабиязул бицун пайдаго гьечӏо, хасго доб грант щун хадуб бизар гьавуна. Гранталда, ракьул ва цогидал суалазда хурхун гьанибе щвечӏеб комиссияги, баккичӏеб идараги хутӏун батиларо. Аллагьасе рецц, гьаб ахираб заманалда лъалеб хӏалалда гӏодобе биччана гьезул букӏараб тӏадецуй. Гранталдаса хадуб бихьараб гӏела, бокьиларо цоги нухалда добго гвандиниве лъугьине. Гьединлъидал дун лъугьинчӏо къарзалда хадув, лъугьине ракӏалдаги гьечӏо.
— Магӏишат гӏатӏид гьабизе ракӏалда бугищ?
— Аллагьас квербакъани гӏатӏид гьабизе буго, хасго цӏикӏкӏун кӏвар кьезе буго рахьдаде.
— Гьаб хӏалалда гӏуцӏараб магӏишат дур васаз хвезе телин абураб хӏинкъи бугищ?
— Гьечӏо. Дицаго абулаан гьезда шагьаралда бигьалъиги бугин, айин гъоре абун. Амма гьез инкар гьабуна. Гьезие бокьун буго росулъ чӏезе, гьаб хӏалтӏи гьабизе.
Дир эменги гӏумруялъго вехьлъун вукӏана, дунги киданиги пашманлъичӏо гӏи-боцӏуда гьоркьов вукӏиналдаса. Цӏикӏкӏараб хайир гьечӏеб бугониги, баракатаб хӏалтӏи буго гӏи-боцӏи хьихьи.