Доб заман ракӏалде щведал, гьанжеги сири балеб бугоан Аминатил черхалда. Унтулел-холел гӏадамалги, хвалил кьер чӏвараб сверухълъиги, сихӏкъотӏун гӏенеккун чӏараб тӏабигӏатги. «Багӏараб зонаялда» хӏалтӏизе ккечӏониги, гьелдаги цӏакъ хехго бичӏчӏана цӏар лъезе лъалареб унтуца гьабулеб бугеб гьужумалъ чангиясул гӏумру лъукъизе букӏин.

Лъукъунгӏаги толеб букӏарабани гьеб – тӏутӏун балеб букӏана нухда бата-батараб, цӏарал, ригь, хъулухъ цӏехечӏого. Хвалие ургъел букӏинчӏо гӏумруялъул сариназул, гьелъул хӏалхьолароан, гӏадамазул угьи-зигара рагӏичӏого. Телевизоралдасан кьолел цӏиял харбазухъ гӏенеккизе кӏолеб букӏинчӏо халкъалда — цӏоб гьечӏеб унтул кверщаликье ккараб загӏиплъараб гӏумруялъул гӏажизлъиялда цадахъ гӏодун свакан букӏана халкъ. Дунялалъул киналго пачалихъазда щущазегицин къуват гӏуна гьелъул. Гьеб унтуца жидеда малъ бан ругел бичӏчӏичӏел ва лъаларел унтаралги къойил рачӏунаан Аминат Гӏабдулмажидова хӏалтӏулей йигел Махӏачхъалаялъул №№ 3 ва 5 поликлиникабазде.

Гӏажизлъараб гӏумру,

свакараб магӏу

— Жегиги бетахъе хутӏун буго дол лахӏзатазул магӏу дир бадиб. Къойил рачӏунел рукӏана нижехъе унтарал. Лъалеб, бичӏчӏулеб букӏинчӏо щиб унти гьебали. Байбихьуда гриппилан тараб гьелъ дагьаб заманалдасан цӏакъго кутак гьабуна. Унтаралги тохтурзабиги – киналго рихха-хочун рукӏана. Ва цо заманалдасан рагӏана коронавирусилан абураб унти Китаялда батун рагӏулилан. Вас-васдизе лъугьана нижги – цощинабин абураб хӏинкъиги рещтӏунеб букӏана рекӏелъе. Амма ракӏалдецин ккезе тезе бокьун букӏинчӏо гьеб нилъехъеги бачӏинин абун. Ва гьале дагьаб заман ана гьоркьоб – гьелъ байбихьана Россиялде гьужум гьабизе. Гьедин букӏаниги божизе бокьулеб букӏинчӏо гьелъ Дагъистаналдеги ишан босилин абун. Кватӏичӏо гьеб нилъехъе бачӏинеги. Гьелъул ругьел щведал, рукӏкӏана дунял, лъалеб букӏана ахӏичӏого бачӏараб гьеб «гьобол» нахъе хехго ине гьечӏеблъи. Дун хӏалтӏулей йигел поликлиникабазда рагьана хасал кабинетал, температурагун ва гьеб унтул цогидал гӏаламаталгун рачӏарал унтарал къабул гьаризе. Гьелин абуни, къоялдаса къоялде гӏемерлъулел рукӏана. Цо гьадинаб хӏужаги унеб гьечӏо цебесаго:

— Цо къоялъ вачӏана бадире ралагьизе барахщараб берцинлъиялъул гӏолохъанчи. Бихьулеб букӏана унтуца гьесиеги «салам» кьун букӏин. Ракӏалдецин ккелароан, гьединаб гьайбатлъиялдаги гурхӏичӏого, хвелалъ гӏумру бас-басун балилан. Кӏиго-лъабго нухалда вачӏана гьев нижехъе. «Виун» унев вугев гьесухъги ялагьун, ракӏги букӏана дир бихъ-бихъун унеб. Ана гьевги вачун больницаяде. Зама-заманалдасан кӏалъалаан дун, гьесул ахӏвал-хӏалги цӏехон, гьев вегун вукӏараб республикаялъул киникияб (Централияб больница) больницаялде. Гьесул мадар бугилан абидал, йохулаан. Васасде гӏадаб рокьи бижун букӏана дир гьесде. Цӏакъ бокьун букӏана гьесухъе тӏад руссине гӏумруялъул талихӏал лахӏзатал. Амма бечӏараб гӏумруялда цӏилъи чӏвачӏо – дихъе щвана гьесул гӏумруги хвелалъ даимлъиялде битӏанин абураб ругьел. Гӏодана дун гьесда хадуй гӏорцӏизегӏан. Кигӏан хӏаракат бахъаниги, чӏолеб букӏинчӏо магӏу. Свакан — баскан букӏана гьеб. Букӏаниги, гьелъул чвахи чӏолеб букӏинчӏо. Гьединаб магӏил къадар, цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулеб букӏинчӏо,- ян ракӏалде щвезаруна тӏадегӏанаб категориялъул тохтур-ревматолог Аминат Гӏабдулмажидовалъ дол лахӏзатал.

Дие гьеб хабар бицунелъулги, гьелъул рахӏатхвей хӏалуцунеб букӏана. Бихьулеб букӏана жеги гьей дозухъ, согӏаб унтиялъ хвалил рагӏдукье хъамун аразул гӏумруялъухъ инагьдилей йикӏин.

Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин…

Гьеб заманалда жиндирго унтаразул гьабураб адабалъухъги бихьизабураб къохӏехьеялъухъги Аминатги мустахӏикълъана «Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе. Гьелда шапакъат баркизе дун щвана гьей хӏалтӏулей йигеб «Медианс» медицинаялъул централде.

Дунги гӏурабго мехалда чӏезе ккана Аминатихъе ине иргаялда. Гьелъухъ рачӏарал унтаразул къадарги цӏикӏкӏараб бугоан гьенибги. Унтараз цӏехолей тохтур – гьелдаса кӏудияб шапакъат кинабха букӏине бокьарав тохтурасе. Киназего бицине берцинаб рагӏиги батулеб бугоан гьелда. Коронавирусалъул бицунелъулги, жиндирго унтаразулги бицен ккезабулеб букӏана гьелъ.

— Гьабсагӏаталдаги ургъел букӏуна дие рищалаби унтаразул. Щайгурелъул гьезие хӏинкъи цӏикӏкӏараб буго гьаб унтиялъул. Гьединлъидал социалиял гьиназдасан малъа-хъваялги гьарула дица гьезие. Дица хӏаракат бахъула къойил цӏияб жо лъазе. Тохтур даим цӏалделевлъидалха вукӏине кколев. Лъара-лъараб дица унтаразеги бицуна, — ян абуна гьелъ.

Унтиялъулги бицун, дицаго пашман гьаюрай Аминатихъе цӏидасанги гьими тӏад буссинабизе бокьарай дица лъималазул, хъизан-рукъалъул цӏехана гьелда.

Дида щаялиго кколаан гӏицӏго творческиял гӏадамазул гурони рукӏунарилан берцинал пикрабийилан. Амма дунго мекъи йигеблъи бичӏчӏана дида, тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъвазе лъугьиндал. Гьездаса дие щванщинал дарсал, цоялдаса цоял цӏакъал, тӏокӏал.

Кьуна дие гьел Аминатицаги. Цӏакъго рекӏелъе бортараблъун хутӏана дие гьелъул гьаб хадусеб каламги:

— Гӏолохъанлъиялда нилъеда лъималазул гьаракь рагӏулеб гьечӏони, херлъараб мехалда гьезда нилъер гьаракьги рагӏуларо.

Аминатида аскӏоса индалги, гьел рагӏабазул пикру гӏемер гьабуна дица. Гьедин гьелъ абуна, лъималазул бицунелъул.

— Дие бокьун букӏана цохӏо вугев васги тохтурлъун вахъине. Дица гьев цеве чӏезавулаан, хъахӏаб халгӏатги ретӏун. Амма дида кӏвана васасул гьаракьалъухъ гӏенеккизе. Гьес тӏаса бищана юристасул махщел. Жиндирго махщалидаса ракӏ регьун, талихӏалъ кенчӏолел гьесул берал рихьидал, бичӏчӏана васасул гьаракь дида заманалда рагӏун букӏин. Аминатил йиго кӏиго ясги. Кӏиялъго тӏаса бищана тохтурлъи.

— Гьитӏинай ясалъ тӏоцебе лъугӏизабуна медучилище. Дица гьелда абуна гьеб гӏелин гьанже дуейилан. Цӏалдезе захӏмалъизеги бугин дуе, хӏалтӏизе лъугьайилан абун. Ясалъ дида абуна: «Эбел, дица бигьаяб нух тӏаса бищулеб гьечӏо. Биччанте захӏмалъизе. Дида лъала дицаго бищараб махщалил багьаги. Гьедин гурищ малъараб дуца дида, — ян гьелъ жаваб кьедал, жий йохараб куцилан абуан Аминатица.

— Дир гӏумруялъулги махщалилги магӏна – гӏадамазе талихӏ ва лъикӏлъи бикьи. Гьелъго батила инсанасул гӏумруги берцин гьабулеб – лъикӏал къасдазги гьединалго ишазги.

Дир кумекалдалъун цохӏогӏаги унтарасда талихӏ батун батани – гьеле диеги талихӏ. Битӏараб буго – чӏужугӏаданалъе талихӏ хъизан-рукъалъулъ буго. Амма гьелда дагьабги нур базабула цогидазе дуца гьабулеб лъикӏлъиялъ. Дица дирго гӏумруги гӏадада инчӏилан тела, дир хъизамалъул талихӏалда хьолбохъ гьединаб талихӏги рещтӏун батани,- ян тӏадеги жубана Аминатица.

Гьуинаб тӏагӏамалъул

талихӏалъул гьаракь

Рорхатал мугӏрузда гӏурай Аминатил гӏамалги гьединабго борхалъиялда буго. Бугониги, батӏияб тӏагӏам букӏуна мугӏрул руччабазул талихӏалда. Гьелъул гьуинлъиялъ жиндирго хасал расеналги угьун рукӏуна магӏарулалъул гӏумруялда. Гьеб талихӏалъул гьаркьихъе кьурдула къисматги, гогьдарула гӏумруги. Гьеле гьединаб буго Аминат Гӏабдулмажидовалъул талихӏалъул магӏнаги. Бокьулебцин букӏинчӏо гьелда аскӏоса нахъе ине. Амма Аминатихъ ралагьун чӏун унтарал рукӏана.

Киналха рукӏарал Аминатие гьеб талихӏалде гьей ячунел нухал

Гьаюна Аминат Бежтӏа росулъ. Гьитӏинго рекӏелъ тӏирщараб тохтурлъун яхъине йигеб анищ соналдаса соналде тӏегьалеб букӏана. Лъугӏана гӏолилалъул школа. Ва 1990 соналда цӏализе лъугьана Ростовалъул мединституталде. Тӏоцебесеб курс лъугӏидал, тӏад юссана Дагъистаналде. Лъугӏизабуна Дагъистаналъул мединститут. Ва гьелдаса нахъе хӏалтӏулей йиго тохтур-ревматологлъун. Ва къойил — унтаразул ургъалида… Гьез берцинги гьабун буго Аминат Гӏабдулмажидовалъул къисмат.