Магӏарул халкъалъул гьалбал хиралъи кьучӏдасанго щвараб буго «Хӏакъикъат» казияталъул редакциялъеги. Гьалбал къабул гьарулареб къоги бачӏунгеги нилъеде. Гъирагун жалго унеб гъасде цадахъ сайигъат-

саламги босизе бокьула магӏарул чиясе. Щиб-щибниги нигӏматгун раккула нижехъеги газеталъул гьудулзаби.

Хасалихълъиялъул байбихьуда, мокьрол таргьаги цӏун, къвалакь кампетазул гъутугъгун бакълъулазул мухъалъул кӏиго гьунарчи рещтӏана нижер рухӏияб хазиная-лъул отделалда.

Цояв — Юнус Хӏажиев, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, Гумбет районалъул Халкъияб цӏар кьураб «Гумбета-лъул махщалилал» маданияталъул гьунарчагӏи цолъараб къокъаялъул нухмалъулев.

Халкъияб театргун, кочӏохъаби ва кьурдухъабигун цадахъ гьев камуларо магӏарулазул гӏаммал тадбиразда. Гьелдаго цадахъ Юнусица 1972 соналдаса нахъе нухда бачунеб буго Инхо росдал КДЦялъул директорасул хъулухъги. Гӏемерал соназ росдал советалъул депутатлъи гьабурав, районалъул жамгӏиял ишазулъ гӏахьаллъулев Юнусил чӏаголъиялъул бицани, цеберагӏиги цӏакъго халалъила.

Кӏиабилев — Багьавудин Мухӏамадов, 1982 соналдаса нахъе Гьарадерихъ маданияталъул рукъалъул (КДЦялъул) директор, Афгъаналъул рагъ бихьарав, жиндаго лъалебщинаб гӏолилазе кьезе чӏаголъи бахъулев хӏаракатчи. Тӏамур гаргазабизеги гьунар буго Багьавудинил, цогидал музыкалиял алатал рачинеги махщел бугин баян гьабуна Юнусицаги.

Рухӏияб хазинаялъул отделалъул бокӏнилъ лъураб тӏамур халлъана Багьавудинида. Кодобе гьебги босун, пашманабго некӏсияб бакъанги бачана. Гьеб бакъаналъ асар гьабуниги, суалал кьун сурав босичӏого нижецаги нахъе риччалищха гӏумруялъго магӏарул маданияб ирс цӏунулезул мухъилъ ругел гӏолохъаби.

Хӏалтӏи-ишалъул бицун гьикъа-бакъарулаго, ракӏалде щвезабуна церегӏанго соназ Мелъелтӏе букӏараб дирго тӏоцебесеб сапар, доб мехалъ чӏунталиде ккун букӏараб культураялъул рукъ, гьединго бицана гьениб гӏуцӏараб культураялъулгун спорталъул гьайбатаб кӏалгӏаялъул, Юнусил коллектива-лъул хӏаракатчилъиялъул, республикаялъего загьираб гьезул хӏалтӏул хӏакъалъулъ.

— Кинабго лъикӏ бугин нужеца беццаниги, божулароха, Юнус. Киналго рахъазда гӏадин культураялъул бутӏаялдаги чанги чучаб бичча-бихъай буго районазда. Рачӏа цониги масъала рагьизе. Росабалъ гьабулеб культураялъул хӏалтӏул даража кинаб бугеб?

— Дагъистаналъул киналго му-хъазда гӏадин, нижехъги батилаха, — ян дир суалалъул мурадалдаса ворчӏизе хӏаракат бахъана гьес.

— Дагъистаналдаго гьеб рахъ цебетӏун бугин абизе кӏоларо. Культураялъул махщелчагӏиянги абун, махщел-гьунаралъул махӏ жиделъ гьечӏел лотаби руго анцӏ-анцӏ соназ чӏалгӏаде харжги босун. Нужер мухъалда гьел киналго гьунар бугелищ ругел?

— Лотабиян абизе бегьилищха, культураялъул хӏалтӏухъаби жамгӏиял хӏалтӏабазулъ гӏахьал-лъула, календаралда рекъон тӏо-ритӏулел тадбирал гӏуцӏиялъул хӏалтӏи гьабула. Кинавго чиясе гьунарги кьоларелъулха. Битӏараб бицани, нижехъги махщелчагӏазул рахъалъ гуч гьечӏо. Гьунар бугел цӏехон, ругелъуса хъирщун данде гьабун буго коллектив.

— Нужеца гӏезегӏан хӏаракат бахъула, гьеб бихьула. Кин бугониги, гӏемерисеб бакӏалда гьунар бугел рагӏдукь хутӏула, хъулухъчагӏазул гӏага-божарал, бажариго гьечӏел хӏалтӏудаги лъола. Гьеб нилъее балъголъи гуроха, Юнус.

Гьарадерихъги магӏарулазда рагӏараб бакӏ буго. Мун гӏадал, хӏалтӏул хӏалбихьи щварал чагӏаз росулъ щиб-щибниги тадбир гьабичӏого толеб батиларо, Багьавудин?

— Гьарадерихъ росу буго гӏезегӏанго умумузул гӏадат-гӏамал цӏунараб бакӏ. Дицаги хӏаракат ба-

хъула хӏалтӏулъ гьеб хаслъиялде кӏвар кьезе. Ракӏалде щвезарула цересел гӏолохъабазул тирилъиялъул, къуват борциналъул хӏаял, гьел цӏигьарун тӏоритӏула тадбирал, къецал. Гьелъие цебеккунго бахъун букӏуна план. Спорталъул тадбирал тӏоритӏула школалъулгун, росдал нухмалъулезулгун дандбан, цадахъ. Телефоналде, интернеталде руссун течӏого, умумузул заманалъул рекӏелгъеял гьанжесеб гӏелалъе бокьизаби, гьезулъ ватӏан бокьи куцай — гьеб буго дир мурад.

Квеш ккараб жо буго магӏарухъ гӏадамал дагьлъулел рукӏин, гьелдаго рекъон школазда лъимал дагьлъиларищха. Цоги, дир ракӏ унтулеб жо — магӏарул мацӏ бицунеб бакӏ къойидаса-къойиде дагьлъулеб букӏин. Магӏарухъ тӏоритӏулел гӏемерисел тадбирал гӏурус мацӏалда рачунел руго.

Нилъер заманалъ кьурди-хъаталдаса руссана гӏемерисел гӏадамал. Гьеб гьечӏин абун щибго хӏалтӏи гьабичӏого нижги тӏуралищха. Мисалалъе, мавлид ахӏичӏого цониги росу тӏубаларо. Гьел ахӏизе лъалел чагӏиги лъугӏун унел руго росабалъ. Дица гьелъие ругьун гьарулел руго гӏисинал васал. Лъикӏал назмаби ахӏизе цӏияб гӏел куцай — гьебги буго культурияб цебетӏей. Гӏемеразда гуро гьелъул кӏвар бичӏчӏулеб бугебги.

— Юнус, мун вуго районалъул маданияталъул хӏуби гӏадав чи. Щиб бугеб гьаб гӏагараб заманалда гьабураб, гьабизе хӏисабалде босараб хӏалтӏи?

— Районалда гӏадатлъул билълъун буго маданияталъул хӏалтӏухъаби захӏматалъул фронталда рукӏарал руччабазухъе, рагъул заманалъул

лъимерлъи бихьаразухъе щвей. Гьебги лъикӏаб мисал буго гӏолилазе. Нижер росабалъ жеги цӏунун руго гӏадатлъун рилълъарал, жамагӏатго цолъун гьарулел умумузулъанго ратарал байрамал. Гьезулъги кидаго бутӏа лъола нижеца. Кинабго гьабулебщинаб гьаниб бицун бахъинаро.

Сайгидсалим Жамалудинов ра-

кӏалдещвеялъул тӏармида кечӏ ахӏиялъул тадбир гьабизе хӏисабалде босун буго Цӏаналълъ. Гьединго бокьун буго, дирго росдал клуб къачӏан, гьениб хӏалтӏи цебетӏезабизе. Клуб къачӏазе сурсатал щвезелъун, гьеб хасаб программаялда гьоркьобе

ккезабизеги хӏаракат бахъулеб буго.

— Гӏемериселго районазда КДЦязул (культурно-досуговый центр) учредителал руго росдал администрациял. Гьедин ругониги, цо-цо бакӏазда жидеего данде ккараб хӏалалъ къотӏи-къайги хъван, районалъул нухмалъулез жидехъего босун буго ихтияр культураялъул гӏарац бикьа-къотӏизе. Гьелъие нух 31-абилеб федералияб законалъ кьолеб бугинги абулеб буго гьез. Нужехъ кин бугеб?

— Нижерги гьеб къагӏида буго, — ян бицана Багьавудиница. – Юридикияб статус бугониги, гъирабазабиялъулал (стимулирующий) баллал рикьизе изну нижер букӏунаро. КДЦялъул нухмалъулезда гьикъичӏого, жидецаго гӏуцӏараб комиссиялъ тӏубала гьеб иш. Юристалцин хадур гъолареб закон буго гьаб.

— Юристални хадур гъела, гьезие бокьани. Росабалъ культура цебетӏеялъе гьеб къагӏидаялъул пайдайищ яги заралищ бугеб?

Жидер штатал къалел ругин гӏарзал рукӏуна цо-цо районазул. Нужер бугищ гьеб масъала?

— Штатални жеги цӏикӏкӏун ратани гурони, дагьлъун ратиларо. Хӏалтӏухъаби гӏемерал ругин абун культура цебетӏеялъе хисулеб жо бугин абизе кӏоларо.

Гьабин абун хӏалтӏиго гьабуларев чияс, чанго сурат бахъун, лъабго мухъги хъван жамгӏиял гьиназда лъуни, тӏубалеб буго иш нилъер заманалда. Хӏалтӏи гьабунин гьединазе цӏарги реццги букӏинарищха.

— Хадур лъугьун ритӏухълъи тӏалаб гьабуларо жидергоги камилаб хӏалтӏи гьечӏел чагӏаз. Гӏадамал данделъизе клуб, маданияталъул бокӏонго гьечӏел бакӏаздаги ратула культураялъулин абулел хӏалтӏухъаби. Мисалалъе, щай бегьулареб магӏарул классиказул, гьезул асаразул бицунеб тадбир росдае гӏуцӏизе. Гьебгицин гьабуларез щиб хайир кьелеб росдае, районалъе?

— Битӏараб буго дур, къали кьабизе, тӏамур бачине лъачӏолъи гуребги, цо лъикӏаб тӏехь цӏалун, гьелъул магӏна босизе лъаларел чагӏи руго культураялъул хӏалтӏухъабиян.

Дир хӏисабалда, гьунар бугев, пикру гъваридав анцӏгояв лъикӏ лъикӏаб харжги кьун хӏалтӏуде восизе, нусилъа къадар арал, гьунарго гьечӏел хьихьиялдаса.