Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас бицана жидер рай-
оналда бищун къадруял директорзабазул цояв кколин Гьентӏа росдал
школалъул директор Мухӏамад Мухӏамадов (Ахӏматӏиласул Мухӏамад).
— Ноябралъул авалалда Мухӏамад гьавуралдаса 80 сон сверула. Нилъер миллияб «Хӏакъикъат» газеталдасанги бегьилаан берцинаб гӏамал-хасияталъул инсанасда, учительзабазулги учителасда юбилейги баркизе, гьесул хӏакъалъулъ цо чанго рагӏиги абизе, — ян кӏалъана М. Хӏасанов.
Районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Ибрагьим Хӏаживасги бицана гьадин: «Мухӏамад ккола нижер гӏакълучи, кумекчи ва насихӏатчи. Жакъа районалда гьесдаса лъикӏав школалъул директор гьечӏин абуни, мекъиги ккеларо. Нижер управлениялъул коллективалъги баркула Мухӏамад Гулаевичасда 80 сон тӏубаялъул юбилей, гьарула гьесие щулияб сахлъи», — ян.
Мухӏамад гьавуна 1940 соналъул кӏиабилеб ноябралда учителасул хъизамалда. Гьесул эмен Ахӏматӏил Мухӏамад вукӏана росдал байбихьул школалъул заведующий. Росуцояз жакъаги бицуна гьесул гӏаданлъиялъул ва лъикӏлъиялъул хӏакъалъулъ. Амма гьев магӏаруласул гӏумру гӏолохъанго гьоркьоб къотӏизабуна. Нахъасан мацӏги гьабун, 1941 соналда гьев жанив тӏамуна ва туснахъалда хвана. Хадуб лъана гьесда щибго гӏайиб букӏинчӏеблъи ва судалъ ритӏухъги гьавуна.
Дол къваридал соназда, эмен гьечӏониги, кӏудадаби Ахӏмадица ва Магьдилас Мухӏамадида я чадикълъи, ялъуни ратӏликълъи бихьизе течӏо.
Гьес тӏаса бищана инсулго нух, цӏалана учителасул махщалие ва гӏумруялъго хӏалтӏана росдал школалда.
Кидаго къамартӏав, гӏадамалъ гьуинав ва рекӏелъ восулев Мухӏамадил хӏисаб гьабидал, дида ккола гьесул сипаталъ ва гӏамалалъ, цӏалдохъабазе гуребги, гьезул улбузеги тарбия кьолин.
Жиндирго дарсал Мухӏамадица лъазаруна рагьараллъун. Гьединлъидал, дарсал кьезе бугеб махщалил хӏалбихьи лъазабизе гьесул дарсазде рачӏуна мадугьалихъ ругел росабазул школазул учительзабиги.
Мухӏамадовас 1960 соналда лъугӏизабуна Аварпедучилище. Гьебго соналъ вачӏана гӏагараб росдал школалде хӏалтӏизеги. 1972 соналда, заочно цӏалун, лъугӏизабуна ДГПИялъул географиялъул факультет. Ичӏго соналъ хӏалтӏана школалъул директорасул заместительлъун, 1984 соналдаса нахъе — школалъул директорлъун. Мухӏамад вуго унго-унгояв гӏуцӏарухъан ва магӏишатияв нухмалъулев, гъваридаб лъаялъул ва камилаб махщалил специалист. Гьев рикӏкӏуна бищун лъикӏал учительзабазул цоявлъунги. Гьелъие нугӏлъи гьабула районалда тӏоритӏулел олимпиадабазда гьесул цӏалдохъабаз кидаго цересел бакӏал кколел рукӏиналъги. Гьединго гьесул цӏалдохъабаз призалъулал бакӏал росула республикаялъул олимпиадабаздаги. Масала, 2011 ва 2012 соназда 10 классалъул цӏалдохъан Мухӏамадов Хӏажица росана кӏиабилел бакӏал, гьебго соналъ 9 классалъул цӏалдохъан Магӏазов Магӏазица ккуна лъабабилеб бакӏ, 10 классалъул цӏалдохъан Мухӏамадов Гӏабдулмуслимица – лъабабилеб бакӏ, 11 классалъул цӏалдохъан Абакаров Хӏажица – кӏиабилеб бакӏ ва 11 классалъул цӏалдохъан Хадижалов Хӏажица – лъабабилеб бакӏ.
Директорлъи гьабулел соназда Мухӏамадовас кьучӏдасанго хисизабуна школалъул сипат-сурат. Школалъул минаялда тӏад бана кӏиабилеб тӏала, къватӏисанги жанисанги къачӏана, дарсал кьолеб къагӏида кабинетазулаб системаялде сверизабуна ва школа цо сменаялъ хӏалтӏулеб низамалде бачана. Гьес гӏуцӏана цоцалъ гъункараб ва бокьараб масъала тӏубазабун бажарулеб педколлектив, чӏезаруна учителасул хӏалтӏуе шартӏал ва школалда лъугьинабуна творческияб ахӏвал-хӏал. Бана спортзал ва хъил тӏураб спорталъул майдан. Гӏураб къадаралда чӏезаруна компьютерал ва дарсазе хӏажатал цогидалги алатал.
Гьесул бажари-жигаралдалъун бана ва жакъаги хӏалтӏулеб буго 215 цӏалдохъанасе бакӏги бугеб типалъулаб школа ва гӏатӏидаб спортзал.
Учительзабигун цадахъ лъугьун гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда, директорас школа бачана районалда бищунго лъикӏал школазул мухъилъе. 1998, 1999, 2002 соназда школалъе щвана «Лъагӏалил школа» абураб тӏадегӏанаб цӏар, 1998 соналда мустахӏикълъана президентасул гранталъе ва школалъе щвана миллион гъурущ.
Директорасда лъала щивав учителасул ва цӏалдохъанасул рекӏелъе нух батизе. Къваригӏараб лахӏзаталда гьес гьабула тохлъи биччарав учительги, гӏадлу-низам хвезабурав цӏалдохъанги тӏад ургъизе тӏамулеб калам. Барахщуларо мустахӏикъасе гьабулеб реццалда.
Районалде рачӏарал Лъай кьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъаби гӏемерисеб мехалда рачуна Гьентӏа росдал школалде ва гьениса нахъеги уна коллективалъул хӏалтӏудаса разиго. Гьединго, директорасул ва учительзабазул хӏалтӏул хӏалбихьи лъазабизе ва гьез дарсал кьолеб къагӏида бихьизе рачӏуна районалъул росабазул учительзабиги. Гьайгьай, гьеб кинабго ккола директорасул бажари ва кӏвахӏ тун, гӏетӏ тӏун, щибаб къойил хӏалтӏул лъикӏаб хӏасил.
Мухӏамад вуго хъизамалъул мисалияв бетӏер, гьесул буго гьайбатаб, захӏмат бокьулеб, цоцалъ рекъараб ва талихӏаб хъизан. Лъимал — Мухӏамад, Патӏимат ва Зайнаб руго тӏадегӏанаб лъаялъул, жамагӏаталъе пайдаял, чӏахӏиязул хӏурмат цӏунарал чагӏи.
Мухӏамад Мухӏамадовасул ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе, гӏуцӏарухъанлъиялъул гьунаралъе ва ишалдехун бугеб творческияб бербалагьиялъе хӏукуматалъ тӏадегӏанаб къиматги кьуна. Гьев мустахӏикълъана СССРалъул краеведениялъул отличник (1984), ДАССРалъул халкъияб просвещениялъул отличник (1978), ДРялъул мустахӏикъав учитель (1996), Лъагӏалил директор (1999), РФялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан абурал цӏаразегун шапакъатазе. Гьединго Мухӏамадие щвана республикаялъул ва районалъул даражаялъул гӏемерал Хӏурматалъул грамотаби.
Щибаб росдал вукӏуна жиндирго цевехъен, щаклъи кколареб къадруялъул жамагӏатчи. Мухӏамад ккола гьединаб къадруялъул, камилаб гӏакълуялъул ва гӏадлуялъул инсан, ай гьидерицаго къимат гьабулев мустахӏикъав магӏарулав. Гьев жигаралда гӏахьаллъула росуцоязул рохалил тадбиразда, гьединго хӏадур вукӏуна хӏажалъи ккарасе кумекалъе вахъине.
Жамагӏаталда гьоркьоб Мухӏамадил бугеб къадру бихьун, гьев ахӏула дагӏба-рагӏи ругезда гьоркьоб рекъел гьабизеги, рос-лъади рекъезаризеги. Мухӏамадица, ясбер гӏадин, цӏунун буго гьобол къабул гьавиялъул умумузул гӏадатги.
Ахӏматӏиласул Мухӏамадил гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб махщелги, халкъалда гьоркьоб гьесул бугеб къадруги бихьун, районалъул тӏалъиялъ гьесда чанго нухалъ гьарана колхозалъул яги советалъул председательлъи гьабеян. Амма гьес тӏаса бищана учителасул хӏалтӏи.
Гьеб хӏалтӏул бицунаго, Мухӏамадица абуна: «Жакъа хӏукуматалъ, харжалъул ва коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гӏарцул рахъалъ учитель цӏакъ къварид гьавулев вуго. Гьеб киназдаго лъалеб жоги буго. Гьединлъидал цоги бакӏазда цӏалун бажаруларев чи гурони учительлъун цӏализе унев гьечӏо. «Цӏалун» рахъунел гӏолохъанал учительзабазул лъайги буго бицинего нечараб даражаялда. Кинаб лъайги тарбияги гьез лъималазе кьелеб? Чара гьечӏеблъун ккола, хӏукуматалъул тӏалъиялъул даражаялда учителасул къадру борхизаби. Гурони, хӏинкъи буго Россия дунялалъул цивилизациялъул рачӏчӏалда хутӏизе букӏиналда», — ян.
Хӏурматияв Мухӏамад Гулаевич, росдал школалъул учительзабазда, цӏалдохъабазда ва тӏолабго жамагӏаталда цадахъ нижецаги баркула дуда юбилей. Гьарула сахлъи, талихӏ, парахалъи, халатаб гӏумру.