28 октябралда ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов щвана «Алмахъалде» — туризмалъулгун сах гьариялъул комплексалде.
Гьенир данделъун рукӏана хӏукуматалъул хъулухъчагӏиги, туризм цебетӏеялъе хӏалтӏи гьабулел гӏадамалги, бизнесменалги.
Гьениб гьоркьоб лъураб аслияб суал букӏана хас гьабун Алмахъ къварилъухъ туризм цебетӏезабиялъул бицараб.
Алмахъ росдал цӏар бахъидал, цебе бачӏуна гьениб бугеб ритӏучӏазул фермаги. Тӏанкӏахарал ритӏучӏал гьенире 1974 соналдаго рачӏун рукӏана. Гьабсагӏаталда гьениб буго 1400 ритӏучӏ. Тӏадеялдаса-тӏаде цӏикӏкӏунел руго гьезул гьанги лълъурдулги росулел чагӏи. Гьел лълъурдул дарудай хӏалтӏизарула.
Палхӏасил, ритӏучӏал гурелги, даруял хурдулги ва бихьизе бокьулеб тӏабигӏатги буго Алмахъалда сверухъ. Гьелъ туристалги рачӏине лъугьун руго гьенире, хасго ахираб заманалда. Гьединлъидал къваригӏун буго гьенир сверухъ нухалги, рукӏа-рахъиналъе санагӏатал шартӏалги чӏезаризе.
Масала, транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министр Ширухан Хӏажимурадовас бицана лъагӏалил ахиралде лъугӏизе бугин Дилималдаса Буртунаялде унеб нухлул анлъго километралъул манзилалда хъил тӏун. Гьединго Буртунаялдаса Алмахъалде унеб нухда чабах бан лъугӏизабизе бугила тӏадеялъул.
Гьениб лъикӏаб кӏалъай гьабуна БИСОМалъул (Бизнес-сообщество Махачкалы) нухмалъулев Гӏабдула Пахрудиновасги.
Нахъисеб къоялъ нижергун ккараб гара-чӏвариялда гьес бицана жидеца кӏицӏулниги тӏобитӏанин гьеб ракьалда предпринимателазул форум. Гьелдаса хадуб ДРялъул цеве вукӏарав нухмалъулев Владимир Васильевасде Гӏабдулаца хитӏаб гьабун букӏана Швейцариялдаса нахъе ккечӏеб тӏабигӏат бугеб Алмахъалда туризм цебетӏезабиялде кӏвар кьезе ккелин абун.
— Гьелдаса хадуб дун жиндихъего ахӏана хӏукуматалъул нухмалъулев Артём Здуновас ва абуна живги щванила гьениве, жиндие асарги гьабунила гьеб бакӏалъ. Гьединлъидал Алмахъалда хӏукуматалъул данделъи тӏобитӏизе рагӏиги кьун букӏана. Амма гьелдасаги гӏезегӏан заман ана. Бицахъе хабарги хутӏана. Хадуб цо видеоконференц-бухьеналъул заманалда ракӏалде щвезабуна дица Здуновасда Алмахъалъул хабар. Гьеб мехалда анкьидасан рилълъине ракӏалде ккана гьесда. Амма битӏун анкьидасан хисана республикаялъул бетӏер. Гьанжеги жо ккечӏин вукӏаго, Артем Алексеевичас ахӏун бачӏана. Гьес бицана жинца Меликовасда бицанин Алмахъалде ине хӏисабалде босараб сапаралъул хӏакъалъулъ. Гьевги кутакалда разилъанила. Гьедин битӏа-бишун кканаха гьелъул иш.
Дица Меликовасдаги абуна, рачӏайин нилъеца туризм цебетӏеялъе бугеб-гьечӏеб къуват Алмахъалде рехизе, цинги гьениб щвараб хӏалбихьи цогидал районаздаги хӏалтӏизабилин. Гьевги разилъана.
Гьабсагӏаталда киназулго кӏалдиб буго Сарихум. Гьенисан унел руго Сулахъалъул къварилъи бихьизе. Гъорасанги щолел руго «Главрыбаялде» — форель гӏезабулеб магӏишаталде. Гьедин къасиялдехун туристал Махӏачхъалаялде рачине кколел руго аскӏоса гӏебеде гостиницаби гьечӏолъиялъ. Дир хӏисабалда, Махӏачхъалалде рачине кколаро гьел. Бахъе «Главрыбаялдаса» Дилималде 19 километралъул нухги, раче гьениреги. Гьениб хъил тӏуни, Алмахъалде щвезе бигьалъула. Нижеца туристазе дора гостиницабиги рала. Гьеб мехалда рачӏунел чагӏи гӏемерлъула. Дица Меликовасда абуна нужеца ракьул суал цойиде ккезабуни, нижеца доба кватӏичӏого ресторанги гьалбадерил рукъги балин, — абун бицана «Хӏакъикъаталъе» Гӏабдула Пахрудиновас, Алмахъалда тӏобитӏараб данделъиялъул хӏакъалъулъ.
Казбек районалда гуребги, туризм цебетӏезабизе республикаялъул цогидал районаздаги къваригӏун бугин бицана данделъиялда.
Сергей Меликовасда лъикӏаблъун бихьулеб буго 2025 соналде щвезегӏан Дагъистан цебетӏезабиялъул Концепция хӏадури. Гьелъул презентация исана лъагӏалил ахиралда гьабизе хӏукму гьабуна. Концепциялда аслияб бакӏги туризмалъ кквезе буго.
Амма квегӏенал нухаздаги, отелаздаги, рукӏа-рахъиналъул шартӏаздаги цадахъго, туристалгун хӏалтӏулел, хасаб лъай бугел чагӏиги къваригӏуна. Гьединал гӏолилал стажировкаялъ Испаниялде, Болгариялде, Турциялде ритӏун ругин бицана Меликовасда Россиялъул туризмалъулгун сервисалъул университеталъул Махӏачхъалаялда бугеб филиалалъул директор Зульмира Ханбабаевалъ.
Пандемиялъул заманалда хӏалтӏулел бакӏалги рукӏинчӏого, санаториял-курортазеги зарал ккана. Гьеб рахъалъ пачалихъалъул кумек къваригӏун руго гьединал бакӏазул бетӏергьаби.
Гьединго бизнесменазда дандчӏвалеб цоги суалги буго. Иргадулаб база, санаторий, яги гостиница базеян лъугьани, ракь сабаблъун дагӏба байбихьула. Гьел киналго суалал цойиде рачине хӏукму ккана хӏукуматалъулги бизнесалъулги вакилзабазул.