Мухӏамад Танкаев – рагъул гӏахьалчи, генерал-полковник. Гьавуна Гӏурада росулъ (1919-1998). Кӏиго соналда жаниб лъугӏизабуна 4 класс. 1930 соналда ана Буйнакскиялде, рабфакалда цӏализе. Цӏалана Гъунив — колхозазул гӏолилазул школалда. Дагьаб заманалъ гӏагараб росдал школалда хӏалтӏана учительлъун.
1939 соналда, Кӏиабилеб дунялалъул рагъ байбихьидал, Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул институталда лъабабилеб курсалда цӏалулев вукӏарав Мухӏамад Краснодаралъул пехотаялъул училищеялде цӏализе лъугьана ва гьеб лъугӏизабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьизе щуго къо хутӏараб заманалда.
Рагъул соназда М. Танкаевас нухмалъи гьабулеб букӏана взводалъе, ротаялъе, полкалъе. Гьесул рагъухъабаз гӏахьаллъи гьабуна бищунго захӏматал рагъазулъ. Гьес нухмалъи гьабулеб полк, рагъулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло, мустахӏикълъана Александр Невскиясул орденалъе.
Бергьенлъиялъул къоялъ гьев вукӏана Прагаялда. Мухӏамадил полк гьоркьобе унеб 100-абилеб дивизиялъ Воронежалдаса Прагаялде щвезегӏан нахъа тана 1700 км рагъулаб нухлул ва эркен гьабуна 1500 шагьаргун росу.
Рагъ лъугӏулеб мехалда М. Танкаев вукӏана подполковникасул чиналда. Рагъда бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьесие кьуна «Багӏараб Байрахъалъул» лъабго орден ва Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орденги.
Улкаго чӏухӏарав багьадур
Хӏурматияв Гӏарипов Хӏажилгун бицен ккедал, рагӏи кьун букӏана Танкаев Мухӏамад ракӏалде щун кӏалъай гьабизе. Гьеб кидаго дица рикӏкӏунаан дирго бацӏцӏадаб налъилъун. Амма щибаб нухалда нахъаса-нахъе тӏамун хутӏулаан.
Чан нухалъха дун гьеб ниятгун рещтӏарав дирго ругьунаб столалда нахъа ва кигӏан халатал сагӏтал сокӏкӏарал гӏицӏаб кагътиде тӏадеги къулун къалам кӏвекӏулев! Унго, бигьа гьечӏеб куц щущарал дирго пикраби данде ракӏаризе ва дирго гӏазизав гьудул-гьалмагъасул гьайбатаб сипаталъеги тӏадегӏанаб цӏаралъеги мустахӏикъаб даражаялда калам гьабизе.
Мухӏамадил хӏакъалъулъ дица цереккунги хъван рукӏана цо-цо мухъал ва цо-цо тӏанчал. Амма чанцӏулго тӏатӏала вуссун хӏисаб гьабуниги, щибаб нухалъ бищунго цебе ракӏалде бачӏуна Мухӏамадилгун ккараб тӏоцебесеб дандчӏвай. Гьаб жакъаги дида цере руго дол кӏочонарел лахӏзатал.
Доб букӏана 1958 соналда, Москваялда. Хинаб роол къо. Багӏараб майдан. «Гум» абун улкаялдаго машгьураб бичулеб къайидулги гьеб босулел гӏадамазулги бугӏун цӏураб тукабазул кӏалгӏа. Тӏоцебесеб тӏалаялъул ракьанда гьабсагӏатги буго доб ххамил тукен. Тахшагьаралде щванщинахъе алхинчӏого ваккулаан дун гьениве, дирго эбелалъе гьей разияй ретӏел-кун босизе. Гьаб нухалдаги гьениве щварав дир гӏинда рагӏана цо нилъерго тайпаялъул хӏеренаб кӏалъаялъул сас. Хал гьабидал, аскӏорго гӏадин руго тӏара-ахаде щун нилъерго гьидерил макъамалда хъахӏаб кӏазалъ яхчарай бахьинаб гьумералъул, беричаб лагаялъул сонал арай магӏарулайги, гьимун бадивеги валагьун гьелъул-гун хӏалимаб накъиталда эхетарав, борхатаб ва чергесаб лагаялъул гӏолохъанав генералги. Гьезухъ балагьун хӏайранлъарал гӏадамал чанги рукӏана, амма дир хӏикмалъиялъул бицинегойишха ккелеб. Аскӏовеги вилълъун, дица салам-калам гьабидал, гьел кӏиязулгоги тамашалъи расги къураб букӏинчӏо. Гьеле гьедин гӏажаибго ккана нижер лъай-хъвай. Дунго гӏадин Мухӏамадги вукӏун вуго рикӏкӏадаб Дагъистаналдаса тӏадмагӏарулазул Гӏурадаса Москваялде жиндирго вас вихьизе сапар бухьарай эбелалъе сайгъат-салам босизе вачӏарав чи.
Узухъда, дида рагӏараб жо букӏинчӏо нилъер заманалда магӏарулазда гьоркьоса вахъарав генераласул бицен. Цӏехараб мехалъ хӏатта Дагъистаналдаги ватичӏо дида гьеб лъалев чи. Гьеб букӏана дие ракӏалда гьечӏого щвараб рохел ва чӏухӏи. Чӏухӏиларевги кинха: цо рахъалъ – нилъерго дагъистанияв, цоги рахъалъ – нилъерго магӏарулав, гьелде тӏадеги гьададигӏан сипат бугев, рагӏи гьуинав, рекӏелъ восулев, гӏолохъанав, Советияб Армиялъул Генералияб штабалъул академиялда цӏалулев, цӏар рагӏараб дивизиялъул лебалав командирасулгун божилъиги гьудуллъиги ккараб мехалъ. Хӏисаб гьабе цо – ниж кӏиязулго лъай-хъварай ккараб мехалъ Мухӏамад вукӏана жеги кӏикъойиде вахинчӏев чи. Цохӏо гьелдалъун бичӏчӏулаан нилъеда, живго чӏухӏи гьечӏев, гӏадатияв чи вукӏаниги, Мухӏамад гӏадатияб гуреб гьунаралъулги, гӏакълуялъулги, къадруялъулги бетӏергьан вукӏин.
Мухӏамадицаги дицаги цоцахъе кьуна адресалги телефоналги. Гьел рукӏинчӏо цоцазде нух бахъизе захӏматал адресал. Ниж рукӏана цо шагьаралъул чагӏи – тахшагьара-лъул «цӏалдохъаби»: Мухӏамад — Генштабалъул, дун ЦКялъул «вепешаялъул». Дир рекӏелъ цо къватӏибе бицунареб чӏухӏи букӏунаан тӏоцеве нилъерго цӏар рагӏарав генераласулгун божи-рокьи ккарав чи дунго вукӏиналдаса. Мухӏамадил гьудул абун рехсолеб цо къадругицин букӏана дир гьалмагъзабазда гьоркьоб. Дидасан лъана Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги гӏемерал дагъистаниязда Мухӏамадги, гьесул хӏакъикъатги. Гьел рохун рукӏунаан дида цадахъ Мухӏамадихъе ине, гьевгун цадахъ рукӏине щвараб ресалдаса.
Мухӏамад вукӏана кутакалда жиндирго Дагъистаналде ракӏги бугев, гьаниве щвезе гӏищкъуги бергьарав инсан. Гьелдаго цадахъ къанагӏат гурони рес щолароан гьесие гьададигӏан жиндие хирияб ватӏаналде ваккизе. Цӏакъго чӏахӏиял ва бакӏал рукӏана досул гъуждуз раччарал гьирал: нилъеда кидаго гуро ричӏчӏулел рукӏарал улкаялда бищунго тӏадегӏанаб даражаялъул аскариял хъулухъазул хӏалуцинги тӏубан жинда жаваб кьезе кколел вазипабазул бакӏлъиги, гьеб киналдаго хурхарал махӏрумлъаби. Амма нилъеда бичӏчӏулаан, нилъерго генерал нилъерго ракӏалде гӏагар гьавизе, гьев Дагъистаналда щулаго вухьинавизе, гьанжеги нилъерго халкъалда гьев лъазавизеги заман щун букӏин. Ва бихьулаан живго Мухӏамадилги гьединаб мурад букӏин. Мухӏамадиеялдасаги гьеб цӏикӏкӏун хӏажат букӏана нилъеего. Мухӏамад, нилъеда лъала, вукӏана жиндирго нух жинцаго бищарав, жиндирго барти жинцаго квегъарав, жиндирго масъала чияде ккечӏого, жинцаго борхарав ва гьаб жакъасеб тӏадегӏанаб даражаялде жиндирго хӏатӏаз вачарав щулияв, лебалав, гӏакъилав багьадур. Амма жакъа тӏаде щун букӏана Дагъистаналъе жиндир Танкаевги ва Танкаевасе жиндирго Дагъистанги къваригӏараб заман. Жиндир бищун цӏакъал васазе мугъ рехулеб Ватӏанги букӏунареб, цӏар тӏокӏаб Ватӏаналде ракӏ гъоларел лъималги рукӏунарел!
Цо нухалда Махӏачхъалаялде щварав дирги гьалмагъзабазулги бицен ккана нилъерго генераласул суалалда тӏасан. Ракӏ лъикӏав, аваданав, сахаватав магӏарулав вукӏана мунагьал рахчаяв Бакьагьечӏиса Къадиев Зиявудин, дол соназда обкомалъул орготделалда замлъун жив хӏалтӏулев. Доб букӏана республикаялъул Верховный Советалде рищиязде хӏадурлъизе лъугьараб, гьенире кандидатал тӏаса рищулеб заман. Зиявудин вукӏана гьеб ишалда жанив гӏурав, бугеб ахӏвал-хӏалги лъалев, кӏудияб хӏалбихьиги бугев саламатав, божарав чи. «Щай бегьулареб нилъерго Верховный Советалде нилъерго цо вугев генерал вищизеян» бадиве валагьидал, жиндирго ругьунаб гьимигун «гьесдаса лъикӏал депутатал киса нилъеда ратилел!» абун кьабгӏун квер бачана дир гьес. Гьебго къоялъ хӏалчӏахъаяв Къадиевас, Даниялов Гӏабдурахӏманида дандги бан, суал тӏубазабуна. Нахъа-нахъаги Гӏабдурахӏманица дие рецц-бакъ гьабулаан, лъикӏаб хӏалтӏи ракӏалде щвезабунин жидедаян.
Гьелдаса нахъе рес щвана Танкаевасе щибаб соналъ жиндирго гӏазизаб Дагъистаналде вачӏинеги, хӏасратаб гьидерил улкаялда гьоболлъи базеги, некӏсиялги цӏиялги гьудул-гьалмагъзабигун заманаби тӏамизеги. Дида кӏочонаро Мухӏамад гьелдаса рази вукӏараб куц. Даим дие баркалаялда вукӏунаан. Дида кӏолеб букӏарабани дунго вахъинавилаан дица депутатлъунилан махсараялда нахъе чӏвалаан дица генераласул рагӏи.
Гьайгьай, дирги Мухӏамадилги букӏана хасаб гьудуллъи. Махӏачхъалаялде щун, дир рокъове ваккичӏого гьев нагагьги хутӏулароан. Хӏатта сардал ранги вукӏунаан. Дир гӏисинал лъималазул букӏараб рохелалъул бицинегойищха ккелеб.
Генераласул формаялъул пиджак тӏад ретӏине щванани ва гьесул таманчаялъ ишан босизе ихтиярги кьунани – тӏокӏабги щибха гьезие къваригӏараб. Танкаев вачӏун вугилан, авал-рохеналдаго букӏунаан цо чӏаголъи, тухум-кьибил бакӏарулаан, гьудул-гьалмагълъи рещтӏунаан. Гьидалъа, Гӏурадаса рачӏунаан Мухӏамадил гӏагарлъи.
Унго-унгоги букӏараб цӏакъаб, берцинаб заман!
Дирги Мухӏамадилги божилъиги гьудуллъиги, тӏадехун бицахъе, букӏана Москваялда бижараб ва щулалъараб. Гьудуллъи лъугьана ниж кӏиязулго гьалмагъзабазда гьоркьобги. Гьеб букӏана бихьиназул гьудуллъи: Мухӏамад Москваялда вукӏана живго, хъизанги лъималги цинги нахъа рачана гьес Кривой Рогалдаса жиндаго аскӏоре. Нижги рукӏинарищха жалго-жалго бихьинал. Гьеб магӏнаялда ниж рукӏана «холостякал». Гьединлъидал гӏемер кколаан цоцада цадахъ. Байрамал баркулаан цадахъ. Театразде унаан цадахъ. Цоцаде тӏаде-гъоркье хьвади букӏана ризго. Нижер «вепешеялде» Танкаевги гьесул гьалмагъзабиги рачӏараб мехалъ цадахъ цӏалулел нижер гьалмагъзаби рукӏунаан генералзабазул къокъаялъухъ балагьун хӏайранлъун. Нижер рекӏел букӏараб берцинаб макъам бичӏчӏизе захӏматаб иш гуро.
Дида лъалаан Мухӏамадил 40 сон сверулеб букӏин. Вепешеялда нижер хӏукму ккана, щибниги гьасдаги абичӏого, генераласул къоялде хӏадурлъизе. Цо-кӏиго къо хутӏараб мехалъ нижеца Мухӏамадида лъазабуна. Нижеда гьоркьоб нижедаго гурони лъалареб цо рехсезе кколеб лъугьа-бахъин бугин, мунгун цадахъ гьабичӏого гӏолареб ва дурго божарал гьалмагъзабиги гӏахьаллъизе кколеб. «Руччаби-чагӏи ратани, гьелги бегьилилан» — махсара-хочӏги гьабуна. Палхӏасил, цӏараб гӏужда Мухӏамадги вачӏана, цадахъ кидагосев гьесул гьудул, рагъул заманалдаса нахъего аскӏоса жив ватӏалъичӏев, аваданав, кӏудияб кеп-хочӏалъул ва квен-тӏехалъул магӏна лъалев генерал Антиповгун. Къокъвиццатав Антиповги, чӏурканав, логода ворхатав Танкаевги: гӏадамазе кеп щолаан гьезухъ балагьун, жидецагоги цо-цо махсароде рагӏаби рехулаан жидедаго тӏасан.
Гьоболлъиялъе, ВПШялъул хӏа-кимзабазул изнуялдалъун къачӏан букӏана, гьитӏинабго букӏаниги, цо рекъараб, гӏураб гӏатӏилъиялъул берцинаб рукъ. Вакӏарун вукӏана 20-гӏанасев чи – нилъералгоги ва цогидал божа-рокьаралги. Столалда камураб тӏагӏам букӏинчӏилан бицунаан гьелдаса сонал ун хадубги Мухӏамадица. Дагъистаналдаса бачӏинабун букӏана батӏи-батӏияб сорталъул ччугӏа. Икраги бакъвараб гьанги, горал-горал гьарун цере рехарал ракъварал бакьалги. Рухӏилаго хӏохьлад росарал хинкӏазул цӏурал гъадрулги: хинкӏал рукӏана батӏи-батӏияб тайпаялъул, миллат рикӏкӏун цӏар лъурал, цӏуралги цӏечӏелги, тӏереналги риццаталги. Цӏигьан букӏана белъарабги бежарабги, пихъ-мичӏги, гьакълил шушбиги – кинабго букӏана нилъерго Дагъистаналдаса бачӏинабураб.
Рехсечӏого гӏоларо – гьеб кинабго бажаризеги берцинлъизеги гьабурал, тӏолабго гьеб тӏотӏол свериялда нур гьабурал чагӏи рукӏана кӏиго дагъистанияй – нижгун цадахъ «Вепешеялда» цӏалулел рукӏарал Дадашева Бурлиятги Керимоваги. Дагъистаналда гьел лъикӏ лъалаан: цояй йикӏана Минпрослъун, цогияй йикӏана Минсоцобеспечениялда.
Бокьилароан гьел рехсарал сипатал жидеего рецц-бакъ гьабун рицунел рагӏабилъун гӏадамазда рихьизе. Бокьун цохӏого цо жо – Танкаев Мамадидехун нилъерго букӏараб ва абадиялъего нилъер хутӏараб гӏаданлъиги, хӏурматги, рокьиги загьир гьабилъун ва гьелдаго цадахъ гьеб къоялъ, Мухӏамадил, гьеб данделъиялда гьесулги гьесул рагъулав гьудуласулги букӏараб рохелги разилъиги ракӏалде, цо гӏуж-куцалъениги гьелъул бицен гьабилъун гьеб бичӏчӏизе. Генераласда нижер щивас баркана гьев гьавураб баракатаб къо, гьесул кӏикъоябго сон баялъул рохел загьир гьабун, абуна рекӏелъан рачӏарал ва рекӏелъе рортулел хӏасратал рагӏаби, гьарана гьесие щулияб сахлъиги, аваданаб гӏумруги, лъугӏи гьечӏел бергьенлъабиги. Гьанже гӏадин чӏахӏиял ва къиматал сайгъатал кьолеб гӏадат доб заманалъ букӏинчӏониги, гӏиси-бикъинабги сайгъат-салам камун течӏо доб къоялъ нилъерго тӏадегӏанав генералги гьесул ракӏбацӏцӏадав гьудулги.
Дандчӏванщинахъе ракӏалде щвезарулаан мунагьал чурадица доб къо: додинаб аваданаб, разияб, берцинаб данделъи нагагьги бихьичӏилан абулаан ракӏбохадица. Дуе хӏалалаб букӏанилан нижецаги абулаан…
Дирги Мухӏамадилги тӏоцебе лъай ккаралдаса ана 40 сон. Гьале сверана 80 лъагӏел. Нижер букӏана берцинаб, лъикӏаб, щулияб, «бихьинаб» гьудуллъи. Дир рекӏелъги гӏадалъги свин гьечӏеб канлъи кьуна гьев Мухӏамадица дие. Гьеб гьудуллъиялъул нухазда нижеда дандчӏвана ва цадахъ ккана гӏемерал гӏадатиялги машгьуралги гӏадамал. Мухӏамад вукӏана гьезие киназего гӏажаибго хирияв, ракӏалъ восулев, мукӏурав, гьез кутакалда кӏодо гьавулев ва гьединаб хӏурматалъеги хъатиралъе-ги мустахӏикъав инсан. Кавказ ва улка жиндаса чӏухӏарав бахӏарчи. 20 гӏасруялда вахъинчӏо Дагъистаналда Танкаевасул даражаялда рагъулаб мазгьабалда ва аскариял гӏелмабазда жанив хӏалкӏварав инсан. Гьеб киналъулго хӏисабги гьабун, тӏубан магӏнаги бичӏчӏун, мустахӏикъаб къиматги кьун гъваридал тӏахьал хъван бажарулеб заман жеги бачӏине буго ва хъвазе хӏалкӏолел гӏадамалги жеги рукӏине руго. Жакъа нилъеда мухӏканго лъачӏого гӏоларо ва кӏочон тезе ихтиярги гьечӏеб жо ккола Танкаев Мухӏамад вукӏин Дагъистаналъул тарихалда бищунго гучал, бажарарал, лебалал церехъабазулги багьадурзабазулги чӏухӏараб ччотӏролъ хиси гьечӏеб, мустӏахъикъаб цо жинца хасаб бакӏ ккурав, амма жеги гьеб киналъего мустахӏикъаб къимат кьун нилъедаса бажаричӏев, бищунго тӏадегӏанаб даражаялъул инсан!
Мухӏамад Танкаев ракӏалде щун хъвазе жо дир гӏемер бугоан. Рукӏана кӏочонарел лъугьа-бахъинал, хутӏана цоцаде хъварал кагътал, руго чӏагоял пикраби.
Гӏемерал асарал тана гьес нахъе. Абун гьечӏищ: ракьулъ вукъунилан инсан холаро, халкъалда нур барал асарал тедал. Мухӏамадил гьеб рухӏияб ирс чӏаго гьаби, тӏатӏала руссун цӏи гьаби ккола нилъер бацӏцӏадаб налъи.
Хӏажи Хӏамзатов,
1999 сон