Росдал магӏишат, хасго гӏи-боцӏухъанлъи, хурухъанлъи, ахихъанлъи,
цӏолбохъанлъи буго нилъее хасиятаб хӏалтӏи. Гьелдаго цадахъ
буго найихъанлъиги.
Гьеб бутӏаялъул хӏакъалъулъ нижее бицинеги,
дандчӏвалел ругел гӏунгутӏабазул рехсезеги гьал къоязда редакциял-
де вачӏун вукӏана найихъан Варис Чураев. Гьес лъугӏизабуна росдал
магӏишаталъул институталъул ветеринарияб факультет, Рязаналда бу-
геб найихъанлъиялъул академия.
— Варис, нилъеда лъала тӏабигӏаталда щибго жо гӏадада бижараб гьечӏеблъи. Масала, наяз кинаб бакӏха гьениб кколеб?
— Баянаб жо буго, кинабго гъветӏ-хералъе къваригӏуна тӏогьолъ хьонтӏи лъугьинаби (опыление). Гьелъие буго кӏиго аслияб къагӏидаги – гьуриялъул ва рухӏчӏаголъабазул кумекалдалъун. Гьединазда гьоркьоб аслияб бакӏ ккола наяз, гьез хьонтӏи лъугьинабула гъветӏ-хералъул 70-80 проценталда.
Гьелъул хӏасилалда тӏогьое (гӏурччинлъиялъе) щола хьон ва гьебго заманалда тӏогьодаса наязеги щола гьезул гӏумруялъе чара гьечӏого хӏажалъулеб белок гьоркьоб бугеб квен. Гьединлъидал наял гьечӏони гьечӏо гъветӏ-херги.
— Гьава-бакъалъул, тӏабигӏаталъул рахъалъ наязе кинаб бакӏлъун рикӏкӏунеб Дагъистан?
Гьури камураб мех гӏемер букӏунарелъул нилъер гьаниб, гьелъ гьабуларищ квалквал?
— Рии багӏарараб, цӏадал рай дагьаб, риччел мукъсанаб букӏиналъ, нилъер гьанир ругел шартӏал гьелъие цӏикӏкӏун данде кколеб хӏисабалъул гьечӏо. Мисалалъе, Россиялъул гьоркьохъеб полосаялда цо найил тӏалаялъ, гьоркьохъеб хӏисабалда, кьолеб батани гьацӏул 50-60 кило, гочинарун наял хьихьулев найихъанасе нилъер гьаниб щола 13-15 кило. Амма наял гӏезариялъе их цудунго, хасел кватӏун щолеб букӏиналъ, нилъер гьанир руго цӏакъго лъикӏал, рекъарал ресал. Секундалда жаниб 5-7 метр хехлъиялда бахъунеб гьороца толаро наял берцинго хӏалтӏизе. Гьелъ бахъула гьадинги дагьаб риччел, бакъбаккул рахъалдасан пулеб, ралъдада тӏасан бачӏунеб гьороца цадахъ цӏала цӏамул махӏ, гьебги буго сундуего (наязул хӏалтӏуеги) заралияб хӏужа.
— Ахираб заманалда гӏемер бицуна цӏакъго гӏемераб най холеб букӏиналъул. Битӏараб бугищ гьеб, батани, щиб гьелъие гӏилла?
— Наязул гӏезегӏан руго заралиял, захӏматал унтаби. Гьезда гьоркьоб бищунго захӏматаблъун рикӏкӏуна варроа (хъанхърабазул тухумалъул клещ-хӏапара). Араб гӏасруялъул 80-абилел соназдаго нилъер гьанибе щвараб гьеб соналдаса соналде цӏикӏкӏун гурони дагьлъулеб гьечӏо. Гьелде данде нилъер гьаниб 20 соналъ хӏалтӏизарулел руго цого-цо дараби. Найихъабазул лъикӏаб гӏуцӏи гьечӏолъиялда бан, ругел дараби киназго хӏалтӏизарулел гьечӏо цадахъ рекъон, чӏезабураб заманалда (гьоцӏо бакӏаризе байбихьилалде (ихдал) ва бакӏарун лъугӏараб заманалда (хасало)), цо низамалда. Тӏаде балагьун бихьизе кӏоларо клещ (гьеб чӏола найил чехьалда гъоркь бахчун). Гьединлъидал цо-цо найихъаби чӏола жидер наял унтун гьечӏин абун ва даруги гьабуларо.
Кӏиабизе, нилъер республикаялда гьеб ишалъул хӏалтӏи тӏаде кколел пачалихъиял идарабазда гьечӏо наязда сверухъ ветеринарияб хӏалтӏи цойиде бачунев, гьеб рекъезабулев ветеринар — профессионал.
Лъабабизе, дир хӏисабалда, Дагъистаналда буго гӏага-шагарго 120-140 азаргогӏанасеб найил тӏала. Риидал букӏуна гьеб къадар, хасало хола гьезул 20-25 процент. Гьебго заманалда Гьоркьохъеб Азиялдаса лъагӏалие Дагъистаналде босун бачӏуна 15 азаргогӏанасеб тӏала. Гьезул гӏемерисел рукӏуна доб варроа клещалъ унтарал (загьирго гьеб лъачӏониги), гьеб рахъалъ «Россельхознадзор» гӏуцӏиялъ нилъер гӏорхъода гьабулеб хӏалтӏул хӏасилги бихьулеб гьечӏо.
Ункъабизе, гьел унтабазул хӏасилалда кутакалда загӏиплъараб, низам биххарал наял (наязул хъизам), хасало, рехун тун тӏалагун уна лъутун.
– Тӏабигӏаталъе гьезул бугеб кӏваралъул нилъеца бицана. Инсанасе наязул бугеб пайдаялъул щиб абилеб?
— Наяз нилъее кьола цӏакъго пайдаял тӏабигӏиял нигӏматал. Буго апитерапия – наязул кумекалдалъун, гьезул хасияталъул хасал гӏаламаталги хӏалтӏизарун, цо-цо унтаби сах гьарулеб къагӏида. Гьебго мухъалъул буго найил нигӏматазул махӏгун цӏакъго гӏисинал бутӏабаз бечед гьабураб гьава («Ульевой воздух») дару хӏисабалда хӏалтӏизабиги.
— Гьоцӏо даруяб, цӏакъго къиматаб нигӏмат букӏин лъала. Найихъан хӏисабалда, дуца щиб абилеб?
— Гьоцӏо ккола сахлъи щула гьабиялъе бугеб нигӏмат. Черхалъул пуланаб лага сах гьабиялъе бугин гьаб гьоцӏо, цогидалъе бугин доб гьоцӏо абун чӏезаби, битӏараб гьечӏо. Гьацӏулъ руго наяз гьеб босараб даруял хурдузулъ ругел пайдаял жал, ферментал, витаминал, микро ва макроэлементал. Амма гьезул къадар буго дагьаб, гьез тӏубаларо нилъер черхалъе хӏажатаб тӏалаб. Руго хурдул цо-цо унтабазда данде хӏалтӏизаризе лъикӏал. Гьединал хурдулгун жубан хӏалтӏизабуни, гьацӏуца пайда гьабула.
— Абула гьоцӏо цӏорой-хинлъиялдаса цӏунизе кколин абун…
— Нилъеда лъала 42-43 градусалъул ва гьелдаса тӏаде араб хинлъиялъ белокалъул даража холеблъи. Гьацӏуда гъорлъги руго белок мисалалъул элементал, амма дагьаб заманалъул хинлъиялъ (мисалалъе гьоцӏогун чай гьекъолаго) гьел холаро.
Гьебго заманалда хӏажалъи гьечӏо гьеб цӏикӏкӏун хинлъизабизеги. Лъазе лъикӏаб буго цоги хӏужа – гьоцӏо квани лъимги тӏад гьекъон, цӏикӏкӏуна цӏекӏлъи (кислотность), хинаб лъим гьекъани, гьеб дагьлъула.
— Кинал гӏаламатаздалъун батӏа бахъизе кӏолеб бацӏцӏадаб гьоцӏо?
— Гочинабун наялги хьихьулев, вацӏцӏадав найихъанасул гьоцӏоги букӏуна лъикӏаб, бацӏцӏадаб. Гьелда цадахъго буго гьадинаб жоги – гьоцӏо бакӏарулеб заманалда добго клещалде ва цоги унтабазда данде гьес хӏалтӏизарулел рукӏун ратани дараби, хвана кинабго – кинаб бацӏцӏалъиха букӏинеб химиягун жубараб гьацӏул? Гьоцӏо кинаб бугебали мухӏканго лъазе кӏола цохӏо лабораториялда. Амма нилъер гьанир ругел лабораториязда кӏоларо гьединал баяназул гьез халгьабураб цо бутӏа гурони кьезе. Букӏине кколеб даражаялъул лаборатория тӏубараб Северияб Кавказалдаго цохӏо Ростовалда гурони гьечӏо. Нилъер гьаниб гӏадамаз хӏалтӏизарулел къагӏидабаз загьир гьарула гьелъул физикиял гӏаламатал, амма гьез бихьизабуларо гьацӏул бацӏцӏалъи. Дагьаб мадараб хӏалалда гьеб лъазе кӏола 3-4 батӏи-батӏияб гьоцӏоги цебе лъун, гьелъул хӏалги бихьун. Хӏасил гьабун абуни, бищун лъикӏаб буго божи бугев найихъанасул гьоцӏо боси.
— Кибго лъала Алтаялъул, Башкириялъул гьоцӏо. Нилъералъул гьечӏо гьединаб машгьурлъи…
— Гьезулаб какизе дир ихтияр гьечӏо, амма нартилгун химиялъул магӏишат цебетӏурал Башкириялдаги Татарстаналдаги экологиялъул рахъалъ махӏниги лъикӏаб хӏал гьечӏо. Мадугьалихъ Казахстан (Семипалатинск полигон) букӏиналъ, Алтаялда (тӏабигӏат бечедаб бугониги) буго радиация. Гьединлъидал гьел регионазда букӏине рес гьечӏо бацӏцӏадаб гьоцӏо, гьелъул къадар гьениб хӏакъикъаталдаги гӏемер бугониги. Экологиялъул рахъалъ Дагъистан буго бацӏцӏадаб регион. Амма дол регионазул нухмалъиялъ пачалихъияб даражаялда кутакалда кӏвар кьола найихъанлъиялде, кӏудияб хӏалтӏи гьабула гьелъул нигӏматал тӏиритӏизариялда бан. Нилъер гьаниб гьечӏо гьелда бан гьабулеб хӏалтӏи. Гьелъул хӏасилалда нилъер гьацӏул машгьурлъиги гьечӏо.
— Щиб кьолеб гочинарун наял хьихьиялъ? Битӏун бугищ гьацӏуда хасал цӏарал (гречкаялъул, липаялъул ва гь.ц.) лъей?
— Щибаб авалалда букӏуна, аслияб куцалда, гьоцӏо бакӏарулеб заман ва гьеб кьолеб гъветӏ-хер, гьезда рекъон лъола цӏарги. Тӏоцебесеб гьоцӏо бакӏарула акациялдаса, хадубго щола молочай (цӏакъго лъикӏаблъун рикӏкӏунеб гьеб нилъер гьаниб гурони цоги бакӏазда гӏемер букӏунаро), хадур найихъаби гочуна магӏарухъе. Гьединаб низамалъ кьола тӏабигӏаталъул киналго шартӏал пайдаялда хӏалтӏизаризе рес. Буго цоги рахъ, гочинабун хьихьулеб най букӏуна магӏарухъ хьихьун бугеб наялдаса кӏиго нухалъ къуватаб. Гьелда рекъараб букӏуна гьелъул хӏалтӏул хӏасилги.
— Найихъанлъиялъул буго гӏемераз пикру гьабичӏого толеб, амма цӏакъго кӏвар бугеб гӏелмияб рахъги – хасал маткаби, тайпадулал наял гӏезари. Нилъер гьаниб кинаб даражаялда бугеб гьеб хӏалтӏи?
— Беццизесеб хӏал гьечӏо. Цоги кинабго рухӏчӏаголъиялъулго гӏадин наязулги руго жиб-жиб авал-шартӏазда ругьунал тайпаби.
Нилъер гьаниб гьединаблъун букӏана Серая горная Кавказская тайпа. Хадуб гьанире раччизе байбихьана цоги тайпаби, жубана хьон ва араб гӏасруялъул 80-абилел соназда лъугьана гьеб тайпа. Цинги гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталъ Дагъистаналъе бихьизабуна найил 2 тайпа (дир пикруялда, гьеб букӏана кӏудияб гъалатӏ). Заманалдасан гьеб кӏиябгоги хвана. Бацӏцӏадаб тайпа бугеб бакӏ хутӏана Европа, доба гьеб хӏалтӏи гьабула цӏакъго тӏадегӏанаб даражаялда (Карлика тайпа ва тайпалъун рикӏкӏине бегьулеб Бекваст). Гьабсагӏаталда нилъер гьанибеги гьениса раччула гьеб тайпаялъул наял. Гьелги руго лъикӏаб багьаялде, мисалалъе, гӏадатияб маткаялъул багьа бахуна 80-100 евроялде, жеги лъикӏаб – 500-ялдеги. А классалъул тайпа бахуна 1000 евроялде. Гьеб багьаялдецин росизеги щоларо гьел. Тайпадулаб хӏалтӏи гьабизе, маткаби-наял гӏезаризе цӏакъго санагӏатаб бакӏ буго Дагъистан, гьелъие гьаниб буго кӏиго чӏинкӏиллъи – Чечень ва Тюлений, ай наял жура-гъураялъе кинабгӏаги хӏинкъи гьечӏеб. Амма гӏорхъода бугеб зона хӏисабалда, гьенибе нух къан буго найихъабазе.