Лъим бухӏизабулел алатаздаса байбихьун самолетазде щвезегӏан
23 октябралда «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз сапар бухьун букӏана Гъизляралъул электромеханикияб (КЭМЗ) заводалде.
1984 соналдаса нахъе гьелъул генералияв директорлъун хӏалтӏулев вугев Шамил районалъул Мачӏадаса Ахӏматӏов Ибрагьимихъе, гьес нухмалъи гьабулеб заводалде щвезе ва гьенир хӏалтӏулел гӏадамазулгун лъай-хъвай гьаби букӏана нижер мурадги.
Гӏемераб бицунеб рагӏаниги, жеги гьениве щварав чи вукӏинчӏо дун. Улкаялъул промышленносталъе ва рагъулаб техникаялъе чара гьечӏого хӏажатал алатазде щвезегӏан гьениб гьабулареб къайи гьечӏин бицунеб рагӏулаан. Дицагойин абуни, Гъизляралъул заводалда хӏадур гьабураб цо алат хӏалтӏизабун батила гӏумруялда жаниб. Гьебги ккола лъим бухӏизабиялъе хӏалтӏизабулеб алат (кипятильник). Гьелъул кӏудияб квегӏенлъиги букӏунаан хасго цебе магӏарухъ. Чанго нухалда токалдаса бахъизе кӏочонги тун гьеб бухӏидал, эбелги ягъулаан. Доб мехалъ кколаан цо гуреб, квер бегьараб мехалъ ратизе, ящик цӏун ругеланищин гьелилан абун. Гьанже рихьана, ящик цӏун гурел, заводалъул тӏубараб цехго цӏурал.
Амма цин Ибрагьим Ахӏматӏовасулгун дандчӏваялъул бицинин.
Заводалъул бечелъи, гӏолохъанал махщелчагӏи ва КЭМЗалъул эксклюзив
Гьурмада гьимиялъул асаргун заводалъул азбаралде нижеда дандчӏвай гьабизе вачӏана Ибрагьим. Хъваш-башги гьабун, жиндирго машинаялдаги рекӏинарун, заводалъул цехал рихьизаризе рачана.
Тӏоцере ниж щвараб цехалда хӏалтӏуде машгъуллъун ругоан руччаби. Цо бакӏалда гъуни гьабун ругоан тӏадехун бицен гьабурал, лъим бухӏизабулел кипятильникал. Жеги гӏемер ругоан жеги рихьунго рукӏинчӏел тайпаялъул алаталги. Хӏалтӏухъабазе рорчӏамиги кьун, гьениб киса-кибего бер щвезабуна. Анцӏго батӏиял станокал, машинаби, компьютералъулаб система жаниб рекъезабурал кабинаби. Азарго батӏияб тӏагӏел.
Гьениб бихьанщиналъул хӏисаб гьабизе ниж регӏилалде, цогидаб цехалде рачана Ахӏматӏовас. Нусгогӏанасев чи гьенивги вукӏун ватила хӏалтӏилев. Амма гьоркьохъеб ригьалъул цониги чи гьезда гьоркьов гьечӏоан. Киналго рукӏана гӏолохъаби.
Гьаб бугин хас гьабун жеги лъеберилъе рахинчӏел гӏолохъанал махщелчагӏаздаса данде гьарурал хӏалтӏухъаби жанир хӏалтӏулеб цехин бицана Ибрагьимица. Гьез гьениб хӏадурулеб буго рагъулал самолетазе хӏажатаб къайи-цӏа.
Бицунеб жо гьоркьоса къотӏизе течӏого, кодобеги босун нижеда бихьизабуна цо квергӏанасеб алат. Самолеталдасан бомбаби рехулелъул, чара гьечӏого хӏажалъулеб алат кколин гьебин бичӏчӏизабуна заводалъул директорас. Жеги мухӏканго гьелъул хӏакъалъулъ бицине аскӏове ахӏана цо гӏолохъанчиги. Кинаб къагӏидаялъ гьеб алат хӏалтӏулебали, гьелъ тӏубазабулеб масъалаялъул рагӏа-ракьанде щвараб баян кьуна гьес. Цохӏо жидер заводалда гурони гьединал, тӏадегӏанаб кӏваралъул алатал хӏадуруларин чӏухӏигун тӏаде жубана Ибрагьимицаги.
Хадур щвана махх биунеб заводалде. Цо кӏудияб къотӏелалда жаниб лъим гӏадин речӏчӏулеб лъамалъи бихьизабуна Ибрагьимица. Къокъго бицани, гьениб биунеб буго махх. Хадуб гьеб унеб буго цогидаб къотӏелалъубе, гьелъул гьарулел руго алатал.
Ибрагьим Ахӏматӏовас гьениб бихьизабуна махх борлъулеб рочоххералда (сверло) релълъараб цо алатги. Чамалиго сантиметр биццалъи бугебги махх борлъун бажарулин гьелъухъайин бицана гьес. Гьебги кколеб буго цохӏо КЭМЗалда гурони хӏадур гьабулареб эксклюзивияб алат. Гьелда релълъарал жал чанги рихьизаруна нижеда гьеб къоялъ.
Гьебго цехалда бихьизабуна кӏудияб маххул листалдаса кескал гьарун алатал къотӏулеб машинаги. Лъицаниги квер хъвазе ккечӏого, компьютералъул кумекалдалъун хӏалтӏулеб гьеб машинаялъ, сурат бахъулеб кинигин, чанго бакӏалдаса лазералъ хӏуччалги цӏан, къотӏулел руго алатал.
Гьенисан щвана цогидаб цехалдеги. Гьенибги анцӏго батӏияб станокги, компьютералъул кумекалдалъун хӏалтӏулел машинабиги, хӏалтӏуде машгъуллъарал гӏадамалги. Бералдаги рихьичӏел, бицунелги рагӏичӏел алаталги. Гьитӏинал, кӏудиял, гургинал, ункъбокӏонал, чанго кьер батӏиял.
Гьаб кинабалиго рагъулаб машинаялъе чара гьечӏого къваригӏунеб сурсат бугилан бихьизабуна Ибрагьимица.
Иргадулаб цехалде щваралго цо станокалда нахъа йигей, гьоркьохъеб ригьалъул гӏаданалда аскӏове ана Ибрагьим. Жидер заводалъул цеетӏурай хӏалтӏухъан йигинги абун, лъай-хъвай гьабизеги тӏамуна. Гьей ятана Болъихъ районалъул Ансалтӏаса. Гьелъги бицана жийго заводаде хӏалтӏизе ячӏараб куцалъул ва гьелдаса разияй йикӏиналъул.
Самолеталъул фюзеляж,
кьоял ва аэропланал
Хадусеб нижер сапар букӏана рагъулал самолетазе хӏажатаб сурсат хӏадурулеб цехалде.
Бакъуда данде кенчӏоледухъ цӏвак-цӏвакизабун хӏадур гьабураб, цо халатккараб жоялде аскӏоре рачана заводалъул нухмалъулес. Гьеб рагъулаб самолеталъул фюзеляж кколин бичӏчӏизабуна Ибрагьимица. Магӏарул мацӏалде буссинабуни, гьеб буго самолеталъул кваркьиги, кваркьидул жанисеб рахъги, гьелъул гьакалги цоцалъ хурхинаризе, гьел лъабаздаго гьоркьоб букӏунеб жо. Гьелъул сурат бахъизе биччачӏо, щаялиги бичӏчӏун батила нужеда. Гьединал фюзеляжазул цо анцӏгониги жо бугоан гьенир кьерухъе лъун. Цӏакъ тӏадчӏун, гӏемераб заманги хвезабун хӏадурулин гьелин бицана Ибрагьимица.
Гьенисан рилълъана заводалъул 83-абилеб цехалде. Рикӏкӏадего рагӏулеб дваргъи-гӏанхъи бугоан гьенибги. Цо чанго чияс тӏаделъун бухулеб бугоан кӏудияб ва бакӏаб маххул къотӏел. Гьеб цехалда гьарулел ратана кьоял. Кӏудиял гурел, гӏисинал кьоял.
Исана байбихьанин жидеца гьел гьаризеян бицана цехалъул начальник Ахӏмад Магӏазовас.
— Оборонаялъул министерствоялъул заказалда рекъон, лъабго кьо хӏадурулеб буго гьабсагӏаталда. Гьелдаса цебе нижеца гьабун букӏана гӏоразда, лъаразда тӏасан заманаялъ лъолеб кьоги. Мисалалъе, кибниги кьодуе жагъаллъи ккун бугони, гьеб къачӏалебгӏан заманалда хӏалтӏизабизе бегьулеб кьо ккола гьеб. Аслияб кьо къачӏан лъугӏидал, бакӏарун нахъеги босизе бегьула гьеб, — илан бицана Ахӏмадица.
Гьедин хӏадур гьабураб кьо лъун бугоан киназдаго бихьулеб бакӏалдаги. Гьебги нижеда бихьана КЭМЗалда хӏадур гьарурал самолетазухъ балагьизе унаго.
Хӏатталдаса араб гӏатӏилъиялъул цехалда жаниб батана хъахӏилаб кьералъул самолет. Хал-шал гьабидал, цебе магӏарухъе-нахъе боржунеб букӏараб, «Кукурузник» абун цӏар щвараб, АН-2 самолёт. Гьениса къватӏире лъугьиндал, рагьараб зодикь эхетун букӏана жеги кӏигоги.
Амма нижер аслияб кӏвар буссинабуна заводалъ хӏадур гьабураб, МАИ-411 тайпаялъул гьитӏинабго самолеталде. Ункъо чи рекӏине бегьула гьелда жанив.
Редакциялъул хӏалтӏухъабазул киназулго бер бухьанин абизе бегьула КЭМЗалъул аэропланалъ. Гьелда сверухъ чӏун суратал рахъана, жанир рекӏана. Бачине рес букӏарабани, гьебсагӏатго магӏарухъе роржинеги лъилниги инкар букӏинчӏо. Гьениб лъай-хъвай ккана летчик Муслимилгунги.
1974 соналъ гьабунин жинца тӏоцебесеб рорженин бицана гьес. МАИ-411 самолеталда рекӏун лъабго соналъ цеве Москваялдеги воржун вуго гьев. Гьанже магӏарухъеги роржен гьабизе ракӏалда бугоан гьесда.
— Шамил районалъул Мачӏада, ралъдал гьумералдаса 2200 метр борхалъуда бугеб магӏарда, нижеца хасаб майдан хӏадур гьабун буго самолет рещтӏине. Хӏажалъи яги гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалде ккани, ралъдада тӏадги рещтӏине бажарула гьелъухъа. Аслияб къагӏидаялъ гьеб буго туристал рекӏине, ишалъулал сапарал гьаризе цӏакъ квегӏенаб самолет, — илан бицана летчикас.
Рамазан Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъун вугеб мехалдаго бицен букӏана советияб заманалдаго гӏадин магӏарухъе гьарулел рорженал цӏи гьаризе ругин. Дур хӏисабалда, щай гьеб суал рагӏалде бахъунарого бугебилан гьикъана нижеца Муслимида.
— Рорженал гьари буго цӏакъ дотациял хӏажатаб бакӏ. Советияб заманалда гьелъие гӏарац биччалаан, гьанже гьеб гьечӏо. Самолетазул белтил багьа хираго буго. Гьабсагӏат цӏикӏкӏун дотациял кьолел руго Россиялъул севералъул регионазде, — ян бицана гьес.
МАИ-411 самолёт жидер чӏухӏи кколин бицана заводалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Асият Гӏабдулатӏиповалъги. КЭМЗалъул цӏияб проект хӏисабалда, Гъизляралда хӏадур гьабураб самолет гӏахьаллъун буго Москваялда щибаб соналъ тӏобитӏулеб «МАКС» авиа-салоналдаги.
Жакъа Гъизляралъул заводалда буго 20 батӏияб цех, Москваялда ва Каспийскиялда ругел филиалазда хӏалтӏулев вуго кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун чи. Буго жидерго кинотеатр, профилакторий, лъималазе бараб парк. Шагьаралда гьекъезе бегьулеб даражаялъул лъим гьечӏолъиги хӏисабалде босун, заводалъ къватӏибе биччалеб буго жидецаго хӏадур гьабураб лъимги. Гьеб баянги нижее кьуна Асият Гӏабдулатӏиповалъ. Къадекванида нахъа гьеб лъелги хӏалбихьана нижеца.
Гьедин ахиралде щвана Гъизляралде гьабураб нижер сапар. Бихьанщиналъ асирги гьарун, Ибрагьим Ахӏматӏовас гьабураб гьоболлъиялъ рекӏелъ хинаб асарги бижизабун къо-лъикӏ гьабуна гучаб заводалъулгун. Гьелъул къебелъухъ бухулеб квартӏил гьаракь дунялалдаго рагӏизеги батила.